Хадижат Бечедова авар мац1алъул дарс "Хасал х1арпал"
Дагестанский институт повышения квалификации педагогических кадров.
Кафедра филологического образования.
Мастер – класс
на тему:
Произношение специфических звуков и правописание составных букв в аварском языке.
Слушатель:
Учитель
родного языка и литературы МБОУ «СОШ № 6» г. Каспийска
Бечедова Х.М.
Махачкала 2015г.
Тип урока: урок обобщение.
Эпиграф:
Г1агараб авар мац1.Дпри кинабго бечелъи, дир дарман, дир гьаракь.
Дарсил тема:
Хасал гьаркьал ва х1арпал.
Дарсил мурад:
1.Хасал х1арпал бит1ун абизе ва хъвазе ругьун гьари.
2.Калам цебет1езаби.
3.Ват1ан бокьи ва вижараб ракь лъазаби куцай.
Дарсил алатал: х1арпазул таблица, карточкаби, диск,звуковая азбука, Р.Х1амзатовасул сурат,расанк1аби.
Дарсил план:
1.Дарсил бухьи.
2.Аслияб бут1а.
3.Дарс щула гьаби.
1.Оргмомент. Психологический настрой.
2.Внедрение в тему.
3.Артикуляция гимнастика.
4.Характеристика букв.
5.Работа на доске, в тетради.
6. Физминутка.
7.Работа со звуковыми символами (диктант)
8.Дидактические игры.
Дарсил ин:
1.Оргмомент (цель:заучивая стихи ,дать понятие категории рода) . Муг1алимасда кодор ясик1о ва къали.
(Лъимал дарсиде х1адурун рахъинег1ан классалда лъугьарайго хоралъ рик1к1ина)
Къолохъан. (васаз)
Дум-дум-дум, дум-дум-дум!
Дунги вуго къолохъан,
Къоялъго свакаларев,
Сух1мат-кеч1 ч1алг1унарев.
Дум-дум-дум,дум-дум-дум!
Дунги вуго къолохъан,
Къали кьабизе ц1акъав,
Дум-дум-дум,дум-дум!
Ясик1о. (ясаз)
Г1одуге,дир ясик1о,
Ясандила дун мунгун;
Рас хала,ахх бачина,
Ячун кинит1а лъела.
Г1одуге, дир ясик1о,
Рас меседил ,дир дарман,
Дица дуе кваназе
Карщ гьабила гьабсаг1ат.
Муг1алим:
-Салам, лъимал!Г1одор ч1а. Х1алч1ахъадал,г1емерисез бит1ун абулел руго рахьдал мац1алъул хасал х1арпал жанир ругел раг1аби. Жакъасеб дарсида нилъ х1алт1изе руго зах1матал гьаркьал бит1ун абиялда ва х1арпал бит1ун хъваялда т1ад.
Муг1алим:
- Чан хасаб х1арп бугеб авар мац1алда? Т1убараб жаваб кье.
Ц1алдохъан:
- Авар мац1алда 13 хасаб х1арп буго.
Дица х1арпал абила нужеца нужецаго гьарурал х1арпазул карточкаби рихьизарила. Киналго бит1ун рихьизарузе щуйилал лъезе руго. Лъималазул командабиги г1уц1ун х1арпал бит1ун абиялъул къец гьабила. Бергьаразе сайгъатал кьела (стимулирование)
(Проектная доскаялда обучающий дискалдаса рихьизарила хасал х1арпал, такрар гьарила)
М.:
-Киназго цадахъ мух1канго х1арпал абе. (аудирование)
-Зах1матал гьаркьал бит1ун рахъиялда т1ад х1алт1изе руго нилъ жакъа. (произношение) )
М. -Лъимал,нуж руго шагьаралда гьарурал г1урус мац1 бицунезда гьоркьор г1олел гьит1ичал. Нилъеца цадахъ ях1 бахъизе ккола рахьдал мац1 лъазабизе. Бит1ун гаргадизеги хъвазеги лъазе ккани , к1вар кьезе ккола авар алфавиталда ругел составиял хасал х1арпазде.Г1исин классаздаго хасал х1арпал лъач1они, ч1ах1иял классазда диктантал хъвалаго к1ийилал щола, классцоял т1ад релъула. Бищун г1емер гъалат1ал риччалел х1арпазда,абизеги зах1малъулел гьаркьазда т1адч1ей гьабила жакъасеб дарсида. (Мотивация)
(Доскялда хъван рихьизарила х1арпал. Аск1обго бан бугеб х1арпазул таблицаялдеги раккила.)
М.:-Лъимал,радал цаби чурун шекъер хулулаго кинаб гьаракь лъугьунеб?
--ГЪгъгъ..
Маг1арул гъалбац1 кин гъулгъудулеб? (гь. 15 гъалбац1алъул сурат бихьизабила)
Ц1.-Гъгъгъ….
Такрар гьабе: Гъалбац1 гъулгъудулеб буго.
Гъ х1арп кин лъугьунеб?
М. -Г х1арпалде т1аде къвак1араб ишара жубан лъугьуна .
Ц1.: -ГЪ х1арп.
М.:-Хъвай доскаялда гъ х1арп гьоркьор ругел раг1аби.
Гъалбац1.
-Мун киса?Дур гьит1инаб Ват1ан?
М. - Гъунисел ругищ нужеда гьоркьор ?
(цеве вахъинавила вас)
(хъвала) Гъуниб
Бихьинчи кинав вук1ине кколев?
Къвак1арав,къуватав,къуркьуларев,къамарт1ав…(доскаялда ц1алила )
Кинаб х1арпалдаса байбихьулел ругел васасул сипат г1амал бихьизабулел раг1аби?
Ц1. -КЪ х1арпалдаса.
Маг1арул къуркъби кин къвакъудулел?
Къур-къур-къур…(Т1ехьалдаса гь.35 сурат бихьизабила)
Абе: Къверкъ къвакъадулеб буго.
Къ х1арп кин лъугьун бугеб ?
К+ъ
Къорода росулъа щал ругел?
М.:-(яс цее яхъинайила) Яс кинай йик1ине колей?
Х1еренай,х1алимай,х1айранай,х1алт1и бокьулей,х1урматияй,х1асратай. (гь.71) (доскаялда хъван бук1ина)
-Х1 х1арп лъугьун буго х т1аде х1учч жубан.
Гьеб х1арп рак1алде ч1езабизе кумекалъе рачина маг1арул х1амаги х1елекоги. (гь.71)
Гьит1ичал, гьаниб цо бицанк1о т1амила нужее:
Жибго к1их1ат1илаб,
Гьаракь к1удияб,
Берцинаб,ч1ух1араб
Ч1агояб саг1ат
(Х1елеко) доскаялда хъвала.
Маг1аруласе радал цудунго вахъине чара гьеч1еб рух1ч1аголъи.
Гьединго маг1арулазе кумекалъе батула г1умру бигьа гьабула х1амица. Х1амил бицине т1убараб дарс къвариг1уна. Гьединаб дарс бук1ине буго риидал каникулазде нуж инелде цебе. Бихьизабизе буго маг1арул росабалъ бахъараб кинофильм «Про осла».
Риидал росабалъе щун харибак1алъе рохьоре щвани цо-цо борхьилгун
дандч1вайги ккола. Кинаб гьаракь г1инда ч1валеб?
-Хьхьхь…(халатгун цадахъ абила)
Кин лъугьунеб?
Х х1арпалде т1аде тамахаб ишараги жубан лъугьуна .
ХьХь
Хьиндахъа Хьинуса,Харахьиса лъимал ругищ нужеда гьоркьор?
Хъ….хъухъадиро-хъхъхъ…. (хут1арал х1арпалгун гьединго гьабила)
Авар мац1алъул хасал х1арпал маг1арул халкъалъул хасияталда релълъуна.
(Доскаялда хъван бук1ина лъималаз ц1алила ва тетрадазда хъвала)
Къ къвак1и стойкие
Гъ гъварилъи с глубокой душой
К1 к1одолъи величавые
Х1 х1алимлъи добрые
Кь кьвари мужественные
Ч1 ч1ух1и гордые
Ц1 ц1одорлъи умные
Т1 т1адег1анлъи возвышенность
Лъ лъик1лъи хорошие ( лъадарарал)
Гь гьуинлъи дружные
Г1 г1акъиллъи мудрые
Хъ хъ хъач1лъи суровые (как горы)
Хь хьадарал степенные
Хьандолел (недовольство выражают проклятиями. Есть книга хьамиял ругел. Р.Х1амзатовас жиндирго асаразулъги лъун руго хьамиял.
Проклинать нельзяэГьединаллъун рук1ине бегьуларо Аллагьас нилъедаго буссинабула.)
Физминутка.
(бихьизабун)
Щуго килищ -цох1о квер,
Босе, гьудул, босе гьаб.
Щуго килищ- цох1о зар,
Босе ,тушман, босе гьаб.
М. -Гьудуласухе квер кьола, тушманаса зар…
-Лъида лъалеб гьал мухъазул авторасул ц1ар?
Ц1.
-Расул Х1амзатов.
М.
-Бихьинчи. (Суратги бихьизабун) Авар халкъалъул к1удияв шаг1ир Расул Х1амзатов киназдаго лъазе ккола.Цогидал улкабазда Дагъистан лъач1ониги лъала Расул Х1амзатов. Гьев дунялалдаго ц1ар раг1арав поэтас куч1дул хъвалаан маг1арул мац1алда. Авар мац1алъул х1акъалъулъ асарал г1емер руго Х1амзатовасул.Хадусел классазда малъизеги руго. Гьезда гьоркьоса жакъасеб дарсил эпиграфлъун росарал бищунго берцинал раг1абазухъ г1енекке.
(Слова эпиграфа озвучить с обучающего диска:начало.)
Авар литературияб мац1алда бол мац1 абула . Гьебги буго «бо» войско,воины абураб жо . Шамил имамас бо данде ах1араб заманалъ лъугьараб буго авар литературияб мац1. Шамил имамасулги Расул Х1амзатовасулги х1урматалда лъазабизе ях1 бахъизе ккола нилъеца рахьдал мац1.
Нужер цо-цоязда лъала рокъоб бицунеб нужерго мац1 – говор ва диалект. Гьеб лъаялъ лъималазе бигьалъула литературияб мац1 лъазе.
Зах1матал рук1аниги балагьеха лъимал, кинал ц1одорал гьаркьал ва х1арпал рахьдал мац1алда ругелали. Дица дарсил байбихьуда бицун бук1ана цо-цо лъавукъал, рахьдал мац1алда хъвазе лъаларел лъималазул.
Гьединаллъун рук1инч1ого рук1ине авар халкъалъул аслиял хасияталги нужелъ рессине хъвала диктант.
Т1анчазда раг1абазул диктант хъвала.
Раг1аби: къвак1и,гъварилъи,ц1одорлъи,ч1ух1и,х1алимлъи,лъик1лъи,гьуинлъи,
кьвари, т1адег1анлъи,г1акъиллъи.
(цоцазухъе кьун проверка гьарила, яги самопроверка доскаялдаса)
Гъоб мультфильмалдаго г1адин кванана кьижана -кьижана кванана.
..Нилъеца ц1алана хъвана -хъвана гьанже ц1алила.
Гьанже бищун лъик1 ц1алулел цере рахъине руго пасих1го ц1ализе.
Гьал куч1дул хъвана маг1арул шаг1ир Тубх1ат Зургьаловалъ (сурат бихьизабила) хас гьабун нужее.
13 ц1алдохъанас ц1алила, кколеб интонациягун.
Х1алч1ахъадал! Нуж руго унго-унгоял гьит1инал маг1арулал.Дун божула нужеца кидаго нилъер мац1ги ц1унилин, ц1арги борхатго кквелин.
Диктант щуйил къиматалда хъвараз квер борхе журналалда къиматал лъезе…..
Рокъобе х1алт1и.
Нужецаго гьарурал карточкабазда т1ад хасал х1арпал гьоркьор ругел раг1аби хъвай. Бигьалъиялъе авар-г1урус-ингилис мац1алъул словарь х1алт1изабе. Дискалдаса хасал гьаркьал такрар гьаре.