6 класалъул цIалул ахиралда гьаризе тестал
6 класалъул ц1алул ахиралда гьаризе тестал
1. «Къайицадахъал» абураб маргьадулъ гьудулзабилъун щал колел?
А. Церги, циги, васги Б. Циги, бац1ги, Мук1учханги.
В. Церги, Мук1уч1ханги, бац1ги Г. Церги, циги, бац1ги.
2. «Ралъдал чу» абураб маргьадулъ хан пашманлъиялъе г1илла щиб ккараб?
А. Квешаб хабар Б. Бихьараб макьу
В. Бот1рол унти Г. Вазирас кьураб г1акълу.
3. «Муг1рузул Г1али» абураб коч1олъ щиб сабаблъун ч1варай Г1алица ч1ужу?
А. Мехтун вук1ун Б. Чияр мац1 сабаблъун
В. Лъади квешай г1адан йик1ун. Г. Щибго г1илла гьеч1ого.
4. «Муг1рузул Г1али» абураб коч1олъ «к1алч1ег1ерал х1амул» раг1абазул
сонал т1амураб бак1алда ц1ар бице.
А. Хважалмахи Б. Карамахи
В. Алмахи Г. Какамахи.
12. Дуцаго ц1алараб хабаралъул, коч1ол ц1ар ва автор?
13. Районалъул газетаялде ц1ар ва гьелъул бет1ерай редактор.
1. Лъараг1азул шаг1ир Гъазахъил «Йирчи» абураб т1ок1ц1аралъул маг1на.
А. Коч1охъан Б. Мискинчи
В. Бесдалав Г. Гьардухъан
2. Гьаниб «рисалат» абураб раг1ул маг1на баян гьабе.
Дир рек1ел дардарал росун А. Х1инч1
Рисалат бит1илилан Б. Салам
Бак1лъун нух т1езе Гурин В. Кагъат
Т1амуларо таваккал. Г. Рокьи
3. Гьаб коч1ол авторасул ц1ар бице.
Нусго мискинасда гъорлъ А. Йирчи Гъазахъ «Икъбал»
Цох1ониги вугодай Б. Батирай «бах1арчиясул х1акъалъулъ»
1. Лъараг1азул шаг1ир Гъазахъил «Йирчи» абураб т1ок1ц1аралъул маг1на.
А. Коч1охъан Б. Мискинчи
В. Бесдалав Г. Гьардухъан
2. Гьаниб «рисалат» абураб раг1ул маг1на баян гьабе.
Дир рек1ел дардарал росун А. Х1инч1
Рисалат бит1илилан Б. Салам
Бак1лъун нух т1езе Гурин В. Кагъат
Т1амуларо таваккал. Г. Рокьи
3. Гьаб коч1ол авторасул ц1ар бице.
Нусго мискинасда гъорлъ А. Йирчи Гъазахъ «Икъбал»
Цох1ониги вугодай Б. Батирай «бах1арчиясул х1акъалъулъ»
Жиндир х1акъаб ях1-намус В. Г1-Х1 Шахтаманов «Халкъалъул ццин»
Бечедаца рик1к1унеб Г. Инхоса Г1алих1ажияв «Будун дамдамаги»
4. Сундул бицарал куч1дул ругел Къуркълиса Щазал?
А. Талих1аб рокьул Б. Т1абиг1аталъул берцинлъиялъул
В. Талих1 гьеч1еб рокьул Г. Ват1аналъул х1акъалъулъ.
5. Сунда абулеб метафорайилан?
А. Коч1ол къот1елалда Б. Адабияталъул жанралъул цо тайпаялда
В. Инсанасул рек1ел х1ал, предметазул сипат-сурат баян гьабизе хъвалсараб
маг1наялда х1алт1изабараб раг1уда, раг1ул г1уц1иялда.
Г. Коч1ол роценалда.
6. «Шамил» абураб кеч1 хъварав авторасул ц1ар бице.
А. Расул Х1амзатов Б. Ц1адаса Х1амзат
В. Батирай Г. Йирчи Гъазахъ.
7. Гьаб асаралде ц1ар бице.
Жиндир хъулухъ гуреб иш, А. «Пилги ц1унц1раги»
бот1роде босарасе. Б. «Чоде»
Мисалалъе гьаб раг1и В. «Икъбал»
Г1унги т1асан борч1ула. Г. «Маймалакги ц1улал устарги».
8. Сунда абулеб басняйилан?
А. Насих1атаб хасияталъул, сатирияб х1асилалъул асаралда.
Б. автор бугеб маргьаялда.
В. Фольклорияб асаразул цо тайпаялда.
Г. Шиг1руяб асаралъул цо тайпаялда.
9. Заид Х1ажиевасул «Цакьуги циги» абураб асаралъул жанр баян гьабе.
А. Поэма
Б. Басня.
В. Маргьа
Г. Кеч1.
10. Ц1. Х1амзатил «Маймалакги ц1улал устарги» абураб баснядул насих1ат баян гьабе.
А. Х1алт1улев чиясе кумек гьабе.
Б. Иш гьеч1еб бак1алде гъоркье лъугьунге.
В. Ц1улал устарасул х1алт1и маймалакалъ гьабуларо
Г. Ц1улал устарасул х1алт1и- ц1улал устарасе те.
11. Дагъистаналъул лъималазе хъвалеб журнал
А. Маг1арулай.
Б. Гьудуллъи
В. Лъималазе журнал
Г. Лачен.
1. «Халкъалъул цциналда» Чанхъи вух1изе ц1а бакеян лъица буюрараб?
А. Г1азиз Б. Заг1ал
В. Чанхъи Г. Лъицаниги буюрич1о
1. «Муг1рузул Г1али» абураб коч1олъ «к1алч1ег1ерал х1амул» раг1абазул дандраялъул маг1на ва кинаб сипатияб раг1и гьеб кколеб?
А. Гьалбал А. Эпитет
Б. Базаргаби Б. Метафора
В. Мац1ихъаби В. Дандекквей
Г. Бит1араб бицунел г1адамал. Г. Олицетворение.
2. Гьаб асаралде ц1ар бице.
Жиндир хъулухъ гуреб иш, А. «Пилги ц1унц1раги»
бот1роде босарасе. Б. «Чоде»
Мисалалъе гьаб раг1и В. «Икъбал»
Г1унги т1асан борч1ула. Г. «Маймалакги ц1улал устарги».
3. Сунда абулеб басняйилан?
А. Насих1атаб хасияталъул, сатирияб х1асилалъул асаралда.
Б. автор бугеб маргьаялда.
В. Фольклорияб асаразул цо тайпаялда.
Г. Шиг1руяб асаралъул цо тайпаялда.
4. «Цакьуги циги» абураб асаралъул жанр ва автор.
А. Поэма А. Р. Х1амзатов
Б. Басня. Б. З. Х1ажиев
В. Маргьа В. Багъатар Х1ажиев
Г. Кеч1. Ф. Г1алиева
5. «Дихъ ралагьун ч1а, муг1рул» абураб къисаялда Г1алибегил гьведа ц1ар
А. Аргъут Б. Чару В. Гороч Г. Ц1иркъ.
6. Гьаб асаралда ц1ар бице ?
«Ц1ад къот1ана, бак1- бак1азда нак1к1азда гьоркьосан хъах1илаб зоб бихьизе лъугьана… Горо- ц1адалдаса хадуб маг1арухъ зоб хъах1илаб гуреб, ц1ах1илб бук1уна».
А. «Сабаб» Б. «Дихъ ралагьун ч1а, муг1рул»
В. «Маг1арухъ чвахунц1ад» Г. «Госпиталалъул вас»
7 . Дандекквеял рате:
А. Берцинай, гьайбатай, кьарияб, Б. Меседил кверал.
В. Бисил г1адин ц1одорал.
8. «Разведчикал» абураб асаралъул жанр бице ва автор.
А. Къиса А. Э. Капиев
Б. Очерк Б. Р. Х1амзатов
В. Хабар В. Ф. Г1алиева.
Г. Роман Г. Б. Х1ажиев
9. «Госпиталалъул вас» абураб къисаялда гьал раг1аби лъица абурал: «Диени щиб, Цидук дир гуро, амма дир гьудуласде рек1к1ав, божизе бегьуларев гьерсихъан вугин абулеб мехалда, дие рек1ее г1оларо…»
А. Сахратица Б.Х1амзатица В. Капитан Симоновас Г. Дзгуевас
10 . Эпитеталъе баян кье.
А. Гъвангъараб сипат-сурат цебеч1езабизе релъен-хъваялъул кьуч1алда г1уц1араб сверелалда.
Б. Т1атинч1еб дандекквей, цо предметалъе хасиятаб г1аламатал цогиялде г1унт1изари.
В. Коч1ол калам пасих1лъизе ва бицунеб жоялдехун авторасул бугеб бербалагьи загьирлъизе х1алт1изарулел гвангъарал сипатиял раг1аби.
Г) Рагьукъал гьаркьал такрарлъиялда.
11. Коч1ол сипатияб анализ:
Борхатаб маг1арда т1егь г1адинай дун,
Т1убай гьеч1еб рокьул ургъалилъ йиго.
Гъваридал к1к1алабахъ иццг1ан хъах1ай дун,
Хъубал бугьданаца турулей йиго
12. « Х1акъикъат» газетаялда лъималазе гьумер.
1. «Госпиталалъул вас» абураб асаралъул жанр бице:
А. Къиса Б.Хабар
В. Роман Г. Лъаларо
2. Лъие сайигъат гьабураб бугеб «Къункъраби» абураб кеч1 ва автор ?
А. Рагъда хваразе А. Р. Х1амзатов
Б. Г1агарал чаг1азде Б. Ф. Г1алиева.
В. Къункърабазде З. Х1ажиев
Г. Дагъистаналде. Г. Э. Капиев.
3. Къисаго г1адаб к1вар бугел лъугьа-бахъиназул бицунеб, тарихияб ва бах1арчияб темаялда коч1одалъун хъвараб эпосияб асар ккола….
А) Элегия Б) Очерк
В) Поэма
4. Сунда абулеб метафорайилан?
А. Коч1ол къот1елалда Б. Адабияталъул жанралъул цо тайпаялда
В. Инсанасул рек1ел х1ал, предметазул сипат-сурат баян гьабизе хъвалсараб
маг1наялда х1алт1изабараб раг1уда, раг1ул г1уц1иялда.
Г. Коч1ол роценалда.
5.Сунда абулеб темайилан ?
А. Художествияб асаралда жиндир х1акъалъулъ бицен гьабулеб жоялда.
Б) Асаралъул г1уц1иялда.
В) Асаралда жанир лъугьа-бахъинал цо тартибалда рихьизариялда.
6. «Ралъад кьижун буго», «Бакъ гьимулеб буго» - гьеб буго:
А) Эпитет. Б) Метафора. В) Олицетворение. Г) Аллитерация.
7. Коч1олаб каламалъулъ цого гьаркьал (рагьукъал) такрарлъиялда щибилан абулеб?
А) Аллитерация Б) Метафора В) Эпитет
8. «Лъабго бакъ» абураб къисаялъул авторасул ц1ар бице.
А. Эфенди Капиев Б. Багъатар Х1ажиев
В. Мух1амад Г1абдулх1алимов Г. М.-С. Ях1яев
9. Темайин сунда абулеб?
А. Художествиял образазул г1уц1иялда.
Б. Хъвадарухъанас т1асарищарал ва жиндирго асаралда жанир рихьизарурал г1умруялъулал лъугьа-бахъиназда.
В. Хъвадарухъанас жиндирго асаралда жанире рачарал лъугьа- бахъинал рихьизариялъул мурадалда.
Г. Лъаларо.
10. «Дихъ ралагьун ч1а, муг1рул» абураб къисаялъул «Вехьасул сайгъат» абураб бет1ералда Г1алидаги гьесул гьалмагъасдаги дандч1варав херав вехьасул ц1ар бице:
А. Шарип даци Б .Шарапудин даци
В. Шапиг1 даци Г. Шуг1айиб даци
11. Коч1ол сипатияб анализ:
Борхатаб маг1арда т1егь г1адинай дун,
Т1убай гьеч1еб рокьул ургъалилъ йиго.
Гъваридал к1к1алабахъ иццг1ан хъах1ай дун,
Хъубал бугьданаца турулей йиго
12. Районалъул газетаялде ц1ар
Г1умру
Унеб буго …втобус жиндирго хиси гьеч1еб нухдасан. Щаялиго …ажидил пикрабалъ …втобус бук1ана ц1акъго гьит1ин гьабураб дуняллъун. К1удия… дунял бакъалда сверун, гьит1ина… …втобус шагьар сверун хьвадуле… …уго. Дунялалдаго г1…дин, …втобусалдаги руго ч1ах1ия…ги г1исина…ги, къувата…ги заг1ипа…ги, разия…ги пашмана….ги г1орц1ара…ги жеги кванач1е…ги. Цоя… рач1уна, цоя… уна, цоя… хехго рещт1уна, цоя… лъик1аланго рик1к1аде щвезег1ан уна.
Гьедин бук1ана дунял …ижаралдаса. …втобусалде …хуней …иго ригь арай г1адан. Лъицаялиго босана гьелъухъа к…ртошкадул ц1ураб таргьа, цогидаз кумек гьабуна т1аде яхине. Ворхата…, х1алакъа… чиясе бак1 кьуна г1олохъанай г1адана… . Эркена… бак1алда г1одов ч1езе жиндаса мустах1икъа… чи ватич1еб мехалъ, гьев г1одо... ч1ана.
Предложение членазде биххизе:
Исана Мусаца ахикь г1ечул, генул, мокьрол г1ут1би ч1ана.
Морфемияб разбор гьабе:
Ахихъанас, т1ох1ок, рац1ц1а-ракъалъи, хъухъадироялъул, бег1укъас.
Гьоркьоса «+» нахъе босун, раг1аби хъвай: рихха + хочи, Кьили + мег1ер,
квер+ бац1ц1, азбар+ къоно, бакъде+бусс, Х1ажи+мурад, квер+бакъи, бакъани+мех, г1анкъу+ х1елеко, цаби+г1усал, рац1ц1а+ ракъалъи.
Кинал асаразде абулеб халкъияб к1алзул гьунарин? Мисалал раче.
«Муг1рузул Г1али» абураб коч1олъ «к1алч1ег1ерал х1амул» раг1абазул дандраялъул маг1на ва кинаб сипатияб раг1и гьеб кколеб?
А. Гьалбал А. Эпитет
Б. Базаргаби Б. Метафора
В. Мац1ихъаби В. Дандекквей
Г. Бит1араб бицунел г1адамал. Г. Олицетворение.
3 «Халкъалъул ццин» автор щив кколев? Эпиграфалъе кинал раг1аби росун ругел?
4. . Дандекквеял рате:
А. Берцинай, гьайбатай, кьарияб, Б. Меседил кверал.
В. Бисил г1адин ц1одорал.
Коч1ол сипатияб анализ:
Борхатаб маг1арда т1егь г1адинай дун,
Т1убай гьеч1еб рокьул ургъалилъ йиго.
Гъваридал к1к1алабахъ иццг1ан хъах1ай дун,
Хъубал бугьданаца турулей йиго
Роцен:
Аллитерация:
Эпитетал:
Дандекквеял
Метафора: