ЦIех-рех
КъваригIун бугищ рахьдал мацIалда ЕГЭ?

«Бищун лъикIав рахьдал мацIалъул мугIалим - 2018»

Конкурсалда г1ахьаллъи гьабуна исана 39 муг1алимас. Гьезда гьоркьор 11 муг1алим вук1ана авар миллаталъул. Кинабниги 10 миллаталъул муг1алимзаби рук1ана къецазда. Щивав муг1алимас кьуна рахьдал мац1алда мастер-класс. К1иго къоялъул къецазул х1асил - 1 бак1 - Г1алиева Загьра Расуловна, Буртабазул гьоркьохъеб школа Казбек мухъ. 2 бак1- Гъазимух1амадов Рамазан Г1абдулаевич, Хутниб гьоркьохъеб школа Гъуниб мухъ ва Мух1амадалиева Пат1имат Мух1амадовна, Тлярош гьоркьохъеб школа Ч1арада мухъ, 3 бак1 - Г1абдулх1амидова Алипат Мусаловна, Советская гьоркьохъеб школа Хасавюрт мухъ, Х1асанова Г1атигат Мух1амадовна, Тлох гьоркьохъеб школа Ботлих мухъ ва Исрапилова Загьрабика Раджабдибировна, Кадин гьоркьохъеб школа Ц1умада мухъ. 

    Пикру загьир гьабизе
    Личный кабинет
    только у нас скачать купить шаблоны dle по низким ценам
    Машгьурал макъалаби