ЦIех-рех
КъваригIун бугищ рахьдал мацIалда ЕГЭ?

АхIмадова Аксират МухIамадгIалиевна сценарий "Бергьенлъиялъул къо"

       Сценарий «Бергьенлъиялъул къо»

ХIажалъулеб алат: харицел, хер, кIазал, халгIатал.

Аида, БатIимат, Амина, ХIава, Асият, РабигIат – уна хурире гъажилда харицелалги лъун. Гьез цадахъ ахIула кечI:

                           МагIарул яс радалго,

                   Хурие уней йиго.

                   Хирияб ватIаналъе

                   ТIорщел щвела гьарзаго..

Ясаз хер бакIарулеб, сверулеб ххвел гьабула. 

Аминаца Асиятидаги тункун абула:

- Лъиданиги йихьичIилан дуда ккун батаниги, сон маркIачIуда мун нижеда йихьарайха!

- Аида: Щиб гьес дур гIинде щурулеб букIараб? (Елъула)

- Асият: БитIахъе нечон хвана, ясал! Бече рокъобе бачIун батичIого, йортун гьелда хадуй уней йикIана. Вугоха тIаса гъоркье вачIунев авги. Цояб рахъалде йорчIун ине дица хIетIе лъолаго, нухги ккун цеве чIана.

- БатIимат: Гьеб кинабго нижеда бихьана, цого-цо гъос щурараб жо рагIичIо.

(Горсверун бакьулъ тIамула).

- Асият: Цо дур кIилкIазул зин-зин рагIизе, гIенеккизе те! – ян вуго, битIахъе гьезда кIал чIвараб гIадин, тIаде къулун вачIинев!

-ХIава: Гьеб бакIалда цоги жо баян гьабизе ккола. КIилкIаздайищ кIал чIвараб, гIиндайищ! (Елъула)

- Аида: МуналиюцIцIа, ХIава, дурабго бахчун чияраб гьурщулей йикIинчIого. Сон хуриса мун ячIунаго, гъос духъе кьолеб букIараб щиб?

- РабигIат: Азали щибаб къойил бакъанида, къец бан рекерулаго, цоцахъе байрахъал гIадин, кагътал хисулел. ЩибгIаги нужеца цоцахъе хъвалеб?

(Киналго релъула, харида квалквадула).

Ясал ругеб бакIалдаса рикIкIад гьечIого, гIодоб тIамун буртинагун гьелда тIад гIодор чIун хабар-кIалалда Васал руго. (МухIама, Амир, Ислам).

Амир: Нилъер иш исана квеш гьечIо. ГIиги кьараго буго, мугIрузда херги лъикI буго.

- МухIама: Валлагь, буго вац. Аллагьас рии битIани кинабго лъикI буго. ЦIад-бакъ рекъайги, рии битIайги.

- Ислам: МухIамад, цо ракIгъеялъе кечIниги щай ахIулареб?

- МухIама: Нилъеего кечI ахIиялъул кеп щиб вац, рилълъая цо ясазухъе, гьелгун цадахъ ахIилин нилъеца.

(Лъабавго уна ясазухъе).

- Гьабулеб битIайги мусудул, цIад-бакъ рекъайги.

- Хур цIун бачIайги, ясал!

- Амин, амин. РачIаралищ.

- Амир: Сваканги ратилин, ясал, рачIая дагьалъ хIухь бахъизин., гIодорчIая. (Буртина гIодоб тIамула).

- Ислам: Гьаб хур-херги чIалгIун батилин нужеда, рилълъая нижгун магIарде. ГIиялги рихьизе, кьарияб гьангун нижер хинкIалги кваназе.

Васал: Рилълъа ясал магIарде

            ГIиял гIухьби рихьизе

            ГIидра тIогьолъ кьурдулел

            КьагIи каранде къазе.

Ясал: Вай кIваричIо магIарде

           ГIухьби согIал рукIуна

           Бер къинкIила, квер къала,

           Рокъорго лъикI ясазе.

Васал: Рилълъа ясал магIарде,

             ГIухьбузул гIумру лъазе

             Керчал буртаби кьела,

             Кьарияб гьан тIамила.

Ясал: Вай кIваричIо магIарде,

           РетIинаро буртаби,

           Бер къинкIила, квер къала,

           Рокъорго лъикI ясазе.

Гьал кечI ахIулел рукIаго рикIкIадасан рагIула цо гьаракь. Векерун вачIуна

 (                            ).

- Рагъ! Рагъ! Рагъ байбихьун буго. Вай балагь. ЧIегIераб борохь нилъер ракьалде щурун бачIунеб буго. Хиянатаб квералъ каву рагьун буго.

Киналго цадахъ годекIанире ракIарула. Левитанил кIалъай биччала.  Руччабазул гIоди бахъуна. Бихьинал доре-гьанире рортанхъула. 

ГIалиев (АхIун абила):

                             Рахъа дида хадур харабазул тIел,

                             Хиянатаб квералъ каву рагьанин.

                             Хехаб ярагъ бухье бихьинал-цIуял,

                             ЦIогьохъе гьужумал жанир рехханин.

          

Киналго нахъе уна. Цее ячIуна РабигIат ва Амина. (Эбел, чIужу).

ВачIуна вас. Рокъов дове-гьаниве вортула. Цо жо балагьулев.

- Эбел: Щиб, дир вас, цIакъ рахIат хун вугори. Щиб лъугьараб?

- Вас:  Рагъ, рагъ байбихьун буго , эбел. Дун рагъде унев вуго.

- Эбел: (Васасда аскIое уна) Вай, дир вас, виччаларо дица мун. Рагъуейищ дица мун гIезавун вукIарав. (гIодулаго).

- Вас: Эбел! Нилъер ватIаналде къо ккедал нахъе къан чIезе бегьуларо. Дуни не ккола дирго инсул ватIан цIунизе. Дир хулжал хIадуре.

- Эбел: Нилъер ватIаналда тIад кIкIуй бетанин,

              Бай черхалда ярагъ, рагъул итаркIо.

               Аваданаб гIумру кьалде буссанин,

              Кьолой, эбелалъул, эгъе хъахIаб чу.

              Эркенлъи бокьарал кьерун чIоларин,

              Кье цо квер, эбелхвад, нух битIиялъе,

              ВатIан хириязе хвел букIунарин,

              Хабар лъикIаб лъайги, дир берзул канлъи.

             Дудасан бахъараб хъаллъидал дунги,

             Хъван цо кагъатниги битIе дихъеги,

             Каранде мунги къан къоял рукIкIанин,

             Воре, рекIел дарман, дун кIочон тоге.

- ЧIужу: (гьесухъе туманкI, хвалчен кьолаго).

       БегIераб хечалъул халатаб туманкI,

       Хъатикь щулаго ккве, дир шинель берцин.

       Бидулъ лълъадарараб лъел къокъаб хвалчен,

       Чоде къулун кьабе, кьварараб лачен.

Рагъулаб фронталда дуде хIал ккани,

Дун хIадурай йиго хIалай ячIине.

ХIинкъарал къоязде мун данде чIвани,

ВитIе дихъе чапар, чоде яхине.

      Дур туманкI бацIцIина, цIун духъе кьела,

      Кьвагьизе дунгоги ругьун гьайила.

      Дуда ругъун щвани, чIорто жемила,

      ЧIвани, дур бакIги ккун, долгун ягъила.

-Вас: Къо-мех лъикI эбел, къо-мех лъикI нужее. Дун бергьенлъиги босун хехго тIад вуссина.

(Киналго нахъе уна. Цеве вачIуна лъукъарав., ва гIодов ккола).

- МугIалим: 

         Гулла керен борлъун рекIелъе ана,

         РекIарав чодаса гъоркье вортана,

         Барти хIихIидана, хвалчен гIодана,

          ХъахIмикки - сестра тIаде гIунтIана.

- Сестра: (кодоб сумка, дарманал, катан)

        Рагъухъан, рагъухъан, ругъун киб щвараб,

        Дица катан къала, дарман гьабила,

        Дур гьумералъул кьер, к1утIбузул ракъвай,-

        Ма гьекъе, гьалмагъ, лъим гьабе цо сабру.

- Рагъухъан:    Сестра, сестра, кIваричIо дие,

                           Я дарман, я катан, я квасквас, я лълъим,

                           Квер гуро, бер гуро, балагье рекIехъ,

                           РагIулищ чулчули чвахулеб бидул.

                 Щай яц хIетIе лъолеб гIоралда цебе,

                 Щай чIаян абулеб унеб бакъалда…

                 Мун йиго ахираб харбие гIадан,

                 Мун йиго хутIараб хIохьелалъе нугI.

   Дир чода цIал кьабун, цIум гIадин йоржун,

  А Дагъистаналде дир хабар босун;

  Абе эбелалда дур вас камунин,

  Абе ячаралда рос ватIалъанин. (Карандаса бахъун орден кьола).

                 Дир каранда бараб, бестIал хутIараб,

                 БагIараб орден кье эбелалъухъе;-

                 Долъ гьикъизе гьечIо мун хванищилан,

                 Долъ гьикъизе буго кин дун хвараван.

  Васасе, васасе ругънатIа бугеб

  БагIараб квербацIцI кье, бица белъараб,

  Биччанте, пионер вахъараб мехалъ,(бица белъараб катан ккола)

  Гьесие галстук букъизе гьалъул.

- МугIалим: Гьел рукIана рагъухъанасул ахирисел рагIаби. Гьеб кьогIаб хвалил хабаргун сестра щола эбелалъухъе ва чIужуялъухъе. Гьелъ щибго абичIого эбелалъухъе сородулел квераз бегьула багIараб орден ва бица белъараб катан.

 Эбел гIодула. Гьелъ гьикъула:

- Кинан хварав дир вас?

- Сестра:   Гьес, ургьиб гьагаб гулла букIаго,

                   Жиндирго бартуда кьабуна яц цIал,

                   Гьес, рекIелъ хвалил ругъун букIаго,

                   Гьагав тушманасда кьабуна хвалчен.

(ГIодула киналго)        

                        МагIу. (ЧIужуги магIихъанги)

- Уней йиго, эбел, дун армиялде,

  Гьинал ракI бахъараб хъиргъу цIехезе.

  Дун хIалакун йиго, хIасратав эмен,

 Аскарал гъурулеб гъалбацI цIехезе.

         Цо гьитIинаб гIайиб, гIолохъабазде,

         Дир рагъул итаркIо, гъоркьго щай тараб?

         Гъвел буго дир базе, гьалмагъзабазде:

         ГъалбацIги рехун тун, нахъ щай руссарал?

Немцазул гуллица керенги борлъун,

Кибедай щапараб щват бугеб лага?

Гитлерил гъачагъаз ччукIелги бахъун,

Щиб кIкIалахъдай тараб кIал гьакIкIараб бацI?

       Рохьоб чан толареб тулакаб хъергъу,

       ТалихI къун хутIарай, хваги дур гьудул.

       ХIурда лъалкI лъалареб, лълъар меседил бис,

       Лъураб хоб бихьичIей, - чIваги дур эбел.

- МагIихъан:

                 НекIо баркаталъул цIадал ралаан,

                 ЦIадул тупал руго гьанже чIехьолел.

                 Ракьул тIиналдаса тIегь бижулаан,

                 Бидул лъарал руго лъелехь бан унел.

     Эбел-инсул урхъи буссинчIел васал

     Немцазул цIадуца роркьулел руго.

     Йокьулелъ къвал базе бахилал лъимал,

     Махх-чарангун рагъун, гъурулел руго.

                  Цо нилъеда хасаб къварилъи гурин,

                   Къараб рачел дуца чучизе тоге.

                  Чанги бахаралда хIебет ретIанин,

                   Воре сабру гьабе, сурмияб микки.

   Дур бекараб ракIги, бухIараб тIулги,

  ТIаде рохел бачIун, хисизе буго.

  ТIураб дур магIуги, бакъвараб ракIги,

  Къисасалъ бецIила, мун юцIун йикIа.

МугIалим: Абула заман ингун унти нахъ бусунилан.

                     Улбузул рекIелъ лъурал ругънал бигьалъулилан.

                     Ругънае устар вуго, унтуе дару буго,

                    Эбелалъе камурав вас хисизе чи гьечIо

 (ГанчIида гIодов чIун, тIимугъги ретIун херав).

           

                     КечI      «Нилъ кIиявго»

  Росу рагIалде рахъун, херал магIарулаца,

 Хадур тIагъралги хьвагIун, тIоритIана нилъ рагъде.

 Малъана цIодор чIаян, цIумал гIадин рагъеян,

 Цоцаде хIал кканани, хIалае рахъайилан.

                          Нилъ кIиявго кванана цо кателокалдаса,

                          КIиясго бащад гьабун бухIана цо хъалиян.

                          Цоцаца ккун раччана, мугъалда ран раччана,

                          РатIалъилин ракIалда букIинчIо киданиги.

             Дица бертин гьабуна, гьудул, мун гIахьаллъичIо,

             Гьавурав вас баркана, дуца бокал борхичIо.

             Мун хвалил ругъунги щун, щапана Киевалда,

             Шинельги орденалги руго дур эбелалъухъ.

  

- МугIалим: Гьале сверана 70 сон гIасияб, рахIму гьечIеб, вахIщияб рагъ лъугIаралдаса. Кидаго кIочене гьечIо нилъеда нилъее гIоло, нилъер гьайбатаб букIинеселъе гIоло рухI бичун, бахIарчиго рагъарал, битIун гIумру тIегьалеб гIолохъанлъул завалалда хвалил ругъунги щун чияр ракьалда щапарал нилъер росуцоял.  

               Гьел лъазе бокьани гьанже гIенекке,

               Цо-цо ккун рикIкIина авлахъалда гъветI:

ГIабдусаламов ГIабдула ГIабдусаламович.

ГIабдусаламов ГIали ГIабдусаламови

ГIабдусаламов ГIалибег ГIабдусаламович

ГIабдусаламов МухIамад ГIабдусаламович

АхIмадов ГIиса АхIмадович

ГIалиев МухIамад ГIалиевич

ХIажиев Идрис ХIажиевич

Джалатов ПатахI Джалатович

ИсмагIилов ГIабдурахIман ГIумарович

Камилов АхIмад ГIабдулкасимович

Къамилов МухIамадрасул МухIамадович

МахIат1ов Рамазан МухIамадович

ГIумаров ГIалибег ГIумарович

ГIумаров МухIамад ГIумарович

ПатахIов КъурбангIали ХIамзаевич

ШугIайбов ГIали ШугIайбович

 (ЦIарал рикIкIунаго цере кквела щибаз цIарал хъварал кагътал)

 

 

 

МугIалим: Рагъдаса руссинчIел анцIил анлъгояв

                     Гьезда тIамах бачIо, гIаркьел кIанцIичIо.

                     РакIалде щвеялъе гIагарлъиялъе

                    ГанчIида рикIкIарал,  цIарал хутIна.

             КечI   «ХъахIал къункъраби»

Дида ккола, рагъда, камурал васал

Кирго рукъун гьечIин, къанабакь лъечIин.

МугIрул тун рикIкIада хъахIил зобазда

ХъахIал къункърабазде руссун ратилин.

Гьел гьанжелъизегIан гьаркьахинаго

Гьава къотIун руго тIавап гьабулел.

Гьелъ гурищ, къункъраби рожунеб мехалъ

Къваридго зобазухъ балагьулел нилъ?

Унеб буго боржун свакараб къокъ,-

Дир къайи цадахъал, вацал, гIагарлъи.

Гьезул читIиралъулъ буго цо манзил,—

Гьеб батизе буго диет араб бакI.

Дунги ина воржун къо бачIарабго,

Къункърабазул тIелгун дове рикIкIаде.

Гьезул мацIалъ дица ракьалда тарал

Рокьулел чагIазул ахIила цIарал…

Дида ккола, рагъда, камурал васал

Кирго рукъун гьечIин, къанабакь лъечIин.

МугIрул тун рикIкIада хъахIил зобазда

ХъахIал къункърабазде руссун ратилин.

 

(Лъимал уна памятникалда тIугьдул лъела)

Киназго цадахъ ахIила

- Даимаб рецц ва цIар  нужее, рагъдаса руссинчIезе!!!

                                  

 

Скачать файл: aksir.doc [25,92 Kb] (cкачиваний: 74)
Посмотреть онлайн файл: aksir.doc
Пикру загьир гьабизе
Личный кабинет
только у нас скачать купить шаблоны dle по низким ценам
Машгьурал макъалаби