ЦIех-рех
КъваригIун бугищ рахьдал мацIалда ЕГЭ?

8-9 классалъул авар мац1алъе т1адкъаял. СагIидова Сиянат, Хасавюрт, 3 Гимназия

     

Предложениялъул членал малъулаго, байбихьудаго гьадинаб таблица кьуни, ц1алдохъабазе квег1енлъи бук1ина т1адруссун гьоркьоб биччараб такрар гьабизе.

Предложениялъул членал

 

Бет1ерал

Суалал: 

       Бет1ерал гурел

Суалал:

Подлежащее

Щиб (-й,-в,-ал?), лъица? сунца?, лъие? сундуе?, лъида? сунда?

Определение

Кинаб (-й,-в,-ал?), лъил? сундул?, чан?,чанабилеб (-й,-в,-л?)

Бит1араб 

дополнение

 

Щиб (-й,-в,-ал?)

Хъвалсараб дополнение

Аслияб гуреб падежалъул суалал

Сказуемое

Щиб гьабураб? Щиб х1алалда бугеб?

Х1ал

Кин?, щиб куцалда? киб?, кибе?, кисан?, кида?, кидалъизег1ан?, щай?,  сундуе г1оло?

        Раг1абазул дандраял ва гьезда гьоркьоб бухьен абурал темабазе т1ехьалда кьун бугеб г1ат1идаб теориялъулаб материал цебеч1езабизе бигьалъула гьадинаб таблицаялъ. (Дица гьединаб стенд х1адурун буго классалда базе)

<!--[if !supportMisalignedColumns]--><!--[endif]-->

Раг1абазул дандраял

Ц1арулал

Глаголиял

Наречиязулал

 

Аслияб раг1и

Предметияб ц1ар

Глаголалъул бат1и –бат1иял формаби

Наречие

Прилагательное

   

Рик1к1ен

   

Ц1арубак1

   

        Масала:                                                Масала:                                               Масала:

Роц1араб зоб

Бертин гьабизе

Ц1акъ дагь

Талих1алъе мустах1икъав

Вихьизе бокьизе

Киназдасаго цере

Гуниялдаса к1игояв

Радалго дандч1вазе

 

Васазул щивалиго

   

 Раг1абазул дандраязда гьоркьоб х1алт1изабула 

нахъбилълъиналъулаб бухьен

            Рекъонккей -

Управление -

Примыкание -

Алияб ва нахъбилълъараб раг1и жинсгун формаялъулъ рекъонккей

Аслияб раг1иялъ жинда нахъбилълъараб раг1и цо хасаб падежияб формаялда бук1ин т1алаб гьаби

Г1иц1го маг1наялъулаб бухьен

Масала:

Масала:

Масала:

Берцинай яс

Васасухъе кьезе

Хехго ине

Г1акъилав к1удада

К1удиясда ц1ехезе

Ц1акъ лъик1

Г1урччинал муг1рул

Разиятица кьураб

        Кват1ун щвезе

         

Хит1аб

Обращениял рате, кколелъур лъалхъул ишараби ва гьоркьор риччарал х1арпалги лъун, хъвай.

1.)     Воре …ириял яцал хабаралда божуге

        Гьебали гьере…йин гьадингояб раг1ийин. (Ч1. М.)

2).   Балагье г1олилал г1адан йихьизе

        Г1одоб ракьалда т1ад киндай йижана! (Р. Э.)

3). –Анани щиб эбел дун Сибиралде

       Эмен ч1варав тушман ч1ваму рехидал. (Р. Э.)

4.  – Огь дир берзул канлъи кин дун йик1иней

        Каранда бугеб ц1а кида … ун ккелеб?  (Р.Э.)

5. –Ясай ворея квине жоги босун г1одор …езе бак1 х1адур гьабе! –ян ах1ана диде яцалъ. (М.М)

6. –Нужеда раг1улищ г1адамал гьас бицунеб жо дир чедги кун…(А.А.)

7. – Квеш бихьуларо дур иш Исх1акъ –даци? (М.М)

8. «Дир вас киниялда мун лъуралдаса

     Кидаго вук1ана духъ балагьун дун» (Р.Х1.)

9. Мун гьит1инав чи вуго Г1алибулад гьедин бук1унаро иш щвараб жоялъул зарар гьеч1о. (Ц1.Х1.)

10. –Баба дун х1инкъун буго баба! (А. А-Б.)

Ишалъул куцлъун бугеб х1ал

Ц1але, ишалъул куцлъун бугеб х1алалда гъоркь мухъ  ц1алаго, хъвай.

  • –Бицеха!- янги абулаго, Сулейман тириго эхеде ворхун вач1ана. (Э.К.)
  • Киналго к1арк1ариялда релъана. (Э.К.)
  • Гьеб хъуялда гъоркь х1инцго годек1анги къот1ун, Сулейман колхозалъул рагъиде уна. (Э.К.)
  • Разиго гьимана Гьимат  гьит1инай ясалъе.
  • Ц1алтун виччун вугоан г1иядаса вач1унев Къасум.
  • Ц1одорго г1енеккулел рук1ана разведчикал гьеб хъвашиялъухъе.

Обращениялгун, гьоркьор ккарал раг1абигун,  междометиялгун предложениял

Ц1але, кколелъур лъалхъул ишараби лъе, лъалхъул ишараби лъеялъе баян кье.

1.Эмин г1олохъаби куцанин дуца

Кумекалъе кида квер бегьараб гьез?

Йохъ дун хвараб мехалъ къо лъик1 гьабизе

Къадарав вач1унге, къваридав вач1а. (Я. Э.)

2. Жакъа хирияб къо к1одо гьабизе,

    К1одоэбел хваял дун йиччаларищ?

    Руччабазе щвараб ихтияр баркун,

    Херай йик1аниги, цо к1алъазе те! (Ц1.Х1).

3. Цо панаяб х1ухьел бух1улеб рек1ел

     К1веларищ босизе самаалъул нак1к1 (Хъ. М.)

4. – Абуге ле гьид гьединаб раг1и

       Х1инкъунилан ккела дун гьев ханасда. (А.К1.А)

5. Дир чорхол рух1алъул х1айранлъиялъул

    Х1акъикъат лъазабе шамалъул гьури.    (Хъ. М.)

  • Дунялалда бищун гьайбатал берал
  • Нуж г1одизегийищ г1иллаби ругел?
  • Г1арцул каралъулъан баккараб гьумер
  • Дуеги пашманлъи лъица гьабураб?
  • Мун бекерулеб киб хирияб Гъойсу
  • Лъида хадуб гъезе г1едег1ун бугеб?
  • Г1агараб Дагъистан дурго васазухъ
  • Мун бук1араб заман рак1алда гьеч1о. (Р. Х1.)

Междометие.

Ц1але, междометиял рате, кколелъур лъалхъул ишараби лъун, хъвай.

  • Валлагь дун гьеб ишалъулъ г1айибияв гьеч1о.
  • Огь кинал бераца дун балагьилей,
  • Бец1аб хабар лъарай херай дур бабахъ. (Р. Х1)
  • Унго инсандай мун сипат гуребдай
  • Дир сабру лъуг1араб г1ажаибаб рух1. (Ч1)
  • Вабабай асиллъи унго ч1урканлъи
  • Ч1ег1ерлъи беразул берцинлъи гьурмал. (Ч1)
  • Гьай г1ужбу карамат камиллъи чорхол
  • Чергеслъи х1адурлъи х1ат1ил т1адагьлъи. (Ч1)
  •  
  • Подлежащее баянлъич1еб предложение
  •  
  •      Жакъа бугеб метер батизе гьеч1о,
  •       Метер бугеб сезе хисизе гьеч1о. (Х1. З.)
  •  
  •         Мех – мехалъ нужехъе вач1ине вуго,
  •         Инсул т1алъи дида к1очон теларо. (Р. Х1).
  •       Зобал х1икмалъулел макънал рачина. (Р. Х1).
  • Г1ададия базарганасухъа боз босизеги к1очонге, гъос учуз кьола, ххамги гъосул щулияб бук1уна. (М. Х.)
  • Ургьиб бугеб лъаларо, лъороб бугеб бихьуларо.  (К)
  • Т1аде рач1аразе гьоболлъиялъе
  • Гьаниб чахъу хъола, хъазан кьолола.  (Р. Х1.)
  • Къвал ракьалдаги бан, кьурда гъоркь бугеб
  • Беролеб иццул лъим к1алч1ван гьекъола. (Р. Х1.)
  • Бокьула маг1арул ясазул гьурмалъ
  • Намусаб баг1арлъи – гьеб ц1акъ рекъола. (Р. Х1.)
  • Хьвадана, ургъана сардаз кьижич1о
  • Раг1и бач1унаро, маг1у бач1уна. (Р. Х1).
  • Гьале т1аде г1унт1ана,
  • Г1ухьбузе салам кьуна. (Н. А.)
  • Ячине рак1алда йик1инч1ей Супай  сардилъ абизе чаг1и рит1ана. (Р. Х1.)
  • Г1инкъав чиясе к1иц1ул как ах1уларо. (М. Х.)         
  •  Г1елму камилаб ккве квелъ щулияб ккве
  •  Кинго камуларин коцокъил чучлъи.    (И. Г1.)        
  • Рат1алъизарурал членал
  • Гьал предложениял хъвай, кколелъур лъалхъул ишараби лъе.
  •  
  • 1924 соналда Ленин хун хадув гьев рак1алде щвеялъул х1урматалда Симбирск  шагьаралда Ульяновск абун ц1ар тана.
  • Жакъа октябрь моц1рол анлъабилеб къоялъ нилъедаса ват1алъана Х1амзатил Х1ажи.
  • Рик1к1ада нух к1ибикьулеб бак1алда г1емерал г1адамал данделъун рихьула.
  • Школалдаса гъоркьег1ан мажгиталъул азбаралда г1исинал мут1илзабазул къокъаби рихьулаан.
  • Маг1арухъе бугоан халатаб нух х1инкъараб ва свералаби г1емераб.
  • Пат1иматихъе  дир цеегосей гьудулалъухъе щвана ниж  Т1ад Инхо росулъе щведал.
  • Нижеда Гуни росдал гимназиялъул учительзабазул коллективалда лъик1аб дандч1вай гьабуна инходерица.

Рат1алъизарурал членазда цадахъ хасал раг1аби.

Ц1але, кколелъур лъалхъул ишарабиги лъун, хъвай. Рат1алъизарурал членал рате.

  • Нижер школалъул ц1алдохъабаз  хасго ч1ах1иял классазул ц1алдохъабаз  цебего анищ гьабулеб бук1ана Мах1мудил росулъе щвезе.
  • Гьоболас росдал г1адамазда цадахъ х1ажатал алатал ай кварал  булдул газаби росеян лъазабуна.
  • Маг1арулазул шаг1ирзабазул хасго Расулил куч1дул ц1акъ рокьула дие.
  • Гьанже  гьалъул бук1ана ц1ияб рет1ел масала  гурде хьитал пальто.
  • Гьалъул кабинеталъуб кидаго х1атта  баг1арараб роодацин квачан бук1уна.
  • Союзал гьеч1ел журарал предложениял
  •  

Ц1але, кколелъур лъалхъул ишараби лъун, хъвай.

  • Гьадале щобилъан щвана баг1арбакъ
  • Къват1ал ч1аголъана росу борч1ана.  (Г1. Х.)
  • Къокъун ана рух1арал роол къоял свана муч1дуздаса г1урччинаб кьер.
  • Дир квераца бана гьаб нилъер мина
  • Дида гьаниб лъала щибаб гамач1 маг1. (Р. Х1.)
  • Ц1адул мац1ал зама-заманалда рорхун рач1унаан  рак1 гъоледухъ ч1варкьелел рук1ана г1ат1гоял г1аркьалаби  гьаваялде роржун унаан ц1адуца рехулел ц1ваби. (А. А-Б.)
  • Гъут1бузда цоцазде ах1и базе лъугьана рузал  бот1рода т1ад роржанхъилел рук1ана къохьолъалк1ачал. (А. А-Б.)
  • Дандиял кванала дун кваналаро
  • Бащдаб бикьун г1азаб кьун буго дие. (М. Н).
  • Дуе г1оло Ася росу кьурдила
  • Г1олилаца ц1ияб рет1ел рет1ина. (Р. Х1).
  • Рукъ гьеч1есда чи лъала чед гьеч1есда мац1 лъала. (К.)
  • Ц1але, скобкабазда жаниса х1ажатаб лъалъул ишараги лъун, хъвай.
  •  
  • Хъаравулас гьаракь гьабуна (, - :) лъималаз бихьулеб ракь тана.
  • Рук1к1ен реч1ч1арабго (. , :) эбелалъухъе г1едег1улаан гьай (, : -) къаси жийго йик1ине х1инкъулаан Пат1имат.
  • Дуца г1аракъи гьекъела (, - :) мун халкъалъе сурила.
  • Зоб роц1ун бук1ана (- , :) ц1ад базе лъугьана.
  •  
  •  
  • Уступительнияб т1аджубараб предложение.
  • Ц1але, т1анк1азул бак1алда лъезе маг1наялъул рахъалъ данде кколеб мухъ бище, кколелъур лъалхъул ишараби лъе.
  •  
  • Рак1алъ ц1акъ ях1 гьабун дун вугониги
  • ………………………………………….
  • Ц1а рек1ун керен бух1ун х1алуцун лъугьаниги

               ……………………………………………………..

  • Рек1еда ханжарлъун жиб къананиги
  • ……………………………………….
  • Мах1муд дур меседил рух1 босаниги
  • ………………………………………..
  • Пушкин мун хваниги халкъалде т1аде
  • …………………………………………

Т1анк1азул бак1алда лъезе мухъал:

  • 1.Х1абибасул г1адинаб квербакъи батиларо (С. У)  2.Къабулаб буго дий рит1ухъаб жаваб (П. Г.)
  • 3. Ях1-къо рехун тана гъванщил расаца. (И. Г1.), 4. Дур пикрудул гъут1би гъенолел руго (Ц1. Х1.),
  • 5. Дуй салам кьолареб минут кколаро. (Р. Х1.),
  •        
  • Цо чанго т1аджубарабгун бугеб жубараб нахъбилълъараб предложение

Ц1але, бет1ералги т1аджураралги предложениял рате, т1аджураразе суалал лъе, гьел кинал т1аджураралали бице, кколелъур лъалхъул ишарабиги лъун, хъвай. 

  • К1ург1араб расалъул кьег1ерги хадуб гьабун кьаг1рие къасиялде базе къвал ц1ураб херги бет1ун г1унт1ун  г1ансагун жиндирго хераб рилълъада хурзабазда гьоркьосан гьет1а – к1ич1ун унеб нухалъ г1ебеде вач1унев вук1ана Х1усен. (М. М.).
  • Жалго дагьалги  гьанир лъалхъани нахъе рорч1унгут1иялда рак1ч1арай ункъачо тириго ясги къвалакье ячун  нахъияб рукъалъул гордухъа гъоркье г1азул г1онсолъе лъугьун ана. (М. С.)
  • Бо гъурун хъала бахъун
  • Гьунар –ц1ар босаниги
  • Мискин – пакъир чиясда
  • Бах1арчи абуларо. (Кь. М.)
  • Лъайгин г1акълу бугес бет1ер х1алт1улес
  • Х1исаб гьабун бихье гьаб дунялалъул.  (Кь. М.).
  • Рит1ухълъи малакь лъураб бец1лъиялъ кьили лъураб
  • Мун вижараб кьолбое анкьазарго наг1ана. (К. С.)
  • Гьесда хадуй яч1уней Пат1имат пархун унеб х1инч1 г1адин рорхун квералгун сверудаса цее лъедон ана. (М.М.)
  • Гьев вижана ц1акъ къваридго къо бихьун зах1мат х1ехьон. (Р. Х1.)
  • Гьеб бицунаго г1анабазда баг1арлъиги пархун кунч1ун бералгун т1ад нур ч1араб г1адин гьимиялъулъ к1ут1биги расандулаго  ракьалдаса т1ун  йоржун инехъин йигин кколаан  Меседо. (М. М.)
  • Гьеб  дидехун бач1ине байбихьидал рух1ги т1аг1ун  т1уризе рек1ана дун. (Б.)
  • Г1али больницаялде ккаравлъиги гьесухъе Г1усман вач1араблъиги доб къоялъго раг1ун бугоан Хирачида.
  • Ц1але, бет1ералги т1аджураралги предложениял рате, т1аджураразе суалал лъе. Цойиде нахърилълъарал тайпа цоял гурел ва тайпа цоял т1аджурарал предложениял  рат1а-рат1а хъвай, лъалхъул ишарабазе баян кье.
  • Квачараб къо бук1аниги, дагьа-дагьаб г1азу рехулеб бук1аниги, херав шагьаралде ине къач1ана.
  • Хасел т1аде щвелалде, дунял квачалалде, къункъраби хинал улкабазде гочуна.
  • Къасумил машина цебеса т1ерхьинег1ан, гьелъул гьаракь къот1изег1ан, нухда эхетун хут1ана Марина.
  • Гьалбал рач1иналде хинк1алги гьарун столги къач1ан  х1адурун ч1ун йик1ана Написат.
  • Рокъоре щваралго эбел –эмен семич1ого рорч1илародаян, цо-цояз, т1ингъал риччун рук1ин бахчизелъун,т1ад бакъвараб ракь бахунеб буго.
  • Кеч1 бакьулъе щвараб г1адаб заманалда, рокъоса росун рач1ана инсуда лъалел, эмен ругьунал, гьесул ц1ороберал.
  • Х1амзатил кинаб кеч1 ц1аланиги, гьелда жаниб батула чи кант1изавулеб г1акълу, ц1ияб пикру.
  • Гьес мугъ барабго, лъороса кварги бахъун,   Г1умарица х1адурго бук1араб к1ич1  ана рехун.
  • Ц1але, кколелъур лъалхъул ишарабиги лъун, хъвай, схемаби рахъе.
  • Рохтиялда щакаб карат1 бихьарабго, мух1канго гьелъул халги гьабун, гьеб х1инч1 боржуна заз-хъарахъ бугеб бак1алде.
  • Инсуца шагьаралдаса росун рач1арал ц1оробералги ран, Г1арип школалъул азбаралъуве лъугьараб мехалъ, гьев цойидасанго лъималаз сверун ккуна.
  • Кванил т1аг1ам рихарай
  • Ролъул чед кьог1лъун ккарай
  • Лъеца к1ут1би риччич1ей
  • Г1адан йиго  дир мадугьал. (П. Г.)
  • Херлъун чучун унеб черх бугониги
  • Черхалда к1ал гьикъун рак1 бах1алъула. (И. Г1.)
  • Дарман т1аг1ун къо бух1ун къойил мун г1оданиги
  • Г1адамаз какун хадув квер базе бак1 щвеларо. (И. Г1.)

 

Шарт1ияб т1аджубараб предложение

Ц1але, кколелъур лъалхъул ишарабиги лъун, хъвай, шарт1ияб т1аджубараб предложение бате.

  • Коч1ол х1асратаб ц1адулъ лъадарич1ого тани
  • Жиб т1убан ч1ун хут1илин рак1алъ ах1и т1амуна. (М. Гъ.)
  • Дунго г1инкълъунг1аги вук1аравани
  • Азул раг1и г1инда багъилароан. (Г1. М.)
  • Раг1и бук1инч1ебани
  • Дунял гьадинаб бук1инароан. (Р. Х1.)
  • Рит1ухълъ гьеч1они гьунар цо гьури бахъараб къоялъ щущан уна. (Р. Х1.)
  • Метер маг1арул мац1 хвезе батани
  • Хваги дун жакъаго  жаниб рак1 кьвагьун. (Р. Х1.)
  • Дур г1адаб гьунар бук1арабани дица васал хъатинир расандизарилаан. (М. М.)
  • Амма лъай араб мех гуккун батани
  • Бач1унеб нужеда божизе гьеч1о. (Р. Х1.)
  • Мун ц1ик1к1арав ватани
  • Дица бет1ер къулила. (Р.Х1.)

Г1илла – мурадлъун т1аджубараб предложение.

Ц1але, кколелъур лъалхъул ишарабиги лъун, г1илла – мурадлъун т1аджубараб предложение бате.

  • Фермаялде ун гурого мун ч1еч1елъул дир яс г1ачи рокьизе кколаха гьанже. (М. М.)
  • Таваккал г1оларев чи вук1индал духъе вач1унги бажарич1о дихъа.
  • Лъабго къо базег1ан гьоболасул ц1ар гьикъуларелъул щибго ц1ехеч1о нижеца гьелда.
  • Кеч1 хъвалеб х1асраталъул бух1иялъ унтилебин
  • Куч1дул хъвазеги гьукъун рак1 ц1унун йик1ана дун. (М. Гъ.)
  • Вас рокъове кват1идал Г1аишатида ургъел ч1вана.
  • Ц1адал г1емер ралел рук1индал къват1азда х1арщ камулеб бук1инч1о.
  • Шаг1ир вихьизе г1оло шагьаралдаго ч1езе рази рук1ана гьал.
  • Гьедин рагъана ниж ц1адул коронир
  • Ц1а нужеда хъвазе теларин абун.
  • Х1адусеб г1елалъе г1умру ц1унизе
  • Г1олохъанлъиялъе рокьи ц1унизе. (Г1.Х.)
Пикру загьир гьабизе
Личный кабинет
только у нас скачать купить шаблоны dle по низким ценам
Машгьурал макъалаби