ЦIех-рех
КъваригIун бугищ рахьдал мацIалда ЕГЭ?

Тажудин-ЧIанкIа

     БакьайчIиса ЧIанкIа. МагIарул адабияталъул классик. Анкьго батIияб кьер бугеб бацIцIадаб рокьи гIадамазе гьурщарав шагIир. Гьесул щибаб кечI бухIараб магIулъун яги гвангъараб бакълъун щвана магIарулазухъе. Хунздерил тIалъуда гьеб бакъ кунчIаралдаса ана 150 сон.

       Иргадулаб сапаралъги уней йиго гIагараб тIалъиялде. Адабияталъул иргадулаб байрамалде. Гьаб нухалда магIарул адабият бокьулел гьоболлъухъ ахIун руго ЧIанкIал (Тажудинил) шигIрабаз.             

    ГIаздаца гIажаибал накъищал рахъарал мугIрузда берчIварабго, ракI дагьабги гьалдезе лъугьана - ниж унел рукIана БакьайчIиса ЧIанкIал гIенеккарал асир гьарулел рокьул жугьабазухъе гьоболлъухъ. Гьале шагIирасул ватIан - БакьайчIи росу. Гьенире тIадруссинелъун, ниж ана Хунзахъе. Гьениб культураялъул кIалгIаялъуб 8 декабралда ракIалде щвезарулел рукIана шагIирасул шигIраби. РоцIараб зобги, щвараб бакъги, ургьибего лъугьунеб ццидалаб квачги - гьеб киналъго нижеда дандчIвай гьабуна, ва нижеда рагIана Даку Асадулаевас ЧIанкIал рагIабазда ахIулеб кочIол гьаракь:

Рогьалилъ баккараб бакъ

МаркIачIуде тIерхьуна.

Унтун, цIилъун, лъилъула

Каранда ругел ругънал

КIал пасихIаб милъиршо

ГохI-щобалде ахIдола,

Дунги ина ахIдезе,

Гьудул данделъизегIан.

       Гьедин ахIана магIарулазул чIухIилъун кколев Дакуца хвезегIан. АхIана ЧIанкIал кучIдул ХъахIабросулъа МахIмудицаги. АхIана гьел гьеб къоялъги Чаран СултIанбеговасги, ХIажимухIамад Дибировасги, хунздерил булбул, Дагъистаналъул мустахIикъай артистка ГIайшат Тажудиновалъги, АсхIабгIали ХIасановасги. Культураялъул жанахIалъуб гьалбадерида дандчIвай гьабуна магIарулазул байрамалъулаб тепсиялъги, магIарул некIсияб кечI-бакъаналъги ва живго ЧIанкIацаги гьесул шигIрабазги. ТIанусдерилги бекьечIдерилги тепсиялъул хIалбихьана гьалбадерица. Умумузул парталги, квен-тIехги, гIадаталги, кечI-бакъанги - гьеб киналъго гьабураб асаралда гъоркь хунзги тIаде рачIаралги щвана ЧIанкIал шигIрабазухъе. Балагьаразул ва гIенеккаразул ракIазулъ кIочонареб асар теледухъ данделъи нухда бачана БакьайчIи гьоркьохъеб школалъул анцIабилеб классалъул цIалдохъан Шамсият ШагIбановалъ. ШагIирасде хитIаб гьабураб Шамил МухIидиновасул кечI пасихIаб мацIалда рикIкIана гьебго школалъул цIалдохъаби ХIайдаров Мансурица ва Сатарова Аминатица. ЧIанкIал шигIрабазул дунялалъулги гьениб щун бугеб свин гьечIеб бакъалъулги бицана Шамил МухIидиновас. Районалда адабияталде, хъвадарухъабазде кьолеб бугеб кIваралъул, бачIунеб гIелалда гьезул гIумруялъул дарсал кIочонгутIизе гьабулеб бугеб хIалтIул бицана районалъул бетIер СагIид Юсуповас. Хунздерида ва тIолабго магIаруллъиялда адабияталъул иргадулаб байрам баркана МагIарул театралъул директор МухIамадрасул МухIамадрасуловас, шагIирзаби МухIамад ПатахIовас ва ТубхIат Зургьаловалъ, АсхIабгIали ХIасановас. Байрамалъул байбихьуда бихьизабуна хунздерил шагIирзабазул бицунеб видеоролик. Дунялалъулго адабияталда цIарал къалъарал шагIирзабазул ватIаналдаса тIадюссунаго, бакIаб пашманлъиялъул кверщаликье ккун йикIана- цересаго унел рукIинчIо видеороликалдасан гьурмал кунчIарал, гьанже нилъгун гьечIел, гIагараб районалъул цIар цIвабзазда аскIоб хъварал дие хириял гIадамал. Гьезул цоявлъун ккола магIарулал цоги нухалда данде ракIарарав БакьайчIиса ЧIанкIаги. Щвана гьалбал БакьайчIи росулъ бугеб шагIирасул музеялдеги. Гьале ЧIанкIал гIумру жаниб араб некIсияб мина, гьес рагьараб-къараб нуцIа, квализарурал тIагIелал, гьес как тIад балеб букIараб нур - киса-кирего кIудияв шагIирасул хвел гьечIел лъалкIал. Байрам лъугIизегIан ЧIанкIал рухIги букIун батила нижгун. ШагIирасул шигIрабазул бухIиялъги хинлъиялъги нижеде аскIоса хъамулеб букIана тIалъиялдаго ханлъи гьабизе къеркьелеб бугеб доб ццидалаб гьури. Унел руго тIадруссун, БакьайчIиса ЧанкIал рокьул нуралъ ракIалги гвангъизарун.

ШагIирасул хIакъалъулъ тIахьаздаса ва макъалабаздаса росарал къокъалго баянал

"МахIмудил мугIалим" абураб макъалаялда А. Ф. Назаревичас бихьизабулеб буго ЧIанкIа кколин шагIирас жиндирго адабиял асаразда гъоркь хъвазе тIаса бищараб псевдоним - кIиабилеб цIар. Амма шагIирасул росуцоял ГъазимухIад ГъалбацIовасул ("ЧIанкIал кучIдул") ва Шамил МухIидиновасул ("ЧIанкIа - шагIир, философ, лирик") макъалабаз гьеб мекъи букIин чIезабулеб буго. Хасго Ш. МухIидиновас гьелъул хIакъалъулъ гIатIидго бицун буго: "БакьайичIиб росулъа кIиго пикру бегIерал, малъаралъе гIедерал, гIелмуялъе гьунар бугел мутагIилзаби ТIинчIавги ЧIанкIаги, росулъ мадрасаялда лъайги босун, гIелму камил гьабизе уна доб заманалъ машгьурав гIалимчи БуцIраса ИсхIакъил МухIамадида аскIоре. ИсхIакъил МухIамад цIакъ рази вукIунаан БакьайичIиса гьел гьунар бугел мутагIилзабаздаса. Цо нухалъ, аскIореги ахIун, гьев кIиясдаго МухIамадица абула: "Дир пикруялда, гьединал, гIелмуялъе гьунар бугел, малъаралъе гIедерал, лъикIал лъималазде гьединал сурукъал цIарал ахIизе дие бокьулеб гьечIо. РачIа гьел цIарал хисизе. Жакъа къоялдаса нахъе ТIинчIасда абизе буго Жамалудин (диналъул берцинлъи) абун, ЧIанкIаца босизе буго Тажудин (диналъул таж) абураб цIар. Гьедин лъикI гурищ, нуж рази ругогури?" - ян. Тажудин Жамалудинидаса щуго соналъ кIудияв вукIана, ва гьес абуна: "Гьайгьай, разиял руго, Жакъаялдаса нижеда батIияб цIар абугеян абе", - ян. Жамалудинги гьимана ва разилъун бетIер гьанкIана".

Амма адабияталъул тарихалде гьоркьове Тажудин вачIана ЧIанкIа абураб цIаралда гъоркь. Гьелъие гIиллалъунги Ш. МухIидиновас бихьизабулеб буго, "гьеб заманалдего ЧIанкIаца хъварал кучIдул ХъахIабросулъа МахIмудица ва цогидал кочIохъабаз ахIулел рукIин" ва "ЧIанкIа абураб цIарги магIарулазда гьоркьоб машгьурлъун букIин". Хадубги баян гьабулеб буго: "Амма я жинцаго Тажудиница, яги гьесул гIагарлъиялъ, Тажудин абун гурони, ЧIанкIа абураб цIар хIалтIизабичIо. ЛъечIо гьеб цIар хадусеб гIелалъги. Гьесул цIар лъурав гьесул яцалъул ясалъул васги Тажудин вукIана", - ян.
МагIарул мацIалда чIанкIайилан абулеб букIана, ханзабазул наслуялъул бихьинчияс гIодобегIанаб даражаялъул чIужугIадан ячун (гъараваш йикIа, узденай гIадан йикIа), гьездасан ккараб лъимералда.
Тажудинил букIараб гьеб цIаралда хурхунги Ш. МухIидиновас хъвалеб буго: "Амма кинго разилъизе кIоларо гIемераз хъваялъ уяблъун кколеб бугеб, ЧIанкIа абураб цIар, ращалъи гьечIеб ригьиналдаса лъугьараб лъимер ЧIанкIа вукIиналъ, кьураб цIар бугин гьеб гьесиеян абураб пикруялда. Жибго гIамм гьабун, гьеб цIаралъул магIна гьединаб букIинеги бегьула, амма гьев бергьарав гIалимчиясеги шагIирасеги гьеб цIар кьун букIана кIудаинсул хIурматалда, магIарулаз абухъе, "ЧIанкIа МухIама вахъинавизе".
"Инкъилабалда цебесеб магIарул адабияталъул очерказул" (МахIачхъала, 1961) "Тажудин (ЧIанкIа)" абураб бетIералда шагIирасул росуцояв, филологиял гIелмабазул кандидат Бадави МухIамадовас хъвалеб буго, "гьев гьавунин гьанжесеб Хунзахъ районалъул БакьайичIиб росулъ мискинав векьарухъанасул хъизаналда", амма гьавураб сон бихьизабун гьечIо. ШагIир гьавураб сон чIезабизе хIаракат бахъун буго Ш. МухIидиновас: "1886 соналъ гIурус пачаясул чиновникIаз гьабураб "БакьайичIиб жамагIаталъул хъизамазул сияхIалда хъвалеб буго: Магома Чунки Магома оглы - 75 сон, гьесул васал: Чунки - 20 сон, Нур МухIама - 8 сон". Гьелдасан босун абизе бегьула хIакъикъаталдаги ЧIанкIа (Тажудин) 1866 соналъ гьавунилан".
ШагIирасул гIумруялъул ахирисел къоязул ва гьев къадаралде щвеялъул хIакъалъулъ баянал ратула Гъ. ГъалбацIовасул "МахIмудил кучIдул" макъалаялда, ай гьес данде гьабун 1991 соналда басмаялда бахъараб, "БакьайичIиса ЧIанкIа. КучIдул" абураб тIехьалъе хъвараб цеберагIиялда. Гьанибго абизе ккола, гьеб бугин ЧIанкIал шигIриял асаразул бищунго камилаб, щвалде щвараб, кIудияб жавабчилъигун бакIарараб ирс жиндилъ загьирлъулеб тIехь.
Тажудинил яц Патучил ясалъ - ПатIиматица бицарабги кьочIое босун, Гъ. ГъалбацIовас бихьизабулеб буго, "кIиго нухалъ жиндиего гIоло хIежги борхун, лъабабилеб нухалъ херлъарав, загIиплъарав чиясе гIоло хIеж борхизе унаго нухда хун вугилан". Хадубги хъвалеб буго: "Цадахъ ккун вукIарав Рихьуниса чиясухъе кьун, ЧIанкIаца рокъобе битIун бачIун буго хIежалъул тIагъурги, жиндирго чухъаги, сагIатги. Гьевго рихьунисес ругьелги бачIун буго, ЧIанкIаца абунин, жиндир чухъа, хвараб мехалъ, эбелалда тIад бигъеян".
Гьал мухъазулъ бугеб хIужа ритIухъ гьабула ЧIанкIал яц Хажал магIилъа гьадинал рагIабазги:
 Берзул канлъи ана дир КагIбаялде,
Кагъат бачIун буго вачIинарилан.
Каранзул рухI араб Мадинаялде,
СагIат буссун буго вуссинарилан.

"Рокьулъ батараб талихI" абураб макъалаялда Сиражудин ХIайбуллаевасги мухIкан гьабулеб буго машгьурав шагIир къадаралде щвеялъул хIужа. Гьес хъвалеб буго росулъа тIубанго нахъе ине ракIалде ккарав шагIирас 1906 соналъ хIукму гьабун бугин, Турциялде гочун, гьениб гIумру гьабун чIезе: "Амма Турциялда гьев гIемер мехалъ хутIичIо ва 1909 соналда хIеж борхизе Маккаялде унев вукIана. Нухда Вади Фатима абулеб бакIалда захIматго унтана ва гьенив хвана".
Жеги мухIканго гьелъул хIакъалъулъ бицун буго Гъ. ГъалбацIовас: "ЧIанкIада цадахъ хIежалде ун вукIана БакьайичIиса ШайихгIали абулев ресалда вугев чиги. Гьев ШайихгIалил яц ккола ГьатIастан (ЧIанкIал чIужу). ЧIанкIадаго цадахъ ШайихгIалиги вуссинчIо хIежалдаса. ХIежги борхизе инсул хобги цIехезе къватIиве вахъана ШайихгIалил вас ГъалбацIхIажи. ГъалбацIхIажица бицунаан, ШайихгIалилги ЧIанкIалги хоб цоцазда аскIоб Вади Фатима абулеб бакIалда бугилан. ГъалбацIхIажица бицанихъе, ЧIанкIаги ШайихгIалиги, гьездаго цадахъ рукIарал, загIиплъарал гIадамалги рокъобе нух бахъизе кIолез рехун тун руго. Рехун течIого ресги букIун гьечIо. ЛъагIалида жаниб цо нухалъ гурони гамаги бачIунеб букIун гьечIо, цойгиги лъагIелалъ унтаразда аскIор чIани, жалгоги холел рукIун руго. Гамиде унтарал раччизе ресги букIун гьечIо. Ракъун, къечон, бакъукье унтарал гIадамалги рехун аниги, гьел цадахъ рукIаразда хIакъикъаталдаги гIайиб гьабизе бегьуларо".
МагIарухъ ЧIанкIал гIумруялъул бицунел цо-цо баяналги ратула гьесул хIакъалъулъ макъалабазда. БуцIраса ИсхIакъил МухIамадида (1851-1933) цеве гуревги, Тажудин мутагIиллъун цIалулев вукIун вуго цIар рагIарав гIалимчи ГIашилтIаса КъурбангIалихъ, машгьурав шагIир МестIерухъа НурмухIамадихъ, хIисаб гIелмуялъе бергьараб гьунар бугев ЧIикIаса ХIамзатхIажиясухъ.
Жиндир мугIалим ГIашилтIаса КъурбангIали хвараб мехалъ хъвараб кIудияб марсият-магIу гьадинал мухъаздалъун байбихьулеб буго шагIирас:
Цо панаяб хIухьел дица угьани,
Гьабиладай гIайиб гIадамаз дида.
ГIалламат гъорлъ рехсон, марсият хъвани,
Хъваладай квегIиса катибзабаца.

Гьединал чIахIиял ва Дагъистаналдаго цIар тIибитIарал мугIалимзабаздасан щвараб гIелму-лъай, жиндирго иргаялда, мутагIилзабазе "бикьизе" БакьайичIиса ЧIанкIа мударрислъун вукIун вуго ГIашилтIа, ЧIиркъатIа, Рихьуни, КIахъ росабалъ ва жиндирго гIагараб росулъги.
Ахиралдаги Гъ. ГъалбацIовасул цебехун рехсараб макъалаялдаса гьанибе босила ЧIанкIал сураталъул, гьединго гьев кинав чи вукIаравали, кинаб гIамал-хасият букIарабали бицунеб лъикIаланго кIудияб кесек.
"Гьаб тIехьалда лъун бугеб (газеталдаги лъун бугеб) сурат ЧIанкIал гуро. ЧIанкIал сурат букIинчIо ва гьечIо. Гьаб сурат ккола БакьайичIиса художник ХIажил ГIалица, ЧIанкIал гIагарлъиялъул нахъе хутIарал гIадамазухъ валагьун, гьадинал берал рукIанин, лъилалиго гIадал къалал рукIанин, гьадасулалда релълъараб борхатаб нодо букIанин бицун, гьеб хIисабалде босун, гьабураб сурат.
ХIакъикъаталдаги, ЧIанкIа вукIун вуго берцинав, ворхатав, цо гIажаибаб дангъва гьурмада бугев чи. ТIарцIаб мегеж, борхатаб нодо, чIахIиял, рекIелъе лъугьунел берал. Щибаб рагъа-рачари букIун буго гIодобе биччараб. Гьаракь букIун буго кигIан хъачIаб рагIиги тамах гьабулеб, амма цо хасаб ракIчIей жиндилъ бугеб, мухIканаб, жиндиего хасаб къвакIи гъорлъ бугеб. Киназго бицуна гьесул рилълъиналъул: тIадагьаб, ракIчIараб, къартIаб. Заманалъе дунялалде вачIун вукIинги бичIчIулев, амма гьелъукьаги хIинкъуларев чиясул букIуна гьединаб рилълъин.
ЧIанкIалъ букIараб къартIалда, цо къвакIиялда цадахъго букIун буго хIалимлъиги тамахлъиги. Бицен буго, ЧIанкIа вачIинев вугилан рагIун, ургъунго гьев вихьизе гIоло рачIунел рукIаралила гIадамал. ТIад ретIараб ратIлилъниги, гьабулеб хIалтIулъниги букIун буго аскIов чIарав чицин вакIа-вахаризавулеб гIамал. Росдал гIадамаз ЧIанкIал квер сайгъат гIадин босулеб букIун буго - квералъулъги букIун буго ЧIанкIае хасаб, чи хинлъизавулеб а
сар". 

                                                                                                                               Баху Мух1идинова                                                                                     

Пикру загьир гьабизе
Личный кабинет
только у нас скачать купить шаблоны dle по низким ценам
Машгьурал макъалаби