ГIабдулмажид Хачалов "Лъукъараб кечI" 11 класс
Дарсил тема: ГIабдулмажид Хачалов «Лъукъараб кечI»
Дарсил мурад:
§ Г1.Хачаловасул творчество такрар гьабизе.
§ Гьесул г1умруялъул цо-цо бак1ал рак1алде щвезаризе.
§ Коч1ол тема, проблема, идея балагьизе.
§ Ц1алдохъабазул ват1аналде рокьи бижизабизе.
§ Ц1алдохъабазул калам цебе т1езабиялъе к1вар кьезе.
Дарсил тайпа: Ц1ияб материал малъи.
Дарсил ин:
1.Дарсиде х1адури.
ЦIалдохъабазулгун лъай – хъвай гьабизе.
2. Темаялде кант1изари.
Дарс байбихьила доскаялда яги рагъул сурат ч1вала яги рагъул фрагмент бихьизабила.(1 слайд)
Уч-ль. Гьанире балагье, лъимал,Щиб нужеда гьабсаг1аталда бихьараб?Лъица бицинеб?(Нижеда бихьана рагъ).
Уч-ль. Кинаб рагъ гьаб кколеб, лъимал?(К1удияб Ват1анияяб рагъ).
Уч-ль. Нужеда гьеб рагъалъул х1акъалъулъ щиб лъалеб?
Гьеб рагъулъ г1ахьаллъи гьабуна Дагъистаналъул хъвадарухъабазги.
Лъимал, г1енекке цо кеч1алъухъ.
Слайд 2.
Дида бихьана рагъ - балагьалъул рагъ,
Мегъалги хурзалги бица лъалъараб.
Лъимер эбелалъул каранда ч1валеб,
Ч1варай эбелалда лъимер хахулеб.
Бук1ана, гьудул, рагъ гьужумалдаса
Гьаб канин бицине чи т1ад вуссинч1еб,
Т1олго ротаялъул хъизаназухъе,
Зигара бан кагътал цо къоялъ хъвараб.
Уч-ль. Гьаб коч1олъ кинаб заман рехсон бугеб?(Рагъул заманалъул бицуна буго гьаб коч1олъ)
Уч-ль. Гьаб кинаб асаралдаса босараб кесек кколеб, лъимал? Гьалъул автор щив колев? Гьелъул аслияб тема щиб кколеб?
(Гьелъул автор ккола Г1аб-д Хачалов.)
(Гьеб ккола « Хваразул ц1аралдасан» босараб кесек).
Уч-ль. Рач1а гьеб поэмаяъул цо-цо бак1ал рак1алде щвезарилин.
3-4 ц1алдохъанасда ц1ехела жидедаго лъалеб асаралъул бут1а, гьеб бицине т1амила гьел.
Слайд 3-4.
§ 3.Дарсил темаги мурадги ц1алдохъабазда бицинаби.
Уч-ль. Лъимал, жакъа нилъеца цоги нухалда рак1алде щвезабила Хачаловасул хъвадарухъанлъиялъул нух.Хачаловасул творчествоялъулъ нилъеда г1емер данд ч1вала кинаб тема? (рагъул тема.)
Гьебго тема такрарлъулеб буго Хачаловасул «Лъукъараб кеч1» абураб поэмаялдаги.
Дарсил мурадги буго Хачаловасул творчествоялъулъ рагъул тема цоги нухалда рак1алде щвезабизе….
Слайд 5-6.
Хачаловасул сурат бихьизабила цинги ц1алдохъабазда ц1ехела Хачалов киса кколевали. (Гъуниб район Сугъралъ росу ).
4. Ц1ияб дарс. (Дарсил тема тетрадалда хъвазе т1амила лъимал).
(Сугъралъ росдал сурат бихьизабила).Кинав шаг1ирха кколев Хачалов.(маг1арулазул шаг1ир).
Бит1араб буго лъимал гьев ккола маг1арулазул пасих1ав щаг1ирги, хъвадарухъанги, бег1ерав журналистги, драматургги. Гьев гьавуна Гъуниб районалъул Сугъралъ росулъ 1925 соналъ.
Поэтасе хирияб буго жиндирго росу-ракь, росдал г1адамал,г1адатал ва рук1а-рахъин. Гьадин абулеб буго шаг1ирас жиндирго росдал х1акъалъулъ.
Слайд 7.
Буго гьединаб росу
Гургинаб дунялалда.
Дагъистаналъул бакьулъ,
Рекьи дагьал муг1рузда,
Гьаб киназего г1аммаб
Хъах1илаб зобалда гъоркь.
Кьуруялда мугъги лъун,
Цо к1к1алахъ х1ет1еги цун.
Слайд 8.
(Биография бицина раг1алде щвезег1ан).
1943соналдаса нахъе гьес хъулухъ гьабуна Баг1араб Армиялда г1ахьаллъи гьабуна К1удияб Ват1анияб рагъда….
Слайд 9.
Т1оцебесеб т1ехь «Устарасул сайгъат къват1ибе биччана 1956соналъ. Хадубго къват1ибе биччана лъималазе хъвараб «Щибали лъай», «Моц1роде сапар «Ц1ар лъаларев бах1арчи», «Рик1к1дасан кагъат», «Г1ажаибал гьакибурдул» абурал т1ахьал.
Авар театралъ сценаялда лъуна к1иго пьеса «Рик1к1адасан кагъат», «Аманат».Гьел гурелги Хачаловас хъвана лирикиял куч1дулги сатириял куч1дулги.
Бищунго к1удияб бак1 ккола Хачаловасул асаразулъ рагъул темаялъул асараз. Гьединаблъун ккола нилъеца цебе рехсараб «Хваразул ц1аралдасан», «Аманат» пьеса, «Ц1орол муг1рузул бах1арзал», «Рик1к1адасан кагъат» ва «Лъукъараб кеч1» поэмаги.
Рач1а жакъа ц1ализин Г1абдулмажид Хачаловасул «Лъукъараб кеч1 абураб асар.
Т1оцебесеб бет1ер пасих1го ц1алила яги иргадал ц1алдохъабазухъе кьела. Поэма лъуг1изег1ан ц1алил
Слайд 10.
5.Словарияб х1алти.
Гьаб асарада ругелищха рич1ч1уларел раг1аби. Рач1а балагьизин.
(раг1аби ралагьун слайд бихьизабила)
Сабаб – Балагьаздаса ц1унизелъун хъвараб кагъат.
Каска- солдатасул маххул т1агъур.
Хандакъ- гъваридаб гвенд.
Карабин- яргъил цо тайпа.
Катюша-г1арада.
6.Анализ гьаби.
Уч-ль. Бицеха ,лъимал гьаб асаралъул тема кинаб бугебали?(Рагъул тема).Чан бут1аялдасан г1уц1ун бугеб гьаб поэма.?(4 бут1аялдасан).
-Т1оцебесеб бут1аялда сундул бицуна бугеб?(Ват1ан ц1унизе солдатал рагъде нухар рег1иялъул бицунеб буго гьеб бет1ералда).Рач1а ц1ар кьелин гьеб т1оцебесеб бет1ералъе.(Эбелаб ракь ц1унизе рахъарал солдатазул сапар)
(слайд 11.)
-К1иабилеб бут1а рак1алде щвезабилин .Щиб гьеб бет1ералда нилъеда бихьула бугеб лъимал?(Гьениб бихьула буго авторас гьеб рагъулъ г1ахьаллъи гьабун бук1ин,цоги гьениб бихьизабулеб буго авторасда кодов хварав солдатасул чвантиниб батараб хъван лъуг1ич1еб коч1ол)
Уч-ль. Лъиде хъвараб кеч1 гьеб солдатасул бук1араб, лъимал?(Гьеб ккола солдатас рокъобе хъвараб кеч1).
Рач1а цоги нухалъ рак1алде щвезабилин кеч1алъе авторас кьураб ц1ар.(Лъукъараб кеч1)
Щайха лъимал авторас гьаб кеч1алъе гьеб ц1ар кьун бугеб?(щай гурелъул авторасда батула гьеб кеч1 хварав солдатасул чвантиниб,ва гьесда гьеб рак1алдаса унаро).кинаб ц1арха лъелеб к1иабилеб бет1ералде?(борлъараб кагъат)
Слайд 12.
Дица гьасул каранда квер лъуна гьеч1о х1ухьел….
Уч-тель.Гьанже рач1а балагьилин лъабабилеб бет1ералда авторас щиб рагьун бугебали? (Гьениб авторас бихьизабулеб буго нилъер армиялъ фашистазда кьаби щвезабулеб бук1иналъул).
Уч-ль. Рач1аха гьеб бет1ералъеги ц1ар кьелин (рец1ел боси).
Уч-тель. Ункъабилеб бут1аяялъ щиб бихьизабула бугеб? (Гьениб авторас бихьизабула буго асарсалъул аслияб пикру). Авторас нилъеде абулеб буго рагъ абураб раг1и раг1анани жинда кидаго гьеб кагъат рак1алде щолилан. Кинаб ц1арха лъимал нилъеца ункъабилеб бет1ералъе кьелеб? (рагъул лъалк1ал абун лъела)
Уч-ль. Чанха лъимал нилъер бугеб гьединаб хъвач1ого хут1араб кеч1? Рач1а рак1алде щвезабилин нилъерго тарих. К1удияб Ват1анияб рагъулъ чан чи г1умруялдаса ват1алъарав? 28 миллион нилъер ракьцоял руссинч1о гьеб рагъдаса.
Цоги кинав авторас жиндирго къаг1идаялда нилъеда рагъ рак1алде щвезабулеб? (Расул Х1амзатов Къункъраби)
7. Дарсил х1асил.
Рач1а, цоги нухалъ рак1алде щвезабилин кинав авторасул асар нилъеда лъарабали (жакъа нилъеца бицана Хачаловасул «Лъукъараб кеч1» абураб асаралъулгун).
Бит1араб буго, лъимал. Хачаловас «Лъукъараб кеч1» абураб асаралда нилъ ах1улел руго рагъда хварал солдатал рак1алда ч1езаризе. Гьезие памятникал разе.
Хачаловасул творчествоялъе к1удияб къимат кьуна Расул Х1амзатовас.
Слайд 9
Ва Хачаловасул ракьцояй Дагъистаналъул машгьурай поэтесса Тубх1ат Зургьаловалъ хъвараб кеч1 ц1алила «Дур кеч1 г1одулеб буго»
Рокъобе х1алт1и: Лъимал рокъобе коч1ол роцен батизе, коч1олъ ругел пассих1иял раг1аби ралагьизе.
Г1абдулмажид Хачаловасул «Лъукъараб кеч1» абураб поэмаялда т1асан дир пикру абураб сочинение хвазе.
Лъималазе къимат кьела.