ЦIех-рех
КъваригIун бугищ рахьдал мацIалда ЕГЭ?

"Предметияб цIар"- дарс-маргьа -5 класс

                                          Дарс -  маргьа

Дарсил тема:  Предметияб цIар.

Дарсил мурад: Предметияб цIаралъул грамматикиял гIаламатал такрар гьари.

КIалзул гьунар пасихI гьаби.

                                         Дарсил ин:

Лъимал дарсиде хIадур гьарила.

МугIалимасул цеберагIи:  ВорчIами, лъимал. Нилъер жакъасеб дарс буго гIадатияб гуреб. Нилъеца бухьила сапар магIарде, гIалахалде гуреб, цо тамашаго берцинаб, гIажаибаб, балъголъабазул жиб цIураб улкаялде. Гьеб улкаялда цIарги буго «Каламалъул бутIаби». Гьеб улкаялда кверщел гьабулеб буго цо гIакъилав, гIакълу камилав, цIодорав ханас.

Ханасда цIарги буго «Предметияб цIар».

Предметияб цIар щиб жояли лъачIони нилъеда лъачIони, сверухъ ругел предметалги, тIабигIатги – гIаммаб къагIидаялъ абуни щибго лъазе гьечIо. Гьединлъидал нилъеца гьев ханасулгун лъикIаб гьудуллъи кквезе ккола.

-  Гьаха, лъимал, лъицаха бицинеб дида, сунда абулеб предметияб цIар?

(Жинца предмет магIнаги кьолеб, щиб?, щив? Щий? щал? абураб суалалъе жаваблъунги рачIунел каламалъул бутIаялда предметияб цIар абула).

- ХIалчIахъадал, лъалеб буго. Амма, лъайха нужеда нух ханасухъе бигьаяб гьечIо. ДандчIвазе руго нухда гIемерал захIмалъаби, ратила гIорал, рохьал ва цогидабги. Нужеца яхI бахъани бигьаго нахъа тела гьеб кинабго.

 - Рилълъинищха, лъимал, дунгун маргьабазул улкаялде? – Рилъининха.

II. ТIоцебесеб захIмалъи буго нухда гьадинаб: «РагIабазул диктант» абун цIарги бугеб.  Гьал дица рихьизарурал суратаздасан нужеца хъвазе ккола рагIаби щиб? (в,й.л). – абурал суалазе жаваблъун рачIунел.

Экраналда бихьизабила сурат. (бакъ, хIинчI, мугIрул, гъутIби, гIанкI, вас, хIама, тIугьдул, росу, цIер, гIазу, таращ, хер, берцинлъи, гIурччинлъи).

III. гIурччинлъи, тIугьдул – абурал рагIаби рагIул гIуцIиялде риххе.

ГIурччинлъи, тIугьдул (гIурччин-кьибил, лъи-суффикс. ТIугь-кьибил, дул- суффикс)

- ЦIакъ цIодорал лъимал руго, хIалчIахъадал.

IV. Вореги, лъимал, цIодорлъи гьабе. Гьанже батизе буго гIор. Гьеб буго цIакъго кIудияб, бахизе кIолареб. Нилъеца лъезе ккола гьелда тIасан кьо. Гьал кьурал рагIаби дандрани, нилъер лъугьина кьо. 

- Лъица гьабураб? (Лъугьараб предложение доскаялда хъвала ва членазде биххила)

V. ГIор нилъеца бигьаго баха. КIвеладай лъимал гьаб рохьосан нух бахине.

- Кинал гъутIби нужеда гьанир рихьулел ругел? (пихьилги рохьилги).

- Пихъ бижараб чан бугеб? (4)

- Пихъ гьечIеб чан бугеб? (15)

- Чан падеж бугеб авар мацIалда? (19 падеж)

- Кинаб кIиго группаялде гьел рикьулел? (ГIадатал ва бакIалъул)

                         

                      19 падеж

4 гIадатаб                 15 бакIалъул

- Гьал рагIаби падежазде сверизаре: Эбел , ВатIан

Асл. п.

Акт. п.

Х. п. 

Кь.п     

 VI.   Гьалеха нилъеца нахъа тана рохь.       

Свакаралищ? ХIухь бахъизе чIелищ?

ГьабсагIат нужеда бихьила цо гьитIинабго церерахъин.

Сценка.

VII. Рилъинищ лъимал цере? 

Цойги кинабха бугеб предметияб цIаралъул гIаламат.

(Предметиял цIарал рукIуна хасалги гIаммалги).

 ГьабсагIат тIобитIила нилъеца «ТIасабищул диктант»

(Гьал рагIаби кIиго хIуби гьабун хъвай. Хасал ва гIаммал)

   Чакар, чанахъан, тIавус, гъалбацI, гьитIинавас, манарша, булбул, будун.

- Хал гьабила, цо- кIиго цIалдохъан цIализе тIамила. ХIасил гьабила.

VIII. Лъимал. Хъаладухъе унаго нухда батула нилъеда борхатаб мегIер. Гьаб мегIер бегизе ккани гьаб суалалъе жаваб лъазе ккола. Щиб нужеда бихьулеб бугеб сураталда.? Суалал лъе.

- Чан жинсияб класс  бугеб предметияб цIаралъул? 

   Ч.ж.                Ч1.ж.                          Гь.ж.

Вас                   эбел                           хIама

Дада                  яс                             тIехь

- Гьалмагъ, цIалдохъан, гьудул – абурал рагIаби кинаб жинсалъул кколел? Кин чIезабулеб гьезул жинс?

(предложениялда жаниб жинда бараб рагIухъ балагьун)

Масала: Дуца гьудуллъун ккве квер гIатIидаб тIехь,

Киб хIажалъаниги дуе батулеб.

ЦI. ХIамзат «Гьудуллъи лъилгун кквелеб?»

- ЦIалдохъан абураб рагIигун 2 предложение гIуцIе  ч.ж. ва чI.ж.

IX. Гьалеха нахъа тана нилъеца борхатаб мегIер. Цебе буго цIан битIараб авлахъ. Авлахъалда буго цохIо ицц. БагIарараб бакъукьан унаго, лъим гьечIони нилъее гьеб нахъа тезе захIмалъула. Нилъеца ицц балагьизе ккола. Гьеб батила нужеда предметияб цIаралъул цойги гIаламат лъани.

Вас – васал,         ицц- иццал,        хур – хурзал

ТIехь – тIахьал    ракь – ракьал     эмен – улбул

- Кинаб гIаламатха гьаб кколеб?

- ГIемерлъул форма лъугьинабулел суффиксал кинал кколел?  

- ал - ,    - дул-,  - би-

- Сурат бихьизабила. Гьал предметиял цIаразул форма бице.

КIулал, цIороберал, гьундул

ЧIужу, эбел, вехь.

X. Карточкабазда тIасан хIалтIи. (6 карточка)

КIигояз магIнаяб текст гIуцIила «Эбел» - абураб темаялда.

XI. Дарсил хIасилал гьари. Гьалеха, лъимал, нилъеца нахъа тана гьалагал гIоралги, бецIал рохьалги, хьонлъабиги, гъваридал кIкIалалги. Щванаха ханасул кIалгIаялде. Бокьарабищха нужее сапар? Гьелгощинал гIаламатал лъалел нужеда кIвезе буго «морфологияб разбор» абураб ццидалаб цо гъалбацI къезабизе. Гьеб нужеца хадусел дарсазда гьабила.

Баркала, хIалчIахъадал.

XII.  Рокъобе хIалтIи. Нужеего бокьараб цо хIайваналъул хIакъалъулъ маргьо гIуцIизе.

Жакъа дарсида лъикI хIалтIана:

Бокьарабищ дарс нужее? Бокьарав чияс  багIараб смайл борхе. Дарс бокьичIез гIурччинаб борхе.         

 

ХIадур гьабуна:

Гъуниб районалъул Шамгъода гьоркьохъеб школалъул 

Авар мацIалъул мугIалим АхIмадова Аксиратица

 

Пикру загьир гьабизе
Личный кабинет
только у нас скачать купить шаблоны dle по низким ценам
Машгьурал макъалаби