ЦIех-рех
КъваригIун бугищ рахьдал мацIалда ЕГЭ?

"Баракатаб дандчIвай"

Пандуралъул бакъаналъухъе доскаялда слайдал рихьизарила  мугIрузул суратал рахъарал.

Вед.

МагIарулазул кучIдул

КенчIолел дир анищал,

Бокьун буго ракIалъе

РукIине свин гьечIеллъун!

Дагъистаналъул  мугIрузул огъохъатиниб лъураб ,гьайбатал керчал рохьаз сверун ккураб,щибаб лъагIалил заманаялъ цоялдаса      цояб гьайбатаб тIабиг1ияб сураталдалъун гIадамазул ракIбоххизабулеб бокIон буго  БацIада росу.Гьеб росулъ гьаруна,гIицIго Дагъистаналда гурелги,гьелъул гIорхъаби тун къватIирехунги цIар рагIарал гIадамал.Гьезда гьоркьор руго къалмил гьунар тIокал шагIиралги.    Гьеб гIажаибаб берцинаб,гьайбатаб гъунисезул ракьалда БацIада росулъ цо баракатаб къоялъ гьаюна яс.

      Ассаламу гIалайкум,хириял гьалбал,хIурматиял улбул,цадахъ хIалтIулел,ва дир гIисинал магIарулал!

  Вед.

ХIикматаб жобуго Аллагьасул хъвай

ГIемер балъголъаби жиндилъ рахчараб…

Гьале гьанжесаги тахшагьаралде

Бухьараб дир сапар гIадада ккечIо

Авар газеталъул редакциялде

КучIдул кьезейилан яхъун йикIана

Гьайбатай,хIеренай,гIадан хирияй

ТубхIат лъазе хъвараб багьана ккана.

Лъаларо,кин ккарай дур рокъое дун,

Аллагьас ячана ,берзул расги ккун,

Дур гIамал лъаларей,я хIал лъаларей

Киндай дандчIвалаян букIана дир ракI.

Амма мун йихьизе цIакъго бокьиялъ

Бергьенлъи босана хIинкъиялда тIад..

Гьале Кавсаратгун тIаде рахана,

НуцIихъ эхетигун,дир ракI кIетIана,

НуцIа рагьун,къватIий ТубхIат яккана,

ТубхIат гурей,гвангъун  бакъ бакканилан

Ккана гьеб лахIзаталъ дида ракIалде.

ГIумруялъго лъалей йикIарай гIадин

Къабул гьаюна гьелъ лъаларей гьобол…

…Вай,дир магIарулал,гIамал берцинал,

ГIадамал хириял,гьалбал рокьулел,

НужгIадинаб миллат тIокIаб бугодай?

ЧIухIулеб куц дир ракI гьаб халкъалдаса!

Щукру Аллагьасе ,алхIамдулиллагь,

Гьаб халкъалъул яслъун йижун ятидал!

ЯхI-намус бечедал,чилъи гIемерал,

ГIаданлъи бергьарал дир магIарулал!

Лъимералда гIадин берцин кIалъана,

Гьуинаб каламалъ асир гьаюна,

Устарасул адаб ккурай ятидал

ТIубанго буссана дудехун дир ракI!

Жакъа нилъехъе гьоболлъухъ ячIун йиго  магIарулазе йокьулей шагIир,публицист,Россиялъул хъвадарухъабазул союзалъул цояй,ХъахIаб росулъа МахIмудил цIаралда бугеб премиялъул лауреат,Дагъистаналъул литературиял журналазул редакциялъул жавабияй секретарь, магIарул мацIалда хъварал  чанго диниял тIахьазул редактор,Ассалам газеталъул редакциялъул хIалтIухъан,магIарул мацIалда къватIире рахъарал кучIдузул чанго сборниказул автор Зургьалова ТубхIат Муртазалиевна!

Тубхат Зургьаловалъ махщалида рихьизаруна жиндирго кучIдузулъ гIисинал ганчIалъан кIул-кIулиялда  чвахулел иццазул сасги,хурдуз щубил гаралгун бицунеб харбил шуршурги,бихьинчилъиялъул къвакIиги,руччабазул берцинлъиги,яхI чорхолъан бецIцIулеб  гьаб халкъалъул къадру-къиматги,жиндир  халкъалдаса бугеб рекIел чIухIиги.Амма бищунго хинал,хIеренал,гьайбатал,гIакъилал рагIаби гьелъ махщалида лъун руго эбелалде хъварал кучIдузулъ.

«Эбелалъул кагътал»цIалила  Гъизилюрт шагьаралъул тIоцебесеб школалъул авар мацIалъул  мугIалим Малаалиева ХIабибатица.

.Жибго гьитIинаб букIаниги гIажаибаб,кибго гьечIебгIадинаб  къураналдагицин  «Алжаналъул ракьилан»рехсараб улка буго нилъер Дагъистан.

ГIадада ратиларо нилъер гьитIинаб Дагъистаналда ,хасго магIарулазул гьалщинал гIемерал махщел-гьунар  бугел хъвадарухъаби ва кочIохъаби рахъарал.Амма гIемерал шагIирал рахъаниги,ТубхIат Зургьаловалъ гьеб меседил читIиралда гьоркьоб ккола жиндирго хаслъи бугеб хасаб бакI.

ЧIагояй,инсан хирияй,гъорлъ йосарай,чиясул къварилъи рекIел гъварилъуде биччалей ТубхIатица кучIдул хъвачIеб темаго тун батиларо.Гьей ва гьелъул кучIдул лъалезда бихьула ТубхIатил кучIдузул гIадамазда бичIчIулеб гIадатлъиги пикруялъул гъварилъиги.

-депутатазде кечI  Сарат Мухумаева

ТубхIат Зургьаловалъул кучIдул цIализе цере рахъунел руго анкьабилеб школалъул цIалдохъаби.

«Белъулеб буго гIарац,гIодулел руго занал…»

Дир ургъалил гъансито..цIалулеб буго  6 классалъул цалдохъабаз.

ЦIикIкIунисеб заман шагьаралда гIумру гьабун йигониги,ракI ТубхIатил мугIрузда буго.

Шагьаралъул лъималъул

Лъугьунел гьечо хинкIал,-

Хирияб росдал иццухъ

Урхъун йиго  дун ,ясал.

Дагъистаналде циндаго чачаналъан бачIун букIараб хIинкъи нилъеда киназдаго ракIалда буго.РагIи лъалес рагIудалъун,бажари бугез квералдалъун,гьеб лъугьа-бахъиналъе къимат кьечIев чи хутIун ватиларо доб мехалъ.Гьел къояз ТубхIатил рекIелъ ва пикрабалъ букIараб загьир гьабурал кочIол мухъал цIалила анкьабилеб школалъул авар мацIалъул мугIалим Марин МухIаммадовнаялъ.

«Сордо рогьунеб буго»

ТубхIат Зургьаловалъул асарал цIалулаго цо-цо мехалъ ккола гьей  йиун тIабигIаталда гъорлъ йосун йигин бацIцIадаб гьава гIадин,цIорораб лъим гIадин,булбул хIанчIил кечIгIадин,гьорода бадибе буссун харилъан баккун бугеб тIегьгIадин.

Дицаго ретIарал тIугьдуз берцинлъун

БецIдерил магъилъан уней йиго дун.

ГIагараб ракьалде рокьиялъ йорхун

Хурул кочIол мухълъун лъугьун йиго дун…

(выступление)

ТубхIат гьаюна ва гIуна кIудияб хъизаналда.Гьезул гьалбал хирияб рукъ буго битIахъе росдал годекIаналда аскIоб.ГодекIан буго росулъги къватIибги ккарабщиналъул бицунеб бакI.Гьелъ батила ТубхIатил кучIдузулъги бугеб магIарулазул,чIаголъиги , чIухIиги гъанситодул бухIиги,кIкIуйдул махIги:

Дун кий йигониги камун букIана

Гьаб мугIрузул цIумур-росдал хIелеко.

Кий дун йорчIаниги,чIалгIун йикIана

Харабаз ургъараб годекIаналъухъ…

(выступление)

Жий йижараб ракьалдеги росдал гIадамаздеги  ТубхIатил рекIелъ бугеб рокьи гьелдехун росдал гIадамазулги буго.Гьей кутакалда йокьула росуцоязе,гьелде ракI щун,гьей магIарухъе ячIиналъухъ ралагьун чIун рукIуна мунагьал чураяй ТубхIатил эбелалъул гьудулзаби.

Жиндирго умумузул рукъалъул хIакъалъулъ хъвалел кочIол мухъазулъ нилъеда бихьула жийго гIураб гъанситоялдасаги ,цересел умумуздасаги гьелъул чIухIи ва гьездехун бугеб рокьи.

Гьанир гIуна эмен,гьесул умумул,

Гьалъ парахалъана эбелалъул ракI,

Гъасде кверал ритIун тIоцебе дица

Босана сунареб даимаб хинлъи.

Хинлъиялъул цIурал руго гьелъ жиндирго инсуде хъварал рагIабиги.

«Инсул маргьу»Окмазова Хати 9 класс

Кин бугониги,бищунго кIудияб хинлъиялъул гъанситолъун,рокьиялъул иццлъун ТубхIатил кучIдузулъ йиго эбел. «Эбелалъухъ чIвараб чIегIераб дир кIаз» абураб гьелъул тIехь цIалулаго,магIу кквезе захIмалъула.Щивасда цее ячIуней ятила жиндирго эбел. ТубхIатго гIадин,гьитIинаб къоялдаса нахъего цIакъ эбелалда юхьарай йикIана дунги.Гьелъ батилаха дие гьелъул «ЧIегIераб кIаз» цIакъ бокьула цIализе,цIалулаго рекIелъе хIинкъиги бачIуна,къварилъиги бачIуна гьеб лахIзаталъ .Цосина эбел гьечIого хутIараб къоялъ щибдай гьабила?ЧIаго йикIаго ,гьелъул къимат гьабизе малъулеб буго «ЧIегIераб кIазалъ»ТIубараб тIехьго буго эбелалъухъ гьабураб магIу.Гьеб тIехь буго ТубхIатил рекIел матIу,эбелахъухъ гьабураб магIил цIураб.Къварилъи бихьарав чи чанги вукIуна ,амма ракI гIодулеб букIаниги ,киназдаго кIоларо гьеб жидер рекIеда бугеб хIал рагIабаздалъун бицине.

(выступление)

Жакъа нилъехъе гьоболлъухъ вачIун вуго магIарулазул кочIохъан АхIмад Закариев. ТубхIат Зургьаловалъул рагIаби «Эбел»

…Бахиллъи цо хутIана-

Улбул ругел ясазда.

Эбел-яс унел руго-

Бер ккогеги нужеда.

РичIчIиледухъ хъварал гIадатиял гьал мухъал цIалулаго рекIел чIвабзазда хъванилан ккола.

ГIемерал кучIдул хъвана нилъер Дагъистаналъулги тIолго бусурбабазулги чIухIи,гъазаваталъул гъалбацI,имам  Шамилил рагъул ва къеркьеялъул хIакъалъулъ.

    ТубхIатица имамасде хъвараб  Апандица ахIулеб  «Шамиль» кочIолъ нилъеда бихьизабулеб буго имамасул рекIелъ бугеб ургъелги унтиги,гьесие бугеб захIмалъиги.

_Заманалъул захIмалъаби шагIирасул кочIолъ гIодулел гьечIони,шагIир-шагIир кколаро,амма ТубхIатил кучIдузулъ зигара гьечIо,махсаро хIалае ккун хъвалеб буго гьелъ захIмалъабазул хIакъалъулъги.ЗахIмалъабазул цIадуца бокьараб ТубхIатил жергъен гIодулебги буго ,белъулебги буго

«Заман хисун гьечIо,нилъ хисун руго» анкьабилеб школалъул  авар мацIалъул мугIалим МухIаммадова ХIайбат Исламовна.

Дие бокьула ТубхIатил кучIдузулъ бугеб ракIбацIцIалъи,гIадатлъи,гIаданлъи ва хасаб чIухIи.Зургьаловалъул  творчествоялъулъ меседкунал мухълъун хъван буго къадру-къимат,магIарул чIухIи,яхI-намус цIуни,Гьанжесел гIолил ясазе мисаллъун буго гьеб .Гьелъул рокьул кучIдузулъцин буго гьеб хаслъи.Гьезулъ буго магIарул ясалъул намусги,тIабигIияб берцинлъи гъорлъ бессараб къадруги.

«ГьадигIан пашманго жеги йикIинчIин..»Зугьра Идрисовна ,анкьабилеб школалъул музыкаялъул мугIалим.

(песня)

Бищунго захIматалилан рикIкIуна шагIирасе лъималазе кучIдул хъазе.ТубхIат Муртазалиевналъул лъималазе хъварал асарал руго жалго лъималаз  хъварал гIадинал.Лъимадул пикрабазул гъансиниеги яккун хъван ругилан ккола гьелъ гьел.Гьел кучIдуздалъун нилъеда бихьула ТубхIатие лъималазул хиралъи.КъватIибе биччазе хIадурулеб буго ТубхIатил цIияб азбука.Азбукаялда ругел кучIдул  руго,тIоцебе цIалулаго гIадатиялинги ккарал , пикру гьабидал ,кутакалда гъваридаб магIна бугел,тарбиялъулаб кIвар жиделъ бугел,ричIчIизеги цIализеги бигьаял,лъималазул гIумруялдаги пикруялдеги гIагарал.

ГьабсагIат гьезда гьоркьоса хасаб 13 хIарпазул кучIдул цIалила нужее 2 –еб «в» классалъул цIалдохъабаз..

ХIурматиял гьалбал,хирияй ТубхIат Муртазалиевна.Гьаб баракатаб данелъиялъе тIоцебесеб сабаблъун ккун рукIана нижер школалда цIалулел  ругел  къалмил хIалбихьарал  гIисинал шагIирал.Гьезие кутакалда бокьун буго жидецаго гьарурал гьитIиналго кучIдул гьанир цIализе.Шагьаралда гIурал дир гIисинал магIарулазе нужеца цIакъго кьварараб къимат кьогеха.Къабул гьаре гьел.

Лъималаз жидерго цIарал ва кочIода цIар бицина,цо-цоккун  жидецаго гьабураб кечIги рикIкIина.

Ахираб рагIи ТубхIатие кьела.

РачIаразе баркалаги кьун,лъугIизабила данделъи.

Пикру загьир гьабизе
Личный кабинет
только у нас скачать купить шаблоны dle по низким ценам
Машгьурал макъалаби