АВАРАЗУЛ РЕВОЛЮЦИЯЛДА ЦЕБЕСЕБ ХЪВАВУЛАБ ПОЭЗИЯ
19 векалда халкъалда гьоркьосан рахъарал лъик1аланго поэтаз аваразул хъвавулаб поэзия цебе т1езабизе байбихьун буго. Гьезда гьоркьосан бищунго машгьураллъун ккола Хьаргабиса Мах1амадбег, Инхоса Г1алих1ажияв, Ругъжаса Г1анхил Марин ва Элдарилав, Ч1ик1аса Мух1амад, Игьалиса, Ганзил Г1абдула, Бакьайч1иса Ч1анк1а, Хъах1аб росулъа Мах1муд, Т1елекьа Этил Г1али, Кьохъа Мух1амад, Инхелоса Къурбан ва гь. ц.
Гьезда гьоркьосан Хьаргабиса Мух1амадбег, Ругъжаса Г1анхил Марин ва Т1елекьа Этил Г1али хут1изег1ан цогидал г1араб мац1алъулгин гьелъул литератураялъул ц1ик1к1унниги дагьабниги лъай-хъвай щварал г1адамал рук1ун руго. Инхоса Г1алих1ажияв вук1ун вуго жинца дибирлъиги гьабулев, г1араб мац1ги гьелъул литератураги лъалев машгьурав г1алимчи. Гьес диниял ишазда хурхарал куч1дулги (туркаби) гьарун руго. Жинцаго абухъе, гьев рокьул куч1дузул гьудул вук1ун гьеч1о. Бугониги Г1алих1ажияс революциялда цебесеб авар поэзиялда жаниб лъик1аб бак1 ккола. Щай гурелъул Г1алих1ажиясдаса цере ва гьесул заманалда рук1арал Г1аймакиса Абубакар, Кудалиса Х1асан, Миякьуса Г1умарх1ажи г1адал г1алимзабаз рахьдал мац1алда туркаби ва мавлидал гурони хъван гьеч1о. Гьеле гьединал г1адамазде данде ккун, бечедазде, мах1камачаг1азде данде, диванбегзабазде, будун-дибирасде данде рахьдал мац1алда бег1ераб къалам т1оцебе къват1ибе бахъарав чилъун Г1алих1ажияв рик1к1ине бегьула.
Ругъжаса Г1анхил Марин к1алзул гьунар ц1ик1к1арай, ч1ужуг1аданалъул ихтияралъул пикру куч1дузулъ х1алт1изабурай кач1охъан йик1ун йиго. Гьелъ бихьизабулеб буго бихьиналгин руччабазда гьоркьоб бук1унеб рокьи-балагьи бук1ине бегьулеб, г1адамазе т1абиг1ияб жолъун. Жиндир заманалда гьелда ц1ар бугей маг1ихъанилан абулеб бук1ана. Амма гьелъ цоги маг1ихъаби-руччабазда релълъун маг1y гьабулароан; маг1ирукъалдаса гьелъ доб заманалъул социалияб г1уц1иялде дандеч1ей бихьизабизе пайда босулеб бук1ун буго. Бечедал г1адамаз гъоркьан рекъон, загьру кьун, хвезавурав гьебго росулъа Элдариласде гьабураб маг1уялдасан гьеб баянго бич1ч1ула.
Элдариласул куч1дузул г1олареб рахълъун рик1к1ине бегьула, басриял рокьул куч1дузул г1адаталда рекъон, ч1ужуг1адан гаргадизе гьаюн, хьандезе гьаюн, т1арамагъада гьей мук1урлъарайлъун, чучарайлъун йихьизайи. Гьедин бук1аниги Элдарилавги гьесул куч1дулги дунялалъул яшавалда хурхарал ругелъул церет1ураллъун рик1к1уна.
19 векалъул ахиралдасан байбихьун г1aгa-шагарго цого заманалда авар поэзиялда жаниб рокьул куч1дул гьари цебет1ун буго. Гьелъул рахъалдасан церет1ураллъун рик1к1уна Бакьайч1иса Ч1анк1а, Игьалиса Ганзил Г1абдула, Хъах1аб росулъа Мах1муд, Кьохъа Мух1амад, Инхелоса Къурбан г1адал коч1охъаби.
Гьезда гьоркьоса Мах1мудил рокьул лирикаялъ т1адег1анаб бак1 ккола. MaxIмудил куч1дузул цо т1ел, Ц1адаса Х1амзатица абухъе, Ч1анк1алги ва цоги авар коч1охъабазулги квер г1унт1улареб борхалъуда буго. Жого гьеч1ого гуро Дагъистаналъул литература жинда лъалев г1урусазул советияв поэт Н. Тихоновас Мах1мудида Кавказалъул Блокилан абураб. Гьелдалъун бич1ч1улеб буго Мах1мудил лирикаялъул цох1о авар халкъалъе гуребги к1вар бук1ин.
Профессор Л. Жирковас Мах1мудил авар литератураялда жаниб бугеб роль гlypyc литератураялда жаниб А. С. Пушкинил бугеб ролалда релълъинабун xъвaлeб буго.
Абухъего, авар халкъалъеги цересел коч1охъабазда гьоркьосан Мах1муд хирияв вуго, гьелъ гьев киназдасаго к1одо гьавула. Гьесул куч1дул халкъалъул рек1ел х1алалда рекъарал, халкъалъул г1умруялда ц1ик1к1ун релълъинарун хъварал руго.
Авар мац1алъул гьаркьилаб бечелъи, гьаркьазул цоцазде данде кквей, цоцазда хадур рекъон рач1ин бищунго ц1акъ, бищунго берцин Мах1мудил куч1дузулъ буго. Гьесул куч1дузулъ буго берцинго, х1еренго херхараб поэзия; щибго жагъаллъи гьеч1еб искусство, проза гъорлъ гьеч1еб калам, цоги рахъалъан, Мах1мулида халкъалъул т1адег1анал художествоялъул рокьул куч1дуздаса, халкъалъул пасих1аб мац1алдаса, х1икматал раг1абаздаса, г1акъилал кицабаздаса ва бицанк1абаздаса берцинго пайда босизеги лъан буго. Гьелъие г1оло буго маг1арул коч1охъабаз «Гьадиг1анго г1емер щай нужее MaxI мудил куч1дул ах1изе рокьулел?» — абун гьикъараб мехалъ, «Гьесул куч1дул бигьаго axlун рач1уна, г1енеккаралги гьез х1айран гьарула»,— ян жаваб кьолеб. Мах1мудил куч1дузулъ росдал г1адатал, рук1а-рахъин, хьвада-ч1вади, яшавалъул киналго рахъал т1адег1анаб поэзиялъул даражаялде рахинарун руго.
Рокьи басандулеб росуги танин, Саламилан абе бец1ал сардазда. Балагьи т1егьалел муг1рулги танин. Т1ерхьунгеян абе баг1арбакъалда.
Гьеб куплет ккола, Ц1адаса Х1амзатица абухъе, «гьит1инаб к1улалъ рич1улеб к1удияб гъамас». Гьединал к1улаз рич1улел к1удиял гъансал Мах1мудица г1емерал гьарун руго. Жиндиего вокьулесе ине йиччаларого йигей ясалъ эбелалда гьадин абулеб буго:
Бакъул завал буго къалъул г1ужалда,
Бакъаниде ккани, т1ерхьуна, уна.
Моц1рол ц1ар абула анц1ила щуйилъ,
Ахиралде ккани, ккунги хут1ула.
Хирияй эбелалъ унеб гьакида
Юк ц1ик1к1инабула, ц1алебилан ккун.
Ц1амул гьирида т1ад пуд маххулги къан,
Билълъаян кьабула гъарин черхалда.
Гьел раг1абиги ккола xlepeнгo абулел, х1алуцун реч1ч1улел «г1инда к1ут1илалде рек1елъ росулел» раг1аби. Живго Мах1мудидаги жиндирго рокьул лирика т1адег1анаб бук1ин бич1ч1улеб бук1ун буго.
Дунго хвананиги халкъалда лъалел
Къасидатал ругел таманал рокьул.
Ракьулъ вукъаниги къанихъ урхъараб
Къо г1емер бач1ина г1ишкъу ккаразул.
Амма гьаниб абизе ккараб цоги жо буго. Мах1мудиеги гьесда релълъарал цогидал коч1охъабазеги мустах1икъаб къимат щвана совет власталъул заманалда.
19 векалъул ахиралдасан байбихьун авар лирика цебет1еялъе сабаб щиб ккараб?
Гьеб заманалъ аваразул рокьул лирика х1алуцун цебет1еялъе сабаб ккана халкъияб поэзиялъ феодалиябгин исламалъул культураялъул асаралда гьоркьа борч1изе т1алаб гьаби. Г1анхил Маринил, Элдариласул, Мах1мудил, Кьохъа Мух1амадил куч1дузулъ диниял образал дагь гурони кьун гьеч1о. Лирикаялъул гьеб рахъ дагьабги баянго цебе ч1езабиялъе г1оло нилъеца к1иго бат1ияб заман данде кквезе бегьула. 19 векалъул 30-абилел соназдс г1агарлъун маг1арул росаби гьоркьоса къот1ич1ого кьалулъ-рагъулъ рук1ана. Гьеб заманалда муридзабилъун лъугьун цоял, жанисел ханзабазул боде данде, ялъуни гlypyc пачаясул аскаргун цадахъ Шамилиде данде рагъулел рук1ана.
Щибаб къоялъ г1адин г1емерисел маг1арул росабалъ рагъда ч1варав чиясул маг1ирукъ камулароанилан абизе бегьула. Жакъаги чанги маг1арул росулъе жанире лъугьунаго нужеда рихьизе руго гьенир рахъун ч1езарурал занаби — къанал. Гьел ккола доб заманалъ рагъда ч1варал г1адамал рак1алде щвеялъе гьарун рук1арал занал. Х1асил, 19 векалъул бит1ахъе 40 сон г1анасеб заман маг1арул халкъалъ рагъулаб низамалда, кваназе гьеч1ого, рет1ине гьеч1ого, къварилъуда биччан буго. Шамилица ч1езабун бук1араб рагъулаб низамалда рекъон,рокъоб лъималазе гьеч1еб т1ощел рагъде рек1ине х1адур бук1ине чое кьезе кколаан.
Гьеле гьединаб х1алалдаги рук1ун, рокьул куч1дузухъ г1енеккизе халкъалъул заман бук1инч1о, гьединал куч1дул х1ажат рук1инч1о. Гьебги т1аса ун, маг1арул халкъалъе ракълилаб заман т1аде бач1ана. Цо тайпа маг1арулал гlypyc культура т1ибит1арал Дагъистаналъул шагьаразде, жеги рик1к1а-рик1к1аде Россиялде ун х1алт1изе лъугьана. Чачан ва лъараг1 ракьаздехун балагьун шагьра нухал рахъана. Шагьараздаги росабаздаги гьоркьоб даран-базар ц1ик1к1ана. Бак1-бак1алда маг1арухъ базарал г1уц1ана. Гьел шарт1аздалъун маг1арул халкъалъул бет1ербахъиялъул, цебе бук1аралде данде ккун, к1удияб г1ат1илъи ккана. Гьеле гьедииаб г1умруялдалъун лъугьана араб заманалъе г1ологи авар халкъалъул поэзия, хасго рокьул лирика цебе т1езе. Амма жеги халкъалда жаниб динияб рахъ чучун бук1анин абизе бегьуларо.
Г1арабалъ ц1алулел гlaдамал цереялдаса дагьал рук1инч1о, цох1о «доб дунялалъул» бицунел шайихзабиги дагьал рук1инч1о. Гьеб рахъалде данде пачаясул власталъул гьабин абизесел тадбиралги рук1инч1о.
Гьеб заманалда рахъарал поэтаз ч1ужуг1аданалъул социалияб х1ал, обществоялда гьоркьоб гьелъул бугеб къимат борхатаб даражаялде бахинабуна. Бит1ухъего эркенлъуде ах1улел рук1инч1ониги, руччаби бихьиназда ихтияр бащадал рук1ин бич1ч1улеб бук1ана гьезул куч1дуздасан.
1917 соналъул К1удияб Октябралъул револлоциялъул заманалде г1агарлъанаг1ан гьеб тайпаялъул куч1дул ц1ик1к1ине лъугьуна.
1905 соналъ Россиялда ккараб революциялъги, гьебго заманалде Япониялъулгун гьабулеб рагъалъги пачаясул х1укуматалде данде къеркьей гучлъизабуна. Гьелъул асар авар куч1дуздаги батула.
1904-абилеб соналъ Япониялъулгун Россиялъул рагъде ине абун, пачаясул х1укуматалъул х1илла-макруялъ махсараде ккун г1олохъаби полкалде хъвараб мехалъги, 1918-абилеб соналъ Дагъистан кодобе босизе рач1арал туркал нахъ руссун араб мехалъги, Инхелоса Къурбан вуц1ц1ун ч1еч1о. «Ц1а босизе г1адин рач1ун нахъ руссарал» абун турказда т1ад велъанхъана гьев.
Социалияб рахъалъ ругел мекъал ишазул х1акъалъулъ гleмер к1алъан вуго Кьохъа Мух1амад. Гьес жиндирго куч1дузулъ росабалъ мискинаб халкъ махсараде кквезе лъугьарал бечедал г1адамазул ягъзинал хасиятал къват1ир ч1вазарулел руго. Игьалиса Ганзил Г1абдулагьил «Я гьал г1адамаца алжан гьарани, дица мун гьарила бет1ергьанасда» г1адаб коч1ол мухъалъ, Хъах1аб росулъа Мах1мудил «Халкъул г1аламалъе алжанал кьолев, алжан дуего тун, дой яс дие кье»... «Мун яхунел т1охал, т1асан унеб нух гьеб гуребдай алжан иман бугесе?» г1адал коч1ол мухъазги диналде дандеч1ей гьабулаан.
Доб заманалъ авар поэзиялъул бищун борхатаб даражаялде бахараб рахъ буго, цебе бицухъе, ч1ужуг1аданалъул къадру борхизаби, гьелъул рек1ел х1ал эркен гьабиялъул нухалда куч1дул гьари.
Суалал ва т1адкъаял.
- Халкъалъул к1алзул гьунаралъул асаразул аслиял г1аламатал кинал?
Хъвавул асараздаги к1алзул асараздаги гьоркьоб кинаб бат1алъи бугеб? Гьел
асаразул х1акъалъулъ г1аммаб баян кье. - Маргьабазул х1акъалъулъ г1аммаб баян кье. Гьел кина-кинал тайпаялъул рук1унел?
- Кицаби, умумузул абиял, бицанк1аби щал жал кколел?
- Авар халкъалъул кина-кинаб тайпаялъул куч1дул ругел ва гьезул к1вар?
- Авар халкъалъул революциялда цебесеб хъвавулаб поэзиялъул xlaкъалъулъ г1аммаб баян кье.
- Революциялда цебесеб хъвавулаб поэзиялда жаниб рокьул куч1дуз ц1ик1к1араб бак1 кквеялъе сабаб щиб?
- Хъвавул поэзиялъул бищунго машгьурал поэтал щал кколел?
- Нужедаго лъалел, ялъуни цогидаздасан раг1арал маргьабазда ва куч1дузда ц1ар ч1вай.