ЦIех-рех
КъваригIун бугищ рахьдал мацIалда ЕГЭ?

1 класс. МагIарул мацIалъул рагьараб дарс «МагIарул хIарпазул байрам».

1 класс маг1арул мац1алъул рагьараб дарс «Маг1арул х1арпазул  байрам». (2012 сон)

Дарсил мурад: т1оцебесеб классалда  авар алфавит малъиялъул ва Авар каламал ц1алун бахъиялъул  г1аммаб х1асил гьаби.

Масъалаби:

  • Авар мацалъул малъараб материал такрар гьаби ва щула гьаби.
  • Маг1арул мац1 лъазабиялде лъималазул к1вар буссинаби;
  • Маг1арул мац1алде ц1алдохъабазул рокьи ц1ик1к1инаби;
  • Жидерго мац1 лъазабизе дагьабги жигар бахъи.
  • Лъималазул цоцалъ гьудуллъи щула гьаби;
  • Ц1алдохъабазул калам ва творчество цебет1ей;гьеб дарсидалъун лъималазул рек1елъ  лъик1аб асар лъугьин.

Дарсие къвариг1унел  алатал: к1удияб Авар калам,авар азбукаялъул слайдал, шарал, лъималазул бут1рузда холел х1арпал, микрофонал, проектор, доска, Хъарталъулги Ч1илбик1илги форма,лъимлазе гьуинлъаби,1-еб класс лъуг1иялъул дипломал.

Дарсил ин:

Муг1алим.

Ассаламу г1алайкум, г1исинал ц1алдохъаби!

Ассаламу г1алайкум, хириял нижер гьалбал!

Изну кье дий  рагьизе авар  х1арпазул байрам!

Ц1алдохъан.

Ассаламу г1алайкум!-абула муг1алималъ

Авар мац1алъул дарсде ниж рач1аралщинахъе.

Нижеца жаваб кьола: Ваг1алайкум ассалам!

Салам кьун хадуса ниж берцинго г1одор ч1ола.

Кеч1 ц1алила  Расул Х1амзатовасул «Ассаламу г1алайкум!».

Ц1алдохъаби.

1)Ассаламу г1алайкум

Аваразул миллат –мац1!

Адаб кьоч1ое лъураб,

Ахир рокьуе гьеч1еб!

2)Ассаламу г1алайкум,

Аваданаб авар халкъ!

Африкаялъул х1анч1аз

Август т1амулел т1охал.

3)Армяназул пашманлъи

Арарат мег1ер  буго,

Аваразул пашманлъи-

Авар мац1 лъач1ел лъимал!

Муг1алим.Нилъ аваразул пашманлъилъун лъугьинарин ракч1ола,лъимал,дир,щайгурелъул нужеца т1убараб соналъ лъик1аб х1аракат бахъана рахьдал  мац1 лъазабизе. Гьелъие нуг1лъи гьабила жакъа нужеца рицине ругел  куч1дузги.

Цоцада хадур цере рекерун рач1ина Ч1илбик1ги Хъартги.

Ч1илбик1.Нахъе кье!Нахъе кье!

Хъарталъ цо жо бахчулеб бук1ина Ч1илбик1идаса.

Муг1алим.Щиб ккараб нужер гьанжеги?Щиб кьоларого бугеб,Ч1илбик1, Хъарталъ дур?

Ч1илбик1.Щибха бук1инеб,маг1арул мац1алъул хасал х1арпал лъазаризе зах1малъун бук1ун,гьаркьилаб азбука хъван бук1ана флешкаялда интернеталда батун. Гьай наг1ана батадихъе щун руго. Гьанже нахъе кьолел гьеч1о дир гьел.

Хъартай.Кьелароха!К1олеб батани рахъизе вач1а.Учу-чу,учу-чу!Дида бат1аго лъазе кколарищ эб хъвазеги ц1ализеги?

Ч1илбик1 г1одила.Гьанже дида маг1арул мац1алда ц1ализеги хъвазеги киданиги лъаларо.

Муг1алим.Г1одуге,Ч1илбик1,нилъеца кьезарила Хъарталда дур х1арпал.Маг1арул мац1алда ц1алдезе ругьунлъизе бокьун батани,дир  лъималазда цадахъ сентябралъго школалде щай мун вач1инч1ев?Нек1ого ц1ализеги хъвазеги лъалаан дудаги.

Ч1илбик1.Дун нечон вук1ана гьит1инал лъималазда цадахъ цо классалда ц1ализе.Гьел релъанхъилаангури дида т1ад.

Муг1алим.Г1адада х1инкъун вугоха,месед мун.Нижер школалда гьединал адаб гьеч1ел лъимал гьеч1о ц1алулел. Гьез дуе кумекцин гьабизе бук1ана.

Ч1илбик1.Бук1ун батила вала.Гьеб уяб жойищ,лъимал?Дие бокьилаан гьезул лъаялъухъ ва бажариялъухъ валагьизе.

Муг1алим.Хъартайги парахат те,мунги берцинго лъималазухъ г1енеккизе г1одов ч1а.

Хъартай.Дун божуларо гьадинал г1исинал лъималазда хъвазеги ц1ализеги лъалин абураб жоялда.Шагьаралда г1урал гьазда зах1матал х1арпал киданиги лъазе гьеч1о бит1ун ц1ализе ва хъвазе.

Муг1алим.Х1урматияй ,Хъартай,рач1а гьоркьоб жо базе.Лъималазда киналго маг1арул х1арпал лъалел ратании дуца Ч1илбик1ил х1арпал нахъе кьезе разияй йигищ мун?

Хъартай.Амма лъималазда х1арпал лъалел ратич1они дуца дие репетиторлъи гьабизе кколаха бесплатно.

Муг1алим.Бесплатнойилая?(елъулаго)Эб репетиторлъи щибилан абулеб жог1аги?Дуе маг1арул мац1алда хъвазе ц1ализе лъазе бокьун батани,яч1а дурго, дица малъила дуда эб ч1обого.

Хъартай.Рази йиго!

Муг1алим.Гьаб бак1алда нилъеца к1иязго гьабураб къот1иялъе гьалгощинал лъимал ругоха  нуг1заллъун.

Лъимал,бихьизабилищ цо Хъарталда нилъедаго маг1арул

 х1арпал лъалел куц?

Лъимал.Гьабила.

Хъарталъ флешка компьютералда лъела ва гьаркьилаб азбука бач1ина экраналде.Лъималаз экраналде бач1а-бач1араб х1арп киназго цадахъ ах1ун абила.

Хъартай.Вабабай,хвана гьанже х1алт1иго!Лъаларо дида киданиги маг1арул мац1алда ц1ализе. Дида лъала гьабулеб жо.Лъидаго бихьуларедухъ лъималазул авар каламалъул т1ехь бикъила дица.Бихьиларедухъ портфелалъуе яккила ва гьениса т1ехь босила.Портфелалъул бет1ергьаналда(1-еб классалъул ц1алдохъаналда) бихьила гьеб ,гьей г1одилаго муг1алималда аск1ое яч1ина.

Муг1алим.Дуег1аги щиб ккараб ,Асият,мунгиг1аги щай г1одулей йигей?

Асият.Хъарталъ дир портфелалъуса авар мацалъул т1ехь бикъана.Г1одила.

Муг1алим.Гьеб щиб цо к1удияй саламатияй г1аданалда  рекъеч1еб пиша?Хехго ясалъул т1ехьги кье нахъе.Т1асияб сентябралда Ч1илбик1ида цадахъ т1оцебесеб классалде яч1ине х1адуре.Дица ц1ияб т1ехьги кьела дуе.

Хъартай.Дун нужер директорас йиччаларо школалде.

Муг1алим.Щай йиччаларей?

Хъартай.Херай йик1унха.

Муг1алим.Г1елму лъазе киданиги кват1ун бук1унаро.Дица гьарила гьесда,гьелъул ургъел ккоге дуде.Амма т1асияб соналдаса президентасул бихьизабиялда рекъон киназулго релъараб форма бук1ине кколаха.

Хъартай.Релълъараб я?Гьаб дир формаялда бугеб багьана щиб?Жинсал гурищ гьанже ясазул модаялда ругел?

Муг1алим.Х1урматияй Хъартай,школа модаби рихьизаризе рач1унеб бак1 гуро.Джинсалги цогидабги рет1е  рокъобги,къват1ибги,дуего бокьанщиналъуб.Амма школалде рет1изе ккола релълъараб, бихьизабураб форма.

Хъартай.Эб кисаха гьанже дица бахъилеб нужее?Хасавюрт базаралдейищ ине кколей гьанже дун эб балагьизе?

Хъартай.Киениги  ине кколарейха,Хъартай,мун.Школалде жалго рач1уна фабрикаялъул гьоркьохъаби.Гьез роценги гьабула.Цинги дур размералъул рет1ел букъизе т1аде босула.Т1аса бище дуего бокьилеб г1адинаб костюм.

Слайдал риччала школалде рет1улеб формаялъул.Хъарталъ т1аса бищила жиндиего данде ккараб форма.Яч1ун цо х1алт1ухъаналъ роцаби рахъила Хъарталъул.

Хъартай.Вабабай,киндай йик1ина.

Муг1алим.Киг1анги берцин йик1инарищха.Ч1илбик1иеги гьабила нилъеца,Аллагьас хъван батани, васазул костюм.Васазеги рукъула гьенир ц1акъ берцинал квасул шалалъул костюмал.

Гьанже г1енеккилин нилъ лъималазухъ.Рихьулел ругищ нужеда берцинлъи дир лъималазул, кьералъ ч1арал?

Хъартай.Машааллагь.(ту,ту,ту)Лъималаз х1арпазул кцуч1дул рик1к1ина.

Асиятги АхIмадги

АлхIам цIалулел руго,

Аллагьги Аварагги

Азда кIочон толаро.

Аминатги Аминги

«Амин» абулел руго.

 Амма школалде ине

 Ал жеги гьитIин руго.

 Бабаца печь бакана.

 Богорукъ чIаголъана.

Багаргьалил чурпадул

Берцинаб махI бахъана.

 Бакьуч гIадин кьижарав

Багъужацин  ворчIана,

 Баба,цIурабакьилан

Бакъвараб гьан цIехана.

Вабабай,ккараб жо щиб?

Вакъун ватана Вали.

Витаминал щвечIого

Вортулев вуго Вали.

Вацасда гIажаиблъун

Виххун хутIана ГIали,-

ВачIун живго кваналев

Вихьун вукIинчIо Вали.

Горо балеб бихьидал

Гордухъ кIусана Гирай

ГодекIанир ганчIазда

Гирула цIорол гарал

ГарцIал гIадин кIанцIола,

Гуллби гIадин речIчIула

Горо-цIад гучлъанагIан,

Гизмаялде сверана.

 Давудие дадаца

 ДагIнил сурат бахъана

 Диеги дад бахъанин

 Дайгьанатги йоххана.

 Дадацагун лъималаз

 Дадил сурат къотIана

 ДагIние чури тIезе

 Добцоялда седана.

Е-буго ясазул хIарп,

Ега,ПатIи ,кьижизе,

Ессаризе иналде

Еэдила бабаца.

Елъулей ясикIоги

Егизайила аскIой

Ецци бокьулей гьитIич

Егье,дада,бабахъе.

Ё-янлъиде ах1улеб?

Ё-ги ясазул кола.

Ёрч1арайго ГIаишат,

Ёртун как базе уна.

Ёржарухъан –яс йиго,

ЁрчIухъанги-яс йиго.

Ёрхатай ёхьарухъан

Ёртун хIалтIулей йиго.

 Жигар гьабе,Жавгьарат,

Жага барщун рагIула.

Жаватханил кверги ккун,

Жакъаго ахикье а.

Жагадул кIилкIалги ран,

Жавгьарат кIичIардидал,

Жираф гIадин йигилан,

Жирана гьитIинав вац.

Зайнабица Зугьрада

ЗинкIана махсароде

Зама-заманалдаса

Зигардулаха Зугьра.

Зодоеги ялагьун,

Зайнабги барщарана

Заз гIадин лъугьинчIого

ЗинкIеха дидагийин.

Имам Шамил щивали

Ибрагьимида лъала

Инсуца АхIул гохIде

Исана ав вачана.

ИчIго сон бугев игит

ИяхI бугевги вуго,

Иццухъа кIодое лъим

Инкар гьечIого цIола.

КатитIанчIил мимиди

Кавудахъан рагIарай

Кавсарат екерана,

Каву хехго рагьана.

«Киб букIараб гьитIич»-ин

Кодобе гьеб бачана,

Квачан холеб ицико,

Каранде къан ,лъухьана.

«Ле!»-йилан ахIарасе

Лебалго жаваб кьолев

ЛахIчегерал беразул

Лачен вуго нижер вас.

Лабалаб хурул ссанде

ЛахIзаталъ харула гьав,

Ламадур кваналелъул

Лага-черх бугевги- ав.

МухIамадги эменги

Мажгиталде аралго

Марьямица богорукъ

МатIу  гIадин гьабуна.

МагIарухъе сон арай

Метер эбелги щвела

Мисалияй дир ясин

Марьям каранде къала.

Нодо хъахIаб гIакдаца

Нах кьола,нису кьола,

Нижер бищун гьитIинай

Написатий рахь кьола.

Нилъалзукь шишаги цун,

Недегьго гьей гьимидал,

НодохъахI,баркала лъан,

Накабаздацин чIола.

Огь,машааллагь,Шамил,

Охцералъул берцинлъи,

Ордекалъ кIутIилалде

Огъохъат кквея цебе.

Огьо-гьой,хъал бахъидал,

Охцералъул беричлъи.

Оцое аб кьеларо,

Огоб тела элъие.

ПатIиматида жакъа

Панкъал гьаризе лъана

Пер буссизеги кIола

Пахрудинил ясалда.

Полпилъ тIерхьине гьабун.

Парталги алъ чурула.

Пари-кодода цадахъ

ПастIанги алъ чIарала.

Радал яхъун Разият

Разиго екерула,

Росдалго боцIи гъолеб

Рохьдолъе гIака гъезе.

Ризванги гIедегIула

Рехъен бугеб рахъалде

Расул-дацигун цадахъ

Росдал гIияде ине.

Сон сапаралде арав

СагIид сезе вуссуна,

Сайпуллагь,дадахъ урхъун,

СагIтал рикIкIунев вуго.

Салам кьезе,дов цIехон,

Свердана,кивго гьечIо.

«Сордо лъикI!»-ан къвал базе

Сверухълъуда ватичIо.

Тажудинил тагьиги

Таймасханил таращги,

Тухум цо гьечIониги,

Тиризе цадахъ уна.

ТоргIо хIалеб гьоцIире

Тохлъукье гьал раккула,

Тукадул нуцIидаги

Тамашаго тенкола.

Таргьа букIарабани,

Тагьидуй гIеч щвелаан,

Тукенчияс тарщие

Татуяб бакь кьелаан.

Ункъо моцI барав вацгун

Узлипат ясандула,

«Унго,дур кIарчанлъи»-ян

Урхъун ,убач гьабула.

Узлипат кьурдулелъул

Уллубий цIакъ воххула,

Угьдиги тун,ургида

Угъдул кIутIун,велъула.

«Уней йиго дун»,-илан

Узлипат рикIкIалъани,

«Унге!» лъаларев гьитIич

«Унга»-йилан гIодула.

ФатIиматил кIудада

Фабрикалда хIалтIула,

Фабрикалда хьитал гьес,

Фартукги бан,рукъула.

ФатIиматил кIудица

Фокусалги гьарула,

Фонарги ботIрода лъун

Физкультура гьабула.

Хадижатги Хизриги

Хайгин гьабулел руго,

Халисатил гьитIичаз

Ханал режулел руго.

Херав кIудица квине

ХинкIал хинлъизаруна,

Хадубго гьес кваназе

Хурмаги цебе лъуна.

Цо къоялъ къадекванде

Ци рокъобе унаго

ЦинтIаго,данде бачIун,

Цер гьалда гьикъарана.

Цоцазе кумекалъе

Цо-цо раккизе кколин,

Цидукий мина базе

Цадахъ кIиялго ана.

Чамасдакие бищун

Чамасдакха бокьулеб,

Чванта цIун гьебги бихьун

Чакар гьалъ ялъаргъана

Чехьквеш йигин мунилан

Чакар къварилъахъдана,

Чинидул суркIа цIураб

Чакарги босун щвана.

Шагьаралдаса жакъа

ШапигI-даци вачIана.

Шокъроре рахинегIан

Шоколадал кванана.

Шайихзаби рикIкIиндал,

ШугIайнатий шал кьуна.

ШаргI щибали бициндал,

Шамилий шапка кьуна.

ай мун щакърахунеб,

Щурункъверкъ,бице.

Щиб дуе лъугьараб,

Щиб дур билараб?

-ЩуцIул хIал бихьана

Щобде бахине,

Щурун баччулаго

ЩвечIо тIогьибе.

Эхевехун унелъул

Эгъе унтулеб бугин,

Эбелалъул квенчIел ккун,

Эхетун чIана ГIали.

Эб гогьдари бугилан

Эмен гьасде семана,

Эльмирадеги вусун,

Эй еццизе лъугьана.

Юсупица ясалъе

Юбка сайгъат гьабуна.

Юнусие дадаца

Юргъачу маян кьуна.

Юбка кIалбиччанкъоялъ

Юнусица къотIидал,

Юссине кIвечIей яцалъ

Юргъачуги бекана.

ЯсикIоги кодой ккун,

Яккун ячIана ПатIи,

ЯхIя-даци вихьидал,

Яхчана нечарай яс.

«Ятана дацида!»-йин

ЯхIяца кодой ккуна,

Яцалъул яс йоххизе

ЯсикIоги еццана.

 Хъартай.Машааллагь,гьабгощинаб жо кидаг1аги гьаз лъазабураб?Бицанк1аби малъанищ,лъимал,нужеда муг1алималъ?Изну кьеларищ,х1урматияй муг1алим, дие гьадинал ц1одорал лъималазе бицанк1аби кьезе?

Муг1алим.Кье дурго.Дир  лъималаз бокьараб бицанк1о ч1вала дур.

Хъарталъ бицанк1аби кьела авар каламалъул т1ехьалдасан.

Хъартай.

К1иго эбел,анц1го т1инч1? (кверал)

Лъим кунеб,квен гьекъолеб жо?(г1анк1у)

Гьаракь к1удияб к1их1ат1илаб саг1ат?(х1елеко)

Къваридаб бокьоб кьарияб оц(мац1)

Гьаб бицанк1оялъени жаваб х1акъаб жо буго нужеда лъангут1и.

Жаниб гьава буг1иялъ,

Бихъиледухъ понц1ораб,

Бухизелъун гьабураб

Гьаб басанк1о щиб кколеб?(торг1о)

Балагье цо,кинабго жо лъалеб буго дур гьал лъималазда.

Муг1алим.Дица абунагури дуда азда кинабго жо лъалин.Торг1оялъул х1акъалъулъ кеч1ги лъала дир азда.Рач1а,лъимал,киназго цадахъ кеч1 ц1ализе.

К1анц1е,к1анц1е,дир к1анц1ур,

Дунги цадахъ к1анц1ела.

Тире,тире,дир торг1о,

Дунги цадахъ тирила!

Ч1илбик1.Х1урматияй муг1алим,нужер лъималаз хасал х1арпазул куч1дул рик1к1инч1огури.

Муг1алим.Г1адада гуро ,Ч1илбик1,гьезда хасал х1арпалин абулеб.Гьел цогидазда релълъинч1ел,г1ажаибал,хасал рук1иналъ лъун буго гьезда гьеб ц1арги. Гьезие гьаб байрамалда бак1ги буго хасаб.Авар каламалъул т1ехьги хасал х1арпалги рач1ун руго нилъехъе гьоболлъухъ.

Авар каламги хасал ц1арал бот1рода лъурал лъималги рахъина сценаялде.

    Авар калам              

                                          Гьале лъана алфавит

                                          К1икъоялда к1иго х1арп

                                          Гьезда гьоркьор ч1ух1адго

                                          Маг1арул хасал х1арпал!

                                          Хасаб берцинлъи бугел

                                          Хасаб бечелъи бугел!

                                          Анц1ила лъабго гьаб х1арп

                                          Жакъа ссиялда  руго!

 

Ц1алдохъаби.

Къуркъбузул концерт буго

 Къасумилазул къот1ноб

«Къурр-къурр»-абураб коч1ол

 Къого куплет ах1ана.

 Къойил балеб ц1ад буго

 Къулг1аги аск1об буго,

 Къасумилал къасиги

 Къуркъбуз сверун ккун руго. Вай-вай-вай!

Кьурдулел руго лъимал

Кьабе ,муг1рул,гьазий хъат!

Кьурулел руго х1ат1ал,

Кье кьураби гьазий жан!

Авар калам.Дица гьаб лъаг1алида жаниб г1емераб жо малъана лъималазда .Дие ц1акъ бокьилаан лъималазда дица малъараб жо рак1алда бугищали бихьизе.   

Муг1алим.Лъик1 буго,х1урматияб ,дуе г1умру кьеяб Авар калам.Рахъа,лъимал, цере нилъеца лъаг1алида жанир лъазарурал куч1дузул цо-цо куч1дул рик1к1инин Авар каламалъе.

Лъимал  рахъина ва цо-цоккун рик1к1ина

Росу берцин

Ясик1о

Асият

Берал берцин

Гъот1орк1о

Ц1акъай яс

Кумекч1ужу

Къолохъан

Дир чу

Аргъанчи

Хъартай.Нижер маргьабазул дунялалда гъоб цил т1инч1 г1адал ц1алдохъаби ругилан ккола дида нуж.

Муг1алим.Эб кинаб цилт1инч1г1адинаб?

Хъартай.Вабабай,дудагийищ,Сарат Мух1амадовна,гьеб маргьа лъалареб?

Муг1алим.К1очон буго дида,бокьилаан дуца рак1алде щвезабизе.

Хъарталъ байбихьила маргьа бицине.Лъималаз сценка бихьизабила.

Муг1алим.Маргьани дида ц1акъ лъик1 рак1алда бук1ана,амма дуца цоги нухалъ лъималазе гьеб бицине бокьун бук1ана дие.

Авар калам .Цо бищунго дие бокьулеб бицанк1оги кьела дица нужее лъалищали.

К1ал гьеч1еб,мац1ги гьеч1еб,

Малъизе гьунар бугеб

Бер гьеч1еб,кверги гьеч1еб,

Кинабго жо бицунеб?

Гьаб щиб жо кколеб,лъимал?(т1ехь)

Авар калам.Бит1ун буго.

Хъартай бищунго ц1акъ кинаб т1ехьха нужее бокьулеб?

Лъимал.Авар калам!

Авар калам.Дун ц1акъ бохараб буго нужее гьедин бокьиялдаса ,нужеде кутакалда ругьунлъунги буго гьаб ц1алул соналда жаниб.Амма дие нахъе ине заман щвана гьанже.Дун унилан нужер рак1 хоге,лъимал.Дун хисун ц1ияб т1ехь бач1ина нужехъе.

2-еб классалъул т1ехь.Ассаламу г1алайкум!

Лъимал.Ваг1алайкум ассалам!

Авар калам.Дуе лъугьараб жог1аги щиб?Мун рагъдейищ ун бук1араб,гьудул?

2-еб классалъул Авар калам.Гьикъизего гьикъуге.Дун ккун бук1ана цо ц1акъ ц1ализеги к1вах1алав,т1ахьазул къиматги гьеч1ев васасухъе.Вабабай,дида гьес ч1езабураб басрияб къо!

Авар калам.Дуе бит1 ккун гьеч1оха,гьудул,дирни гьал лъималаз ц1акъ х1урмат гьабуна,т1ад жо бигъана.Кверал чурич1ого кодобе босич1о.Гьединлъидал дунги гьадин ц1иго хут1ун буго.

Муг1алим.Лъимал,гьадинаб х1алалда нилъеца т1ехь тезе бегьиларо.Гьелъие кумек гьабизе ккела.Гьеб берцинго къач1азе ккела.

Авар калам.Гьабилищ ,лъимал,нужеца дир гьудуласе кумек?

Лъимал.Гьабила!

2-еб классалъул Авар калам.Нужеде бугоха дир хьул.Рак1алда ч1езабе,лъимал:

Нужеца т1у-т1ун т1ехь рехани,

Т1ад обложка бигъич1они,

Тела нужги кинацаго

Квешал лъимал ругин абун.

Авар калам Амма т1адч1ун т1ехь ц1алани,

                       Т1ад обложка бигъанани,

                       Нужер рахъалъ хъвала гьаниб

                       Лъик1ал лъимал ругин абун.

Гьанже дица нужергун къо-лъик1 гьабулеб буго.Баркала нужее,лъимал,дир гьабураб х1урматалъухъ.Дидаса босараб лъаялъухъ.

2-еб классалъул Авар калам .Дунги Бичас биччани,т1асияб соналъ бач1ина нужехъе.Воре нужедаго муг1алималъ малъараб жо к1очене тоге.Тавпикъ кьеги Аллагьас нужерго рахьдал мац1 хъвазеги, ц1ализеги, бицинеги лъазе.

Хъартай.Нижги рилълъина нужеда цадахъ.Т1асияб соналъ школалде рач1ине ккани х1адурлъизе ккеларищ нижги.Рилълъа,Ч1илбик1 нилъерго маргьаялде.

Муг1алим.Нужее киназего к1удияб баркала гьанире рач1аралъухъ.Иншааллагь,т1асияб соналъ рихьила.Нух бит1аги!

«Т1ахьалги» Хъартайги Ч1илбик1ги уна.

Муг1алим.Гьанже заман щвана 1-еб классалъул Авар калам лъуг1изабиялъул дипломалги сайгъаталги  кьезе нужее.Раг1и кьолеб буго байбихьул классазул завуч Пат1имат Абуковнаялъе ва Пат1имат Къурбановнаялъе.

Дипломал ва умумуз лъималазе росарал маг1арул мац1алъул т1ахьал кьела .

Муг1алим.Гьанже нуж ругоха унго-унгоял маг1арул халкъалъул лъимал.Нужго маг1арулазда релълъине ккани,нужеда маг1арулал кинал г1адамал ругелали лъазе Расул Х1амзатовасул «Маг1арулал» кеч1ги биччала дица нужее.

Гьалдалъун нилъер маг1арул х1арпазул байрам лъуг1ана.Баркала киназего.Къо-мех лъик!Лъик1аб бихьаги,я Аллагь!Лъик1аб раг1аги!Амин.

 

Сарат МухIумаева

Пикру загьир гьабизе
Личный кабинет
только у нас скачать купить шаблоны dle по низким ценам
Машгьурал макъалаби