ЦIех-рех
КъваригIун бугищ рахьдал мацIалда ЕГЭ?

06 апр 17:38Блогал

Рекъа-решон ва битIа-бишун ккана

Рекъа-решон ва битIа-бишун кканаЖакъа ГIалибег Тахо-Годил цIаралда бугеб гIелмияб институталда данделъун букIана Авар мацIалъул учительзабазул цолъиялъул рекъа-решон, битIа-бишун ккезабиялъул (координационный) совет. Гьелда гъорлъе уна нилъер республикаялъул, жедер школазда авар мацI кьолел, 3I районазул ва шагьаразул бакIалъул отделазул нухмалъулел.

Гьеб Цолъиялъул нухмалъулей хIисабалда дица бицана тIубараб лъагIелалъ нилъеца гьабураб, гьабулеб бугеб, гьабичIого хутIараб, гьабизе ракIалда бугеб хIалтIиялъул. Жив-жив бакIалъул отделалъул нухмалъулесда тIад къана чIван-къотIун гьес гьабизе кколеб хIалтIи. Цолъиялъул мухъилъе гIарзаялда рекъон росана цIиял членал.

Гьениб кIалъазе яхъарай Авар мацIалъул учительзабазул цолъиялъул битIа-бишун ккезабиялъул советалъул пирсидатель ГIабдулбасирова Раисат МухIамадрасуловнаялъ бицана гьанже хIукуматалъ рахьдал мацIазде кьолеб бугеб кIваралъул ва кватIичIого рахьдал мацIазулги ОГЭ букIиналъул ва гьелде хIадуризе ккеялъул. Аваразул миллиябгун маданияб автономиялъул нухмалъулев Маркъо Шабановас бицана нилъер миллаталъул тарихалъул ва мацI лъаялъул бугеб кIваралъул. Тахо-Годил цIаралда бугеб гIелмияб институталъул гIелмияв хIалтIухъан Вакилов ХIайбула Сулеймановичас бицана цIалул тIехь учителасухъе щвезабизе ккани бихьулеб къоялъул, гьабизе кколебщинаб хIалтIул ва ругелщинал квал-квалазул.

Гьаб гьечIила, доб кьечIила, добцояб щвечIила, щибалиго толарила, кинабалиго бахъун анилан гIарз бахъулел чагIиги камун рукIинчIо. Гьездаги яхъун тIадегун дицаго абуна, нужеда бицинчIищин кинаб тарихалъул, кинаб наслуялъул чагIи нилъали, гIарзагъинел рукIинчIого, цолъизеги цолъун, цадахъ, кIварас кIварабги гьабун, цере рилълъани, нилъеда бахъизе кIолареб хъала батуларин. Нагагь гьединаб жо дандчIвани, гьеб бугин нилъерго чIаголъи гьечIолъи. Гьелда нуж разиял ратичIони, рахъайин нуже-нужеда тIад къарал бакIазда, чIаголъи букIин бихьизабизе, хIалтIи гьабизе.

Гьелдалъун гьеб тадбир лъугIана. Амма, кIалъалел чагIи лъугIичIо.

Нилъерго Россиялдагицин цIар рагIарай авар мацIалъул учитель Сарат МухIумаевалъги, магIарулазе гурейги, авар мацIалъул учительзабазеги, цIалдохъабазеги бищун йокьулей, гьезие «Алипба» тIехь бахъарай нилъер шагIир ТубхIат Зургьаловалъги кIалдиб гьоцIо ккун бицана авар мацIалъул берцинлъиялъулги, гьеб мацIалда кIалъалел лъималазул кIарчамлъиялъулги, гьезда гьеб бицунел эбел-инсул цIодорлъиялъулги…

Баху МухIидинова

Авар мацIалъул учительзабазул

цолъиялъул пирсидатель,

ГI. ГI.Тахо-Годил цIаралда бугеб

гIелмияб институталъул

гIелмияй хIалтIухъан

Пикру загьир гьабизе
Личный кабинет
только у нас скачать купить шаблоны dle по низким ценам
Машгьурал макъалаби