ЦIех-рех
КъваригIун бугищ рахьдал мацIалда ЕГЭ?

"Глагол"- 4 класс

Авар мацl

4 класс

Тема: «Глагол – каламалъул бутlа» 

Дарсил мурадал: 

  • 1. Кlвар бугел суалалги лъун, лъималазул дарсида лъай борхизабизе; глаголалъе баян кьезе, гьеб цойги каламалъул бутlабазда аскlоб батlа бахъизе лъай;
  • 2. Лъималазул бажари цебетlезабизе, ругьун гьаризе:
  •         - цадахъ рекъон хlалтlизе;
  •         - данде кквезе, суалал лъезе, хlисаб-суал гьабизе;
  •         - цойгидалъулгун бухьен гьабизе.
  •  3. Захlматалде, тlабигlат цlуниялде рокьи бижизабизе

Дарсил тайпа: цlияб лъай кьей

Алатал: мультипроектор, компьютер, карточкаби.

Дарсил ин:

Дарсил эпиграф: (Cлайд 1)

Рек1елъ ц1унараб цо х1арп лъик1аб

 кагътида ц1унараб цо раг1иялдаса.

                                                  (Халкъияб кици)

  • Дарсил байбихьи
  • - Рорчlами, лъимал! Жакъа нилъер буго авар мацlалъул дарс. Цlодораб, гlакъилаб, гъира базабулеб балайгун ралагьун руго жакъа нуж дихъ. Дида ккола дарсида нуж лъикl хlалтlилилан. 
  • - Дарсида хlалтlизе хlадур руго ниж,
  •   Хlаракат бахъила цlияб лъай щвезе.
  •  
  • 2. Цlияб дарсил темаялъул кlвар буголъи.
  • Хъвай жакъасеб къо-моцl
  • - Кинал каламалъул бутlабазул нилъеца бицараб?
  • 1. Предметияб цlар
  • 2. Прилагательное
  • 3. Цlарубакl
  • 4. ……………
  • Суратал рихьизарила, лъималаз мисалал рачина.
  • 4. Цlияб лъай босизе дарсил тема рагьи. (Слайд 2)
  • Тlоцересел хlарпалги росун, предметиял цlаразда хадур рагlаби ургъизе.
  • Кверал……………. (квалквадула)
  • Гlундул…………….(гlенеккула)
  • Берал………………..(балагьула)
  • Яс…………………….(ячlуна)
  • Вас……………………(векерула)
  • Цlалдохъан……..(цlалдола)
  • - Цlале лъимал гьел рагlаби. Щиб гlаммаб, релълъараб рахъ бугеб гьел рагlабазул?
  • - Гьел рагlабаз бихьизабулеб буго гьабураб иш.
  • - Гьабураб иш яги хlал бихьизабулеб каламалъул бутlа ккола….? Кинаб темаялъулха нилъеца жакъа бицине бугеб?
  • - Глаголалъул
  • - Рачlаха хал гьабилин нужеца битlун абун бугищали.
  • Слайд 3.
  • Гlажаибаб ишалъул каламалъул бутlа гьаб
  • Тlолабго мацlалда рухl лъезабулеб:
  • Бахъула, хlалтlула, хlала, цlалдола,
  • Бацlцlуна, чурула, уна, вачlуна –
  • Кибго кумекалъе батула ГЛАГОЛ
  • - Гьеле гьеб буго нилъер жакъасеб темаги
  • 2. Доскаялда хъвала дарсил тема: «Глагол – каламалъул бутlа»(Слайд 4)
  • - Рачlа, доскаялда аслиял рагlабиги росун, схемаялдалъун бихьизабизе глагол щиб колебали?
  • - Кинал суалазе жаваблъун бачlунеб глагол?
  • - Щиб гьабураб? Щиб хlалалда бугеб?
  • - Мисалал раче.
  • - Схемаялъухъги балагьун, глагол щиб кколебали лъица бицинеб?
  • - Глагол ккола  предметалъул иш яги хlал бихьизабулеб, щиб гьабураб, щиб хlалалда бугеб абураб суалазе жаваблъунги бачlунеб каламалъул бутlа.
  • <!--[if !vml]--><!--[endif]--><!--[if !vml]--><!--[endif]-->                                                         ГЛАГОЛ
  • <!--[if !vml]--><!--[endif]-->     каламалъул                                                                            щиб гьабураб?
  •       бутlа                                                                                щиб хlалалда бугеб?                                                             
  •                                                                   
  •                                                  предметалъул иш яги хlал
  •                                                            бихьизабула
  • - Щибаб гьабулеб ишалъулъ букlуна тlубазе кколеб мурад, рахине кколеб борхалъи. Кинабха бугеб жакъасеб нилъер дарсил мурад? Рачlа доскаялдасан цlализе. Нилъер мурад буго глагол каламалъул бутlа хlисабалда батlа бахъизе лъай.
  • Хlухьбахъиялъул минута
  • Лугбузе: Цо абидал….
  • 5. Лъай гъварид гьаби
  • Тархазул диктант (Слайд 5) 
  • Каламалъул бутlаги бищун, гьелъул тарихалда нахъа лъела данде кколеб сураталъул тарих.
  • Предметияб цlар
  • Прилагательное
  • Цlарубакl
  • Глагол
  • Суратал рихьизарила
  • <!--[if !vml]--><!--[endif]-->   1. Багlараб   <!--[if !vml]--><!--[endif]-->   2. Бацlцlине

<!--[if !vml]--><!--[endif]-->              3. Чуризе      <!--[if !vml]--><!--[endif]-->  4. Чу

 

<!--[if !vml]--><!--[endif]-->               5. Квен гьабизе <!--[if !vml]--><!--[endif]-->6. Г!урччинаб

 

<!--[if !vml]--><!--[endif]-->                7. Кьурдизе   <!--[if !vml]--><!--[endif]-->8.  Гlака

 

<!--[if !vml]--><!--[endif]-->                9.  Лъимал

 

<!--[if !vml]--><!--[endif]-->                10. Чlезе   <!--[if !vml]--><!--[endif]-->11. Кlанцlезе

             

<!--[if !vml]--><!--[endif]-->                  12. Гьал

Битlараб жаваб: 1-2, 2-4, 3-4, 4-1, 5- 4, 6-2, 7-4, 8-1, 9-1, 10-4, 11-4, 12-3

  • Кlи-кlиккун хlалтlизе тlамила. Суратаздасан предложениял гlуцlизе тlамила.
  • Тlехьалдасан хlалтlи.
  • Хlалтlи № l53. Цояз тlадкъай цlалила, гьеб бичlчlизабила. Жалго жидедаго чlун хlалтlила.
  • Тексталда тlад хlалтlи.(Слайд 6)
  • Муса ахикь хlалтlулев вуго. Жакъа гьес лъабго гъветl чlана. Васасда тlадеги ралагьун, хlанчlаз берцинал бакънал рачунел руго. Муса кидаго хlадурав вуго кlудиязе кумек гьабизе.
  • Дарсил хlасил – рефлексия. (Слайд 7)
  • - Жакъа дида лъана………..
  • - Дие бокьана………………….
  • - Дида лъана……………………
  • - Дие захlмалъана……………
  • - Дихъан бажарана…………..
  • - Диего лъола къимат………..
  • Лъималазе дневниказда къиматал лъела
Пикру загьир гьабизе
Личный кабинет
только у нас скачать купить шаблоны dle по низким ценам
Машгьурал макъалаби