Закаталаялда авар мацIалъул дарсал
ГIадатияв магIарулав
ЦIоралъул Закатала мухъалда бугеб Динчи росдал школаялда авар мацIалъул дарс кьолаго бахъараб видео гьаниб лъезе дун гьесизавуна гьезул цIалдохъабаз бихьизабулеб бугеб жигараб гIахьаллъиялъ. Цо-цо нилъерго магIарулазул росабалъ дарсал кьолаго рахъарал гьединалго роликазда лъималазул бихьулеб гьечIо цIоралъулазулгIадинаб гъира авар мацIалъул дарсидехун. ГIилла щибдай ?