ЦIех-рех
КъваригIун бугищ рахьдал мацIалда ЕГЭ?

«Хасалихълъиялъул байрам» «Меседил хасалихълъи»

«Хасалихълъиялъул байрам»

«Меседил хасалихълъи».

Мурадал ва масъалаби:

  • Лъаг1алил заманазулгун лъай-хъвай гьаби.
  • Пасих1го ва дурусго лъималаз рахьдал мацалда куч1дул рик1к1ин.
  • Маг1арул мац1алда х1анч1азул,гъут1бузул ,пихъил,овощазул ва цогидалги ц1арал лъай.
  • Рахьдал мац1алъул дарсазде лъималазул рокьи ц1ик1к1инаби.
  • Лъималазда гъорлъ гьудуллъи , цоцалъ рекъей щула гьаби.
  • Лъималазул творчества цебет1ей.
  • Муг1алимзабазул ва лъималазул цоцалъ гьоркьолъи лъик1лъизаби.

Къвариг1унел  алатал:

Компьютер,телевизор ялъуни проекторная доска,къот1-къот1арал х1анч1азул , т1анхазул суратал, 3 ч1еп,пихъ,овощал,костюмал, ,гъут1буздаса рортарал бат1и-бат1иял ,т1анхал,х1ухьдул,бакънал

(минусовкаби).

Класс къач1алеб куц:

Хаслихълъиялъул  лъималаз рахъарал суратал ч1вала ширмаялда яги доскаялда,киса-кирего кьер-кьерал т1анхаз къач1ала(баг1арал,т1огьилал),ч1ах1аго берцинал кьераца хъвараб плакат бала: «Меседил хасалихълъи».

Берцинаб муг1рузул бакъаналъухъе гьаракь биччала кеч1 рик1к1унеб,экраналда хасалихълъиялъул суратазул слайдал,лъималазул х1алт1абазул презентациял рук1ина рихьулел.

Жеги г1урччин хут1арал

Хадур ралагьунги тун

Гъут1буздаса т1огьиллъун

Т1анхал гъенолел руго.

Рогьараб рук1к1инег1ан

Х1апара-х1ут1ги баччун,

Х1анч1аз хьихьарал т1анч1аз

Т1авап гьабулеб буго.

Ахикьа барщараб пихъ,

Хурзабаз кьурабщинаб,

Кьиндал нахърателалъе

Рокъоб сок1к1унеб буго.

 Кеч1 рик1к1ина  ц1алдохъаналъ пандуралъул бакъаналъухъе.

«Хасалихълъи» Расул Х1амзатов

Рортулел руго т1анхал,

Т1еренлъулеб буго лъар,

Пашманлъулеб буго кеч1-

Бач1ун буго хаслихълъи.

Ахирал бакънал руго

Къо лъик1илан х1анч1азул,

Реч1алел руго т1угьдул-

Бач1ун буго хаслихълъи.

Муг1рул хадур ралагьун

Хут1ун руго г1ияда,

Г1идра т1огьиллъун буго-

Бач1ун буго хаслихълъи.

Бач1ун буго гьарзаяб,

Бач1ун буго гьайбатаб,

Бач1ун буго пашманаб_

Бач1ун буго хаслихълъи.

Цебехун хасел буго,

Халатал сардал руго,

Ахирал ц1адал руго-

Бач1ун буго хаслихълъи.

Ясазул кьурди.

Хъабалоги рет1арай яс яч1ина жание кьурдул бакъаналъухъе.

Кодоб ккун ч1епги бук1ина жаниб пихъ ва овощал лъураб.

Рорч1ами,лъимал.Дун лъанищ нужеда?

-Хасалихълъи.

-Бит1ун буго.Дун гьоболлъухъе щвезе яч1ана нужехъе.Хасалихълъи  бечедаб заман бугелъул, ч1обого яч1инч1о  дунги.Дицаги г1емерал сайгъатал росун руго нужее.Бищунго лъик1 маг1арул мац1 лъалел лъималазе сайгъаталги ц1ик1к1ун щвелаха.

Муг1алим. Сундалъун  бечедаб  бугеб,лъимал хасалихълъи?Гьеб бихьизе бокьани базаралде ва тукабазде раккизе бегьула нилъ.Хасго базаразда бихьула нилъеда хасалихълъиялъул гьарзалъиги бечелъиги.

Лъималаз кеч1 ах1ила  «Хаслихълъиялъул ярмарка» инсценировкаги гьабун.

1.Гьале ниж киналго данделъун руго

Бокьараб босизе рач1а аск1оре.

2.Т1аг1амги гьуинал ,кьерги берцинал,

Пихъги овощалги гьарзаго руго.

3.Рач1а базаралде даран гьабизе,

Ракке тукабазде багьа ц1ехезе.

4.Хасало кваназе компотал гьаре,

Нужерго подвалахъ нахърател гьабе.

Муг1алим.Хасалихълъиялъ нужее сайгъаталъ рач1арал пихъилги овощазулги бицанк1аби кьела  дица нужее ч1вазе. Щибаб бит1араб жавабалъухъ цо-цо пихъ ялъуни овощ кьела лъималазе.

Бицанк1аби ( автор С.Мух1умаева)

Ракьалда тIаде гьурщун гIурччинаб керчаб расгун

Ракьулъ жаний яхчарай  тIогьилкьерай меседу,

ГIанкIие цIакъ хирияб,лъималазе пайдаяб,

Халатккараб ,тIагIамаб витаминазул магIдан                               

Бакъалда егарай,гурдал гIемерай,

Гургинай,йицатай бахчамеседу,                                                                     

Борщ,голубцабазе,салатазеги

Хисиго лъалареб гьудул гьеб буго                                                                               

ПИЛПИЛ

Бижулаго гIурччинаб,барщидал багIарлъулеб,

Болгаразухъа бачIун нилъер пастIаниб чIараб,

Пайда жиндилъ гIемераб,кваназе цIакъ хIажатаб,

Жиндир цIарулъ пилалъул цIар кIицIул такрарлъараб

Загьаб тIагIамалъул ,гучаб махIалъул ,

МагIарул хинкIазул тIолареб гьалмагъ

БагIараб кьералъул пайдаяб нигIмат,

Борщал ,салатазе цIакъ жиб рекъолеб,

ТIанхал руссун,цIурал чадал гьарулеб

Дун белъуна,бежула,чурпадалъе буссула,                                          

ЧчухIун,цIурачадазда жаниб лъезе бегьула                                                                                           

Жаниса тIогьилаб,тIаса гIурччинаб,

Белъун квине цIакъаб,пайда  гIемераб,

Пурщабазда жаниб лъик1 хъваг1ан лъолеб,

ХъачIаб хIарпалдасан цIар байбихьуле

ЛъарагI  мохмохилан дида абула,

Киназего квине дун цIакъ бокьула,

Бихьизе берцинаб,тIаса багIараб,

ТIагIамаб-дун нужер цIакъаб дандежо.

КIалдиб жиб хъванани мацI  бухI-бухIулеб,

БухIиялъул цIакълъи кванилъ рекъолеб,

Хинал улкабалъан нилъехъе щвараб,

Банкабазул гьудул,роолил гьобол?

Жанисахун хъахIаб,тIасан гIурччинаб,

Риидал гIадамаз гIемер кваналеб,

ТIад зазал гIисинаб,тIагIамги лъикIаб,

Помидоралъул дун кIудияб гьудул

Дун баг1араб бук1уна,г1урччинабги бук1уна,

Т1огьилабги бук1уна-дун пихъазул ханлъидал,

Лъималазе пайдаяб,киназего бокьулеб,

Гьуинабги,ц1ек1абги кваназе т1аг1амаб пихъ

Гьабги г1ечулго гьудул,барщигун тамахлъулеб,

Хъабахъалъул цо тайпа жинда релълъараб бугеб,

Мокърукь балеб чирахъги гьалъулго форма бугеб,

К1одол гунзаригицин гьалда релълъараб бугеб.

Хинал улкабаздаса нилъехъе жиб бач1араб,

К1алдир цабиго гьеч1ел к1одабазцин кваналеб

Т1огьилаб хъал т1ад бугеб, т1аг1ам жиндир  гьуинаб

Т1аса хъал бахъич1ого кваназе бегьулареб.

Гъабуялда бижулеб, сортал жиндир  г1емераб,

Агъада,Молдаванка,Изабелла ц1ар бугеб,

Гьаб т1аг1амаб пихъил ц1ар лъаларев чи вугодай?

Бихьизе ц1акъ берцинаб гьаб к1аркьенбаг1арида

Кваназе квер  хъванани,расул кьибил т1ад бала ,

Компотал,варениял киназго ц1акъ гьарула

Кь х1арп гьалъул ц1аралъулъ бакьулъ ч1ух1адго хъвала.

Ракьулъ бусен гьабулеб ,

Гьаваялда къинлъулеб,

Г1адат1е чилла бараб,

Черхалде маргъал бараб?

Кеч1 ах1ила лъималаз хасалихълъиялъул х1акъалъулъ.

«Хасалихълъиялъул кеч1» буссинабуна  С.Мух1умаевалъ

Сасун , сасун , сасана

Хасалихълъи бач1ана

Ц1адаца  кеч1  ах1ана

Ракьалде маг1у  т1уна

Дица зонтик босана

Ц1адакь сверизе ана

Т1инк1е, т1инк1е кепалда

Барахщуге мун дида!

«Хасалихълъи» раг1аби Шахбановалъул  бакъан   З.Салаевалъул «Хасалихълъи»

Гьале гьал дир муг1рузде

Хаслихълъи  бач1ун буго

Меседилаб кьералъул

Бечедабгун беричаб.

Лъица щиб бицаниги

Гьайбатабгун гьарзаяб

Бечедаб хасалихълъи

Бокьула лъималазе

Баг1арал ва т1огьилал

Т1анхал гъенолел руго

Т1елал гьарун киналго

Х1анч1и къокъунел руго

Муг1алим.Баг1арал ва т1огьилал гъенарал т1анхалги, т1угьдулги, цогидал хаслихълъиялъул сайгъаталги данде гьарун рач1ун руго лъималаз.Гьезул бокьараб жо ургъун гьабизе ккола нилъер къокъабаз: цо къокъа г1уц1ила лъималазул, цогияб рахьдал мац1алъул муг1алимзабазул .Гьезул х1алт1уе къимат кьезе т1амила нилъеца  нилъер х1урматиял директорасул кумекчаг1и Пат1имат Абуковна ва Пат1имат Къурбановна гьединго лъималазда гьоркьосаги вищила к1иго чи жюриялде.

Къец «Хасалихълъиялъул   квац1и».

Муг1алим.Гьанжесеб къецалъулъги  г1ахьаллъи гьабизе буго лъималазулги ч1ах1иязулги къокъаялъ.Маг1арул кьурдул бакъаналъухъе 1 минуталда жаниб г1одоре рарал т1анхал рищизе т1амила к1иябго къокъадул цо-цо чи.Цоги к1игоял т1амила гьединго х1анч1азул суратал доскаялда магниталъ рек1инаризе. Цояз- хасалихъе хинал улкабазде роржун унел х1анч1азул,цогияз-нилъерго анир хут1улел х1анч1азул.

Гьанжесеб къец  буго лъималаз рек1ехъе куч1дул рик1к1иналъул.

Хасалихълъиялъул х1акъалъулъ куч1дул рик1к1иналъул къец

«Хасалихълъи» Мух1амад Гъазиев

«Хасалихълъи» Мух1амад Гунащев.

«Росулъ» Г1абдулмажид Хачалов.

«Хасалихъе къасимех» М.Насрулаев

«Хасалихълъи» Мух1амад Хириясулаев

«Т1амах» Г1абасил Мух1амад.

Къиматал лъезе т1амила жюри. Куч1дул рик1к1арал лъималазе грамотаби кьела.

Гьалеха,дир лъимал ва х1урматиял гьалбал, гьабгощинаб рохелги нилъее босун бач1ана хасалихълъи.Баракатаб батаги,ракълилаб батаги,рохалилаб батаги, я Аллагь нилъер Дагъистаналъул ракьалъе исанасеб хасалихълъи.

Кеч1 ах1ила лъималаз   «Меседил хасалихълъи» .

Меседил хасалихълъи

Бач1ун буго муг1рузде,

Рохьаздехун,ахазде

Маг1арул т1алъиялде,

    Припев:

ЛъикI  щвараб

ЛъикI щвараб,

Мун,хасалихълъи!

Рохелгун,баркатгун

Щвараб батаги!

Гьелъ ханлъи гьабун буго

Т1олабго гьаб ракьалда

Г1ат1идал авлахъазда,

К1к1алазда ва щобазда.

Припев:

Мун, берцинаб хаслихълъи,

Мун,бечедаб хаслихълъи.

Халкъалъе рекъел босун,

Щун батила , хаслихълъи.

Припев.

Муг1алим.Гьалдалъун  нилъер данделъи раг1алде щвана. Киназего баркала.

Къо-мех лъик1

 

Сарат МухIумаева

Скачать файл: hasalihli-klasstun-kvat1ibehun-h1alt1i-avtosohranennyy.doc [1,42 Mb] (cкачиваний: 202)
Посмотреть онлайн файл: hasalihli-klasstun-kvat1ibehun-h1alt1i-avtosohranennyy.doc

Пикру загьир гьабизе
Личный кабинет
только у нас скачать купить шаблоны dle по низким ценам
Машгьурал макъалаби