ЦIех-рех
КъваригIун бугищ рахьдал мацIалда ЕГЭ?

Фазу ГIалиева "Маг1арулазул нус" -7 класс Мух1амадова Гулишат, Мах1ачхъала шагьаралъул 35 гимназиялъул муг1алим

Скачать файл: mag1arulazul-nus.docx [43,59 Kb] (cкачиваний: 120)
Посмотреть онлайн файл: mag1arulazul-nus.docx


                           

Фазу ГIалиева (1932 - 2016)

«МагIарулазул нус».

(поэма)

Дагъистан кверде босизе гIоло Россиялъул солдат багъана лъабкъогоялдаса цIикIкIун соналъ. МагIарулал кинго къезаризе кIолел рукIинчIо. ВатIан цIунун кутакал рагъал ккана Шимал имамасул заманалда, ай 18З4 соналдаса 1859 соналле щвезегIан. Гьел рагъазул хIакъалъулъ гIемер бицун буго тарихиял ва адабияталъул тIахьазда. Шамиллил хIакъалъулъ кучIдул ва поэмаби, хъвана Ф.ГIалиевалъги. Гьездасан цояблъун ккола «МагIарулазул нус». Гьениб бицунеб буго имамасул хасият-гIамалалъулги, гьесул лъадилъун лъугьарай эрменияй ЩугIайнатилги. Поэмаялда буго жийго поэталъул образги. Гьеб нилъее баянлъула поэмаялъул  байбихьуда бугеб магIарутазул  тарихалъулъ бахIарчилъиялъул чIухIилъун лъугьараб щулалъи - АхIулгохIалъе гьабураб рецц - бакъалдасан.

АхIулгохIалда ккана дуниялго хIикмат гьарурал бахIарчиял рагъал гурелги, цIакъго кIудиял  балагьалги. 1839 соналъул риидал 12 азарго солдат бугеб гIурус аскаралъ cвepyн ккола микьнусго рагъухъан гурого гьечIеб Шамлил аскар. Гьел лъабго моцIалъ тyшманасде данде рагъула: гIемерал чIван, шагьидлъун хола, цо-цоял асирлъуде ккезе бокьичIого гIурулъе кIанцIула (гьедин хола Шамилил яц ПатIимат). херал, бецал, унтарал, гIисинал лъимал асирлъуде росула.

АхIулгохIдаса чIагого къватIиве ворчIула 25-гIан чи. Гьелгун цадахъ имам Чачаналде уна. Гьениб 1840 соналдаса байбихьун кутаклъула Шамилил къуват. Тушманасде тIалекIанцIиял, гьужумал ва чабхъенал гIемерлъула. Цo гьединаб гьужумалдаса тIадвуссунаго наиб Ахъберлил МухIамадица асирлъуде йосула бечедав эрмениясул яс Анна. Шамилие гьей peкIee гIола, бусурман динги босизабун, ШугIайнат абун цIарги хисун, эрменияй магIарулазул гьайбатай нуслъун лъугьуна. Гьеб киналъулго берцинго бицунеб буго Фазул поэмаялда: кIвар кьун гьебги цIалун

суалазе жавабал кьезе жигар бахъе.

МАГIАРУЛАЗУЛ НУС

                1.

ТIолабго дунялалъул

ТIохде яхарай гIадин.

ТIал яхъун чIун йиго дун

Гьаний АхIул гохIалда.

Гьаб гьитIинаб щобдасан,

Щибаб  бокIонги рагьун,

РичIун тIlexь гIадин буго

ТIибитIун цебе дунял.

Оцол бетIер гIанасеб

МугIрузул улкаялъул,

МугIрул гIадаб борхатаб,

Тарих буго гьаниб хъван.

Йохъ, хъахIаб кагъаталда

Къагътида хъван гьечlо гьеб.

Поэтас мухъал гIадин

Ургъун рахъун гьечIо гьеб.

Гьаниб мугIрул васаца

БагIараб бил щакъидалъ

БегIерал хвалчаби ччун,

Чармилал кьурабазла

КьабгIун, бикlун буго гьеб.

Гьелъ ратила кьураби

Гьедин кьварарал ругел,

Гьелъ ратила гьал мугIрул

Гьедин рорхалъун арал.

Гьелъ ратила гьал кIкIалал

ХIайранлъарал гIадинан

МугIрул бaдир ралагьун

Паналъун хутIун pyгeл…

АхIул гохIалъул тарих,

Тарих хъван тарал цIумал,

Дагъистаналъул имам,

МугIрул улка цIунарав.

Амма мугIрул ракьалда

Абадияб рукъ щвечIев.

Ракьалда дур хобалда

Хадур лъугьун гьечIо ниж,

Щибав магIаруласул

РекIелъ вукъун вуго мун.

ГIанчIго борчIун бачIараб

Ицц гIадинан гвангъадго,

ЦIунун вуго жидерго

Пикрабазулъ, къасдазулъ.

Хун хадув дурр цIаралде

Чанги бана горо-цIер,

Амма магIарулазул

Дуде бугеб рокьул тIор

ТIепизабизе кIвечIо.

Гьеб жеги цIобан анна.

Дуде чIвалел гIайибал

ГIемерлъун рачIаниги,

ГIадамазул хIурмат гьелъ,

Йохъ, хIеккине гьабичIо.

Мун багIараб мегежгун

Ва чIагоял бералгун,

Бухьун хъахIаб чалмагун,

Чармил биараб ракIгун

ВукIуна щибаб рокъов.

Дуца магIарул васал

Аскараздеги ахIун

Чияр ракьал рахъизе

РукIинчIо чабхъад рачун,

МугIрузул улкаялъе

Эркенлъи теларилан

Тушманзаби рачIиндал

БорчIана рагъуде шавкъ.

Я рукъ цIунизе гуро,

Я цIар босизе гуро

Пачаясул чукъбигун

Мун вагъизе вахъарав.

Имам, мун кьалде анна,

Кьурабазе бакъ цIунун.

Байрахъазда угьана

Эркенлъи хIажат бугин.

Дагъистаналъул имам

МагIарухъ хоб батичIев,

Бихъун тIал мусруги бан,

МагIарулаз вукъичIев.

МугIрул улкаялъул цIар

ЦIвабзазда аскIоб хъъварав

Дуда хьолбохъ чIун дида

ЧIужугIадан йихьула.

Гьал мугIрузда гьайичIей,

Гьаний мугIрузда гIечIей,

МагIарул киниялда

Кидалниги ющинчIей,

Киниялда къвалги бан

МагIарулалъ хахичIей,

МугIрул согIал гIадатал,

Гьезул гIумру лъаларей,

Кьварарав имамасда

РекIел ханан абурай.

Досул  рохел, къварилъи

KIихIи бикьун босарай.

Дой йиго эрменияй,

Аннайилан цIар лъурай,

Дой йиго магIарул нус.

ЩугIайнатлъун лъугьарай.

Имамасул ракlалъул

КIулал кодор рукIарай.

Кинаб къо бихьаниги

Гьесие хилиплъичIей,

Гьесул рокьуе гlоло

Апараглъи босарай

Гьесул лъади лъугьине

Жнндирго дин хисарай.

Гьелдаго acкIop руго,

Гьале, магIарул ясал.

МагIарул намусалда

Меседил xaтIал xъвapал;

Гьеб борхизе гьабурал,

Гьеб чIухIизе гьабурал,

БахIарчиял васазул

РакIазулъ шавкъ бессарал,

Россал гIодор кканани,

Гьезул бакI ккун рагъарал;

Вацал кIодо гьарурал,

Инсул хIурмат цIунарал.

Бакъул къаяз ихдалил

ТIугьдул гIадал хIеренал,

ТIаде къо ккараб мехалъ

Чаран гIадин къвакIулел.

МугIрул гучал руччаби,

МугIрул цIар арал ясал,

МагIарул тарихалда

Меседил мохъал хъварал.

Жидер цIарал кIочарал,

Жидер хобал тIагIарал

Нуж жакъа дида цере

ЧIаголъун рачIун руго.

Нуж руцIцIухIун хутIарал,

ГIадатаца кIвекIарал,

КIулал рагьун ракIазул

Балъголъаби гьурщичIел.

Гьале, нужер наслудал

Яс, дун кIалъалеI йиго,

КIудияб улкаялъ дий

Эркенлъи рагьун буго.

Улбул, нужер анищлъун

БукIанщинаб щун буго.

Амма нуж къаникь ругел,

Ракьуде цолъун арал,

МугIрузул тIогьир руго,

Дун гъоба ккалахъ йиго.

Нуж кьураби гIадинал

Кьварарал, гучал руго,

Дун аскIобе бортараб

ГьитIинаб чIимих йиго.

Нужер щулиял кьалбаз

Къан ккураб гъветI йиго дун.

Нужер куркьбалги хьвагIун

Боржунеб хIинчI йиго дун.

Жакъа дица, хириял,

Дирго гьаб назмуялъулъ

Нужей сужда гьабула,

ГIодобе бетIер къулун,

РекIеда тIад кверги лъун,

Каранда цIаги рекIун…

Суалал ва тlадкъаял.

  • «МагIарулазул нус» абураб поэма хъваялъе гIиллалъун щиб тезе бегьулеб?
  • АхIлгохIалъул хIакъалъулъ щиб нужеда лъалеб?
  • Шамилил хIакъалъулъ кинал асарал нужеца цIаларал?
  • Поэмаялъул байбихьуда кинаб сипат-сурат гьабун бугеб АхIалгохIалъе?
  • Кинаб сипат-сурат гьабун бугеб поэмаялда Аннае?
  • МагIарул ясазул хIакъалъулъ кинаб пикру бугеб Ф.ГIалиевалъул?

2.

Дол соназда мугIрузда

ГIадамазул ракIазулъ

БукIана цохIо анищ –

Эркенлъи ва эркенлъи!

Гьелдаса тIадугIанаб,

ТIокIабги къадруябги

Къасдалги хазинаги

Йохъ, халкъалъул букIинчIо.

Гьелъий гIоло букIана

ГIолохъабаз би тIолеб,

Ва эбелаб ракьалде

Рокьиги цIунун холел.

Ярагъ гьезухъ букIинчIо

ПачаясулгIан гучаб,

Аскар гьезул букIинчIо,

Гьесул гIадаб гIемераб.

Амма магIаруласухъ

БукIана цо хазина –

Хириял гьал мугIрузде

Бугеб гIащикъаб рокьи,

Ракьалда лагълъиялде

Бугеб кьогIаб тушманлъи.

Щивасул ракI букIана

Чарамул къолден гIадаб.

Щивасул зар букIана

Залимаб бомба гIадаб.

Гьал гIемерал рукIинчIо,

Амма тIаде къо ккедал

Къогоясул бакIалда

ВукIана цо мугIрул вас…

Гьел камулел рукIана,

Квар тIедал чIумал гIадин,

ЧIерлъун барсулеб рагъда,

Багьадурлъиги гьабун.

Гьезда цеве вахъарав

Имамасе черхалда

Лъураб ругъун чуризе

Заманацин букIинчIо.

БугIун чIорто къазабун,

Къад рацун толаан гьел,

Къаси даруги бахун,

Устарас къачIазегIан.

Доб пуланаб къоялъги

Чанго ругъун щваниги

Шамилица чол чангит

Чучизе биччан течIо.

Гьесда кодоб хвалчадул

Пирхи хехаб букIана,

Хадув рагъ сасиндал гьев

Сардилъ гIодов вукIана,

Чабхъад арав наибас

Икъбал кьечIилан абун

БачIараб хабаралъ гьав

Пашман гьавун вукIана.

Имамасул ццидакьа

Цодагьав хIинкъун наиб

Гьес къабул гьавизегIан

КъватIив сверулев чIана.

Цинги изнуги гьарун,

Гьесул ццин чучизеян,

НуцIа рагьун жание

Жиндир асир йиччана.

Гьай княгиня Анна,

Жиндир тIолабго гIумру

ТIогьолъ хохол гIадинан,

ГIанчIаб куцалда арай.

Эбелалъе къиматай,

Инсуе къадру тIокIай

Князасул чIухIай яс,

Бика гIадин йикIарай.

Берцинлъиялъ цIар арай,

Бечелъидулъ тIерхьарай,

ТIалъи гьабун гурони,

МутIигIлъизе малъичIей

ЯчIун йиго асирлъун

Имамасухъе ячун.

ГъалбацIалда дандчIвалей

Чанил тIинчIгIан сабру хун,

Соролаго, ячIун гьай,

БокIнида рекIун чIана.

Гьалъул пикрабалъ имам

ЦIиркъ гIадав чи вукIана,

Бералъа цIа пирхулев,

ЦIалай пири хьвагIулев.

Кколаан гьев ворхатав

Вугин жибго КазбекгIан,

Ва ццидалав ватилин,

Щвараб мугIрул гIор гIадав,

Гьай гIенеккун йикIана,

ГIодой чIарбиде къулун,

Зоб гъугъалеб гIадинаб

Гъварараб гьаркьидалъун

ГьабсагIат Шамилица

Щиб буIрухъдай кьелаян.

ГьанжелъагIан чIухIадго

Борхун ккураб гьаб бетIер

БатIа гьабеян абун

Амрудай гьес гьабила.

Яги асирлъудаса

Яс нахъе йиччаралъухъ

Инсухъа гIарац-месед

Босеяндай ахIила?

Амма гьалда рагIана

ГIодоб биччараб гьаракь,

Гьобол хIинкъичIого мун

Цее къаян абулеб.

Аннал гIодоб къулараб

БетIер тIаде борхана,

ХIинкъун соролел лугбал

Сабру бачIун сасана.

Бакъул гордал гIадинал

Гвангъарал гьалъул берал

ЦIар арав имамасде

Руссана, бигьа гьарун.

Гьада цеве рукъ цIурав,

ЦIиркъилал берал ругев

Нартав гуро ватарав,

Вуго гIадатав инсан,

РоцIараб зоб гIадинаб

Рагьараб гьумералъул,

Гьарщун каранде щолеб

Керчабго мегежалъул,

ЦIахIилал ва чIахIиял,

ЧIухIидал асар гьечIел,

Ургъелабаз бокIназда

РукIел ккурал беразул,

БахIараб гьимиялъул,

БухIараб балаялъул,

Къан рахараб бекI гIадаб

КъамартIаб лагаялъул.

Гьеб гIадатаб гьимиялъ

Ургъелги тIаса босун,

ТIадагьлъана Аннал черх,

Чапун ана хIинкъиял.

Имамасул гIадатлъи,

Имамасул гIаданлъи,

Имамасул хIеренлъи,

ХIалаI гIуна Аннае.

РакIалде ккана жийго

Асирлъуда гьечIилан,

Аллагьасул къисматалъ

Гьаний ячун йигилан.

Гьединал хиялазда

Анна егизе ана,

Амма сордо борчIана

Свин гьечIел пикрабазда…

Гьей нахъисел къоязги

Макьилъ гIадин йикIана,

ДандчIварав имамасул

Анищаца сверун ккун.

«КигIан хехго хисарай,

Хирияй Анна мунги,

Арал соназда тIасан

Гали тIамунищ тараб?

Кибе араб рекIелъа

Армения, инсул рукъ,

Лагълъун кканилан абун

Ургьиб рехараб хIинкъи.

Макьуйищ доб букIараб,

Щибаб къоялда вачIун,

Вокьа дунан гьарулев

Пачаясул генерал.

КинабгIаги дир гIумру,

ГIанчIго чвахарал сонал,

Махсаройищ букIараб.

Бице гьаб хIикматго щиб?

Наибас цее къотIун

Лагъ гIадин ячана дун.

Чияца хъатиниб ккун

Боржине хIал кIолареб

ХIанчIил гIадин букIана

ТIеркIолеб дир гьинал ракI.

Гьанже гьеб тирхун буго,

Гьанже гьеб тархъан буго,

Амма твархан гьаниса

Боржине къасдги гьечIо.

Рокьул харбал рициндал

Хучун бачIун чIолеб гьеб

Гьанже рокьул асаралъ

Боркьулеб буго ургьиб…»

Гьединал ургъалабалъ

Анна рокъой йикIана,

Имамасухъе ахIун

Чапар жанив ваккидал

Жегиги рахIат хварал

Хиялалги пирхана.

Гьасул хIукму щиб ккараб,

Щайдай ахIулей йиго?

Ургъалилъ берал рагьун

Шамилихъ ялагьана…

Гьал гIакъилал бераца

Гькъулеб бугин ккола:

«Щайзе гIадамал чIвалел,

Щай биял гIодор тIолел?»

Гьал гъваридал бераца

Тасдикъ гьабулеб буго

Гьаб ракьалда рекъелги,

Эркенлъиги, рокьиги.

Гьез руцIцIухIун чIун рукIун

АхIулеб бугин ккола,

Инкар гьабе дуниял,

Дуца рагъалдасаян.

КIиго динги батIиял,

КIиго мацIги батIиял,

КIиялго цоцаздаса

РикIкIада гIурал чагIи

РакIаз гаргалел руго.

Гьаз кIиязго цоцазда

Цо рагIи абичIого;

Угьун унеб хIохьладулъ

Рихьуларел пикрабаз

РукIана гьаз цоцазе

Кьолел чанги суалал.

Шамилида кколаан

Гьадинаб хIеренлъигун,

Гьадинаб недегьлъигун,

Гьадин рекIел тIиндасан

ТIинкIун унеб гIищкъугун

ГьанжелъагIан жиндехун

Щийго ялагьичIилан;

Я гьимиялъ, магIуялъ

Гьадинан ракI хIеккинчIин.

Аннал балагьиялъги

Абулеб бугин ккола:

Мун гьал магIарулазул

ЦIар рагIарав цевехъан,

Бакъ рещтIиндал нах гIадин

Дица виинавилин;

Мун гьал согIал кьурабаз

СогIлъабазде куцарав,

Дица, гьацIулъ хIе гIадин

ХIерен гьавизе вугин,

Наибас асир гьаюн

Гьание ячарай дун

Дур ракIалъул тахида

Хан гIадин гIодой чIелин;

Дица рокьул куркьби гъун

Мун воржине гьавилин,

ГIищкъуялъ малъралги кьун

Мун лъедезе тIамилин;

Дица гьанжелъизегIан

КIулал рахан цIунараб

РакIалъул нуцIби, гордал

Дуе рагьизе ругин.

Гьеб дир рекIел магIарде

ТIолабго гIумруялда

ЦохIого лъалкI букIина, мун жаниве вачIараб.

Дуе къватIиве инее,

Имам, нух щвезе гьечIо.

Суалал ва тIадкъаял.

  • Кинаб анищ букIараб магIарул гIолохъабазул тушманасде данде рагъулаго?
  • Шамил кин вагъулев  вукIарав тушмангун?
  • Эрменияй Аннае  кинаб сипат-сурат гьабун бугеб поэмаялъул гьаб бутIаялда?
  • Асирлъуде ккедал, Аннал пикрабалъ Шамиль кинав чи вукIарав?
  • ХIакъикъаталда кинав чи Аннада Шамил ватарав?
  • Кинал эпитетал хIалтIизарун ругел поэталъ жиндирго героязе сипат-сурат гьабулаго? Эпитетал хъвай.
  • 3
  • Цо къоялъ Шамилихъе
  • Князасул рахъалъан,
  • ХъахIаб байрахъги борхун,
  • Ракълил чапар вачIана.
  • КигIан бокьананиги
  • Месед, гIарацги босун,
  • Анна нахъе йиччаян
  • Чапар гьардезе вана.
  • Пикрабалъ вуго имам,
  • Ургъел буго гьасда чIван,
  • Анна хIалица кквезе,
  • Я хIиллаялъ йосизе,
  • Йохъ, хиял гьечIо гьесул.
  • Амма гьалъухъ гIарацги
  • Меседги хIажат гьечIо.
  • Меседил мегIер гьабе,
  • Гьеб гIодобгIан букIина
  • Аннал гьурмада бугеб
  • Гьайбатаб нуралдаса.
  • ГIарцулги тангал гьаре,
  • Гьелъул къимат гIеларо,
  • ГIатIидал гьалъул бералъ
  • Бугеб цIодорлъи боссе.
  • Амма къорица ккураб
  • Чан гьасий хIажат гьечIо,
  • Биччанте жиндир къисмат
  • Жиндицаго тIубазе.
  • ТIад юссине бокьани,
  • Йиччанте Анна инее,
  • Рокьуца вухIаниги
  • ХIал лъазе гьас теларо.
  • Гьедин хIукмуги гьабун,
  • Имамас буюрана:
  • «АхIея гьаний Анна,
  • Цо гьелдаги гьикъилин».
  • Анна рокъой лъугьана
  • Сабураб намуслъигун,
  • Сардида цIваби гIадин
  • Бералги кенчIолаго.
  • Имам данде вахъана,
  • Ва ясалда гьикъана:
  • - Гьале мун йиччайилан
  • Чапар вачIун инсухъан.
  • Аз духъ меседгун гIарац
  • ГIемераб кьолеб буго. 
  • Дидани ккун букIана
  • Гьал нижер мугIрул кIкIалал
  • Меседил цIуралдаса
  • ЦIикIкIунин дур къиматан.
  • Гьаб тIолго дунялалда
  • Эркенлъи тун батIияб,
  • Дуда данде лъолеб жо
  • Лъалароан дидани.
  • Дуе бокьун батани,
  • Эркенлъи кьола, Анна,
  • А, дурго ватIаналде,
  • Духъ нижей мухь кIваричIо!
  • Надалде гьарщун араб
  • Шалида гъоркьан Анна
  • Шамилихъ ялагьана,
  • Пашманлъигун урхъигун.
  • Чапарасул рахъалде
  • ЦохIо берцин тIамичIо,
  • Имамасул каламалъ
  • Каранда цIа бакана.
  • Гьелъул гIищкъул магIица
  • Лъалъадулел беразулъ
  • Баркалаги ракIхвейги
  • КIиябго жубан буго.
  • Баркала гьесул рагIулъ
  • Бессараб рокьиялъухъ,
  • РакIхвей нахъе айилан
  • Изну кьун кIалъаралъухъ.
  • ГьитIинаб кверги борхун,
  • Соролагун гьаракьугун,
  • Гьалъ кьураб суалалъе
  • Суалгун жаваб кьуна:
  • - Гьаб мугIрул улкаялъул
  • ЦIар рагIарав цевехъан,
  • ЦохIо арабураб рагIи
  • ТIолго боялъе гIолев,
  • Анкьалъ цеве дидаса
  • Пашманав чи вукIинчIо,
  • ГьабсагIаталъ дидаса
  • ТалихIав щивго гьечIо.
  • Инсул файтоналдаса
  • Дун хъамурав дур наиб,
  • Дунялалъул икъбал кьун,
  • Къадруялда хутIаги.
  • Дир къварилъи бикьарал
  • Къокъидго гIагарлъарал
  • ГIумруялъго пахруго
  • ХIтIаги нужер мугIрул.
  • Дие бакъан бачарал
  • Чабхил иццал къунгеги,
  • Дие нуцIби рагьараб
  • Рокъоб рохел сунгеги.
  • Дие бокьилароан
  • Гьал кьураби тун инее.
  • Армения, хирияб,
  • ТIаса лъугьаян абе,
  • Гьелде бугеб гIагарлъи
  • ГIумруялъго тIеларо.
  • Амма гьаб мугIрул тIалъи
  • Лъугьана дир ватIанлъун,
  • ЙитIуге, Шамил, дуца
  • Дун гьаниса киего.
  • ГIагарав инсуе дун
  • Наку чIван мутIигIлъула,
  • Амма камизе тезе
  • Кинго дида кIолареб
  • Цойги гIагарлъи буго
  • ГIазизаб гьинал рекIелъ.
  • - Анна, баркала дуе,
  • Дир ракI гIодоб биччана,
  • Чапар, нух битIайги дуй,
  • Дир салам князасде.
  • Абе жиндир ясалъе
  • МугIрул гIагарлъун кканин,
  • ГIагарай гIадинан гьей
  • МугIруз цIунизе йигин…
  • Гьедин чапар вуссана
  • Имамасул чодрохъан.
  • Чанги хIалуцараб рагъ
  • Ккана жеги мугIрузда.
  • Гьел къояз рагъде арав
  • Шамилил нухде юссун,
  • Ургъалабазулъ тIерхьун
  • ХутIун йикIана Анна.
  • РекIелъ къачIан букIана
  • Гьесие кьолеб жаваб,
  • Жиндехун гьес гьабулеб
  • Гьуинаб гаргаралъе:
  • «Дун дуе гIоло ,Шамил,
  • Диналъе хилиплъила,
  • Бахъун рехун хъанчгун дун
  • Бусурманлъун яхъина.
  • Дурр аллагьасе рала
  • Гьанже ккун нахъе какал;
  • Гьал мугIрузул гIакъилал
  • ГIадаталги росила.
  • ГIазизав, дур мацIалда
  • ЦIалдезеги лъугьина.
  • Кьалдаги хIалхьудаги
  • Дудаги хьолбохъ чIела.
  • Кье дие гьедин амру,
  • Урхъун гIенеккун йигин».
  • Хиялазулъ гьабураб
  • Гьаб каламгун кIалъана,
  • КIиабилеб къоялда
  • Къабул гьайидал Анна.
  • Шамил гьелъухъ валагьун
  • Паналъун ун вукIана,
  • ГIищкъудул кор каранлъгун…
  • Гьелъул бералъ бессараб
  • Багьадураб асаралъ
  • Имамасда ракIалде
  • КIанцIизаюн ячIана
  • Жиндар хIакъалъулъ саназ
  • Сариназулъ ахIулей,
  • Аваристан чIухIарай
  • МугIрузул чIужугIадан…
  • Жакъа Аннахъ валагьун
  • ХутIарав имамасда
  • Аваразул ЩугIайнат
  • Щвана гьале ракIалде.
  • Гьей къисалъун лъугьарай
  • МугIрул ЩугIайнатил цIар
  • Шамилица ахIана
  • Жакъа эрмениялде.
  • ГIурус генераласул
  • ЦIар чIван тарай бахIарай
  • Лебалав имамасе
  • Ана рекIел гIищкъу ккун.
  • Суалал ва тIадкъаял:
  • Анна нахъе йиччаян гьелъул инсуца витIун вачIарав чапарасда щиб Шамилица абураб?
  • Шамилил суалалъе щиб жаваб Аннаца кьураб?
  • Гьелъие Дагъистан бокьиялъе гIилла щиб ккараб?
  • Рагъдаса вуссараб мехалъ Шамилиде щиб ургъел бикьараб Аннаца?
  • Шамилица эрменияй Аннада ЩугIайнатилан буссурбанаб цIар хисиялъе щиб гIилла букIараб?

4.

МугIрузул борхалъиги

Гьелъул тIадегIанлъиги

ТIаде вахунесдагIан

Лъиданиги лъаларо.

Ралъдал гъварилъи, гIеблъи

Лъедолеца борцуна,

ГъотIол щулалъи, къуват,

Гьаб ракьалде риччарал

Кьалбахъ балагьун лъала.

Гьединго рокьиялъул

Гъварилъигун борхалъи

Соназул роцадалъун

Борцуна гIумруялъго.

Ва гьелъул хIал бихьула,

ХIал ккарал къоял щведал.

Гьелъул къвакIи тIатуна.

ТIаде балагь бегидал.

ЩугIайнатилги рокьи

Роол тIугьдул рукIинчIо,

Рииялъе ахIулел

ХIанчIил кучIдул рукIинчIо.

Дой нилъер имамасул

Бищун божарай гьудул,

Гьинал ракI тIанса гIадин

Цебе лъезе бегьулей.

Гьелъул сахал куназда

Тамахаб квер бахъулей.

Гьелъул жагъалал кунал

КиналгIаги регъолей.

ЧIимихгIанасеб рохел

Гьесул гьурмалъ бихьани,

Борхатаб мегIерлъун гьеб

КIудияб гIезабулей.

МегIергIанаб ургъелгун

Имам рокъов вачIани,

ХIатIикь чIимих гIадинан

Гьеб чIинтIизе гьабулей.

Шамилил рохалил ах,

Ургъелал рахчулеб рукъ,

ГIищкъу, шавкъ босулеб ицц,

ГIолохъанлъи кьолеб пихъ!

Гьаб мугIрул улкаялъул

Ургъалица гIодоб цIан

Имамас чан нухалда

Пашманго бетIер ккураб!

Амма ЩугIайнатица

Гъажилда квер лъурабго,

Гъуждуздаса бакIаб гьир

Босун араб гIадинан,

Бералги роцIун Шамил

ЧанцIун тIаде ворхарав!..

Гьал мугIрузде кьвагьулеб

Гула дудаго гIадин

Дур гьудул ЩугIайнатил

РекIелъги унтулаан.

Къоло щуябго соналъ

Багьадурго къеркьана,

Багьадураб куцалда

Къейги баччана дуца.

Пачаясул чукъбухъе

Мунго кверде аниги

Эркенлъиялда тана

Дуца ракI гьал мугIрузда…

Дагъистаналъул имам,

МугIрул улка цIунарав;

Гьесул божарай лъади,

Даим цадахъ йикIарай.

МугIрузухъ угьдилаго,

МугIрузухъ урхъун хварал.

Нужее киназего

МагIарухъ хоб батичIо.

Амма ракIал гIумруялъ

Гьаб магIарухъ хутIана…

Дун нужер наслудал яс,

Москваялда цIалана.

Нужее шигIру хъвазе

Ихтияр дихъе щвана.

ГIурус яс – гьудулгун дун

Гьаний ахIулгохIалде

АнцIго нухалда щвана,

Нужер цIарал цIехезе.

МугIрул кьварарал васал,

Эркенлъуда ругьунал,

МугIрул гучал руччаби,

Рокьи борхатго ккурал,

Нуж киналго чIаголъун

Дида цере чIун руго…

АхIулгохIалъул тарих,

Тарих хъван тарал цIумал.

Дагъистаналъул имам,

МугIрул улка цIунарав.

Имамасул ЩугIайнат,

Гьесул гIумру хьихьарай,

Баркала дир ракIалъе

КечI хъвазе шавкъ кьуралъухъ!

Баркала, эрменияй,

МагIарухъеги ячIун,

Дуй нижер имамасул

Гьудуллъун лъугьаралъухъ.

Суалал ва тIадкъаял:

  • ЩугIайнатил къохIехьеялъул бицунел мухъал рате гьаб бутIаялда ва хъвай.
  • ЩугIайнатил гIамал-хасияталъул кинал рахъал нужее бищунго рокьарал?
  • Гьелъул Шамилидехун букIараб недегьлъи-хIеренлъиялъул аслу щиб букIараб?
  • ЩугIайнатилги Шамилилги къисмат кинаб ккараб? Кир гьел рукъун ругел?
  • Поэмаялъул ахиралда кьураб 5 куплет рекIехъе лъазабе. («МугIрул кьварарал вассал…» абураб мухъидаса ахиралде щвезегIан).

 

 

   

Пикру загьир гьабизе
Личный кабинет
только у нас скачать купить шаблоны dle по низким ценам
Машгьурал макъалаби