"ГIабдулмажид Хачалов "Хваразул цIаралдасан" ГIумарова Зумурат Гитиновна, ЦIобокь-Миякьоб гьоркьохъеб школа
Тема: ГIабдулмажид Хачалов.
Поэма: «Хваразул цIаралдасан»
(слайд)
Дарсил мурад: цIалдохъабазда поэмалъул аслияб пикру баян гьабизе-халкъалъе гIоло рухI кьурал гIадамал хвел гьечIеллъун лъугьин, КIудияб ВатIанияб рагъда халкъалъ бихьизабураб бахIарчилъи, къвакIи, къохIехьей, гьеб кинабго бачIунеб гIелалда кIочене бегьунгутIи; Ват1аналде рокьи бижизаби;ВатIан бокьи загьир гьарулел кицаби ракIалде щвезари;
Дарсил алатал: компьютер,хъвадарухъанасул суратал, карточкаб,тIахьал.
Дарсил эпиграф:(слайд)
Щивго кIочон тун гьечIо,
Щибниги кIочон течIо,
КIудияб улкаялда
Миллион гIадамазда.
( ГI. Хачалов)
I Дарс гIуцIиялъул этап.
Хириял лъимал, исана нилъер ВатIаналъ кIодо гьабулеб буго Гитлерил фашизмаялда тIад бергьенлъи босаралдаса 66сон тIубай. Гьелде хурхараб буго нилъер гьаб жакъасеб дарсги. ГI. Хачаловасул поэма «Хваразул цIаралдасан». Эпиграфлъун босун буго живго авторасул рагIаби
(Милодикломация) (док фильм)
Бихъ – бихъун, бухъ – бухъун балеб букIана
Нилъер эбелаб ракь, угьди - зигаргун,
Эбелалда кодор лъимал кинигин,
Гьелъул каранлъ тIепун холан васал.
ХъахIлъарал щапана заман щвелалде
Загьруяб тIохьиялъ тIул-ракIги борлъун
ГIолилал къанщана михъал раккичIел,
Минаялъ зодихъе кьвагьизе гьарун.
Учит: 1941 соналъул гьатIанкъоялъ сагIат анлъгоялда нилъер ВатIаналде – Совет ХIукуматалде тIаде Гитлерил армиялъ гIарадаби разе байбихьана. Гьелдалъул байбихьана КIудияб ВатIанияб рагъ.
Рагъул тIоцересел къоязго ВатIан цIунизе, гьелъие гIоло рухI кьезе хIадурал рукIана Совет ХIукуматалъул тIолабго халкъ. ГIуцун букIана рагъде бокьун унезул штабал.
Гьезда гъорлъ рукIана Дагъистаналъул киналго миллатазул бищунго лъикIал васалги ясалги.Щивасул аслияб мурад букIана кинабго къуват гитлерилаб фашизмаялда тIад бергьенлъи босиялде буссинаби.
Рагъде инчIого хутIараз жидерго къуватги бажариги буссинабуна тушманасде данде халкъ бахъинабиялде.
ЦI. ХIамзатица хитIаб гьабуна Кавказалъул киналго хакъазде.
«Рахъа дида, хадур харабазул тIел.
Хиянатаб квералъ каву рагьанин.
Хехаб ярагъ бухье, бихьинал– цIуял
ЦIогьохъе гьужумал жанир рехханин.»
Гьел кьварарал 40-ел соназ рагъде вас тIовитIичIей эбел къанагIатги йикIун ятиларо. Гьел тIоритIана тIад руссун рачIинин хьулгун. Гьедин рагъде ана 180 азарго чи.
Стих-е: «Рагъде унев васасде эбелалъул тIадкъай»
(ЦI.Х1амзат)
Учит: ВатIан цIунизе арал дагъистанияз батIи-батIиял бакIазда бихьизабуна бахIарчилъи ва хIинкъи гьечIолъи. Гьел рагъана Ленинград ва Москва цIунулаго, Минск, Тула, Курскиялъул ва Сталинградалъул фронтазда. Кир ругониги гьез бихьизабулеб букIана жидерго ВатIаналде бугеб рокьи, гьелъие гIоло рухI бичун, рагъизе хIадурал рукIин. Гьединаллъул ккола нилъер тIоцебе БахIарчиясул цIар щварав МухIамад ХIажиев,Гъуниб районалъул МохIоб росулъа цIар арав ралъдахъан. Гьесул нухмалъиялда гъоркь гъанкъизабуна 27 гама.
Лъида лъаларел Крымалъул бахIарзал.
Анкьавго гIурус вас, гIазаб кьун,чIвана
Цо ГIабдулманапов хутIана нахъе
Ва гьесул каранда рекIарал нусаз
БикI-бикIун цIваялъул сурат бахъана.
Гьединал мисалал гIемер рачизе бегьула
«Бергьенлъи,ялъуни хвелI»-гьединаб гьагун ВатIан цIунизе къокъана нус аза-азар гIадамал. Нилъеда гьел кидаго кIочене гьечIо.
ВатIан цIунулезул цересел кьеразда рукIана поэтал ва хъвадарухъаби.40- ялдаса цIикIкIун хъвадарухъанас гIахьаллъи гьабуна ВатIанияб рагъда.
Нужеда гьезул цIарал лъалищ?
Щал гьел колел? (слайдал)
Р.ДинмухIамаев, Мусаиб Стальский, ГI. Хачалов, М.Сулиманов, М.Митаров, Э.Капиев,Б Митаров
Учит: БитIараб буго лъимал гьезул анцIго хъвадарухъан ва поэт кьалул нухдаса нахъ вуссинчIо. ГI. Салаватов, Мухтар Абакаров, Багьавдин Митаров, Абакар Митаров в.гь.ц.
Гьел рагъана кочIодалъун ва хочодалъун.
100000 рагъухъанасе –щвана орденал, медалал
58 рагъухъанасе– Совет Союзалъул БахIарчиясул цIар
7 ясе - лъабабго даражаялъул орден
20 миллионалдасаги цIикIкIун чи чIвана гьеб рагъулъ.
Стих-е «Дун жеги рагъда вуго»
(ГI.Хачалов.)
Учит: «Дун жеги рагъда вуго» ян абулеб буго кочIолъ ГI.Хачаловас. Гьел мухъаздасан нилъеда бичIчIула гьев КIудияб ВатIанияб рагъда вукIин. Аваразул адабияталда ГIабдулмажид Хачаловас ккола хасаб бакI. Гьесул буго пасихIаб каламалъе камилаб пикрабазе гьунар.
- ГI.Хачаловасул гIумруялъул лъица бицинеб?
ГI. Хачалов гьавуна Гъуниб районалъул Сугъралъ росулъ 1926 соналъул 3 июналда. ГIагараб росулъ школаги лъугIизабун, гьев чанго соналъ учителлъун хIатIана. КIудияб ВатIанияб рагъул соназ 18 сон баров гIолохъанчи ГIабдулмажид жиндиего бокьун ,фронталде ана ва рагъ лъугIизегIан тушманасде данде вагъана.Рагъдаса хадусел соназги Хачалов цо чанго соналъ учительлъун ва советияб хIалтIухъанлъун хIалтIана.1950 соналдаса бахъараб ГIабдулмажид хIалтIун вуго»БагIараб байрахъ» газеталъул редакциялда.
- ГI.Хачаловасул творчествояул хIакъалъулъ лъица бицинеб?
ГI.Хачаловасул хъвадарухъанлъиялъул нух байбихьана 1946 соналъ. Гьелдаса нахъе гьес гIуцIана батIи-батIияб тайпаялъул таманалго лит-ял асарал. Гьесул тIоцересел асарал руго лъималазе хъварал:
«Устарасул сайгъат», «Щибали лъай», «Катил тIинчI сабаблъун». «МоцIроде сапар», в.гь.ц.Гьел асаразулъ буго лъималазул хасият- гIамал, тIабигIат, гьезул гIумруялде бугеб бербалагьи.
Учит: БитIараб буго, лъимал, аваразул лъималазул лит-ра цебе тIезе Хачаловасул асаразул цIикIкIараб кIвар буго.
- Хъвадарухъанасул творчествоялда жаниб кIвар бугеб бакI кинаб темаялъ кколеб?
Хъвадарухъанасул творчествоялда жаниб кIвар бугеб бакI ккола рагъул темаялъ. Гьеб темаялда хъвараб буго нилъеца малъараб поэма «Хваразул цIаралдасан»
-«Хваразул цIаралдасан» абураб поэма литер-ул кинаб аслияб тайпаялде гъорлъе унеб?
Гьеб ккола эпосияб асар.
- Эпос абураб рагIул магIна щиб?
Эпос ккола хабарияб къагIидаялда жанисел ва къватIисел лъугьа рахъиназул хIакъикъияб куцалда бицунеб асар.
-Эпосалда гьоркьобе щиб унеб?
Эпосалда гьоркьобе уна эпопея ва поэма.
- Поэма кинаб асар кколеб?
Поэма ккола кочIодалъун хъвараб, кIвар бугел лъугьа-рахъиназул бицунеб асар.
-Поэмаялъул байбихьуда авторас кинаб халкъияб абиялъул бицунеб бугеб?
«БахIарчиги хIалихьатги цого хабалъ лъола. Халкъалъин абуни цоясе бетIер къулула,цоясе нагIана кьола».
-Поэмаялъул тIоцебесеб бетIералда жаниб лъил хIакъалъулъ бицунеб бугеб?
Бицунеб буго херал харабазул хIакъалъулъ. Гьезул цIодорлъиялъул, гIакъиллъиялъул. Энциклопедиялде данде кколел руго гьел.
-Поэмалъул аслияв багьадур щив?
Живго автор.
- Кинаб ригьалъул чагIи гьел рукIарал? Тексталда батизе.
Къойилъе рахинчIел, михъал къуричIел,
Ёкьарай ясалда жеги къочичIел
ЧагIи рукIана ниж-кIиго гIолихъан.,
МагIарул цIакъ хехаб хасияталъул.
-Рагъ гIасияб ва вахIшияб букIин кинал кочIол мухъаздалъун нилъеда бичIчIулеб?
Гьум 58-59 «Амма бихьана рагъ-балагьалъул рагъ»
-Кин ва сундуе гIоло рагъарал?
«Макьу тун рагъана,квен тун рагъана.
ТункIал гъоркьги рехун кьвагьизаруна
Тушманасул ДЗОТАЛ чурхдуз рацана
Чармил щулалъаби квераз тIутIуна»
«Гьедин рагъана ниж цIадул коронир,
ЦIа нужеда хъвазе теларин абун.
Хадусеб гIелалъе гIумру цIунизе,
ГIолохъанлъиялъе рокьи цIунизе.
(гьум.60)
-Дагъистаналъул кинал бахIаразул цIарал поэмаялда рехсон ругел?
Шамиль имам, МухIамад ХIажиев,СагIду Мусаев, ГIабдулмажидовал,ГIабдулманаповал.
(гьум. 60)
-Рагъухъабазда гьоркьоб кинаб гьудуллъи букIараб?
РукIана киналго цIакъ гIадатиял.
ГIолилалгун херал, цIакъ ракI жубарал,
АнцIгояс бухIулеб цIохIо папирос,
АнцIавго кваналеб цохIо кателок.(гьум 59)
-Кинаб бадичIвай гьабулеб бугеб рагъда чIварав гьудулас?
Мармарги байрахъги гьарулел гуро
Гьабе гIадатияб нилъерго ганчIил.
ГодекIаниб гьабе, хабалахъ гьабе,
Гьелда дагIба гьечIо киб букIаниги
Берцинлъи кIваричIо, чIухIи кIваричIо,
БахIарзалин абун рецц-бакъ кIваричIо
Хвалчалги чодулги сурат кIваричIо,
РукIараблъи лъазе, рехсани гIела.(65 гьум)
-Лъимал,кочIол роцен чIезабе ва аллитерация бате.
Рогьалилъ вачIа мун, сардилъ вачIа мун (55гьум)
-Эпитетал ратизе.
III кесекалъул тIоцебесеб куплеталда Гьайбатаб, талихIаб,.Гьенирго хасал предмтиял цIаралги ратизе.
-Поэмалъул ахиралда авторас щиб гьарулеб бугеб?
МагIарулал дирго рахъалъ абила:
Хваразул гьаб тIалаб битIараб буго;
ВатIаналъе гIоло рухI кьунщиназул
БетIер къулун хIурмат гьабизе ккола.(65гьум)
Стих-е «Ват1ан» ЦI.ХIамзат,М.Гъайирбекова «ВатIан»
-Лъимал, ВатIан бокьи загьир гьарулел кинал кицаби нужеда лъалел?
«ВатIан хириясул хвел букIунаро»
«ВатIан гьечIев чи- чед гьечIеб таргьа»
«Чияр ракьалда ханлъун вукIинегIан, нилъерго ракьалда узденлъун вукIин лъикI»
«ВатIанияб тIалаб тIобитIулаго, тIерхьарал цIвабзазул цIар къотIуларо»
-БахIарчиясде рахъарал кицаби.
-БахIарчиясул цIар цIвабзазде гIунтIулеб.
-БахIарчи цоцIул хола, хIалихьат нусцIул хола.
-БахIарчияс бадибе абула, хIалихьат нахъасан кIалъала.
-ХIинкъарав къойил хола,къвакIарав цоцIул хола.
Учит: Лъимал, цоги рагъул хIакъалъулъ кинав поэтас хъвараб?
Р.ХIамзатовас «Россиялъул солдатал»
-Рагъул темаялда хъварал кинал асарал лъалел нужеда?
Э.Капиев «Разведчикал», «Сабаб»
«М.Митаров», «Чагуралъул къиса»
Б.Митаров «Бице гьудулзабазда»
Дагъистан.Дунялалда киб рагIинчIеб гьеб цIар. Гьелъул цIар цIакъ лъикI рагIана,гьеб рикIкIада лъана, лъана жидерго гьунараздалъун, бахIарчилъиялдалъун.
Киналго рагъазулъ къуличIо дагъистанияз лъиего бетIер.
«Рагъул къали бухулел,жалго рухизе руго»
Гьедин ккана 1999 соналъул августалдаги.
Чачаназул боевикал Хаттабил бетIерлъиялда гъоркь кIанцIана Дагъистаналъул Болъихъ районалде тIаде. Гьенибги нилъер халкъалъ бихьизабуна бахIарчилъи. Гьанжеги бихьизабуна дагъистанияз жидерго цолъи. Щивав чи хIадур вукIана гьезие кумекалъе ине. Гьенирги хвана нилъер бищунго сахал росуго бахилал васал.
Стих-е «АнсалтIаса ХIажимурад» 4 куплет(слайд)
КечI «Бах!арзазде бахъараб» (слайдал)
Учит: «Ниж цого ВатIаналъ гIезе гьарурал
Гугаб Россиялъул васал ругоI
Гьезул пикру гьабе, гьел кIочон тоге
Гьадинго абулел рагIаби гуро.
Стих-е «Рагъуй цIа бакуге» ГI.МухIамадов.
Учит: «ВатIанияб тIалаб тIобитIулаго, тIерхьарал цIвабзазул цIар къотIуларо.
ХIакъикъаталдаги къотIун гьечIо гьезул цIарал. Гьел къойидаса къойиде кунчIун рачIунел руго хъахIилаб зодир.
Гьезде хъван руго поэтаз кучIдул, лъун руго къватIазда цIарал, гьезул хIакъалъулъ хъван руго къисаби, гьарун руго памятникал.
«Щибго кIочон гьечIо,
Щивго кIочон гьечIо»
Гьел руссун руго къункърабазул тIелазде. Мунагъал чураяв Р.ХIамзатовасул «Къункъраби»абураб кечIалъ дунял сверана. Гьеб бакъан рагIидал, пашманго бутIрулги рорхун, гьаваялде руссуна гIадамал, ва рагъда чIварал киналго васал ракIалдеги щун ,угьун биччала каранзулъан бухIараб хIухьел.
К1еч! «Къункъраби» ахIизе (слайдал)
Стих-е: «ГIадамал ,тIаде рахъа»(слайдал)
Жеги доб араб рагъалъ
ЧIварал васазда хадуб
Херлъарал улбуз тIолеб
МагIил гIор бакъван гьечIо
ГIадамал, тIаде рахъе,
ТIагIине гьабе ярагъ
Гьудуллъиги вацлъиги
Цоцада рагIизабе
РукIинисел гIелазе
ГIагараб ракь цIунизе,
ЦIвабзазул рагъ гьукъизе
Рукъарал зарал рорхе.
Учит: Киналго рагъазулъ чIварал бахIарзалги ракIалде щун, цо минуталъ сихIтун чIа, эхедеги рахъун.
(минута молчание)
Стих-е «Бергьенлъиялъул къо»
Учит: Лъимал,гьале ахиралде щвана нилъер жакъасеб дарс. Дида ккола ГIабдулмажид Хачаловасул асарал нужеца цогидалги цIалилин.Щаклъи гьечIеб жо буго нужер ВатIаналде рокьи жеги цIикIкIанин,рекIее батIияб.бицине лъалареб асар кьунин жакъасеб дарсалъ .
Баркала нужее дарсида гIахьаллъаралъухъ.КъомехлъикI.