ЦIех-рех
КъваригIун бугищ рахьдал мацIалда ЕГЭ?

АхIмадова Аксират МухIамадг1алиевна авар адабияталъул тестал IV четверть 5 класс

Авар адабият

Тест  5 класс  IV  четверть

 

1.«ТIаса лъугьа, гьалмагъ майор» абураб хабаралда Горбуновасул батальоналъ гьужум гьабураб росдал цIар бице.

А) Березовка

Б) Березовск

В) Березино

Г) Березкино

2. Фазу ГIалиевалъул «МугIалим»  абураб кечI лъие сайгъат гьабураб?

  А) жиндирго инсуе

  Б) ЦIадаса ХIамзатие

   В) МахIмудие

   Г) херав магIаруласе

 

3. «Инсул мина»  абураб хабар лъица хъвараб?»

А) ГIабдулмажид Хачаловас

Б) МухIамад  Шамхаловас

В) МухIамад ГIабдулхIалимовас

Г) МухIамад Сулимановас

 

4. Гьаб асаралъул цIар бице.

«Гьабзазул тIаделъиги хIехьезе кIвечIого, гIадамазул гьаркьаздасаги хIинкъун, ахIичIеб гьобол лъутизе рекIана. Гьаби гьелда хадур рортана. Гьабзаз гьеб нахъасан кколеб, хьалбаздаса тIомол кескал тIолел рукIана».

А) «Дир гIумру»

Б) «Зурмихъабазул нохъода»

В) «ХIинкараб сапар»

Г) «СихIираб ци»

5. «Зурмихъабазул нохъода» ГIисал гьудул Расулил чан гъурущ букIараб рокъоб торгIо босизе тараб?

А) Лъабго

Б) АнцIго

В) КIиго

Г) Щуго

 

 

6. «ХIинкъараб сапар»  абураб хабаралда  Самиги Набиги рахчун рукIараб нохъода цIар щиб?

А) Зурмихъабазул нохъо

Б) ЧIегIернохъо

В) БацIил нохъо

Г) ГIиял нохъо

 

7. Сордо-къоялъул кинаб гIужалъул бицунеб бугеб гьаб кочIолъ?

Жеги расалъуда сордо букIаго,

БагIарбакъул чIорал чIвана мугIрузда.

ЧIегIерлъукь гъапуллъун гьаб росуги тун.

Гьекъана тIоцебе тIогьоца хинлъи.

А) сардил

Б) радал

В) къоялъул

Г) бакъанил

 

8. Щиб миллаталъул вакил кколей Кадрия?

А) ЛъарагI

Б) нугъай

В) табасаран

Г) лезги

9) «ХIинкъараб сапаралда» Набицаги Самицаги, ХIуцIикIкIалахъе лъугьунаго, кинаб лъар бахараб?

А) МагIилгамачI

Б) ГанчIимагIу

В) ЧIинхигабур

Г) МагIилгоро

 

10) «ХIинкъараб сапар» абураб хабаралда Самицаги Набицаги гIахьал хьихьараб гьойда цIар щиб?

А) Нахи

Б) Нухи

В) Хоно

Г) Ниха

Пикру загьир гьабизе
Личный кабинет
только у нас скачать купить шаблоны dle по низким ценам
Машгьурал макъалаби