ЦIех-рех
КъваригIун бугищ рахьдал мацIалда ЕГЭ?

"Частицабазул группаби". Мух1амадова Гулишат, Мах1ачхъала шагьаралъул 35 гимназиялъул муг1алим

 

АВАР МАЦI. 7 КЛАСС

Тема:  Частицабазул группаби

 БАЯН: Частицабазул к1варалде балагьун, гьел рикьула к1иго группаялде: модальниязде ва цитатиязде

 

Частицабазул группаби

модальниял

цитатиял

а) гьикъул маг1а кьолел

унго, унгойищ, -ищ, 

-ищха, -нигищха

-ан, (-ян),

-илан, (-йилан)

б) ах1ул

щиб ле

в) ишараялъул

гьале, гъоле, доле, гьабеле, гъобеле

 

г) щаклъиялъул

-дай, -дайха

гъ) дандекквеялъул

-г1ан, -г1анаб, -г1адаб

 

гь) к1вар кьун, бат1а гьабиялъул

-го, -цин, -ги, -ни, -яли, -х1о, -х1и, -ниги, -гицин, -г1ангицин

г1) гьедиялъул

-х1а

 

д) улъиялъул

у

е) баянлъи гьеч1олъиялъул

цо

ж) г1урхъи ч1ваялъул

г1ицго, цох1о

з) т1алаб ва жаваб тамах гьабиялъул

-ха, -а

 

 

Мисалал:

Модальниял:

а) гьикъул маг1а кьолел: унго, унгойищ, -ищ, -ищха, -нигищха

Мунищха жакъа кумекалъе вит1арав?

 

б) ах1ул: щиб ле

Мун щиб ле жакъа ч1ух1ун вихьула!

 

в) ишараялъул: гьале, гъоле, доле, гьабеле, гъобеле

Гьале доб дица балагьулеб бук1араб т1ехь.

 

г) щаклъиялъул: -дай, -дайха

Гьабиладай дуца гьеб х1алт1и.

 

гъ) дандекквеялъул: - г1ан, -г1анаб, -г1адаб

Оцол бет1ер г1анасеб

Муг1рузул улкаялъул,

Муг1рул г1адаб борхатаб,

Тарих буго гьаниб хъван.

гь) к1вар кьун, бат1а гьабиялъул: -го, -цин, -ги, -ни, -яли, -х1о, -х1и, -ниги, -гицин, -г1ангицин

Г1усмангицин ц1акъав векьарухъан ватана.

 

г1) гьедиялъул: -х1а

Къураналх1а ч1оларо дун тушбабаздаса рец1ел босич1ого.

 

Цитатиял частицаби:

«Нужеда дарс бич1ч1анищ?» - ан гьикъана учителас.

Т1адкъай:

 

  • 80 параграф ц1ализе.
  • Т1адехун кьурал мисалал тетрадазда хъвай.
  • 1 х1алт1и    212 гьумер.

Гьенир кьун ругел предложениязда гьоркьоса частицаби ругел предложениял хъвай тетрадазда ва частицаялда гъоркь мухъ ц1ай.

Пикру загьир гьабизе
Личный кабинет
только у нас скачать купить шаблоны dle по низким ценам
Машгьурал макъалаби