ЦIех-рех
КъваригIун бугищ рахьдал мацIалда ЕГЭ?

ЧIахъаги магIарул мацIги цIарги

Министерство образования и науки РД
МБОУ «Средняя общеобразовательная школа № 6» имени героя России М.О.Магомеда

Внеклассное мероприятие
на тему
«Ч1ахъаги маг1арул
мац1ги ц1арги»,
посвященное международному Дню
родного языка.
Проект учителя аварского языка и
литературы Бечедовой Х.М.

Каспийск 2012
Программа.

1.Вступительное слово организатора мероприятия (сопровождается показом слайдов и видеоматериала).
2.Хор Р.Х1амзатов «Муг1рузул улка».
З. Выступление поэтессы Айшат Малачиевой.
4.Аварский танец.
5.Выступление поэтессы Тубхат Зургаловой.
6.Сценка «13 букв».
7.Песни Т.Зургаловой исполняют звезды дагестанской эстрады Ахмед Закариев,Эльмира Аминова,Руслан Гасанов.
8.Выступление представителей общественной организации «Наше братство» (награждение детей,родителей и учителей).

9.Праздники, традиции,обычаи аварцев:
- оцбай (показ видеоролика и
комментариями )
-свадебный обряд (костюмированное
представление)
- за водой к роднику (конкурс «Горянка с
кувшином»)
10.Выступление представителя газеты «Х1акъикъат».
11.Выступление родителей учащихся.
12. Хор «Эбелаб Ват1ан»
(фотография на память).




-Салам, хириял маг1арулал!
- Лъик1 щварал, гьалбал!
-Жакъа нилъ гьаб залалда данде гьарун руго рахьдал мац1алдехун бугеб рокьиялъ, гьеб ц1унизе бугеб шавкъалъ ва гъираялъ. 2009 соналъул 21 февралда гьаб залалда Ц1адаса Х1амзатил вас академик Х1ажи Х1амзатовги г1ахьаллъун мац1алда т1ад х1алт1улел г1алимзаби, хъвадарухъаби ва коч1охъаби данделъун т1обит1ана шагьаралъул киналниги школабиги г1ахьаллъун фестиваль - халкъазда гьоркьосеб рахьдал мац1азул къо к1одо гьабун.
Слайды.
Суратал рихьизарила.
-К1алъана г1урус мац1алда ,цере рахъун куч1дул рик1к1ана ва ах1ана 6 дагъистаналъул мац1азда.
Х1ажи Х1амзатовасе гьеб байрам рек1ее г1уна, амма маг1арул мац1 дагь гурони раг1ич1ин т1адеги жубана .
Гьеб къоялъ дица гьесие раг1и кьуна бат1и-бат1иял кьиралъул маг1арулалги данде гьарун байрам т1обит1изе.
Жакъасеб байрамалъул аслияб мурад буго шагьаралъул школазул лъималазда бихьи ва бич1ч1и ч1ах1иязул маг1арул мац1алдеги г1адатаздеги бугеб бербалагьи, маг1арулал цоцазда лъай, нилъ гъунки. Нилъехъе Мах1ачхъалаялдаса рач1арал гьалбал руго маг1арул мац1ги ц1арги ц1униялъул гьарулел ишазул бах1арзал.
Гьел киналго к1алъазе цере рахъине руго.
Маг1арулаз, к1удиял мажлисазда т1адеги рахъун, Р.Х1амзатовасул "Маг1арулазул улка "кеч1 ах1ула. Рач1а нилъецаги аваразул гимнлъун лъугьараб кеч1 ах1изе.
Видео-гимн
- Жакъа нилъехъе рач1ун руго г1емерал гьалбал. Гьезул цояй ккола хъвадарухъан ва тележурналист Г1айшат Малачиева. 4 классалда нилъеца ц1алана гьелъул «Ансадерил накъищал »абураб хабар. Эбел-эменгун цадахъ нуж балагьулел ратила Г1айшатица телевидениялдаса маг1арул мац1алда кьолел передачабазухъ, гьединго гьелъ рачуна радиопередачаби. Раг1и кьолеб буго Г1.Малачиевалъе.
(выступление А.Малачиевой сопровождается показом видеофрагментом из ее творческого вечера)
-Хириял гьалбал, жакъа нужее куч1дул рик1к1изе ва ах1изе руго шагьаралда гьарурал, гьенир к1удиял г1олел, ц1акъ дагь гурони рахьдал мац1алда к1алъазе рес щоларел гьит1ичаз. Огь, нужеда лъалебани авар мац1 лъазабизе нижее бук1унеб зах1мат.
Кин бугониги лъималаз эбел- инсул кумекалдалъун х1аракат бахъула гьеб лъазе.
Х1асил нужеда бихьизе буго.
-Маг1арулазе ихтилат-кеп кьурди бокьула.
Анц1абилеб классалъул ясаз бихьизабулеб буго маг1арулазул кьурди.
(Танец)
-Гьаб данделъи гьабизе ургъулаго дихъе щвана Тубх1ат Зургьаловалъул маг1арул алфавиталъул х1арпазе хъварал куч1дул. Хасал х1арпал малъулелъул к1удияб кумек ккола гьезул. Тубх1атица къват1ибе биччазе х1адурун бугеб т1ехьги шагьаралъул школазул муг1алимзабазе к1удияб сайгъатлъун бук1инилан ккола дида.
-Куч1дул рик1к1унел лъимал руго, жигарго рахьдал мац1 лъазабизе х1аракат бахъулел гьит1ичал.
( 13 х1арпазе хъварал куч1дул рик1к1ина лъималаз)

-Тубх1атил Зургьалова гьаюна Гъуниб районалъул Бац1ада росулъ. Гьеб росдал тарих бечедаб буго . Г1адамал ц1одорал

ва унго-унгоял махщел чаг1и руго. Цодагьаб цебе "Х1акъикъат" газета ц1алулаго дида ратана гьадинал мухъал. Цо г1аданалъ дуца т1ахьал ц1алулищан гъикъидал абулеб буго Тубхат1 Зургьаловалъул ц1алулин. Гьанже заманалъ г1адамаз ц1акъ дагь гурони т1ахьал ц1алулареб мехалъ т1аса йищун гьелъул куч1дул ц1алун лъазариги гьелъие кьолеб къимат бугин ккола дида.
Тубх1ат Зургьалова ккола Россиялъул хъвадарухъабазул союзалъул член, публицист дагъистаналъул культураялъул мустах1икъай х1алтухъан ,Хъах1аб росулъа Мах1мудил премиялъул лауреат.Гьелъ адабияталъул дарсал кьуна дагъистаналъул университеталда.Гьабсаг1ат Т.Зургьалова х1алт1улей йиго литературиял журналазул жавабияй секретарьлъун. Ахирисеб "Х1акъикъат" журналалда буго Пат1имат Муртазаг1алиевалъул творчествоялда хурхун хъвараб гьелъул макъала. Тубх1атил творчествоялда к1удияб бак1 ккола эбелалъе хъварал куч1дуз . Маг1у бадиб хулула гьал мухъал ц1алулаго:
Эбелалъухъ ч1вараб ч1ег1ераб дир к1аз
Дур бак1лъи борцунеб роцен бугодай?
- Гьабсаг1ат гьеб кеч1 ах1изе цеве вахъунев вуго маг1аразул машгьурав коч1охъан Тубх1ат Муртазаг1алиевналъул росуцояв Ах1мад Закарияев.
(Ах1мадил к1алъай ва кеч1)
-Тубх1атил куч1дузулъ загьирлъун буго г1агараб Ват1аналдехун бугеб х1асратаб рокьи.
Дун кий йигони камун бук1ана
Гьаб муг1рузул ц1умур - росдал х1елеко.
Кий дун йорч1аниги ч1алг1ун йик1ана
Харабаз ургъараб годек1аналъухъ.

Гьенир г1уна эмен,гьесул умумул,
Гьалъ парахалъана эбелалъул рак1.
Гъасде кверал рит1ун т1оцебе дица
Босана т1оцебе сунареб хинлъи.

Гьелъул куч1дузулъ вуго кьалул багьадур
Хочбар ,к1удияв Имам Шамиль,аваразул тарих, маданият. Гьелъ ясал ах1улел руго маг1арул намус ц1унун хьвадизе.
-К1удияб Ват1анияб рагъул темаялда Тубх1ат Зургьаловалъул Г1абдул-Мажид Хачаловасе хъвараб "Дур кеч1 г1одулеб бугеб " абураб кеч1 бокьула киназе.
(Ц1алдохъаналъ кеч1 ц1алила)
-Тубх1атил куч1дул ах1ана киназего йокьулей, мунагьал чурияй Марият Мух1амадг1алиевалъ, Г1иса Ибрагьимовас. Жакъа нилъеда цее Тубх1ат Зургьаловалъ кеч1 ах1изе яхъуней йиго маг1арулазул гьайбатай коч1охъан Эльмира Аминова.
(Э.Аминовалъул к1алъай ва кеч1)
- Маг1арулазул куч1дул
Кенч1олел дир анищал
Бокьун буго рак1алъе
Рук1ине свин гьеч1елъун.

-Раг1и кьолеб буго Тубх1ат Зургьаловалъе.
(Выступление Т.Зургьаловой)
- Нижер мурад буго, жакъасеб мероприятиялда лъималазда маг1арулазул г1адатал ва рук1а-рахъин бихьизаби.

Бах1арай ячин.
(сценка,комментарий)
Огь, нижер бах1арай, нижер бах1арай
Росноса унаго эбел г1одарай
Огь, нижер бах1арай, нижер бах1арай
Рокъой яч1унаго якьад йохарай.

Огь, нижер бах1арай, нижер бах1арай
Сирванталда жаний хрусталь г1адинай
Огь, нижер бах1арай, нижер бах1арай
Вазаялда жаний гьоц1о г1адинай.

-Бищунго маг1арулазе бокьулеб ва маг1ишаталъе к1вар бугеб байрамлъун ккола оц бай. Балагье кин гьеб унеб цо-цо росабалъ.
(Дискалъухъ балагьила. Бицина.)
-Хириял лъимал, х1урматиял гьалбал, лъида бихьизабизе к1олеб мугъзада г1ерет1 кин ч1валебали?
(конкурс)

Лезгинка.

Хор «Эбелаб Ват1ан» (Поют все).

Пикру загьир гьабизе
Личный кабинет
только у нас скачать купить шаблоны dle по низким ценам
Машгьурал макъалаби