ЦIех-рех
КъваригIун бугищ рахьдал мацIалда ЕГЭ?

"Махlмудил гlумруялда ва творчествоялда тlасан рагьараб дарс"- 8 класс.

Махlмудил гlумруялда ва творчествоялда тlасан лъай гъварид гьабиялъул 

8 классалда класстун къватlисеб авар адабияталъул  рагьараб дарс. 

 

Джамалова Эльмира Насрудиновна -

авар мацlалъул ва литератураялъул 

тlадегlанаб категориялъул мугlалим

МБОУ «Лицей № 8».

Хунзахъ район, Харахьи росу

 

Дарсил тема: «Дунял - гlаламалъе гlищкъул рукъ барав»

 

Дарсил эпиграф:

«Адабияталъул тарихалда тlад

 Меседил хатl хъвана хъахlабросулъес»

           Цlадаса Хамзат

Дарсил мурад:

1. Махlмудил гlумру ва творчество гъваридго рагьи. Гьесул асарал кин рижарал, гьезул кьучl щиб букlараб, щиб лъугьа – бахъиналда гьел рухьарал ругелали баян гьабиялдалъун асаразул магlна гъваридго бичlчlизаби.

2. Цlалдохъабазул каламалъулаб культура борхизаби.

3. Тlахьал цlализе гъира бижизаби, чlужугlаданалъул къимат гьабизе куцазе.

 

Дарсил алатал: компьютер, проектор, тlахьал, Махlмудил портрет, кучlдул хъварал тlанчал.

 

Дарсил байбихьи.

Столалда тlад бакараб хlетучирахъ, перо, щакъитlел.

Пандрил гьаракьалда гъоркь васасги ясалъги рикlкlуна.

 

(Слайдl)

ГIадамал рещтIуна Къайсил хабада

Къоно ричIичIого салам гьабизе,

Гьалбалги рачIуна ХъахIабросулъе

Хъирул кьуртIа чIчIарав Махlмуд вихьизе.

Дида ХъахIабросдал нусго гьечIеб рукъ

Тахшагьаран ккола, мун жанив гIураб.

Жини-сургу хъвачIеб бекьдерил мина

Бихьизе бокьула дур рокьи ккараб.

Адабияталъул тарихалда тIад

Меседил хатI хъвана хъахIабросулъес.

Халкъалда цIар араб пасахIаталъул

Байрахъ босун ана Муил вокьулес.

 

Дарсил ин

  - Кин нужеда ракlалде кколеб? Лъил хIакъалъулъ нилъеца бицине бугеб гьаб дарсида?

  - Хъахlабросулъа Махlмудил хlакъалъулъ.

  - Рагье тетрадал, хъвай дарсил тема: «Дунял гlаламалъе гlищкъул рукъ барав». (Слайд 2) 

  - Дарсил эпиграф:

«Адабияталъул тарихалда тIад

Меседил хатI хъвана хъахIабросулъес»

                                                         Цl. Хlамзат (Слайд 3)

  - Щай гьедин хъвараб Цl. Хlамзатица? Гьеб суалалъе жаваб кьела нужеца дарсил ахиралда. Дарсида нилъеда  церечIарал масъалаби. (Слайд 4)

  - Нужее рокъобе тIадкъай букIана ХъахIабросулъа МахIмудил гlумруялъул ва творчествоялъул нух ракIалде щвезабизе, гьесул хlакъалъулъ тlахьал цlализе.

   Кинаб заманалда вукIарав шагIир кколев ХъахIабросулъа МахIмуд?

  - 19 гIасруялъул кlиабилеб бащалъиялда.

  - Махlмудил лъимерлъиялъул лъица бицинеб?

  - Гьавуна 1873 с. Унсоколо районалъул ХъахIабросулъ мискинчи Анасил МухIамадил хъизаналда. Цlакъ захlматаб заман букlана. Жидецаго гlезабураб тlощел чанго моцlалъе гурони гlолароан. Анасил Мухlамад ракьцоялгун цадахъ, хlамаги цебе къотlун, чачаналъе хьвадулаан («гьирихъ хьвади»). Гьениса цlоросаролъул хъапги босун вачlунаан. Хьвадулаан Хунзахъ базаралде цlулал тlурччи бичизеги.(Слайд 5)

  - Цlалуде рокьи ва гьелъие гьунар бугев вихьидал эбелалъул вацас Махlмуд вачун вуго Бекъилъе гlалимзабазда цеве цlализе витlизе. Гьедин, эбелалъул вацасул хlаракаталдалъун, вукlинесев шагlирасе щун буго доб заманалда рекъараб лъай, лъун буго гъваридаб гlелмуялъе щулияб кьучl. Гьев вахъана лъикlав гlалимчилъун. Абизе бегьула, рокьи ккаралщиналги гlараб гlелму цlаларалщиналги жеги  гьесул шагlирлъиялъул борхалъуде рахинчlилан.

  - Йихьарайго рекlее гlуна Махlмудие Бекьилъа Муи. Амма гьей кьуна Махlмудил гьудул, полковникасул вас Къебедмухlамадие. Росасда йигей гlаданалдехун рекlелъ бугеб асар гьес лъазе течlо. Муил цlар рехсечlого гьаруна гьелде кучlдул. Къебедмухlамад хун хадуб бижана шагlирасул гьей ячине пикру. Гьелъул рекlелъги батана бацlцlадаб асаралъе жаваб. Ритlана Махlмудица яс абизе чагlи. Кьоларила жидеца мискинчиясе яс!  (Слайд6)

 

   Учителас бицуна Махlмудица Муи  хъамиялъул тарихияб лъугьа – бахъиналъул хlакъалъулъ.

 

  - Кинал темаби рагьулел рукlарал шагlирас цебехун нужеда малъарал кучlдузулъ?

  - Рокьи ва рагъ.

  - Рагъул темаялда асарал кин рижарал? 

  - Гьев гlахьаллъана Дунялалъулго тlоцебесеб рагъда. Гьесда лъана солдатазул гIумруялъул кьогIлъи. Полкалдаса Дагъистаналде вуссаралдаса МахIмудица МахIач Дахадаевасул тIадкъаял тIуразарулел рукIун руго.

  - Пачаясул армиялда бугеб гlадлу къватlиб чlвазабулеб бугищ гьес?

  - Пачаясул армиялда бугеб тIилилаб гIадлу гьес къватIиб чIвазабулеб буго, гьелда тIад велъанхъулев вуго, бихьизабуна армиялъул гIадлу жинда рихун бугеб куц. Поэтасул ракI бекизабун буго тIадегIанал чиназ солдатаздехун бихьизабулеб чIухIиялъги гIамал кIодолъиялъги.

  - Махlмудил бищунго тlадегlанал асарал кин рижарал?

  - МахIмуд уна гьужумазде, вагъула бахIарчияб куцалда ва замхIматго лъукъула. Гьеб заманалда гьес хъвала бищунго тIадегIанал асарал: «Мариям», «Эбел ва яс», «Почтовой кагътиде керенги чучун». МахIмудица къасд гьабула гIадамазул цоцаздехун бугеб рокьи бищунго гучаб, къуватаб бугилан абураб бербалагьи загьир гьабизе.

  - Шагlирасда фронталде ккедал щиб бичlчlулеб?

  - Фронталде ккедал шагIирасда бичIчIула жиндирго хиялаздаги халкъалъул рагъалдаги гьоркьоб бугеб кIудияб манзилги батIалъиги. Рагъ ва рокьи – гьеле гьединал суалазул кIиго рахъги босун, гьезул цояб тIаса бищиялде вачIуна Махlмуд.

  - Нужеда цере ругел кучlдуздасанги бичlчlула кинаб рахъ, кинаб тема гьес тlаса бищарабали? 

  - Рокьул тема.

  - Гьел кучlдузул буго жидерго хаслъи. Хъвараб къагlида буго батlияб. Шагlирас хlалтlизарун руго диниял, гlелмиял, гlадатазулал терминал.(Слайд 7)

  - Рагъул заманалъ хъвараб «Эбел ва яс» абураб кечlалда тlасан сценка бихьизабила гьабсагlат ясаз. Ургъе, кинаб кlвар бугеб суал борхулеб бугеб шагlирас гьеб кочlолъ?

 

Сценка «Эбел ва яс»

                                  Яс

Дир рекlел ургъалил гъугъалеб гьаракь

Пирилъун кьвагьдола рукьбазда жаниб;

Жаниб кереналъул кутакаб цlадул

Цlилазда кваналеб квешаб хъуй буго.

Дир гьаналълъ бекьараб рокьул шавкъалъул

Къараб рачел буго бичизе дуе;

Дир черхалъ хlехьараб хlасратаб гlищкъул

Къвал чучун угьизин гьанже дудехун.

Лъадае инаго къватlий кватlани,

Къватlул хиралъиян лъола  бугьтанал.

Букlунаро гlищкъу гlорлъун инчlого.

Лъие дун хlелилей хlалай лъугьаян?!

                                Эбел

Ссиялде рилълъунеб рилълъахъ балагьун,

Хъубаб агьлуялда эдинин кколеб;

Логол гьайбатлъиян, гьурмал гвангъиян,

Гваргъун цlа рекlаял кlалъалин хадур.

Халкъго данделъараб даран лълъунарин,

Дурго килищ битlе, тlубалин мурад,

Дунял - гlалам цолъун цо жо кколаро,

Ккараб хиялалъе хункар дунлъидал.

                             Яс

Дудасаги кьерун, кьолбодаса къан,

Къватlиб бицунареб цо унти буго;

Инсудаса нечон, чиякьа хlинкъун,

Къоял гlемер араб гlузру буго дир.

Дунилан чапулев чи вуго, эбел,

Чорхол гьанги бакъван, берзул нурги къун;

Цо дир хъергъу буго хъархъица хlулун,

Къотlи гьабун буго гьесулгин дица.

                         Эбел

Вагь… ай, Умагьани, эбго щиб рагlи –

Щобде багlар бакъулъ къец гьабулев щив?

Щибан, Жайран – ханум, хиял гьабураб –

Гьаваялда моцlрол цlар лъихъе щолеб?

Дурги рагъиялдае гъалбацl  бахани,

Божиго хвана дир халкъалдасаго;

Дур хъаладул тlохда хъарчигъа чlани, -

Хъублъани хlакъ гьечlо хlурулгlиналъе

                               Яс

Дур бегьичlищ чанго, чехьалъул эбел,

Чанай яхъарай дун нахъ чlвалей йигей?

Чиго вокьичlого йорчlанадай мун,

Чlегlер чармил босун нус дихъе кьезе?

Харилъ баккараб тlегь тlад кьер гlун хадуб,

Гlодобеги бортун батула дида;

Гlурдада бараб хер, мех щвейгун тани,

Щибго хутlуларо, хаган бакъвала.

                         Эбел

Хlажрул улкаялде ахlтlолеб гагу,

Гоче дурго къватlахъ, къабулав восе.

Сайхlун – Жайхlуналъулъ жендолеб ччугlа,

Дида гlайиб чlваге гlаксалда кканин.

 

  - Гьаб кечl сундул хlакъалъулъ бугеб? Кинаб кlвар бугеб суал гьениб борхулеб бугеб шагlирас?

  - Ясалъ эбелалде ургъел бикьулеб буго жиндирго рекlел ккараб гlищкъуялъул. Эбелан абуни, басриял гlадатаздаса тlезе хlадураб, хlеренаб рекlел гlадан йихьула. Магlарулазул гlадаталда рекъон, рекlелъ бахчараб пикру эбелалъе рагьизе рекъараб буго, цойгиязе гьурщичlого. Эбелалъ кьола нилъее битlараб гlакълу. Ясалъул рекlел хlалги бихьун, кигlан бокьичlониги, гьелъул талихlалъе гlоло умумузул басрияб гlадат биххизецин хlадурай йиго гьей.

  - Дагъистаналъул адабияталде кинав поэт хlисабалда вачIарав Махlмуд?

  - Гьев вачlана цIакъго гьунар тIокIав поэт-лирик гIадин.

  - Лирикиял асарал кинал кколел?

  - Лирикиял асарал рукIуна авторасул рекIел хIал, пикраби, къасдал рихьизарулел асарал.

  - МахIмудица жиндирго рекIел асаралъе эркенлъи кьолеб буго, гьеб лъидасаго ва сундасаго бахчулеб гьечIо, бацIцIадаб рекIел хIал нечезе ккараб жо гурин абулеб буго.

  - МахIмудил щибаб мухъилъ, щибаб кочIолъ буго чIужугIаданалъе кьолеб къимат, гьелъул гьабулеб адаб-хъатир, яхинаюлей йигеб кIудияб даража.Шагlирасе цlакъго бокьулаанила кучlдул рикlкlине. Гьеб нужеда бихьила васазул церерахъиналдасанги.

 

Театралияб церерахъин

  - Ассаламгlалайкум, росдал жамагlат.

  -Вагlалайкум салам, хирияв гьобол.  Кибехун сапар бухьараб Махlмуд?

  - Росдал боцlи бичизе Алмахъалде ун вукlана, кватlараб гlужги бугелъул Данухъго чlезе хlукму гьабуна. Нужер гьанив кечl ахlулев чиго гьечlищ?

  - Вуго, Мухlамад буго гьесда цlарги. Мун нижехъ чlанани бокьилаанха.

  - Дун дуца Мухlамадил дове щвезе гьаве.

Кlиялго Мухlамадил доре уна. Лъай - хъвай гьабула. Рукъ цlурал гlадамал данделъула. Цинги гlолохъабаз херав Гlазизида гьарана:

  - Дуда лъала нилъергоги чиярги къисаби, Гlазиз. Гьалбадерида гьединал рагlун ратунгутlизеги бегьула, бице гьезул цо – кlигояб.

  - Хабар тун нуж гlенеккилел ратани, дица лъабго къиса бицина, цояб бахlарчилъиялъул, цогидаб намусалъул, лъабабилеб цlодорлъиялъул, лъабабгоги ясазул гlумруялъул хlакъалъулъ.

  - Гlенеккила, бице дурго, - ян вохана Махlмуд.

  - Цин цо Патlиматил ккараб бицинин нужее. Гьей йикlун йиго азбаралъуй гlака бечlчулей. Хlалтlуе квал – квал гьабун буго аскlоб букlараб басиялъ. Гьелъ хух гlадин кодобеги босун, метрагун бащдаб борхалъиялда бугеб къадада тlасан добехун лъун буго хlайван. Гьеб бихьарав вац хlайранлъун вуго, чанго нухалъ баси кодобе босизе лъугьун вуго, бажарун гьечlо.

   Жалго хутlараб мехалъ Мухlамадица яцалда абун буго речlчlизе рачlайилан. Речlчlун руго. Патlиматица гьев кlиго нухалъ хъарщи гlадин гlодов лъун вуго, амма вацасул мугъ ракьалда цузе биччан гьечlо: «Кидаго гlодоб цучlеб дур мугъ дицаги гьабиларо», - абун буго. Къисабазе гlела. Гьанже цо кочlол мухъалгlаги рикlкlе, Махlмуд. Дуца кечl рикlкlунеб мехалъ гlенеккизе бокьулин нижее.

  - Валлагь, рикlкlинелха.

Дир рекlелъ рессарал мусудухъ балай,

Росабалъ цlарги тун, цlоралде щолел.

Цlуязгин бихьиназ бицеян абе

Бихьанщинаб къое къечlел ясазул.

Къилбаралъул цlвайихъ цlабуцlуна черх,

Цlодорай Халилат халкъалъ еццидал.

Хиялазул чода чабхъад унев дун

Чан пикрабалъ толев таманаб мехалъ!

  - Руччаби руго хlикматал жал. Гьез бахъулареб хъалаги гьечlо, биххулареб кьуру – мегlерги гьечlо, гьезда нахъ буссинабизе кlолареб гlор - лъарги гьечlо. Гьез сундаго бергьенлъи босула.

  - Дун щвечlеб росу къанагlатги батиларо магlарухъ. Гьезул щибалъуй ятула кочlохъанги, кьурдухъанги, бахlарчияй чlужугlаданги. Руччаби мустахlикъал руго реццалъеги, цlаралъеги, сайгъат - саламалъеги, гьезул хlакъалъулъ кучlдул, къисаби хъвазеги, жидее гlоло бихьиназ рухl кьезеги.

  - Кинаб гlамал - хасияталъул чи вукlарав Махlмуд?

  - Поэт вукlун вуго унго - унгояв магlарул хасияталъул бихьинчи. Кьураб рагlуеги ритlухъав, мекълъи - тlекълъиялда разилъуларев, хlинкъи - къай гьечlев, рекlел сабру бугев, гlаданлъи цlикlкlарав.

  - Гьанже нилъ балагьила театралъул актерас Махlмудил роль махщалида хlалеб бугеб куцалъухъ. (Проекторалъ речlчlизабун бихьизабила) 

  - ГьедигIан хIеренго, недегьго чIужугIаданалде кIалъарав, гьелъул берцинлъи, гьайбатлъи, гIадатлъи кочIолъ ахарав чи МахIамудил заманалда вукIинчIо, гьелда абизе бищун гьайбатал, беричал рагIаби ратулаан гьесда.

  - Дунялалда, ракьалда бищун гьайбатаб ва берцинаб къадруяб жо чIужугIадан йикlин загьир гьабулеб буго гьес жиндирго кучIдузулъ.

Учителас бицуна Махlмуд чlваялъул хlакъикъат.

  - Хъвараб къисматалда разилъун рукIине кколин, гьебгун къеркьезе бегьуларин, бецIаб къавмалъ бицунеб заманалда, Махlмудица гIолохъанаб гIел сунде ахIулеб бугеб?

  - Гьес гIолохъанаб гIел ахIулеб букIана жидерго талихIлъеги, эркенлъиялъеги, жидерго анищал мурадал тIураялъеги гIоло къеркьезе.

 

Дарсил хlасил гьаби

  - Щиб бичlчlараб нужеда жакъасеб дарсидаса?

  - Щай Цl. Хlамзатица абурал гьаб эпиграфалда хъварал рагlаби.

- Махlмуд холеб мехалъ, гьесда тlадеги къулун, цо магlарулас абурабила гьал рагlаби:

«Меседил гlадалнах, гlарцул гвангвара

Гlадада хвелилан хиял букlинчlо».

  - Киназулго гуро рекlелъ рокьи букlунеб. Йокьизе бегьула эбел, йокьизе бегьула чlужугlадан, бокьизе бегьула нилъго жаниб гlураб ракь. Рокьи рекlелъ гьечlев чи, гьев квешав чи ккола. Цlара - цlаралъуве инчlого, щибав гlолиласда лъазе ккола битlараб нухдасан ине: лъикlаб босизе - квешаб тезе. Бихьинчи вукlине ккола кьураб рагlуе ритlухъав, тlекълъи - мекълъиялда тlад рекъоларев, щибасул букlине ккола жиндирго пикру. 

 

Рокъобе тlадкъай:

Махlмудил творчествоялда тlасан доклад хъвазе.

Цо кечl рекlехъе лъазабизе.


Къиматал лъела

  - Дарс лъугlизабила нилъеца Расул Хlамзатовасул рагlабаздалъун.

 

Цере рахъун лъималаз рикlкlуна.

 

Ахlана Махlмудица,

Борхатаб тlохде вахун,

Тlолго Дагъистаналда

Гъугъана гьесул гьаракь.

 

Ахlана Махlмудица,-

Гlурул тlиндасан рокьи

Бачlана, гама гlадин,

Магlарул гаваналде.

 

Ахlана Махlмудица

Азарцlул чlвараб рокьи,

Чlаголъана, сахлъана

Сибир къотlун буссана.

 

Ахlана Махlмудица,

Ракьулъ жанисан гlищкъу,

Жиб гьалейилан абун,

Парпадана кьурда тlад.

Скачать файл: elmira.doc [21,39 Kb] (cкачиваний: 96)
Посмотреть онлайн файл: elmira.doc
Пикру загьир гьабизе
Личный кабинет
только у нас скачать купить шаблоны dle по низким ценам
Машгьурал макъалаби