Муса МухIамадовасул Г1алиева Загьра. Казбек мухъалъул Буртунай росу
Муса Мух1амадовасул «Маг1арухъе сапар» ва «Ч1ег1ераб гамач1» абураб новеллабаздасан тестал
1. М.Мух1амадовасул кинаб асар байбихьулеб бугеб муг1рул сухъмахъазулги сог1ал лъаразулги къисматалъул бицунаго:
А) «Манарша»
Б) «Маг1арухъе сапар»
В) «Лъукъарал кьураби»
2 .М.Мух1амадовасул «Маг1арухъе сапар» абураб новеллаялда аслияв багьадур щив кколев?
А) Живго автор
Б) Х1асанилав
В) Къади
3. Редоктарас авторасда т1ад къан буго
А) Г1адамазул квешал рахъал къват1ир ч1вазаризе
Б) Инсанасул лъик1ал рахъазе кколеб къимат кьезе
В)Маг1арулазул г1умру бихьизабизе
4.Росулъе сапар бухьунаго, аслияв багьадурасул анищ бук1ана
А)Инсуда аск1ов,урхъи буссинег1ан ,росулъ ч1ей
Б)Х1асаниласулги Исх1акъиласулги харбихъ г1енекки
В)Г1агарлъигун дандч1вай
5. Исх1акъги Х1асанилавги кинал г1адамаллъун рихьизарун ругел?
А) Кинабго рахъал т1ок1к1арал росдал церехъабилъун
Б) Г1амал –хасияталъул заралиял рахъал ц1ик1к1арал г1адамаллъун
В) Жамаг1аталъул г1акъилал церехъабилъун ,жиде-жидер г1амалалъулъ цо-цо г1унгурт1абиги ругел г1адатал г1адамаллъун
6.Авторас г1ат1идго бихьизабулеб г1агараб росдал т1абиг1аталъул сурталъ сунде нилъ кант1изарулел?
А)Маг1арухъ ругел киналго росабазул цогояб т1абиг1ат бук1иналде
Б) Г1агараб росдаде,гьелъул т1абиг1аталде,т1олго Ват1аналде авторасул бугеб рокьул к1одолъи бихьизе
В)Т1абиг1аталъул сурат киналго асаразулъ лъезе ккеялде
7. Ч1ег1ераб гамач1 Бакъдаб росдал тарихалъул сундуе нуг1лъун бук1араб?
А)Гьелда сверухъ кколаан цоялдаса цояб къваридал лъугьа-бахъинал
Б)Гьелда сверун лъималаз рахчирукъ х1аялъе нуг1лъун
В)Мискинзабазул лъик1аб г1умруялъул нуг1лъун
8. Асаралъул багьадурзаби Къадиги, Гьарунги, Г1умарги лъугьун гьеб гъура-чункун т1аг1инабулеб бук1иналъ щиб бицунеб?
А)Ч1ег1ераб гамач1гун цадахъ зах1матаб, рокьукъаб заманалъеги ахир лъолеб бук1ин
Б)Гьелъул бак1алда гъвет1 ч1езе бук1ин
В) Лъаларо
9. «Маг1арухъе сапар» ва «Ч1ег1ераб гамач1» абураб новеллабазул темалъун кола:
А) Маг1арулазул цебет1олеб г1умру, гьезул рук1а-рахъин лъик1лъулеб бук1ин,цебе бук1араб зах1матаб г1умруялъе ахир лъолеб бук1ин бихьизаби.
Б) Исх1акъил ва Х1асаниласул г1умру бихьизаби
В) Маг1арул т1абиг1аталъул берцинлъи бихьизаби
10. Асаразул аслияб пикрулъун щиб кколеб
А) Къадил яшавалъе рецц-бакъ гьаби
Б) Росулъ ккарал лъугьа-бахъиназе къимат кьей
В ) Маг1арухъ ц1ияб г1умру цебет1еялъе г1оло,заралиял г1адатаз зах1матаб г1умруялъе ахир лъолел г1олохъанаб г1елалъул лъик1аб г1амалалъе т1адег1анаб къимат кьей