ЦIех-рех
КъваригIун бугищ рахьдал мацIалда ЕГЭ?

"Предметияб цIар такрар гьаби"-6 класс

Дарсил мурадал:  

Предметияб цIаралъул хIакъалъулъ  щвараб лъай щула гьаби;

Предметияб цIаралъул грамматикиял ва морфологиял гIаламатал ракIалде щвезари;

Тексталъулъ предметиял цIарал ратизе ва гьел битIун хIалтIизаризе бажари;

Лъималазул рагIул нахърател бечед гьаби;

КIалзулаб пасихIлъиялда тIад хIалтIи;

Рижараб ВатIаналдехун, эбел-инсудехун, рахьдал мацIалдехун рокьи бижизаби.

       ХIажалъулеб алат: 

- мультимедияб проектор

- таблицаби

-карточкаби

-авар мацIалъул тIахьал

- мацIалъул  хIакъалъулъ кицаби (игIланал).

Дарсиде хIадурлъи

ВорчIами,  лъимал! Жакъад нилъер буго гIадатияб гуреб дарс. Дарс байбихьизе бокьун буго «Авар мацI» абураб Расул ХIамзатовасул кочIодасан.

 Слайд №1

Ассаламу гIалайкум                             Ахада, гъварилъуда

Аваразул миллат-мацI,                        АнцI-анцI хъудулел лъарал,

Адаб кьочIое лъураб,                          Айгъир квачIида чIарал

Ахир рокьуе гьечIеб;                          АхIулгохIалъул тIогьал.

Аххан кини кIикIарал                        Ассаламу гIалайкум,

Албаназул наслаби,                           Аваразул лебаллъи,-

Агьан кучIдул ахIарал                      Амузгиязул хвалчен

Азиялъул бах1арзал.                        Ахъбердиласул рачлихъ.

Ассаламу гIалайкум,                        Армяназул пашманлъи

Аваданаб авархалкъ,                        Арарат мегIер буго.

Африкаялъул хIанчIаз                     Аваразул пашманлъи-

Август тIамулел тIохал;                  Авар мацI лъач1ел лъимал.

 МугIалим: Нилъеца хIаракат бахъизе ккола, лъимал, бищун цебе нилъерго, эбелалъул рахьдада цадахъ бачIараб мацI лъазе ва цIунизе.

 

  Слайд№2

    Жакъасеб нилъер дарсил тема буго «Предметияб цIар такрар гьаби»

 РакIалде щвезабилинха предметияб цIаралъул хIакъалъулъ щиб нужеда лъалеб бугебали.

Слайд №3

- Щиб бихьизабулеб предметияб цIаралъ?

- Кинал суалазе жаваблъун гьеб бачIунеб?

- Мисалал раче: щиб? щив? щий? щал?

МугIалим: Нилъеца хехго ракIалда чIезе букIине, кIочон течIого букIине бегьула гьеб кочIодалъун ахIизеги.

 

Слайд№4

Предметияб цIаралъ бихьизабула

Нилъеда сверухъе ругел предметал,

Ва рачIуна гьелъий гьадин суалал

щиб? щив? щий? щал? абун гIемерлъул форма.

Щив? гьале вас гIодов чIун,

Щий? гьале яс берцинай,

Щиб гьале гьаниб парта,

Щал? гьанир ругелщинал гIадамал.

(лъималазги ахIила цадахъ)

МугIалим: Бокьанищ лъимал кечI?

Гьанже нилъеца ракIалде щвезарибин предметияб цIаралъул жинс. Лъимал, бугебдай предметияб цIаралъул жинсияб класс?

ЦIалдохъан: Предметияб цIаралъул буго лъабго жинсияб класс: чиясул, чIужуялъул, гьоркьохъеб.

МугIалим: Дица доскаялда кьун руго гьадинал рагIаби. Нужеца гьел рагIаби рикьизе руго жинсиял классазде.

Слайд № 5

ЯцгIал, компьютер, даци, ункъгIал, вас, гIака, иту, яс, эмен, кIудада, эбел, сагIат. (суратал рихьизарила).

- Цо цIалдохъан доскаялда хIалтIила, хутIарал тетрадазда. (Хъван лъугIигун хал гьабила. ХIасилал гьарила)

 

МугIалим: УнкъгIал щий кколей? (тетя). Словаразда хъвала рагIи.

МугIалим: Рилълъининха цере.  Лъимал предметияб цIаралъул форма бугодай?

ЦIалдохъан: Предметияб цIаралъул буго цолъул ва гIемерлъул форма. Масала: ручка – ручкаби.

МугIалим: БитIун буго, хIалчIахъан.

Нужеца гьал рагIаби лъезе ккола гIемерлъул формаялда.

 

Слайд № 6

ТIамах –            квер -                           цIцIе -                  раса -

ХIетIе –            тIегь -                          хIинчI-                 тIикъва -

ЧIимих –           гIин -                           чи -                        хъала -

Къали –              эгъе -                          

Гьоко -               мегIер-

(Хал гьабила лъим алазул хIалтIул. ХIасилал гьарила)

МугIалим: Лъимал, ребусал щал жал кколел? (Суратазда рекъон рагIаби цIали). Рокьулищ нужее ребусал цIализе?

Слайд№ 8

Квер + бацIцI

Гъал + бацI

Ражи + пер

Оц + хIутI

Бер +кIал

МугIалим: ХIалчIахъадал. ЛъикI хIалтIана, цIодорал лъимал руго. Свакаралищ? Дун свакана, рачIаха дагьалъ хIухьбахъизин.

                                         Физминутка.

Слайд № 9

Рахъа киналго тIаде.

Цо абидал эхеде, рорхе кверал киназго.

Ай лазат! Вай лазат! Гьай лазат!

Свак чучизе, черх битIизе,чундул гIадин сах рукIине!

Ай лазат! Вай лазат! Гьай лаза!

                   Свак чучила, черх битIила,чундул гIадин сах рукIина!

Ай лазат! Вай лазат! Гьай лазат!

МугIалим: ГIодор чIа. Свакги чучана, черхги битIана. Рилъинаха цере.

Нилъер буго гьадинаб хIалтIи. Предметияб цIар жинсазде ва формаялде балагьун хисизабун, предложениял хъвазе.

Слайд № 10

МагIарул космонавт росулъе вачIун вуго.

Гьесда данде бахъун бачIунеб буго росу.

_____  _____   ______  _______  ____  эмен.

_____  _____   ______  _______  ____  эбел.

_____  _____   ______  _______  ____  лъади.

_____  _____   ______  _______  ____  лъимал.

_____  _____   ______  _______  ____  кочIохъаби.

(Лъималаз иргадал цIалила. ГъалатI бугони битIизабила. Берцин хъваялде кIвар кьела)

МугIалим: Гьеб хIалтIиги бажаранаха нилъедаса.

Лъимал, чан падеж бугеб авар мацIалда?

ЦIалдохъан: Авар мацIалда буго кинабниги анцIила ичIго падеж.

МугIалим: Кинал группабазде гьел рикьулел?

ЦIалдохъан: Гьал рикьула кIиго тIелалде: гIадатал – 4, бакIалъул – 15. БакIалъул падежалги рикьула лъабго группаялде: чIовул, рачIул, ратIалъул.

МугIалим: Гьал падежал руго къацандулел. Кинаб жидер бищун хIажатаб кколебин.

Слайд № 11

Аслияб падеж

Аслияб жо дун буго.

Дир суалалги руго.

Дицалъидал бицунеб

Предмет щиб? Щив? Щий?- яли

Актив падеж. (актив падеж чIун гьечIо)

Дун гьечIебани дуца,

Щиб гьабизе букIараб?

«Лъица?» тIахьал цIалилел?

«Сунца?» лъимал лъай кьелеб?

Хаслъул падеж (хаслъул падежалъги абула)

Гьебни битIараб буго,

Амма дир суал буго:

Гьал цIодорал лъимал «Лъил?»,

Каранда кIутIи «Сундул?».

Кьовул падеж  (кьовулги гIенекун чIелищха)

КигIан къацанданиги

Дихъе нуж рахъунаро.

«Лъие?» лъимал рокьулел?

«Сундуе?» рохел бугеб?

МугIалим:  Гьедин, лъимал, гьезда гьоркьоб къец ккун буго.  Кинаб падежха кколеб бищун хIажатаб нужер хIисабалда? Яги киналгойищ къваригIунел?

ЦIалдохъан: Киналго падежал руго хIажатал.

МугIалим: БитIун бугоха. Щибаб падежалъул буго жинди-жиндир хъулухъ.

ГьабсагIат нужеца кьурал рагIаби сверизаризе руго падежазде.

 

Слайд № 12

Падежазда цIарал

суалал

мисалал

1.

2.

3.

4.

5.

Аслияб п.

Актив п.

Хаслъул п.

Кьовул п.

Жинда п.

Щал?

Лъица?

Лъил?

Лъие?

Лъида?

шемгъел

(гьаб хIалтIи тIубала бицун)

МугIалим: Лъимал драма щиб жо кколеб? Кинал асарал унел драмаялде гъорлъе? Нужеда бихьила гьабсагIат цо гьитIинабго церерахъин – сценка.

Гьоркьор гIахьаллъулел чагIи: эмен, эбел, яс.

 

Слайд № 13 (рукъалъул сурат)

Эбелги эменги гIодорчIун рукIуна. Яс школалде ине х1адурлъулаго.

Яс: Эбел ва эбел,,,. Жакъа нижеда дарсида местоимениял малъана. Дие щулиябги щвана.

Эбел: Гьалъ  бицунеб имяго щиб МухIамад? Гьединабгийищ дарс букIунеб?

Эмен: Валлагь лъаларо, ПатIимат. Гьанже ругел лъимал ургьибе нухго гьечIел жал руго. Дун цIалулеб мехалъ магIарул мацIалда кIалъалаан. Гьанже время другоейилан, бицунеб мацIго бичIчIуларо.

Яс: Эмен, мун от жизни отстаешь. Гьанже заманалда рекъон кIалъазе ккола. Цеве мун дада вукIана, гьанже заманалда рекъон папа вуго. Гъоб щиб местоимение нужеда лъалареб. Лъазе ккани дун гIадин цIалдезе ккола. Дица гIемер дарсидехун бугеб рокьиялъ тетрадалда хъван батула 15 январь, классалда хIалтIи. Цинги ургъула упражнение яги хIалтIи, кинабдай хъвалаян.

Эбел:  Учительницаялъ щибиланха, дир яс,  дуда абулеб?

Яс: Гъолъ щиб дида абизе кколеб. Гьадин хъварабги гIоларогойищ гъолъие? ЦЦин бахъани расги хъваларебин дица. Заманалда рекъон цIализе ккола.

Эмен: Вай, ПатIимат, гьал лъимал киндай хIехьола учителас. ГьадигIан г1амал къурал жал. Бокьани гурони хъвалареб жойищ букIунеб дарс? Мун дуего гIоло гурищ цIалдолей йигей? Дос жиндирго хIалтIи гьабизе ячарайищ мун цониги нухалъ? Хехго школалде а! ТIагIа дида цееса!!

Яс: Киндай школалда хIехьолей йигояли бихьизе, учителалъги абуна, дун нужер яс ятани цониги нухалъ школалде раккеха.

ХIасил гьабила: Лъимал, нилъ школалде уна нилъеего лъай щвезе, рижараб ват1аналъе пайдаяллъун рук1ине, нилъерго г1умру берцин гьабизе, лъай щвезелъун. Гьединлъидал ц1ализе ях1 бахъе.

МугIалим. ХIалчIахъадал. Баркала. Авар театралъул артистал гIадин хIана.

Дарсил хIасилал гьари.

Слайд № 14

Тест

Предметияб цIар ккола:

а) каламалъул бутIа

б) предложениялъул член

в) рагIи

Предметияб цIаралъ бихьизабула:

а) предметазул гIаламатал

б) предмет

в) предметазул иш яги хIал

3. Предметияб цIаралъе рачIуна суалал:

а) кинаб? Кинав? Кинай? Кинал?

б) щиб гьабураб? Щиб лъугьараб? Щиб хIалалда бугеб?

в) щиб? Щив? Щий? щал?

4.РагIабаз предметги бихьизабуни ва жал щиб? щив? Щий? щал? абурал суалазе жаваблъунги рачIани гьел ккола:

а) глагол;        б) прилагательное;         в) предметияб цIар;

5.Предметиял цIарал кинаб мухъилъ кьун ругел?

а) рогьел, гьоло, къали, гIомо, гIанса

б) рокьукъаб, багьаяб, хераб, цIодораб

в) ваккана, бегана, вукIкIана, гьабуна

МугIалим: Гьалеха лъимал ахиралде щвана нилъер жакъасеб дарс.

- Бокьарабищ нужее дарс?

- Бищунго  дарсил щиб бокьараб?

- Бищунго ракIалда щиб чIараб?

Дарс бокьун бугищали гьечIищали бихьилаха нилъеда гьаб гъотIода рарал тIанхаздаса. Гьале нужеда цебе гъветI. Нуже партабазда тIад руго тIанхал. Дарс бокьун батани гIурччинал тIанхал ва тIугьдул рай гъотIода, бокьичIев чияс тIулакьерал тIанхал рай.

 (Къиматал лъела, дарсил хIасилал гьарила)

Рокъобе хIалтIи.

Класс, школа, цIалдохъаби абурал рагIабиги гьоркьоре тIамун предложениял гIуцIе. Лъугьарал предложениял членазде риххе.

МугIалим: Жакъасеб дарс лъугIизе тезе бокьун буго дие гьал кочIол мухъаздалъун.

Слайд № 15

Лъаларо, МухIамад, цогиязул иш,

Амма дица дирго рахъалъ абула,

Метер магIарул мацI хвезе батани,

Хвайги дун жакъаго, жаниб ракI кьвагьун.

Лъимал, цIуне нилъерго авар мацI. Къимат гьабе эбел-инсул, рижараб гIураб ВатIаналъул. ВатIан гьечIев чи, чед гьечIеб таргьайилан аби буго гIакъилал умумузул.

                    Къомех лъикI! ЛъикIаб рагIайги, лъикIаб бихьайги!

Скачать файл: aksirat.doc [19,53 Kb] (cкачиваний: 104)
Посмотреть онлайн файл: aksirat.doc
Пикру загьир гьабизе
Личный кабинет
только у нас скачать купить шаблоны dle по низким ценам
Машгьурал макъалаби