Росдал фольклор ва поэзия
Адабият - 10 класс.
Дарсил тема: Росдал фольклор ва поэзия.
Дарсил мурад:
Росдал фольклориял асаралгун ва поэзиягун лъай- хъвай гьаби.
Цересел умумузул адабият, маданият цебеч1езаби, гьелдехун ц1уна - къаялъулаб бербалагьи бук1инаби.
Умумузул ишазе, г1адатазе, къасдазе рит1ухъаллъун рук1ине х1аракат бахъиялъул асар ц1алдохъабазулъ бижинаби.
Калам цебет1езаби.
Малъулел асаразул кьуч1алда ц1алдохъабазе тарбия кьей.
Дарсил алатал:
- «Ирсилал» - стенд.
- Расулил раг1абигун плакат.
- «Салатавиялъул ирс» - бак1алъулаб фольклорияб материалалъул альбом.
- Сидрат Назирдиновналъул, Назирдинил асарал (поэзия).
- «Гуни - Салатавиялъул сси» - З. Ильясов.
- Аудиомагнитафон, аудиокассета фольклориял записалгун, фотоаппарат.
Дарсил план:
- Муг1алимасул цебераг1и.
- «Годек1аниб» - сценка (васал ).
- «Гъаст1абак1» - ясал.
- Маг1аби – рик1к1ине, магнитофоналъул кассетаялъухъ
- г1инт1амизе.
- Росдал поэзия. Сидрат Н., Назирдинил асараздасан цо-цо куч1дул ц1али.
- Дарсил х1асил.
Дарсил ин:
- Х1адуриялъул лах1зат, дарсил тема, масъалаби баян гьарила.
Муг1алим: -
- Рорч1ами лъимал, рорч1ами гьалбал !
Жакъа нилъер буго г1адатияб гуреб дарс – адабияталъул рагьараб
дарс – инсценировка.
Жакъасеб нилъер дарсил тема буго «Салатавиялъул ирс» - бак1алъулаб материалалъулгун лъай - хъвай гьаби.
Дарсил мурадги ккола – нилъер цересел умумузул г1умру адабиябги ва маданиябги рахъалъан цебеч1езаби, гьелдасан нилъеего мунпаг1ат боси. Гьелдехун ц1уна - къаялъулаб бербалагьи бук1инаби. Нилъерго умумузул ишазе, къасдазе, г1адатазе рит1ухъаллъун рук1ине х1аракат бахъи.
Гьале доскаялда нужеда рихьула Расулил раг1аби:
Лъа, жиндирго муг1рул рокьуларесе
Бокьизе рес гьеч1о т1олго дуниял,
Жиндирго халкъалде сарин гьабич1ес
Цогидазул рахъалъ хъвала гьереси.
Киг1ан г1ужилго, рит1ухъго абурал раг1абиха гьел ругел?!
Халкъиял к1алзул гьунаразул асарал малъулаго, нилъеда бихьана нилъер умумузул Ват1аналъе хиралъи, гьелъие г1оло хвезеги нахъе- къангут1и.
Рак1алде щвезаре гьел асарал?
- Бит1ун буго. Гьел руго жидерго Ват1ан ва т1алъи ц1унаразде ах1арал куч1дул.
Муг1алим:
- Халкъиял к1алзул гьунарал – кинал асарал гьел кколел, сундул х1акъалъулъ гьез бицунеб?
Ц1алдохъаби:
- Аслияб къаг1идаялда гьел ккола халкъияб бах1арчилъиялъул, халкъияб г1акъиллъиялъул бицунел, халкъияб бег1ерлъи, пагьму жиделъ бессарал асарал.
Муг1алим:
- Гьеб гуребги, лъимал, гьел руго нилъее умумуз тарал рух1иял памятникал, асаразулъ бицен гьабулел бах1арзал: Хочбар, Мег1ерк1ич1, Анлъкилищ, Хунзахъа Дайитилал, Парту Пат1има (лак.) нилъеца мисал босизе бегьулел ва нилъ жидедаса ч1ух1улел.
Г1урусазул хъвадарухъан, критик Белинскияс маг1арул куч1дузул х1акъалъулъ гьадин хъвана: «Гьел жиндир ругин абизе нечолароан живго Пушкинги: гьедиг1ан г1емер буго гьезулъ рек1ел асарги махщелги».
Лев Толстояс: «Поэзиялъул рахъалъан гьел (халкъиял куч1дул) г1адатияб гуреб жавгьар буго».
Гьединал: жиделъ рек1ел асарги махщелги г1емерал, жал жавгьаразда релълъаралин рик1к1ине бегьулел руго нилъер росдал фольклориял асаралги.
Нилъер росуги бечедаб буго бат1и – бат1иял фольклориял асаразул жанраздалъун: маг1абаздалъун, рокьул, кьалул куч1дуздалъун, кепал лъугьа – бахъиназдалъун. Бищунго г1емер дандч1вала маг1аби.
Гьел киналго асараз нилъее кумек гьабула нилъер умумузул рук1а – рахъин, х1алт1и – пиша, психология, г1адатал, г1умру бихьизабизе.
Масала: «Т1алх1атица т1от1оде абурал раг1абаз» нилъее рагьула нилъер умумуз цебе х1алт1изабулеб бук1араб цо г1адат: «Т1от1онибе г1арац рехи». Пахъухъил т1ут1 къот1изе рач1унел рук1ун руго абуравги гьесул гьудулзабиги. Г1арац дагь гурони щвеч1ев инсуца абун руго гьал раг1аби:
«Ич1го Хамагилав хварав вач1индал,
Хайир щиб бук1инеб пахъухъил т1от1ол.
Хамавгун, Халилгун, Абулав щведал,
Щаклъи ккун бук1ана дир гъоб т1от1оде.
Аген-Х1ажиявгун, х1ама- Нугъайгун,
Байгущ – Хъарамирза, къохьо – Баймирза,
Ц1иц1имихъал - Даци, дувана - Г1усман
Нахъбак1алъул сунт1ур – гьереси – Шапиг1.
Руго асарал гьезул зах1маталъул, гьелъулъ гьарулел рук1арал къецазул бицунелги. Гьенир рехсон ратула бригардирзабазул ц1арал, бригазда ругел г1адамазул ц1арал.
Масала: Ассаламу г1алайкум, паравление,
Гьалбал рокьиларищ бергьун рач1унел
Ниж жанир х1алт1арал гьел участкаби
Меседил щубги лъун, щварщвалел танин,
Борхалъуде ч1валеб ч1ух1араб байрахъ,
Ч1вая, председатель, Г1израилие,
Ч1ух1дае борхулеб меседил байрахъ,
Борхе Имитасе, секретарь - Х1ажи.
Ялъуни: Варани батила, куй батиларо,
Бергьаниги кьеч1о нижер берч1вазе
Байрахъ батиларо, жавгьар батила
Жанисан гьабуна бат1ияб х1укму.
Куч1дул гурелги, нилъер умумузул рук1а – рахъин, г1амал – хасият рагьулел г1емерал кепал биценалги руго. Нилъ г1ажаиблъизарула г1ужилго гьез раг1аби х1алт1изариялъул къаг1идаялъги, гьезул г1акълуялъул бег1ерлъиялъги.
Гьабсаг1аталъ хал гьабизин кепал лъугьа – бахъиназда т1асан рокъобе кьун бук1араб х1алт1иялъул.
Васаз бихьизабизе буго нилъее «Годек1аниб» абураб сценка.
Годек1анир г1одор ч1ун руго херал. Гьез цоцае рицунел руго кепал лъугьа – бахъинал.
Ц1алдохъан: «Мансурил мегеж щай хъах1лъараб?»
Т1алх1атил к1удияв вац вук1ун вуго Мансур. Дунял – яшавалъул г1емер к1удияб ургъелго гьабич1ого, ихтилат – кепалда ругьунав, кеч1 – сариналъе махщел бугев гьит1инав вацасдаса Мансур кидаго гуро рази вук1унев вук1арав. Цо нухалъ гьесухъе яч1арай Т1алх1атил ч1ужу – Х1урияца г1арз бахъун буго росас кват1ич1ого къинлъизе бук1араб г1ака хъунилан. Мансур Т1алх1атил дове вилълъанила ва, печида цевеги ч1ун, хъураб г1акдал ччобори тертида бежулев ватарав вацасда гьикъанила: «Гьаб дир мегеж щай хъах1лъарабали лъалищ дуда?» К1удияв вацасда рак1алда бук1ун буго гьит1инав вац Т1алх1атил ургъел гьабун хъах1лъараб бугин абун гъосда бич1ч1инабизе. «Лъала,- ян жаваб кьунила Т1алх1атица, гьесул к1алдиса бортилалде,- гьеб бугодур эхетун мучариялъги родоцаги хъах1лъараб жо». Мансурица, хабар бицун пайда гьеч1илан, хьваг1ун танила.
Ц1алдохъан: «Дун кив вугевали лъай – лъай!».
К1удияб Ват1анияб рагъул соназ Дада вук1ана армиялда. Полевая почтаялдасан бач1ана Дадал кагъат рокъобе. Рохарал рокъосез Дадал лъаббок1онаб солдатасул кагъат рагьана. Киг1анха гьел пашманлъарал адресго гьеч1еб кагътида г1иц1го: «Дун кив вугевали лъай – лъай!»,- абун хъван батидал.
Ц1алдохъан: «Беццав Дада».
Мунагьал чураяв Дадаев Дадада росуцояз «Малла Насрудиниланги» абулаан. Дада беццав вук1инч1о, гьесул берал рук1ана дагьалъ кьурарал, гьелъ батизе бегьула гьесда Беццав Дадайилан абулеб бук1араб. Дада вуго т1оцересел соназдаго росдал сельсоветалъул секретарьлъун вук1арав, росулъ т1оцеве ваккарав шофер, тракторист, тукенчи ва общественнияв х1аракатчи. Гьесул рак1алъул г1ат1иялъулин абуни, раг1а – ракьан бук1инч1о. Цудунаб г1олохъанлъиялдаго Дадаца х1алт1изе байбихьана колхозалъул цох1ого цо бук1араб машиналъул шофер- Атайил кумекчилъун. Атай вук1ана лъараг1ав. Цо нухалда хъутаналдаса маг1арухъе - росулъе рач1унелъул, «Архъабаш» абураб бак1алда машина бегана ва, лабдаса бехе ун, гъура - чункана. Колхозалъ шофер – Атай судалде кьуна. Дилималда суд гьабулаго, шоферасде - Атайиде ва кумекчи - Дададе гьикъун буго щай машина кьурулъа гъоркье ине биччарабилан. Дадаца судиясул суалалъе жаваб кьунила: «Машиналъул берал – фарал дир бераздаса нусго нухалъ ч1ах1иял рук1ана, щайха гьеб жибго араб кьурулъе?»,- ян.
Муг1алим: Гьел киналго биценаз нуг1лъи гьабулеб буго, лъимал, нилъер умумул ракъи - къечалде, зах1малъи – къварилъиялде балагьич1ого, гьелъул г1аксалда, зах1матаб суалги махсаро – хоч1алде буссинабун, киг1ан зах1матаб х1аладаса рорч1изеги гьезда нухал ратулел рук1ин, гьезул пикруялъул бег1ерлъиялъе ва хехлъиялъе.
Кеч1 бук1ана г1умрудул нуг1ги ва гьеб берцин гьабизе ярагълъунги. Коч1одалъун загьир гьарулаан гьез жидерго къасдал, анищал, рек1ел пашманлъи. Нилъер росулъ г1емер дандч1вала г1емерал маг1аби, рокьул куч1дул.
Гьабсаг1аталда хал гьабизе буго ясазе рокъобе кьун бук1араб т1адкъаялъул – маг1аби ва гъаст1абак1алъул асарал рак1ариялъул.
Ц1алдохъан: Гьаб маг1у ккола Сахратула хведал Шумайсатица гьабураб. Гьев вук1ун вуго бригадир – агроном. Гьес г1езарун руго г1емерал пихъил гъут1би, ц1олбол ахал, ц1улакьодал тулби. Маг1у гьабеян гьаридал, рик1к1ун руго гьал раг1аби:
Дица нужее кеч1 кинан ах1илеб
Ах1ун раг1улелъув гьудулги гьеч1ин.
Ах1аралъул маг1на лъица босулеб
Маг1на босулев вас гьанже гьеч1елъул.
Дун г1адинай гъарин щийго йигодай
Щолаго баг1арбакъ т1аса босарай?
Щийго дун г1адинай ятун к1веладай
Баккулаго моц1рол миц1ир бекарай?
Маргъалул черхалда чидари байдал,
Чара т1аг1ун буго къаркъалаялъул.
Чакарул лугбузде Г1израил щведал,
Сабру лъуг1ун бугин, г1айиб гьабуге.
Хъах1илаб зодихъан рилълъин хехеаб нак1к1,
Йилълъарай анищан дун дуда цадахъ.
Рилълъин хехеаб нак1к1ул мах1 гьуинаб лъим,
Тарабго анищан цадахъго дунял.
Базар чиниялъул чол гьокоги бан,
Чилай – къат1ипадул къайиги гьабун,
Дир ясал къват1ире къокъиналдехун
Къокъарав уябдай ахираталде?
Дунни божуларо мун къанщунилан
Бехе авлахъалда ахикь ватила.
Дунни божуларо мун щапунилан
«Жанибталаялда» т1адго ватила.
Меседил т1алиниб т1авусги бахчун,
Т1аде ракьин хъвараб т1улилав вацас.
Т1алаялда жаниб хъиргъуги бахчун,
Нахъейин вач1арав нахъе дагьав вас.
Бусурманасулги капурасулги
Керен бух1угеги гьанже дир г1адин.
Капурай эбелалъ гьаюрай ясги
Аллагь, юссунгеги пуланаб гъаст1е.
Магнитофон биччала, маг1у ах1ула.
Муг1алим: Къварилъиго г1адин, нилъер росдал г1адамаз цоцае г1ахьал гьабулаан рохелги зах1матги. Цере умумул рак1арулел рук1ун руго гъаст1абак1азде, гваязде. Бигьа гьабулеб бук1ун буго цоцае х1алт1и, гьенибго чучулеб бук1ун буго жидерго рак1ги, бахчараб балаялъул, къадар гьеч1еб рокьул бицун ах1улел рук1ун руго куч1дул.
Гьенире жидерго рак1 т1аде ц1алей яс йихьизе рач1унел рук1ун руго васалги. Гьез махсаро – хоч1алъул формаялда къец гьабун ах1улел, рик1к1унел рук1ун руго куч1дул.
«Гъаст1абак1» - сценка.
Ясал ц1оросаролъ ч1уч1унел, гьалъул – долъул бицунаго, бакъан т1амула.
1яс: Баккулаго хваяб халкъул баг1арбакъ,
Хвезеян гьабураб рокьи бугодай?
Хварабги ц1илъулеб ц1ияб шагьримоц1,
Биххизе гьабураб къот1и бугодай?
2 яс: Дицани гьаб рокьи х1ат1икь кквелаан
Х1ал дуцаги кьуни, йокьулев хваяв.
Дица балаялда къоно ч1валаан,
Къадар дургун бук1ин лъалебанани.
3 яс: Т1ок1аб дунялалда рокьи ккогеги,
К1иязулго нилъер къадар хъвач1они.
Къадар хъван к1иго чи данделъугеги,
Дирги дурги рокьи т1убач1онани.
Т1аде вач1уна вас, махсаро – хоч1алде вала. Къецалде ах1ула яс. Гьез байбихьула къацандун кеч1 ах1изе:
1яс: Рак1алъ гьабулареб хиялги гьеч1ин,
Хут1иладай, лачен, чидай бокьухъе?
Черхалъ баккулареб г1амалги гьеч1ин,
Щиблъиладай, дир гьудул, гьаб рокьиялъул?
Вас: Аяталх1а вуго мунан вух1улев,
Рек1ел мащабалъе балайги рещт1ун.
Дир бадиса канлъи босулеб буго,
Дуниял камилаб керен чараб х1инч1.
2 яс: Г1инт1идул т1егь г1адин, якъвалей йиго,
Т1атун балагьизе бегьуларого.
Т1анхида щуб г1адин, щущалей йиго,
Щибаб лагаялда дур мугьруги ч1ван.
Вас: Ц1ияй гьудул кквезе гьеч1о рак1алда
Ц1идасан гьаб дунял дагъиланиги,
Дургун бугеб рокьи хвезе теларо.
Я дуниял биххун, я дунго виххун.
3 яс: Борхатаб кьурулъе кьоял лъеч1огун,
Дурго кьолболъ вук1а, кьуч1 гьеч1ев гьали.
Кьоял гьеч1елъуре шагьра лъеч1огун,
Дурго лъади хьихье, лъик1ав бах1арчи.
4 яс: Дун берцинай йигин, чан гьабуге, вас,
Чияр кверщел бугин дир рек1еда т1ад.
Ниж чалухал ругин к1ич1 бит1уге, вас,
К1ич1ица ккурал ниж дуе щоларин.
Вас уна.
Муг1алим: Гьединаб бук1ана цебесеб г1умру, гьединал рук1ана умумул. Гьез жидерго к1алзул гьунар аслияб махщеллъун рик1к1унароан ва г1емерисеб рек1елъ ц1унулаан, амма къват1ире загьирлъарал асарал халкъалъ цоцахъе кьун, лъут1а – къот1ун ц1унулаан.
Хисана г1умру, гьелдехун, г1адамасдехун, гьесул гьунар – бажариялдехун бербалагьи. К1одо гьаруна шаг1ирзаби, хъвадарухъаби. Загьирлъана г1емерал гьунарал, ц1иял ц1арал. Амма цо – цо гьунарал, ц1арал, цебе заманалдаго г1адин, г1адатлъиялъул ва рецц - бакъалъулаб каламалъукьа нахъекъаялъул асарги ц1унун, гъвангъич1ого, загьирлъич1ого хут1ана. Хут1илаан, «ирсилал» х1алт1ич1елани, гьез гьел асарал рак1арич1елани.
Дие бокьун буго жакъа нужее нилъер заманалъул, нилъер росдал поэзиялъул ц1ияб т1амач рагьизе, ва гьелдаса нужеца: Айтимерова Сидрат Назирдиновна – нилъер школалъул авар мац1алъул ва адабияталъул муг1алим- ва Мух1амадов Назирдин абун ц1ализе.
Нижехъе гьезул г1емерал асарал щвана, ва гьез ниже к1удияб асар гьабуна.
Ц1ализин нужее гьезул асараздасан цо – цо куч1дул.
«Мун Муи йик1инч1ин, дун Мах1муд гьеч1ин…» -
Гьедин кидаяли ц1алун бук1ана.
Аваразул къайис, дур рокьул къиса
Дица къаси чанги каранде къана.
Бечедаб рукъ – бак1ал, къадруяб тухум
Гьелъул къимат ц1унун, ч1инт1араб х1асрат,
Хъах1абросулъесда рак1 гурх1арай дир
Бекьилъа ясалда бук1унаан ццим.
Тамашаяб г1умру… Къисматалъ дие
Гьелъул къиса кьуна, къабул гьабеян.
Хъах1абросулъесги, сайигъат гьабун,
Саринал хъвайилан кьун тана щакъи.
Огь! Панаяб х1ухьел бух1улеб рек1ел,
Дица хъвалеб буго, хъах1абросулъев,
Каранзулъ рик1арал рек1ел хиялал,
Хиянатай гьудул, угьулел руго.
Дица нужер къиса ц1алулеб буго,
Амма къисмат дирго бихьулеб буго.
«Дов Мах1муд вук1инч1ин, мун муи гьеч1ин –
Гьадин щай ккарабан – сих1къот1и буго.
Гьединал рек1елъе рортулел, рек1ел к1удияб бух1игун, асаргун хъварал руго гьелъул киналго асарал. Асарал бечедал руго нилъер рак1азе к1удияб асар гьабулел дандекквеяз, масала:
Дица ч1умал г1адин, г1умрудул къоял
Г1адамал, ц1алула щибаб лах1заталъ.
********************************
Дур г1амал хисуге, ц1адал къат1рабаз,
Дидаго лъач1ого, къварид гьаюлин…
Ц1алдохъабаз ц1алула гьелъул цогидал асаралги.
Назирдин – гьесул асаразул аслиял темаби ккола Ват1аналъул, г1умруялъул, инсанасул г1амал – хасияталъул, хьвада – ч1вадиялъул,п олитикаялъул х1акъалъулъ темаби. Руго асарал малъа – хъваялъулаб (дидактикияб) формаялда хъваралги. Гьездасан цояб ккола «Г1олилазде» абураб асар. Ц1ализин цо бут1а:
…Дурго сахав чи г1езе
Г1умру дуцаго къач1ай
Къвариг1ел гьеч1еб гьабун,
Минуталъ тох вук1унге.
Къойил къват1ал рорцунел
Г1оркьилалги жалго тун,
Ват1аналъе, халкъалъе
Пайдаяб рахъалъ вук1а.
Адаб кидаго гьабе
Эбел – инсул, халкъалъул.
Эбелгун цадахъ бокьа
Берцинаб нилъер Ват1ан.
Дуцаго гьабулеб жо
Киг1а лъалин кканиги,
Дагьабги г1емер лъала,
Г1емеразда гьикъани.
Квешлъаби ва лъик1лъаби
Г1емер руго ракьалда.
Ракьуца регьел г1адин,
Чорхолъе ц1ай лъик1лъаби.
Рак1алде ккола нужеца г1адахъ росилин гьел малъа – хъваял. Нужеда кин ккола, гьеб кеч1 лъил ва кинаб асаралда релълъараб бугеб?
Ц1алдохъаби: Ц1. Х1амзатил «Г1умруялъул дарсал» асаралда.
Ахиралда дие бокьун буго нужеда рихьизаризе «Ирсилал» абураб кружокалъул г1ахьалчаг1аз данде гьарурал альбомал нужехъе рихьизе кьезе. (Альбомал рихьула)
Гьале, лъимал, ахиралде щвана нилъер дарс, рач1а нилъеца жакъасеб дарсил х1асил гьабизин.
1 ц1алдохъан: Жакъа дарсида нилъеца лъай – хъвай гьабуна росдал фольклоралъулгун ва поэзиялъулгун. Лъана ц1иял асарал, рагьана г1емерал ц1иял ц1арал, к1удияб асар гьабуна ц1аларал куч1дуз.
2 ц1алдохъан: Жакъа дарсида бицаралъ дие кумек гьабуна умумузул рук1а – рахъин, г1адат, г1амал – хасият цебеч1езабизе. Дир дагьабги адаб – х1урмат бижана гьездехун.
3 ц1алдохъан: Дун вач1ана гьел асарал нилъеца ц1унизе кколин ва кодоре щварал данде гьаризе кколин абураб пикруялде.
4 ц1алдохъан: Толстояс абулеб буго гьел ругин жавгьаралин абун. Дица абилаан нилъеца гьел жавгьаразул ц1ал гьабизе кколин. Ц1акъго рек1ее г1уна нилъер росдал поэзиялъул ц1иял ц1арал: Сидрат Назирдиновналъул ва гьелъул инсул асарал.
Муг1алим: Баркала, ц1алдохъаби. Ахиралдаги дие бокьун буго абизе нилъеца гьабулеб х1алт1и к1вар ц1ик1к1араб бук1ин, ва халкъалъ лъик1аб къимат кьолеблъун бук1ин З. Ильясовасул «Гуни - Салатавиялъул сси» абураб т1ехьалъ бицунеб бугин. Нужеда рихьун ратила гьенир «Ирсилал» кружокалъул г1ахьалчаг1аз данде гьарурал асарал.
Г1едег1е нужги гьелъулъ нужерго бут1а лъезе!
Р/т1 – Фольклориял асарал такрар гьаризе.
Дарс лъуг1ана, къо – мех лъик1 !
Саидова (Абусинова) С.Т.