ЦIех-рех
КъваригIун бугищ рахьдал мацIалда ЕГЭ?

Щив? щий? щиб? щал? абурал суалазе жаваблъун рачIунел рагIаби.

Дарсил тема.  Щив? щий? щиб? щал? абурал суалазе жаваблъун рачIунел рагIаби.

 Дарсил мурадал: 

  • Лъай кьеялъул:
  • Предметал рихьизарулел рагIабаз каламалъулъ тIубалеб хъулухъалъул хIакъалъулъ бугеб бичIчIи кьей.
  • Щив? щий? щиб? щал? абурал суалазе жаваблъун рачIунел рагIабаз предмет бихьизабулеблъи (ай гьел рагIаби предметалъул цIарал кколеллъи) бичIчIизаби.
  • Лъай цебет1еялъул:
  • Калам, пикру, к1вар ва  берзул ц1одорлъи цебет1ей;
  • Тарбия кьеялъул: 
  • Цоцалъ рекъон х1алт1изе ругьун гьари;
  •  Берцин ва бац1ц1адхъваялде куцай.

Дарсил тайпа: г1адатияб, ц1ияб тема малъиялъул.

Дарсил алатал: т1ехь, дарсил презентация, дирго гьаркьилаб азбука,  предметазул суратал, карточкаби, х1айваназул ва х1анч1азул гьаркьал, гагуялъ бач1араб кагъат, торг1о, маг1арул бакънал, пандур.

Дарсида х1алт1изарулел къаг1идаби: цадахъ рекъон, жалго жидедаго ч1ун, къокъабиккун.

Дарсил ин: 

  • Авалияб г1уц1и. Лъимал дарсиде х1адури.

  • Къечарасе  лъим г1адаб

    Риидал гьогьен г1адаб,

    Рокьи загьир гьабулеб,

    Ассаламу г1алайкум!

    Берцинаб маг1арул бакъаналъул гьаркьихъе лъимал классалде рач1ина. 

                        -Ассаламу г1алайкум!  

                        Саламалъул берцинлъи!

                        Гьимулаго кьолелъул,

    •    Унго гьелъул гьуинлъи!
  • -Лъик1 щварал, дир г1исинал маг1арулал,  жакъаги  рахьдал мац1алъул гъанситоялъухъе! Лъик1 щварал  х1икматаб авар каламалъул улкаялде! Г1одор ч1а.  Нужер гьимиялъги  гьуинаб саламалъги  бакъги кунч1ана классги гвангъана.

     - Бице,  лъаг1алил кинаб заман гьабсаг1ат рагьда бугеб?

    -Их.

    -Цойги кинал лъаг1алил заманаби нужеда лъалел?

    • Рокъобе кьураб х1алт1ул хал гьаби. (№ 214). Бицеха, гъоркь дарсида нужее рокъобе щиб кьун бук1араб?
  • – Ихдалил х1акъалъулъ гьит1инабго хабар хъвазе.

    - Лъицаха хъвараб сочинение? Лъие бокьун бугеб гьеб ц1ализе доскаялде рахъине? Лъимал жидецаго хъварал сочинениял ц1ализе рахъинарила. Къиматал лъела. Сочинениял лъималазул творческияб бок1оналда рала.

    • Хасал х1арпал такрар гьари. Балагье, лъимал, нилъехъе гьаболлъухъ щвана ихдалил х1инч1. Цо кагъатги бихьула гьелъул гозоялъ ккун. Кагътиде ялагьила. Нилъее гагуялъ бач1ун буго жакъасеб дарсида такрар гьабизе бугеб хасаб х1арп. Гьеб буго х1анч1азул х1арп. Амма дица нужеда бицинаро гьеб кинаб х1арпали. Нужеда гьеб нужедаго лъазе ккола.   Компьютералдасан биччала дирго гьаркьилаб азбукаялдаса ХI  х1арпалъул презентация.
  • -Кинаб х1арпдай, лъимал, нилъеца жакъасеб дарсида такрар гьабизе бугеб?

    -ХI х1арп. Бит1ун буго. Хъвай тетрадазда берцинго ва бац1ц1адго гьеб х1арп. Лъималаз хъвала.

    • Берцинхъвай.
  • ХI  хI_____________________________________________________

    Гьеб х1арп гъорлъ бугел кинал раг1аби раг1арал нужеда гьабсаг1ат? Лъималаз абила раг1аби: х1инч1, х1апара, х1ут1, х1ули, Мах1муд ва ц. Суратал  рихьизарила.

    -Нужеда кинал лъалел цойги гьединал раг1аби? Лъималаз рицина.Цо-цоккун доскаялдеги рахъун, гьел раг1аби хъвала. Хут1араз тетрадаздаги хъвала.

    -Гьелгун цо чанго предложение ургъани ц1акъ бокьилаан.

    Х1алиматица х1елеко х1улана.

    Мах1мудие х1ан бокьула.

    Х1асаница х1инч1 ккуна.

    • Ц1ияб дарсида т1ад х1алт1и. Дарсил тема ва мурадал рицин.
    • Гьел киналго раг1абаз щиб бихьизабулеб, лъимал?
    • - Предмет.
    • - Сундул х1акъалъулъдайха нилъеца жакъасеб дарсида бицине бугеб?    
    •  -Предметазул.
    • - Бит1ун буго. Нилъеда жакъасеб дарсида лъазе буго предметал  кинал суалазе  жаваблъун рач1унелали. Гьел предметал рихьизарулел рагIабаз нилъер каламалъулъ тIубалеб хъулухъалъул. Гьединго гьел рагIаби предметалъул цIарал кколеллъи. Ругьунлъизе руго, Бичас биччани,  предметал нилъерго каламалъулъ бит1ун х1алт1изаризе ва гьезие данде кколел суалал бит1ун лъезе.

Скачать файл разработка урока

Автор: МухIумаева Сарат

Пикру загьир гьабизе
Личный кабинет
только у нас скачать купить шаблоны dle по низким ценам
Машгьурал макъалаби