ЦIех-рех
КъваригIун бугищ рахьдал мацIалда ЕГЭ?

Авар адабияталъул тестал- 6 класс- III четверть

Тест 6 класс

IV четверть

1) «Дихъ ралагьун чIа мугIрул» абураб къисаялда ГIалил гьведа цIар:

а) Аргъут

б) Чару

в) Гороч

г) ЦIиркъ

2) Гьаб асаралда цIар бице:

«ЦIад къотIана, бакI-бакIазда накIкIазда гьоркьосан хъахIилаб зоб бихьизе лъугьана. Горо-цIадалдаса хадуб магIарухъ зоб хъахIилаб гуреб, цIахIилаб букIуна. Гьеб ккола лъарагIлъийилан. Рикь-рикьун, риххун, тIагIун уна накIкIал, жинда щибго жо хъвачIеб гIадаб бацIцIадаб зоб хутIула букIараб бакIалдаго».

А) «Сабаб»

Б) «Дихъ ралагьун чIа мугIрул»

В) «Госпиталалъул вас».

3) «Лъабго бакъ» абураб къисаялъул авторасул цIар бице:

А) Эфенди Капиев

Б) Багъатар ХIажиев

В) МухIамад ГIабдулхIалимов

Г) МухIамад-СултIан ЯхIяев

 

4) Эфенди Капиевасул «Разведчикал»  абураб асаралъул жанр бице.

А) Къиса

Б) Очерк

В) Хабар

Г) Роман

 

5) МухIамад Шамхаловасул «Тамашаяв гьобол» абураб асаралда лъугьа-бахъин кколеб росу:

А) МачIада

Б) Марада

В) Дарада

Г) Сачада

6) «Госпиталалъул вас» абураб къисаялда гьал рагIаби лъица абурал:  «Диени щиб, Цидук дир гуро, амма дир гьудуласде рекIкIав, божизе бегьуларев гьерсихъан вугин абулеб мехалда, дие рекIее гIоларо».

А) Сахратица

Б) ХIамзатица

В) Капитан Симоновас

Г) Дзгуевас

7) «Дихъ ралагьун чIа мугIрул» абураб къисаялъул «Вехьасул сайгъат » абураб бетIералда ГIалидаги гьесул гьалмагъасдаги дандчIварав херав вехьасул цIар бице.

А) Шарип даци

Б) Шарапудин даци

В) ШапигI даци

Г) ШугIайб даци

 

8) Лъие сайгъат гьабураб «Къункъраби » абураб кечI?

А) рагъда хваразе

Б) гIагарал чагIазе

В) къункърабазе

Г) дагъистаналъе.

9) Ражаб ДинмухIамаевасул къисаялда хиянатчилъун щив вихьизавун вугев?

А) хъвалис ХIамзат

Б) МухIамад

В) ХIусен

Г) Сайпула

10) Гьаб кочIол авторги цIарги бице.

Гьедин ахIе,  Дакку,  дуца мугIрул кечI,

Каркарун чвахулин гьеб ракIазулъе.

КIутIе пандуралъул чIвабзазда килщал,

Дур бакънал щущачIеб щоб гьечIин гьанже.

А) Загьид ХIажиев «ХIанчIикIкIал»

Б) Инхоса ГIалихIажияв «Будун дамдамаги»

В) Фазу ГIалиева «МагIарулав»

Скачать файл: test.doc [14,58 Kb] (cкачиваний: 137)
Посмотреть онлайн файл: test.doc
Пикру загьир гьабизе
Личный кабинет
только у нас скачать купить шаблоны dle по низким ценам
Машгьурал макъалаби