ЦIех-рех
КъваригIун бугищ рахьдал мацIалда ЕГЭ?

Салатавиялъул диалекталъулъ турказулгун лъарагI рагIаби

САЛАТАВИЯЛЪУЛ ДИАЛЕКТАЛЪУЛЪ  ТУРКАЗУЛГУН ЛЪАРАГ1    РАГIАБИ

 

  Казбек районалъ (Салатавиялъ) к1вар бугеб бак1 ккола Северияб Дагъистаналда, щай гурелъул гьеб буго т1адмаг1аруллъиялдаги, лъараг1лъиялдаги, чачаназул ракьалдаги гьоркьоб, гьезул миллатаца цоцазулгун бухьен гьабулеб нухда. Лъалеб бук1ахъе, аслияб куцалда нилъер районцоял руго т1адмаг1арухъа гочун рач1арал маг1арулазул наслаби, гьезул мац1ги (северияб наречие) хундерилгун цадахъ кьоч1ое босана авар литературияб мац1 г1уц1улаго. Хал гьабидал, нилъер росабазул г1адамаца бат1алъи гьабула жидедагоги т1адехун ругел маг1арулаздаги гьоркьоб. Салатавалъулаз гьел рик1к1уна дагьаб бат1ияб культураялъул ва рук1а – рахъиналъул г1адамаллъун, гьезда абула «маг1арулалин». Сундулъха Казбек районалъул г1адамазул жидерго хаслъаби ругел, сунца гьел хаслъаби  рижинарурал?

    Т1оцебесеб иргаялда, гьелъие г1иллалъун ккана  нек1сияб заманалдасан байбихьун Салатавиялда г1умру гьабун рук1арал нилъер умумузул сверухъ ругел халкъазулгун рук1арал маг1ишат – яшавалда, рагъулгун политикаялда ва культураялда хурхарал гьоркьорлъаби. Гьел бухьеназ лъалк1 теч1ого рес бук1инч1о бак1алъул г1адамазул рук1а – рахъиналъулъ гурониги, гьез бицунеб мац1алъулъги, х1атта г1амал – хасияталъулъги (менталитетаталъулъ). Салатавиялъулаз г1емер х1ехьезе ккана жидерго ракьалдасан къот1ун унел рик1к1ен г1емерал хъамалчаг1азул г1асилъабиги сверухъ ругел ч1ах1и – ч1ах1иял улкабазул тунка – х1усиялги. Бищунго к1удияб асар нилъер мухъальул г1адамазул яшавалъулъ, гьезул мац1алъулъ ва культураялъулъ тана турк мац1алда к1алъалел рук1арал церегосел къавмаца. Гьезде гъорлъе ккола гьоркьохъел г1асрабазда (5 – 14 г1.) Дагъистаналъул авлахъазда ва муг1рузул ахалъабазда кверщел гьабун рук1арал халкъал: гуннал, аварал, савирал, хазарал, половцал ва гь. ц. Г1алимзабазул пикруялда рекъон, (проф. Я. А. Федоров, С. Ш. Х1ажиева ва гь. ц.), гьезулгун рук1арал халатбахъарал гьоркьорлъабазул х1асилалда, дагъистаниязул цо бут1а т1убанго гьел турказул мац1 бицунеллъун лъугьана. Гьедин 14 г1асруялде бижана лъараг1азул миллат.  Революциялда цебе лъараг1 мац1алъул сверухъ ругел миллатазе к1удияб к1вар бук1ана, щай гурелъул гьеб лъугьун бук1ана халкъазда гьоркьосеб мац1лъун. Салатавиялдайин абуни, ч1ах1ияб г1елалда гьоркьоб къанаг1атги вук1ун гьеч1о гьеб мац1алда к1алъаларев чи. Лъараг1 мац1 лъалел г1адамал гьанжеги г1езег1ан руго нилъер росабалъ. 19 г1асруялъул байбихьудаги Салатавиялъул ракьалъул бет1ергьабилъун лъараг1азул т1адчаг1и – шамхалал  - кколаанин ва бак1алъул г1адамаз гьезие магъало кьолаанин абулеб буго халкъиял биценазулъ ва тарихалъул г1алимзабаз. Гьелъие нуг1лъи гьабула гьанир бак1азде ва росабазде г1езег1анго ц1арал (топонимика) турк (ялъуни лъараг1) мац1алда рук1иналъ.   Араб г1асруялъул 20 абилел соназ  нилъер школазда ц1алицин гьеб мац1алда бук1ун буго.                              

    Г1адатлъун лъугьун бук1ана цебе нилъер г1адамазул лъараг1лъиялда гьалбал ва лъик1ал лъалел – хъвалел рук1ин, цоцахъе хьвади.

   Туркалгун журай (тюркизация) хъинт1ана цох1о лъараг1азда гурониги, дагъистаналъул цогидал халкъаздаги. Дагъистаналда цониги мац1 гьеч1о жиндилъ турк раг1аби х1алт1изабулареб. Хасго г1емер гьединал раг1аби руго  Казбек районалъул г1адамаз  бицунеб мац1алъулъ. Зах1мат буго кинаб бугониги турк раг1и нилъер мац1алъулъе цересел турказдасан бач1арабищ ялъуни гьезул мац1алда к1алъалел лъараг1аздасанищ бач1арабали мух1канго ч1езабизе. Гьелъие цо къадаралъ кумек гьабула бак1алъул ц1арал  лъазабиялъ. Мисалалъе, биценазда рекъон, Алмахъ росу лъалаан  лъараг1ал раккилелдего - жеги Тимурил заманалдаго (14 г1асруялъул ахир). Гьеб ц1арги гьелде Рекъав Тимуридасан бач1араб бугилан бицуна.

    Салатавалъул г1адамазул мац1алъулъ (лексиконалда) г1езег1ан ратула цогидал маг1арулазда маг1на бич1ч1уларел, амма мадугьалихъ ругел чачаназда ялъуни лъараг1азда лъик1 лъалел раг1аби. Масала: башлагьизе (байбихьизе), этекал (чакмаял), багъир (т1арс), гъаймахъ (т1орахь), гулгун (парччи), пурщина (ц1урачед) ва гь. ц.

   Советияб заманалда лъараг1азулгун салатавиялъулазул гьоркьорлъаби нилъер улкаялъул маг1ишат – яшав (экономика) цебет1еялда бан, дагьалги церет1униги, г1урус мац1 Дагъистаналда т1ибит1анаг1ан, лъараг1 мац1алъул цебе бук1араб к1вар г1езег1анго г1одобе ккана.

Турказулгун лъараг1азул мац1алдаса авар мац1алде рач1ун руго жамг1иял гьоркьорлъаби, х1укуматалъул бут1аби, яргъил тайпаби рихьизарулел раг1аби: хан, нукар, хункар, бек, бика, чанка, узден, чагъар, гъараваш, тухум, тах, тахшагьар, ясахъ, магъало, байрахъ, буйрухъ, сурсат, ярагъ, сачма, таманча,  чахъма, хъундагъ, дурна, чалта, топ, тушман  ва гь. ц.

    

   Г1езег1анго турк (лъараг1) раг1аби нилъеца х1алт1изарула хур – хералда хурхун. Масала, лъик1аб ролъуде яги ханжуялде к1удиял чаг1аз гьанжеги  чалбудайг1адаб бугилан абула («чалбудай» - лъараг1. – ролъул цо тайпа). Цо - цо тайпа пихъилги лъараг1аздасан бач1ун буго. Мисалалъе, ч1ах1ияб генул цо сорталде нилъеца абула «хармут гениян» (лъараг1 – армут),  ц1олбол цо тайпаялде - «дермет – ц1ибилан.» Гьединго Салатавиялъул маг1арулазе жидергояллъун лъугьун руго лъараг1азул раг1аби: харш, бижагъ, г1арахъ, гъаран, хъабахъ, хъарпуз (хармуз), паст1ан, татавул, айрихъ (лъел канал), бахча ва гь. ц. Лъараг1азул ккола гьединго «жага» ва «алча» абурал раг1абиги.

    Хал гьабидал, г1езег1анго дагь руго нилъер мац1алъулъ г1и – боц1ухъанлъиялда хурхарал лъараг1 раг1аби. Гьелъие г1иллалъун бук1ине ккола, нижер пикруялда, маг1арухъа решт1арал ва гьенир г1и - боц1игун лъик1 лъай – хъвай бугел нилъер умумузе к1удияб х1ажалъи гьеб рахъалъан ц1иял раг1абазде бук1унгут1и. Турказул (лъараг1) мац1алдасан авар мац1алде рач1араллъун ккола гьадинал х1айваназул ва гьезда хурхарал раг1аби: айгъир, бугъа, тагьи, хъаз, ордек, хъабан, юргъа, ябу, илхъи ва гь. ц.

   Салатавиялдаги лъараг1лъиялдаги гьоркьоб бук1араб бухьен ц1акъго лъик1 бихьула рукъ – яшавалъул лексикаялъулъ. Салатавиялда росабазул архитектура, минаби раялъул къаг1идаби, гьезул куц – мухъ ва г1уц1и релълъараб бук1ана  лъараг1лъиялда ругезулалда. Гьезие хасиятаб бук1инч1о рукъзал цоцазда т1ад г1адин рай, къадал г1иц1го тей, къват1ал ц1акъго къварид гьари. Лъараг1лъиялдасан гьеб ишалъулъ нилъее г1езег1ан мунпаг1ат щвараблъи нилъее бицуна хадур рехсарал раг1аби: яшав, авал, очахъ, гьаргва, гъапу, азбар, готерма, жужай, гач ва гь. ц. лъараг1 мац1алъул рук1иналъ. Хасго г1емер гьезул раг1аби дандч1вала нилъеда мина – свериялда х1алт1изарулел т1аг1ел – алатазул ва  къайи – ц1аялъул ц1аразул хал гьабидал. Нилъер мац1алъулъе лъугьиндал лъараг1 раг1аби дагьалго хиса – басич1ого хут1ун гьеч1о, щай гурелъул гьел мут1иг1лъизе ккола авар мац1алъул грамматикаялъул  къаг1идабазе ва фонетикияб (гьаркьазулаб) г1уц1иялъе. Гьеб нилъеда бихьула хадур рехсарал мисалаздасан: бохша (лъараг1. – бош – «ч1обогояб», гъап – хъап, таргьа), сурк1а  (лъараг1. - сукра), каву (лъараг1. - гъапу), азбар (лъараг1. – абзар) ва гь. ц.

 Лъараг1 мац1алдасан рач1арал ккола нилъер к1алдир ругьунлъарал гьал раг1абиги: гулгун, зайдан, ялгъва, чирма, этекал, такъия, гъармахъ, оймахъ, кирит, бурав, хума, налбек, багъир, гунзари, хъазан, кираж, алмас, гилавка, гъутухъ, гъармахъ, балта, узденг, юргъан, халича, дум, арбабаш, бохча

ва гь. ц.

  Лъараг1азул г1алимч1ужу С. Ш. Х1ажиевалъ хъвавухъе, Северияб Кавказалъул халкъазул культуриял бухьенал нилъеда якъинго рихьула гьезул цебесеб рат1лил хал гьабидал. Гьелъ абулеб буго муг1рузда цересел аваразулги лъараг1азулги рет1а – къай цогог1адаб бук1анилан. Гьеб тасдикъ гьабула салатавиялъулазулги лъараг1азулги рат1лил г1емерал тайпаби ва бут1аби релълъарабго куцалда абиялъги: чухъа, чуткъу (чохт1о), полоша, тастар, хъабалай (руччабазул гордеялъул цо тайпа), башлихъ, такъия, измур (хамил тайпа), черекал, чакма, этек, мах1цаби (лъараг1. – маси), чарухъал, чурапал ва гь ц.

  Гьединабго асар гьабун буго турказулгун лъараг1 мац1алъ аваразул (гьезда гъорлъ салатавиялъулазулги)  квана – хванаялда хурхараб лексикаялъе. Лъараг1азда релълъун, Салатавиялъул г1адамаца кванилъ ц1ик1к1ун х1алт1изарулаан хур – хералъул ва рохьор рижулел ниг1матал. Ракки турк мац1 бицунезулалдасан руго гьал кванил тайпабазул: хайгун, гъаймахъ, гъармухъчай, долма (дурмаби), чурпа, чилав, пулав, пахъухъ, чагъир, къанц1 ва гь. ц.

   Салатавиялъул диалекталда щулалъун руго гьединго лъараг1азул т1аг1ел – ц1аялда хурхарал раг1абиги. Мисалалъе, гьанжеялде дагьалго басралъарал гьакил т1аг1елазул ц1арал: г1ариш, угузик, гегечу, гочергъич (лъараг1. – гочер агъач). Гьездасанго рач1арал руго музыкалиял алатазул ц1аралги: аргъан, зурма, чагъана. Лъараг1аздасан лъараб  батизе ккола тахтамек - нилъер ракьцоязул рукъзабахъ кроватги диванги столги хисулеб бук1араб мебелалъул цо тайпа (лъараг1. - тахтемек).

   Турказулгун лъараг1азул асар нилъер ракьалда к1удияб бук1араблъи загьирлъула гьанир ругел росабазул ва бак1азул ц1аразул хал гьабидалги. Салатавиялъул тарих лъазабиялъулъ к1удияб бут1а лъурал Г1. Х1ажиевас, Р. Идрисовас ва гь. ц. х1аракат бахъана гьединал ц1арал т1атинариялъеги гьезул маг1на лъазабиялъеги. Гьезда хадур такрарлъич1ого, т1аде жубазе бегьула лъараг1 (турк) мац1алдасан рач1арал бак1азул ц1арал нилъер гьанир дагьалги г1емер ругин абун. Мисалалъе, Гуни росдал ракьалда бугеб «Беженгерек» абулеб бак1алъул ц1ар лъараг1 мац1алдасан буссине гьабизе бегьула: «Бежен,  ай  айгъиз (т1ощел  ц1унизе хьопазул хьухьун гьабулеб бук1араб  к1удияб ч1еп, корзина), герек -  «къвариг1ун буго».  «Тавлутала» - маг1арулазул тала.  «Хъачилухъин» (Гуни росдада цебехун бугеб цойги бак1алде ц1ар) лъараг1аца абулеб бук1ун буго жидерго бет1ергьабаздаса лъутарал г1адамал ч1олеб рук1араб янгъизаб бак1алде (лъараг1. – «къачалыхъ).  Гьединго Гуни росдада т1адехун буго «Сунчале бак1» абун  бекьулеб тала.   Сунчалейян лъараг1аца абулеб бук1ун буго жидерго ханзабабазул тухумалъул чиясде, феодаласде, шамхалин, бекин абураб г1адин. Т1адехун рехсараб бак1 бук1ине ккола ялъуни гьединав чи бет1ергьанаб,  ялъуни Сунчалей абун ц1ар жиндир бук1арав чиясул (лъалеб бук1ахъе, маг1арулазе гьединаб ц1ар хасиятаб гьеч1о).

   Гуниязул мег1ералде ц1ар – «Тегентау» - лъугьун буго лъараг1азул к1иго раг1иялдасан: «теген» - заз ва «тау» - мег1ер («Зазимег1ер»). Гьезулго асаралда гъоркь бач1араб батилин ккола цоги цо росдаде т1аде балагьараб борхатаб гох1алде ц1арги - «Гулгум».

   Туркгун лъараг1азул мац1алъул ц1ик1к1араб асар нилъер районалда бихьула г1адамазул хасал ц1аразул хал гьабуниги. Г1емер дандч1вала нилъер росабалъ гьадинал лъараг1  тайпаялъул ц1арал: Темирбулат («темир» – махх, булат – чаран);  Хъизтаман – «гъыз» - яс, «таман» - г1ела; Ажай – ункъг1ал; Таймаз – къуркьи гьеч1ев;  Уллубий – к1удияв бай.

   Цо – цо нухалъ ц1ар ургъич1ого кьолеб батула. Мисалалъе, Гебек абураб ц1аралъул маг1на лъараг1 мац1алда «т1ахьт1и» кколеб буго. Гьединго лъараг1алдасан рач1арал ккола гьал хасал ц1аралги: Биарслан, Бибулат, Гъойтимер, Арслан, Ордахан, Хасбулат, Эсенбулат, Дайгьанат, Нуцалай, Тахбика, Халун, Аймесе, Таштемир, Нуржагьан, Умалат, Хасбика, Айизай, Пирбудагъ, Батир, Хъазанби, Айрубика, Хункарби ва гь. ц.

  Узухъда, гьаниб рес гьеч1о лъараг1 мац1алъул нилъеца х1алт1изе гьарулел киналго раг1аби рехсезе: гьединал раг1аби жиб – жиб Салатавиялъул росулъ хас гьабун пайда босулел дагьалги г1емер ратизе бегьула. Бокьилаан газета ц1алулез гьаб темаялда т1асан жидерго пикру загьир гьабуни.    

 

               Беркиханов М. С. – ДГУ ялъул  этнологиялъул ва  археологиялъул кафедраялъул соискатель

                                         Абусинова С. Т. -       Гуни   росдал гимназиялъул         рахьдал  мац1алъул муг1алим

      

Пикру загьир гьабизе
Личный кабинет
только у нас скачать купить шаблоны dle по низким ценам
Машгьурал макъалаби