ЦIех-рех
КъваригIун бугищ рахьдал мацIалда ЕГЭ?

Фазу ГIалиева «МагIарулазул нус».

Авар адабият   7 класс (3 саг1ат)

Дарсил тема: Фазу Г1алиева «Маг1арулазул нус».

Дарсил мурад:  

Дагъистаналъул халкъияй поэтесса Фазу Г1алиевалъул г1умруялъул ва творчествоялъул х1акъалъулъ лъай г1ат1ид гьаби.

Гьит1инаб халкъалъул тарихалъул к1одолъи лъималазда бихьизаби. Жакъасеб г1ел бах1арчиял умумузул мустах1икъал ирсилал рук1иналдаса шаг1иралъул ч1ух1и лъималазе рагьи.   

Литературияв героясул х1акъалъулъ баян г1ат1ид гьаби.  Маг1арул руччабазул г1акъиллъи, к1одолъи ва бах1арчилъи поэмаялъулъ ах1ун бугеб куц бихьизаби.

Литературияб тексталъул кьуч1алда Ват1ан хиралъиялъул асар лъималазулъ ц1ик1к1инаби. Дагъистаналъул тарихалъе бит1араб къимат кьезе ругьун гьарулаго, лъималазул г1акълу ц1убазаби.

Поэмаялда шаг1иралъ гьарзаго х1алт1изарун ругел дандекквеял, эпитетал, метафорал г1адал сипатиял раг1аби ратизе ругьун гьари.  Чвахун, бит1ун ц1алиялъул бажари борхизаби.

Такрар гьабила  адабияталъул теория: коч1ол къот1ел, шиг1руяб каламалъул г1уц1и, адабияталъул сипатияб каламалъул баян.

Алатал: Хъвадарухъаналъул сурат ва т1ахьал, Имам Шамилил ва гьесул хъизаназул суратал, презентация.

1 саг1ат.

Дарсил ин:

Класс х1адур гьабила дарсиде.

Церехун малъарал асарал рак1алде щвезаризе викторина х1ала ва цо-к1иго.

Викторина.  (Учителас ц1алула асаралъул бут1а, ц1алдохъабазда лъазе ккола кинаб асаралдаса гьаб босараб)

А)   «Хабар гьеч1ого, цо нухалъ гуржияс кагъат бач1анила. Лъималазул хабадеги рахине, гьел рак1алде щвейги гьабизе, дагьаб мех жидехъги базе, рач1аян ах1улел рук1анила гьес».

Б)  Дунги мунго г1адаб квана-гьекъолеб,

     Рух1 бугеб х1айванин, х1акъ батиларищ?

     Г1исинаб т1елалъул т1анч1иги рачун,

     Т1илгун гьардухъищха гьанже дун инеб?

В)   Халкъалъ чурпадалъе гьан буссулелъул,

      Гьодал ругоан дур гургинго рехун;

      Киназго чайдалъе чакар балелъул,

      Керен унтилилан тун буго дуца.

Учителас экраналда имама Шамилил х1акъалъулъ видеоролик бихьизабиялдаса байбихьила дарс. Гьелдаса лъимала рачина  дарсил темаялде: лъималазда учителас гьикъила  гьезул пикру кинаб нилъер тема жакъа бугебилан. Ц1алдохъаби жалго рач1ине  ккола сундул х1акъалъул жакъасеб дарсида бицине бугебали пикруялде.

Учитель: Бит1араб буго, лъимал, жакъа нилъеца бицине буго имам Шамилил х1акъалъулъ. Гьесул х1акъалъулъ г1емерал руго хъварал асарал, рахъун руго т1ахьал, фильмал. Гьединабго цо асаралъул х1акъалъулъ бицина нилъеца жакъасеб дарсида. Гьеб буго Фазу Г1алиевалъ хъвараб поэма «Маг1арулазул нус».

  Рач1а нилъеца т1оцебе   рак1алде щвезабила гьелъул г1умру ва творческияб нух.

Халкъияй поэтесса, хъвадарухъан, жамг1ияй х1аракатч1ужу   Фазу Г1алиева гьаюна 1932 соналъул 5 декабралда  Хунзахъ районалъул Гиничукь росулъ. Гьелъул эмен г1олохъанчи вугеб мехалъго хвана, Фазул т1алаб гьабуна ва тарбия кьун г1езаюна эбелалъ – Г1апица.

Фазу гьит1инаб мехалдасаго рак1 г1анч1ай, г1умру ва г1адамал хирияй, гьайбатлъиялъул г1аламатал жиндир чорхолъ рессарай яс йик1ана. Куч1дул гьаризеги гьелъ Г1арани школалда ц1алулеб мехалдаго байбихьана.

Школа лъуг1ун хадуса Фазу Г1алиева ц1ализе лъугьана Мах1ачхъалаялда бугеб руччабазул педагогияб институталде.

Дагьаб мехалъ гьенийги  ц1алун, Фазу уна Москваялде, гьениб т1убала г1умруялъул цо лъик1аб мурад – лъуг1изабула Максим Горькил ц1аралда бугеб Литературияб институт.

Фазуца зах1маталъулаб г1умруялде байбихьана жеги гьоркьохъею школа лъуг1арабго1950-1954 соназда учительницалъун х1алт1ун. 1962 соналдаса 1971 соналде щвезег1ан х1алт1ана Дагъистаналъул Ц1алулгун педагогияб издательствоялъул редакторлъун, 1971 соналдаса нахъе х1алт1улей йик1ана «Маг1арулай» («Женщина Дагестана») журналалъул бет1ерай редакторлъун.

Фазу Г1алиева ккола нусгоялдасаги ц1ик1к1ун поэзиялъулалги прозаялъулалги асаразу автор ва  басмаялда бахъана   лъебергоялдаса ц1ик1к1ун т1ехь. Нилъеда лъала Фазу Г1алиевалъ поэмаби ва къисаби «Ч1агоял къисаби», «Анц1ила микьабилеб их», «Эбел», «Ц1умал муг1руздасан роржуна», «Гьа», «Къисмат», «Ракьул г1ерекъ гьороца унаро», «Хъах1илаб ц1ад», харбазул т1ехь «К1иго микьир».

Улкаялъул ва Дагъистаналъул адабият цебет1езабиялъулъ, бечед гьабиялъулъ бихьизабураб ва жамг1ияб х1аракатчилъиялъе г1оло гьелъие кьунаСоветияб ракълил фондалъул медаль, Рекъел ц1униялъул Советияб комитеталъул ва Т1олгодунялалъул ракьал ц1униялъул  комитеталъул Юбилеялъулал медалал, къват1исеб чанго пачалихъалъул х1урматалъулал шапакъатал; к1иго «Х1урматалъул г1аламат» орден, Халкъалъул гьудуллъиялъул к1иго орден, улкаялъул бищунго т1адег1анаб Святой апостол Андрей Певозданиясул орден (2002с).

Бищун т1адег1анаб щапакъатлъун Фазу Г1алиевалъ рик1к1уна «Россиялъул ч1ух1и» орден.   «Т1олабго г1умруялъ дие ч1ух1илъун бук1ана Россия, гьанже гьелъ дун рик1к1уней йиго жиндирго ч1ух1илъун. Гьелъие рит1ухъайлъун йик1ине жигар бахъила дица», - ян абула Фазуца.

Ц1иял раг1аби: тарих,  щакъи, чаран, шавкъ, къасд, чукъби, апараглъи.

Поэма ц1али. Учителас, мисалияб ц1али бихьизабун, байбихьила поэмаялъул 1 бут1а ц1ализе, хадуб ц1алдохъаби т1амила цализе.  Ц1али лъуг1ун хадуб, дагьаб заманалъ тела лъимал ц1аларалъул пикру гьабизе.

  • Поэмаялъул ц1алараб бут1аялъул  г1адатаб анализ гьабун, аслиял героязул образал рагьила.
  • Учитель:  Фазу Г1алиевалъул щибаб т1ехь, щибаб асар  – гьеб ккола  рек1ел цо кесек, г1умруялъул х1акъалъулъ гьарурал пикраби, анищал ва хьулал рехсарал сипат-суратал, образал. Гьединабго буго  «Маг1арулазул нус» абураб поэмаги. Рач1а, лъимал, балагьила кинал образал рагьун ругел гьаб поэмаялъулъ.
  • -  «Маг1арулазул нус» абураб поэмаялъул кинаб аслияб тема бугеб?
  • -  Ах1улгох1алъул х1акъакъалъулъ щиб нужеда лъалеб?
  • -  Поэмаялъул байбихьуда кинаб сипат - сурат гьабун бугеб Ах1улгох1алъе? (лъималаз жабаб ц1алула поэмаялъул тексталдаса)
  •             Ц1алдохъан:            Т1ад яхъун ч1ун йиго дун
  •                                               Гьаний Ах1ул гох1алда….
  •                 Учитель:  Ах1ул гох1алъул тарих,
  •                                  Тарих хъван тарал ц1умал,
  •                                  Дагъистаналъул имам,
  •                                  Муг1рул улка ц1унарав.            
  • -  Кинав имамасул х1акъалъулъ хъвалеб бугеб гьаниб поэтессаялъ?
  • -  Щиб нужеда лъалеб Имам Шамилил х1акъалъулъ?
  • -  Кив вукъун вугев, лъимал, имам Шамиль?
  • -  Щибилан хъвалеб бугеб Фазу Г1алиевалъ гьелъул х1акъалъалъ?
  • Ц1алдохъан:            Дагъистаналъул имам,
  • Маг1арухъ хоб батич1ев,
  • Бихъун т1ад мусруги бан,
  • Маг1арулаз вукъич1ев….
  • Учитель:     Дуда  хьолбохъ  ч1ун дида
  •                      Ч1ужуг1адан йихьула.
  • - Лъимал, кинай ч1ужу г1аданалъул х1акъалъулъ бицунеб бугеб поэтессаялъ гьаниб?  Дой йиго эрменияй,
  • Аннайилан ц1ар лъурай,
  • Дой йиго маг1арул нус,
  • Щуг1айнатлъун лъугьарай….

Учитель:

-  Гьелда аск1орго нилъеда рихьулел руго маг1арул ясазул образал. Маг1арул ясазул х1акъалъулъ кинаб пикру бугеб Фазу Г1алиевалъул?

Ц1алдохъан:   Муг1рул гучал руччаби,

Муг1рул ц1ар арал ясал,

Маг1арул тарихалда

Меседил мохъал хъварал…

Учитель:

- Кин нужеда рак1алде кколеб лъимал, щай авторалъ абулеб бугеб:            

                              Жидер ц1арал к1очарал,

                              Жидер хобал т1аг1арал?

- Гьел руччабазул образазда аск1об нилъеда бихьулеб буго жийго Фазу Г1алиевалъул образги.   Гьале, нужер наслудал

                                 Яс, дун к1алъалей йиго…

- Гьел муг1рул гучал руччабазде дандеккун жийго кинай йигин хъвалеб бугеб поэтессаялъ?

Нуж кьураби г1адинал

Кьварарал гучал руго,

Дун аск1обе бортараб

Гьит1инаб ч1имих йиго.

  • Рокъобе х1алт1и: Ф.Г1алиевалъул г1умруялъул ва творчествоялъул х1акъалъулъ лъазе,  поэмаялъул 2 бут1а ц1ализе,  ц1алдохъабазул цо къокъаялда т1адкъала 3 бут1аялдасан цо гьит1инабго церерахъин х1адуризе. 
  •  
  • 2 саг1ат.
  • Класс х1адур гьабила дарсиде.

Адабияталъул теория рак1алде щвезе цо-к1иго тест гьабила учителас ц1алун яги презентациялда экраналда рихьизарун.

  • Тестал. 

«Унсоколоса Х1ожоги гуржиявги» абураб асаралъул жанр:

1)  хабар

2)  халкъияб къиса

3)  халкъияб роман

4)  поэма

Сунда абулеб темайилан?

асаралъул г1уц1иялда.

асаралда жанир лъугьа-бахъинал цо тартибалда рихьизариялда.

художествияб асаралда жиндир х1акъалъулъ бицен гьабулеб жоялда.

хабарияб калам пасих1лъиялъе х1алт1изарулел сипатиял раг1абазда.

Гвангъараб сипат-сурат цебеч1езабизе релъен хъваялъул кьуч1алда г1уц1араб каламалъул сверелалда абула:

аллитерация

метафора

эпитет

дандекквей.

Щиб кколеб аллитерация?

  • Гвангъараб сипат-сурат цебеч1езабизе релъен хъваялъул кьуч1алда г1уц1араб каламалъул сверел.
  • Коч1олаб каламалъулъ, цого гьаркьал такрарлъун, лъугьунеб дурусаб чвахи.
  • Г1адамазул хасият, махщел, бажари х1айваназул ъхасиятлъун бихьизаби.
  • Рокъобе х1алт1и  гьакъила лъималаздасан. 
  • Учитель: Араб дарсида нужее рокъобе кьун бук1ана Фазу Г1алиевалъул биография ва творчество лъазабизе.  Гьанже нилъеца хал гьабила кин нужеда лъалеб бугищали Фазу Г1алиевалъул г1умру ва творчество. Дица нужехъе кьела карточкаби, гьезда хъван буго Фазул биография, амма  гьоркьор риччан руго раг1аби ва тарихал. Нужеца гьел хъвала ва хадуб нилъеца хал гьабила.  
  • Гьеб х1алт1и т1убала щибав ц1алдохъанас жинцаго, хадуб аск1ор г1одор ч1араз цоцахъе кьола карточкаби, бит1ун т1убан бугищали хал гьабизе. Хал гьабизе экраналда кьола бит1араб жаваб хъвараб карточка, гьелдеги балагьун лъималаз цоцазе къимат лъола ва учителас гьел къиматал журналалде росула.

Учитель:  Гьаб х1алт1иялда  нужеца хъван  ругоан  нужедаго лъалел Фазу Г1алиевалъул г1емералго асарал. Гьелги ва цогидалги Фазу Г1алиевалъул т1ахьал руго нилъур библиотекаялдаги. Нужер рес буго гьел ц1ализе.

  • Словарияб х1алт1и:

Учитель: Нужее рокъобе кьун бук1ана 2 бут1а ц1ализе. Гьеб бут1аялда ратанищ нужеда маг1на  рич1ч1изе зах1матал раг1аби? (учителас баян гьарила):   Къолден,  икъбал, чол чангит, асир, лагъ.

  • Г1адатаб анализалъе суалал кьела: 
  • Кинаб анищ бук1араб маг1арул г1олохъабазул тушманасда данде рагъулаго? Гьелъие жаваб балагье поэмаялъул 2 бут1аялдаса ва ц1але.
  • Шамиль кин вагъулев вук1арав тушмангун?
  • Эрменияй Аннае кинаб сипат-сурат гьабун бугеб гьаб бут1аялда?
  • Кин гьей ккарай Дагъистаналде?
  • Асирлъуде ккедал, Аннал пикрабалъ Шамил  кинав  чи вук1арав?
  • Х1акъикъаталда кинав чи Аннада Шамил ватарав?
  • Поэмаялда Шамилие сипат - сурат   гьабураб бак1 нахъойги ц1але. Гьеб сипат – сурат лъил ц1аралдасан гьабун бугеб?
  • Асирлъуде кколеб мехалъ кинаб х1ал бук1араб Аннал?
  • Хадуб гьеб кин хисараб?
  • Шамилидаги Аннадаги гьоркьоб рокьи бижиялъул кин бицун бугеб авторалъ?
  • Тексталда т1ад х1алт1и:
  •  Кинал дандекквеял х1алт1изарун ругел поэталъ маг1арул васазе сипат-сурат гьабулаго?    Щивасул рак1 бук1ана,
  • Чарамул къолден г1адаб.
  • Щивасул зар бук1ана,
  • Залимаб бомба г1адаб.
  • Гьал г1емерал рук1инч1о,
  • Амма т1аде къо ккедал
  • Къогоясул бак1алда
  • Вук1ана цо муг1рул вас…)      
  • Шамиль кин вагъулев вук1арав тушмангун?
  • Гьезда цеве вахъарав
  • Имамасе черхалда
  • Лъураб ругъун чуризе
  • Заманацин бук1инч1о.
  • Буг1ун ч1орто къазабун
  • Къад рацун толаан гьел,
  • Къаси даруги бахун,
  • Устарас къач1азег1ан).

Учитель: Гьединан бах1арчилъиялда рагъана нилъер умумул тушманасда данде. Щай абуни, гьезие бокьулаан жидерго Ват1ан, бокьулаан эркенлъи. Рак1алде ккола  къо бач1араб мехалъ нужер щивас гьединго бах1арчилъиялда ц1унилан нилъер Ват1ан тушманасдаса.

- Кинал нужеда лъалел кицаби бах1арчилъиялъул ва Ват1ан бокьиялъул х1акъалъулъ?

Кицаби:

Ват1ан хириясул хвел бук1унаро.

Чияр ракьалда ханлъун вук1иналдаса нилъерго ракьалда узденлъун вук1ин лъик1.

Бах1арчиясул ц1ар ц1вабзазде г1унт1улеб.

Тушманасе наку ч1вазег1ан, жиндирго къаданиб зани ч1вазе лъик1аб.

Цо лах1заталда жанив бах1арчиги вахъунев, цо лах1заталда жаниб чилъиги холеб.

  • Ролаздеги бикьун ц1алила поэмаялъул 3 бут1а.
  • Рокъобе х1алт1и:  Тетрадазда хъвазе кицаби ва гьел рек1ехъе лъазаризе, бит1ун чвахун ц1ализе, аслиял образал рагьизе поэтессаялъ х1алт1изарурал сипатиял раг1аби – эпитетал  ратизе.
  • 3 саг1ат.
  • Класс х1адур гьабила дарсиде.
  • Рокъобе кьураб х1алт1и т1убан бугищали хал гьабила. Цо чанго ц1алдохъан вахъинавила кицаби рицине.
  • Лъабабилеб бут1аялъул инсценирование. 

Учитель:  Поэмаялъул лъабабилеб бут1аялда бицунеб буго кинаб къисмат ккараб Дагъистаналде щварай Аннал. Гьебги нилъеда бихьизабизе буго нилъерго  классалъул ц1алдохъабаз. Гьелда т1ад гьел г1емерго х1алт1ана, ралагьана къвариг1арал алатал ва т1ад рут1улеб рут1ел. Гьанже гьеб кинабго х1алт1ул х1асил нилъеда бихьизабила гьез.

  • Г1адатаб анализалъе суалал: 
  • Аннае Дагъистан бокьиялъе г1илла щиб ккараб?
  • Рагъдаса вуссараб мехалъ Шамилиде щиб ургъел бикьараб Аннаца?
  • Шамилица эрменияй Аннада Шуг1айнатилан  бусурманаб ц1ар хисиялъе г1илла щиб ккараб?
  • Поэмаялъул ахирисеб 4 бут1а ц1алила лъималаз. Учителас к1вар кьела чвахун ва бит1ун  ц1алиялде.
  • Адабияталъул теория такрар гьаби: кеч1 чвахун, дурусго бач1иналъе г1иллалъун бук1уна гьениб авторас гьарзаго аллитерация х1алт1изабиялъ. Рач1а нилъецаги гьаб поэмаялдаги аллитерация кин х1алт1изабун бугищали хал гьабизе.   

Гьаниб муг1рул васаца

Баг1араб бил щакъидалъ

Бег1ерал хвалчаби ччун,

Чармилал кьурабазда

Кьабг1ун бик1ун буго гьеб.

Учитель:  Художествиял асарал г1уц1улаго, хъвадарухъанас жигар бахъула бат1и-бат1иял лъугьа-бахъинал, г1адамазул г1амал-хасиятал, хьвада-ч1вади баянго, пасих1аб мац1алдалъун  рихьизаризе. Адабияталъул мац1алъул аслиял хасияталлъун ккола гьеб берцинаб, пасих1аб, г1адамазул рек1ее асар гьабулеб, сипатаз бечедаб бук1ин. Мац1 пасих1 гьабизе хъвадарухъабаз пайда босула хасал сипатиял алатаздаса, къаг1идабаздаса; гьел г1емерал руго: синонимал, антонимал, эпитетал, дандекквеял, метафораби, метонимиял, ирония, аллегория, гиперболаби ва гь.ц.  гьезул цо-цоязул х1акъалъулъ нужеда малъана цересел дарсаздаги. Гьел ресал гьарзаго х1алт1изарун руго ФазуГ1алиевалъги гьаб асаралда. Нилъеца гьанже гьел ресал рихьизарила гьаб таблицаялда рекъон.

 

№ п/п

образал

эпитетал

дандекквей

метафора

  •  

Ах1улгох1алъул образ

Гьит1инаб щобдасан,

Рич1ун т1ехь г1адин,

Оцол бет1ерг1анасеб,

 
  •  

Имам Шамилил образ

     
  •  

Щуг1айнатил образ

     
  •  

Муг1рул васазул образ

     
  •  

Муг1рул ясазул образ

     

 

Учителасул нухмалъиялда гъоркь лъималаз щибаб образ рагьизе поэтессаялъ х1алт1изарурал къаг1идаби ралагьула ва хъвала таблицаялда.

  • Рокъобе х1алт1и: таблица ц1езабизе, 4 бут1аялъул рек1ее г1ураб кесек рек1ехъе лъазабизе.
Скачать файл: 7-klass-mag1-nus.docx [23,89 Kb] (cкачиваний: 164)
Посмотреть онлайн файл: 7-klass-mag1-nus.docx
Пикру загьир гьабизе
Личный кабинет
только у нас скачать купить шаблоны dle по низким ценам
Машгьурал макъалаби