ЦIех-рех
КъваригIун бугищ рахьдал мацIалда ЕГЭ?

08 апр 12:33---

Мух1амад Ах1мадовасул куч1дул. Г1алиева Загьра, Казбек районалъул Буртунай росу

<!--[if !vml]--> 

 

                                   


МУХ1АМАД АХ1МАДОВ

          1955 сон

ЭРКЕНАБ Г1АКЪЛУ

Рорхатал муг1рузда гlypaл г1адамал              

Гьал г1одорлъабазда хьуц1илъ къан руго,

Хьулалгун анищал щущалел руго,   

Щакъиялъ къалмие къварилъиги кьун.

Гьаб «эркенлъиялъул» ях1 гьеч1олъи щиб,

Щибаб лах1заталда pyxl ч1валеб бугеб?

Гьаб гьудуллъиялъул нич гъеч1олъи щиб,

Бича-хисиялда хадуб лъугьараб?

Хвел дие, гъудуллъун, хилиплъиларо,     

Хадув чи вит1изе гъелда ккеларо...  

Рорхатал муг1рузда г1урал щаг1ирал

Шагьаразда руго хабалъ рукъулел.

Роржун унел руго г1умрудал къоял,

Къункъраби кинигин, хвалил югалде.

                     ***

Ват1аналде пулел балагьал гьураз            

Гьаргьазе гьабулеб буго гьаб дунял.

Дун муг1рул т1огьазде т1аде вахуна:

-Т1адег1анав Аллагь, ц1уне дир ват1ан!

Рит1ухълъиялда т1ад т1упарал нак1к1аз

Рек1к1аб ракьалда т1ад т1авап гьабула.

Каранда кверги лъун, гьабуна калам:

-Къалам дир бекизе тоге, Бет1ергьан!

Ват1ан чиярлъидал чи гьит1инлъула,

Чиякълъиялъ ч1валеб г1умру хут1ула...

Г1арцул гуреб, цойги мац1 к1очон бугин,

Коч1ое къуват къе, Къудратав Аллагь!

Къадру къаникь лъураб, иях1 соролеб

Сурараб замана - дир заман гуро.

                  

***

Дие, сабаб г1адин, сардилъ кунч1ана

Ганч1ида т1егь, г1адаб дир маг1аруллъи.   

Дие гьаб ракьалда рокьи ц1илъана,    

Ц1идасан росулъе вуссунеб мехалъ.

Кьилимег1ералъул кьили т1ад лъураб         

Кьун буго дие чу, къисмат ц1унизе,

Дун гьелдаса гьоркье вортараб къоялъ,

Къваридго бук1ине биччай дир росу.

Дица гьеб нечолел бакънал рачинч1о,

Вакъунги къечонги хут1ананиги, 

Т1адчаг1азе х1елун, х1ухьелги ц1ач1о:

Эркенаб г1акълуялъ кьуна дие нух.

Лъала дир рух1алда, лъала гьанада -       

Гьинал рак1лъун буго дие Гьонода.


 


Пикру загьир гьабизе
Личный кабинет
только у нас скачать купить шаблоны dle по низким ценам
Машгьурал макъалаби