Хадижат Бечедова рагьараб дарс МухIамад ГIабдулхIалимов "Госпиталалъул вас" 6 класс.
Хадижат Бечедова рагьараб дарс Мух1амад Г1абдулх1алимов "Госпиталалъул вас" 6 класс.
Дарсил тема:
Мух1амад Г1абдулх1алимов
Къиса «Госпиталалъул вас»
Дарсил мурад ва масъалаби:
- М.Г1абдулх1алимовасул г1умруялъул ва адабияб ирсалъул х1акъалъулъ щварал баянал г1ат1ид гьари
- Малъараб асар г1амлъизабиялдалъун такрар гьаби ва щула гьаби
- К1алзул калам цебет1езаби
- Адабияталъул теория ва грамматика такрар гьаби
- Маг1арулазул тарих ва ракь лъималазда лъай.
- Ват1аналде рокьи,ях1,намус,чилъи куцай
- Рагъул кьог1лъиялъул ва балагьалъул сурат цебеч1езеби
- Рагъда хварал к1очене бегьунгут1и ц1алдохъабазул рек1елъе лъугьинаби
- Дарсил алатал:
1.Т1ахьазул церелъей
2.Слайдал
- Памятникалъул макет ва т1угьдул
- Инсценировкалъе алатал
Дарсил план:
- Дарсил байбихьи (лъималаз гьалбадерие салам кьей)
- Опрос по биографии, используя слайды,выставку книг
- Опрос по тексту. Тест.
- Словарияб х1алт1и
- Проблемное задание: эбел-гьудулзаби (текстгун х1алт1и)
- Чтение по ролям
- Асаралъул анализ. Х1амзатил образ.
- Рокъобе х1алт1и. Къиматал
- Инсценировка
- . Рагъул солдатал рак1алде щвезари.
- . Авторасулгун дандч1вай
Дарсил ин:
Опрос.
М- Араб дарсида кинав хъвадарухъанасулгун лъай-хъвай ккараб?
(слайд -хъвадарухъанасул сурат)
М- Кив гьавурав М.Г1абдулх1алимов?
(слайд - Шамил район карта Т1елекь росу)
М-Лъимал, Шамил районалдаса ругищ нужеда гьоркьор?
М- Гьит1инаб ват1ан г1агараб росдал ц1арал рице
М-Нуж ккола хъвадарухъанасул ват1аналдаса, Мух1амад Г1абдулх1алимовасул ракьцоял. Гьесул г1агараб Т1елекь Кьилимег1ералул т1арада бараб, бах1арчияб тарих бугеб росу ккола.
М-Гьудулзаби, щуабилеб классалда хъвадарухъанасул кинаб асар нильеца ц1алараб?
(Слайд - М.Г1. т1ахьал )
М-Щуабилеб классалда малъана М.Г1. хабар «Инсул мина».
М-Щиб лъараб, бич1ч1араб гьеб асаралдаса?
Ц1-Асаралъул маг1на- х1асил маг1арул т1алъи бокьулел,умумузул ирс босизе лъалел наслабилъун рук1ине ккеялъул.
М-Цоги кинал т1ахьал хъварал Т1елекьаса Мух1амад Г1абдулх1алимовас?
Ц1-1987 соналъ Мах1ачхъалаялда къват1ибе бач1ана «Нилъералго бицине бегьуларо»
Ц1-Москваялда г1урус мац1алда басмаялда бахъана къиса «Метер кват1изе бегьуларо»
(Выставкаялдаса т1ахьал рихьизарила)
М-Сундул х1акъалъулъ бицунеб бугеб т1ахьазда? Аслияб тема?
Ц1-Гьел т1ахьазда бицунеб буго инсанасул г1амал-хасияталъул,хьвада-ч1вадиялъул, ях1-намусалъул х1акъалъулъ.
М-Сунде нилъ ах1улел ругел,ц1алел ругел Мух1амад Г1абдулх1алимовасул асараз?
М-Лъималазе рук1а,ч1ах1иязе рук1а хъварал асаразулъ авторас нилъ кант1изарулел руго рух1ияб рац1ц1алъиялъе, г1аданлъиялде ц1алел руго. Хъвадарухъанас махщалида рихьизарун руго лъималазе лъик1аб тарбия щвеялъе к1вар бугел лъугьа-бахъинал, мисал босизе мустах1икъал образал.
Гьединаблъун ккола Х1амзатил образ, араб дарсида нилъеца бицараб «Госпиталалъул вас» асаралдаса
М – Рагъда цебе Х1амзатил кинаб г1умру бук1араб рак1алде щвезабилин.
Слайд
Тест (лъималазухъе кьела)
1.Х1амзат кив гьавурав?
А )росулъ
Б) шагьаралда
2.Шагьаралде щвейгун кинаб сайгъат Х1амзатие кьураб?
А)машина
Б)велосипед
3.Васасул г1умру кинаб бук1араб?
А) ,аваданаб
Б) бесдалаб,язихъаб
4.Инсуца Х1амзатие сундул бицунеб бук1араб?
А) лъимерлъиялъул росдал тарихалъул,умумузул,эркенлъи ц1унун гьарурал г1асиял рагъазул
Б) хур-хералъул х1акъалъулъ
5.Эмен рагъде ингун кинаб г1умру ккараб Х1амзатил?
А) ч1обоголъана рукъ,росу,дуниял, инсухъ урхъараб г1умру бач1ана
Б) щибниги хисич1о
6.Кинав вас вук1арав Х1амзат?
А) г1адлуяв,г1одове виччарав, бич1ч1и бугев
Б) квешав,ах1макъав
Слайд.
М - Жакъасеб дарсил тема буго «Госпиталъул вас» къисаялъул бут1а «Х1амзат госпиталалда».
Дарсил мурад буго ях1, чилъи нужелъ куцай. Дарсил т1алаб буго Х1амзатил образ борцун нужеда лъик1аб квешаб бич1ч1и ва унго-унгояв бихьинчилъун вук1ине бажари.
М-Гьудулзаби,К1удияб ват1анияб рагъул х1акъалъулъ хъвана нус-нус хъвадарухъанас. Г1урус адабияталда Александр Твардовский,Булат Окуджава, Константин Симонов, Самуил Маршак, Муса Джалил ва цогидал г1емераз.
(Слайд портретал)
Маг1арул хъвадарухъаби Ражаб Динмух1амаевас,Ц1адаса Х1амзаица, Г1абдулмажид Хачаловас,Мух1амад Сулимановас,Расул Х1амзатовас, Фазу Г1алиевалъ …
(Слайд портретал)
М.Сулиманов ва Г1.Хачалов рагъул короний рагъана,лъукъана. Ражаб Динмух1амаев бах1арчиго хвана. Ц1адаса Х1амзатил к1иго вас рагъдаса руссинч1о.
Жив-жив поэтасул г1умруялъулъ ва рек1елъ лъалк1 тана К1удияб Ват1анияб рагъалъ. Мух1амад Г1абдулх1алимовас «Вук1ана гьединав вас» , «Госпиталъул вас» асаразда бицунеб буго рагъул заманалъул кьог1ал къоязул.
Рагъалъ вас гьавуларо-умумузул кици.
Рагъул кор бокьарал соназ госпиталал рагьун рук1ана Мах1ачхъалаялда ясик1абазул театр бугеб минаялъуб, Касписпийск шагьаралда цоабилеб ва к1иабилеб школазда.
Гьединабго госпиталь бихьизабун буго Х1амзат вугеб росулъги .Амма госпитал рагьилалде Х1амзатил бат1ияб г1умру бук1ана.Кинаб гьеб бук1арабали нилъеца рак1алде щвезабуна тесталдалъун.
Слайд – Словарияб х1алт1и:
1.«Госпиталалъул вас» къисаялъулъ буго
рагъги кьалги. Гьел раг1аби синонимал ккола.
- Гьединго бихьизабун буго ракълилаб заман ва рагъул заман.
Рагъ-рекъел ккола антонимал.
Рагъ-рекъел (антонимы)
Рагъ-кьал (синонимы)
Эпитетал: (лъималаз ц1алила)
Рагъ-г1асияб,вах1шияб
Кьал-кьог1аб,к1удияб
Рекъел-гьуинаб,щулияб
Госпиталь- рагъухъабазул больница
Рагъухъан –раг1и кин лъугьун бугеб? (грамматикияб х1алт1и)
Рагъ абураб раг1уде хъан суффикс жубан лъугьун буго раг1и рагъухъан.
Къисаялъул аслияв герой Х1амзат кьисаялъул ахиралда лъугьуна рагъухъанльун.
Васасул талих1аб, аваданаб г1умруялъе ахир лъуна рагъалъ.
(Слайд- рагъул сипатал)
-Кин г1умру хисараб? Сундалъул авторас гьеб бихьизабулеб бугеб?
Ц1алила тексталдаса. (Гь.183-184)
(аудирование, чтение по ролям,пересказ)
-Х1амзат
-автор
-Сахрат
М-Ц1алараб лъица бицинеб?
М-Тексталъулъ рате Х1амзатил пикраби хъвараб бак1?
М-Кинал пикрабаз рах1ат хвезабун бугеб васасул?
(Гь. 184 ахирисеб абзац ц1алила)
Анализ:
Х1амзатил пикраби к1иго рахъалде рикьун рук1ана.
1.Цояб рахъалда гьудулзаби. Лъималазда цадахъ х1азе вач1инч1еб мехалъ Х1амзат рик1к1унев вуго гьерсихъанлъун,хиянатчилъун.
2.Цогидаб рахъалда эбел. Кин гьей рехун телей? Лъукъарал рагъухъабазе х1ажат буго кумек.
М-Кинаб рахъ бергьараб Х1амзатил?
Ц1-Бит1араб рахъ:эбелалъе, лъукъаразе кумек.
М-Сунца гьесул къуват бач1инабураб?
Ц1-Инсул пикрабаз:нагагь эмен ватани лъилниги ц1обалде ккун.
М-Бихьинчилъи г1унищ гьесул гьудулзабазда цадахъ инч1ого ккараб къо борхизе?
Слайд
Умумузул аби буго:
Бихьинчияс бараб ах1улъ ях1 рехуларо.
М- Х1амзатил кинал рахъал нужее рокьарал?
М-Х1амзатил образ нужедаго борцун,унго-унгоял,къо х1ехьолел, ккаралъуб ях1 рехуларел бихьиналлъун рук1а нуж,васал!!!
Бах1арчилъиялъул х1акъалъулъ кицаби:
Слайд (лъималаз ц1алила)
- Цо лах1заталда жанив бах1арчиги вахъунев, цо лах1заталда жаниб чилъиги холеб.
- Рагъалъ вас гьавуларо.
- Бах1арчи цин хола,х1алихьат анц1ул хола.
Х1алч1ахъадал! Лъик1 х1алт1ана.
М-Лъимал жакъа дарсида бицараб рокъоб хъвазе бугебха нужеца.
Слайд- Рокъобе х1алт1и:
Сочинение-рассуждение «Дун Х1амзат вук1аравани…»
Х1алт1изаре кицаби, эбел-инсул кумекалдалъун хъвай. Бищун лъик1аб исана 100 сон барабазул миллияб «Х1акъикъат» казияталъул конкурсалде бит1ила.
М – Хириял ц1алдохъаби,сочинение хъвазе бигьалъиялъе Х1амзатил г1умру цебеч1езабизе инсценировка х1адурун буго.
Сценка «Х1амзат госпиталалда»
(Рукъ. Бок1нилъ кьижарав Х1амзат.К1одо. Эбел х1алт1уде ине х1адурулей. Хъах1аб халг1ат сумкаялъуб лъолей)
К1одо- Вай,дир яс,дуца гьав Х1амзат цадахъ госпиталалде вачуневани къват1-къват1азда лъугьун теч1ого.
Эбел- Кинха, эбел, гьев вачинев. Дун радалго уна х1алт1уде, кват1ун яч1уна. Дояго ч1айин вуго бет1ерав тохтур.
К1одо- Къват1ахъ свердилевищ ав телев?
Эбел-Эбел,бук1унеб зах1мат госпиталалда:дарабазул мах1,лъукъаразул угьди,зигарди. Кинха гьениб лъимер бук1инеб?
К1одо-(Х1амзатида к1ут1ун) Дидаса х1инкъулев гьеч1о гьав вас. Къойил лъималгун свердула,рокъове кват1ула. Унгейин абун бук1инч1ищ госпиталалда х1алт1изе.
Эбел- Вай,дир хирияй эбел, кинха инарей?! Лъукъарал рагъухъаби эмен вугин ккола, рос вугин ккола. Кирниги гьелги ратизе бегьула чияр ц1обалде ккун, кумек щоларого.
(К1одо г1одула)
Эбел (кьварун) – Вачина дица гьав цадахъ. Х1амзат вахъа т1аде. Хех гьабун вилълъа госпиталалде,кват1улел ругин.
(эбелги васги уна)
(Палата. Лъукъарал кроватазда регун. Угьди-зигарди. Дарабазул мах1.)
Эбел (унтараздехун)- Рорч1ами, хириял! Кин ругел? Мадар гьеч1ищ?
1 рагъухъан (х1алицаго) –Йорч1ами, дир яс!
2 рагъухъан – Йорч1ами,Г1умакусум! Гьав щив? Дур васищ?
1 рагъухъан- Лъик1ав игит вихьула. Вук1инесев рагъухъан.
2 рагъухъан – Йохъ,тохтур вахъина гьасул.
1 рагъухъан – Ц1ар щиб дуда?
(Эбел унтаразухъ балагьулей,дараби кьолей)
Вас- Х1амзат буго. (унтарасул кружуа бортула. Х1амзатица борхула)
2 рагъухъан –Лъим бокьун буго гьесие. (Васас лъим кьола, бусен бит1изабула,г1ет1 бац1уна лъукъарасул)
1 рагъухъан (рух1 лъуг1ун) – Дир гимнастерка кье ..
(Х1амзат виххун ккола, орден-медалазул ц1ураб гимнастеркаги цебеккун ч1ола)
1 рагъухъан – Х1амзат, гьел орден-медалал дур руго. Гьел дие т1ок1алъ х1ажалъуларо ….(рагъухъанас берал къанщула)
(Х1амзат гьесда цеве накал ч1ван г1одула)
Бакъан. Къункъраби. Слайдал
(Лъимал т1аде рахъула. Киназго цадахъ ах1ула. Памятникалда цере т1угьдул лъола. Жиндирго умумул- рагъда хварал, т1аг1арал рагъухъабазул суратал рихьула)
- Нилъер умумул-рагъухъабаз г1умру кьуна жакъасеб эркенаб, ракълилаб г1умруялъе г1оло.
Рагъ лъуг1аралдаса 72 сон ана, киг1ан сонал свераниги рагъул бах1арзал нилъеда к1очене бегьуларо. К1очене гьеч1еблъи бихьулеб буго нужеца рач1арал суратаз. Гьаб сураталда вуго дир к1удада рагъдаса квер гьеч1ого вуссарав (сурат ва гьесул орден_медалал рихьизарила)
Слайд
Ват1аналъул т1алаб т1обит1улаго, т1ерхьарал ц1вабзазул ц1ар къот1уларо
Инхоса Г1алих1ажияв
Рагъул бах1арзал нилъеда к1оченаро. Гьезул х1урмат гьабула киназго. Жиб-жиб соналъ 9 маялда ц1алдохъаби уна рагъул г1ахьалчаг1азда баркизе, гьезул хабада т1угьдул лъезе.
Слайд-суратал
М-Гьал сураталда ругел ветеранал «Госпиталалъул вас»
къисаялдаса г1олохъанал рагъухъаби руго. Кинаб асар гьабураб къисаялъ, инсценировкаялъ?
Ц1-Пашманаб, бадибе маг1у ххулизабуна.
М-Къисаялъул авторгун дандч1вазе бокьилищ нужее?
Ц1-Маг1арулазул хъвадарухъан, лъик1ав инсан ,Россиялъул маданияталъул мустах1икъав х1алт1ухъан Мух1амад Г1абдулх1алимов, гьарула цеве вач1аян.
(лъимал т1аде рахъула)
Дарсил къокъ гьабураб видеовариант интернеталда буго