ЦIех-рех
КъваригIун бугищ рахьдал мацIалда ЕГЭ?

Диагностикиял хlалтlаби 5 класс

Диктант.

Бацlал.

                Дунялалда  ругел бищунго хъантlарал ва бищунго вахlщиял  гlалхул жанаваразда гьоркьоб бацlица ккола тlоцебесеб бакl. Бацlаз гlумру гьабулареб, гьел гьечlеб бакl ракьалда батизе цlакъ захlматаб иш буго.

         Бацlаз рикlкlаде хьвадун балагьула квен. Гlедерал, гlажаибго хехал хlатlалги кьун руго тlабигlаталъ гьелъие. Гьезул  къокъаялда жаниб щуго-анлъго бакl букlуна.

         Бацlазул аслияб квен ккола гьан. Гьез чан гьабула чуязде, гlиязде, цlаназде. Гьез кванала гьвабиги ва жалго бацlалги. Лъукъараб, унтараб, загlипаб бацl цоцахъаги бахъун  кванала гlолохъанал бацlаз.

     Тlадкъай:

  • Ахирисеб предложениялъул синтаксисияб разбор гьабе, тайпа цоял членазда гъоркь мухъ цlай
Скачать файл: diktant-rodnoy-yazyk.docx [17,73 Kb] (cкачиваний: 684)
Посмотреть онлайн файл: diktant-rodnoy-yazyk.docx
Пикру загьир гьабизе
Личный кабинет
только у нас скачать купить шаблоны dle по низким ценам
Машгьурал макъалаби