ЦIех-рех
КъваригIун бугищ рахьдал мацIалда ЕГЭ?

ЦIадаса ХIамзатил тадбирал Гъизилюрталда

Ц1адаса Х1амзатил 140 сон т1убаялда хурхун Гъизилюрт шагьаралъул школазда сентябрь ва октябрь моц1азда т1орит1ана г1емерал тадбирал. Аслияб мурадлъун бук1ана тадбир г1уц1улелъул г1ун бач1унеб г1елалъе Х1амзатил произведенияздалъун тарбия кьей, гьесул творчествоялде рокьи бижизаби ва гьединго сатирикияб рахъ бихьизаби. Ц1адаса Х1амзатил баснябаздасан рихьизаруна инсценировкаби, ц1алдохъабазда гьоркьор гьаруна пасих1го кеч1 ц1алиялъул къецал."Г1умрудул дарсал" абураб темаялда х1адур гьарурал видеороликазул ва поэтасул творчествоялъул х1акъалъулъ хъварал сочинениязул конкурсал шагьаралъулаб этапалда т1орит1ана. Бач1унеб г1елалъе мисалияв инсан Ц1адаса Х1амзатил г1умруялъул ва творчествоялъул х1акъикъат Гъизилюрталъул ц1алдохъабазухъе щвезабизе квербакъана шагьаралъул школазул рахьдал мац1азул муг1алимзабаз.

Скачать файл: 2017-10-24-14.20.11-s-effektami.jpg [138,51 Kb] (cкачиваний: 38)
Пикру загьир гьабизе
Личный кабинет
только у нас скачать купить шаблоны dle по низким ценам
Машгьурал макъалаби