ЦIех-рех
КъваригIун бугищ рахьдал мацIалда ЕГЭ?

ДРАМАТУРГИЯ ЛЪАЗАБИЯЛЪЕ ТIОБИТIУЛЕБ КЛАСС ТУН КЪВАТIИСЕБ ХIАЛТIИ

 

Адабияталда хурхун, школалда тIибитIулеб класс тун къватIисеб хIалтIул букIуна кIиго аслияб тайпа: адабиял байрамал (зама-заманалда тIоритIулел) ва адабиял: гIуцIаби (даим тIоритIулел).

Адабиял байрамал.

Сардал, дандчIваял, къецал, олимпиадаби, концертал, карнавалал – гьел киналго ккола байрамал ва гьезие хасиятаблъун букIуна рохелги рекIел шавкъги.

Адабиял байрамал тIоритIулеб мехалъ, хIалтIула батIи-батIиял секцияби: адабият гIелмуялъул, искусствоялъул, конкурсал ва хIалтIабазул выставкаби.

Школазда гIадатаб къагIидаялда тIоритIула адабиял олимпиадаби цIикIкIун сочинениябазул къецалъул къагIидаялда, цо-цо пасихIаб цIалиялдасан, сценаялда асар лъеялда тIасан конкурсалги цIалдохъабаз сокIкIарал ва хъварал шигIрабазул, кучIдузул, маргьабазул, харбазул къецалги.

Школазда адабиял байрамал гIуцIула батIи-батIиял тарихазда, юбилеязда хурхун. Гьеб гуребги гIемерисел магIарул школазда тIоритIула машгьурал гIадамазе сайгъат гьарурал байрамалги.

БукIуна гьадинги. Классалъ, адабияталъул кружокалъ, гIуцIиялъ чIезабула жиидирго гIадатги; гьез кIодо гьарула рокьулел хъвадарухъабазул, шагIирзабазул, хъвадарухъаби – ракьцоязул юбилеял, машгьурал асарал, тIахьал хъварал къоял, тарихал.

Байрамазул гIемерал батIи-батIиял формаби рукIин – гьеб буго лъикIаб хIужа, амма гьениб буго то хIинкьиги, Гьел тадбиразулъ гIемерал гIадамал гIахьаллъиялъ бижизабула хехльи, гьабулеб жоялдехун тIаса-масагояб бербалагьи. Гьелдаго цадахъ загIиплъула тарбияб асарги.

ЛъикIаб хIалбихьи бугел школазул класс тун къватIисеб хIалтIуца нутIлъи гьабула адабиял байрамал: жидеца лъикIаб хIасил кьолеб къагIидаялда тIоритIизе бегьулеллъиги.

Адабиял гIуцIаби.

МагIарул адабияталда тIасан класс тун къватIир тIоритIулел батIи-батIиял тадбиразул бищун машгьураблъун ккола адабияб кружок (гьеб гIуцIула гIадатаб къагIидаялда гьоркьохъел классазул цIалдохъабазе) ва клуб (тIасиял. классазул цIалдохъабазе).

ГIадатаб адабияб кружокалде жанибе уна цо ригьалъул цIалдохъабазул кIудияб гьечIеб къокъа. Амма цо-цо школазда дандчIвала кIудиял кружокалги, батIи-батIияб ригьалъул цIалдохъаби жанире рачарал, батIи-батIиял суалазда тIад хIалтIулел.

Адабияб кружокалъул тематика букIуна гIемерго гIатIидаб. МугIалимас, данде гьабураб хIалбихьиялъулги, цIалдохъабазул тIалабазулги, пикрабазулги хIисаб гьабун, жинцато гIуцIула гьелъул программа.

Адабиял кружоказул рукIуна батIи-батIиял тайпаби: тIахьал цIалулезул, библиографиял, адабияб устарлъиялъул, гIолохъанал таржаманазул, журналистазул, прозаиказул, драматургазул, лекторазул ва критиказул, фольклориял ва гь. ц.

Кружокалъул программа букIуна гIатIидаб: лъималазул ригьалде данде кколел тIахьал цIали; тарихиял бакIазде сапар бухьи; биографияб жанралъул адабиятгун, хъвадарухъанаеул хIакъал,ъулъ ракIалдещвеялгун, гьесул адабияб ирсгун лъай-хъвай гьаби, сардал, байрамал тIоритIи; выставкаби, музеял гIуцIи.

Клуб ккола кружокалдасаги жеги сокIкIалаб гIуцIи. Гьелъул хIалтIул гIатIилъиги гъварилъиги цIикIкIараб буго кружокалъул хIалтIудаса. Клубалъул членаллъун рукIине бегьула батIи-батIиял классазул цIалдохъаби. Цо коллективалда жанир батIи-батIияб ригьалъул цIалдохъаби гIахьаллъиялъ гьел жалго бечед гьарула клубалъул членал хIисабалда.

Амма нилъер школазда клубалъул форма цIакъ дагь гурони хIалтIизабуларо. Аслияб куцалда гьениб хIалтIизабула кружокалъул форма.

Адабиял кружокал гIуцIиялъулъ, гьезие нухмалъи гьабиялъулъ лъикIаб хIалбихьи буго ЦIумада районалъул Гъоркь Гьаквари, Шамил районалъул Гьандихъ, Унсоколо районалъул ХъахIабросулъ, Хьаргаби рай­оналъул КIикIунн, Болъихъ районалъул Болъихъ, ЧIарада районалъул ЦIуриб ва цоги гьоркьохъел школазда, Ленинкент поселокалъул школалда.

Адабиял кружоказул тIемарал тайпабазул цояблъун ккола драмкру­жок. Класс тун къватIисеб хIалтIул гьеб форма гIемер машгьураб бу­го нилъер школазда.

Цогидал формабазго гIадин, драмкружокалъги жиндирго хIалтIи гIуцIизе ккола дарсилаб ва класс тун къватIисеб цIалул материалалда мугъчIвайги гьабулаго. Амма гIицIго цохIо гьеб материалалда мугъчIвай гьабун чIезе бегьуларо.

Драмкружокалъул хIалтIул къиматаб рахълъун ккола гьелде хIадурлъи гьабулеб заман: сценаялда пьеса лъезе хIадурльулаго, цIалдохъабаз гъваридго текст цIали, гьеб бичIчIизе ва пасихIго цIализе ругьунлъи. ХIадурлъиялъулаб хIалтIул хIасиллъун букIина сценаялда лъураб спектакль, адабияб сордо тIобитIи ва гь. ц.

Сценаялда гIемерал пьесаби лъей – гьеб шартI кколаро, амма лъолел лъикI хIадуризе ккола.

Драмкружокалъул хIалтIул аслияб суаллъун ккола репертуаралъул  суал. Репертуар гIуцIулаго, гьенире тIоцебесеб иргаялда жанире рачине ккола программаялда кьун ругел драмиял асарал: ЦIадаса ХIамзатил «Айдемир ва Умайгьанат», «КIодоласул ригъин», «Балагьалъул гъамас», «Базалай», Багьадур Малачихановасул «МестIер», ГIабасил МахIамадил «Саба-Меседо», «Камалил Башир».

Гьеб гуребги драмкружокалъул репертуаралде гъорлъе росизе бе­гьула магIарул классикияб драматургиялдаса асаралти: Заирбег ГIалихановасул «МугIрузул ГIали», МухIамад Хуршиловасул «ЗахIматал къоял», ГIабдулмажид Хачаловасул «Аманат», Расул ХIамзатовасул «МагIарулай», ГIабасил МахIамадил «ХъахIабросулъа МахIмуд» ва цогидалги.

Гьединго школалъул сценаялда лъезе бегьула цо-цо харбаздаса, къисабаздаса романаздаса росарал, диалогалгун ругел эпизодалги. Масала, «ТIасалъугьа, гьалмагъ майор» (ГI. Хачалов), «Госпиталалъул вас» (М. ГIабдулхIалимов), «Манарша» (М. МухIамадов), «Кини» (Ф. ГIалиева) ва гь ц.

Эпикиял асараздаса сценаялда лъезе бегьула «Хочбар», «Кьурулъ хутIарав ГIали», «МугIрузул ГIали» абурал халкъиял асаралги.

Эпизодал, асаразул кескал сценаялда лъолаго, гьениве гъорлъе, авторасул рахъалдасан, вачине ккола хаба,р бицунев чиги. Гьесул масъалалъун ккола сценаялда лъолеб эпизод балагьаразе гIагар гьаби ялъуни, чанго эпизод бугони, гьел цоцазда рухьинари.

Инсценировкаялде гъорлъе уна адабияб монтажги. Гьелъие гIоло тIаса бищула чанго эпизод, кечI, гIахьалаб темаялъ цолъизарурал. Эпизодал, бутIаби цоцалъ рухьинаризе гIоло хIажатаб букIуна аслияб сюжетги. Гьеб босула асаралдаса ялъуни ургъула жалго цIалдохъабаз.

ЦIадаса ХIамзатил «КIодоласул ригьин» абураб пьесаялъул анализ гьаби

Анализалъул мурад букIина ЦIадаса ХIамзатил драматургиялъул хIакъалъулъ баян гъварид гьаби, пьесаялъул пикру ва тема цIалдохъабазда рагIа-ракьанде тун бичIчIизаби. Гьеб хIалтIи гьабила хадусеб тартибалда рекъон:

  1. I. МугIалимасул.цеберагIи:

«КIодоласул ригьин» абураб пьесаялъ кIвар бугеб бакI ккола ЦIадаса ХIамзатил драматургиялда жаниб гуребги тIолабго магIарул адабияталдаги миллияб театралъул тарихалда жанибги (гьениб бицина пьеса хъваялъулги гьеб сценаялда лъеялъул тарихалъулги).

  1. Пьесаялда тIад хIалтIи гьаби.

А. БатIа росарал цIикIкIун кIвар бугел сценаби цIали ва асаралъул хIасилалда тIасан гара-чIвари тIобитIи (пьеса цIалдохъабаз рокъоб тIубан цIалун букIуна).

Б. Такрараб цIали, асаралдехун цIалдохъабазул бугеб бербалагьи баян гьаби, «КIодоласул ригьин» пьесаялъул хIакъалъулгь гIалимзабазул бугеб бербалагьиги цIалдохъабазул пикруги дандеккей ва дандеккунгутIи. (Гьелъ хасго борхизабила лъималазул жигарчилъи).

Гара-чIвари тIобитIулаго, мугъчIвай гьабила гьал суалазда: А. Пьесаяяда пардавалдаса пардавалде гIаммаб ахIвал-хIал кин хисулеб бугебали халквей. ТIоцебесеб пардавалдаги ахираб пардавалдаги гьоркьоб сундулъ бугеб батIалъи?

Б. Нужер пикруялда рекъон, кинаб суалалъ бищун цIикIкIун рахIат хвезабулеб бугеб авторасул? (Жавабал тасдикъ гьарила тексталдаса росарал мисалаз).

В. Кинаб жанралда хъван бугеб пьеса? Щай нужер uьединаб пикру бижараб? (Жаваб тасдикъ гьабила мисалалдалъун).

Г. Пьеса цIалун хадуб кинаб хIасилалде вачIунев гьеб цIаларав? Нужер хIисабалда, сундулъ бугеб пьесаялъул аслияб пикру?

Гьел суалазе жавабал кьолаго, цIалдохъабазда ракIалде щвезарила ЦIадаса ХIамзатил драматургиялъул хIакъалъулъ гьезда лъалел бая-нал, хасго 8 классалда гьез цIалараб «Айдемир ва Умайгьанат» абураб пьеса.

Гьелдаса хадуб, суалазе кьурал жавабазул кьучIалда гьабила пье­саялъул сипатазул анализ, бихьизабила багъадуразул хасиятазул; хаслъи ва гьезул хьвада-чIвади. ЦIалдохъабазе кьела кIудиял гьечIел цитатал-эпиграфал, жалго персонажазул рагIабилъун кколел ва пулланав багьадурасул хасият рагьизе жидеца гьабулел, масала, КIодолас гьадин буго абулеб жиндирго хIакъалгьулъ! «Гьабизе лъарасе квас, кваназе лъарасе нах буго гьаб дуниял».

Пьесаялъул цогидал персонажаз КIодоласул хIакъалъулъ абурал ратIабаз батIи- батIиял рахъаздасан баян гьабула гьесул гIамал-хасият. «Вай, талихIкъвад: гьасул йикIарай чIужу, течIоха ас гьелда канлъи бихьизе» (Гали), «Унго вукIун вугев тIадагьав чи!» (Нагьи).

Пуланав багьадурасул хасият баян гьабизе гIололъун, цIалдохъабаз гIатIидго пайда босила тексталдаса, гьесул каламалдаса, абурал рагIабаздаса.

Пьесаялда тIад гьабураб хIалтIул кьучIалда цIалдохъаби хIадурлъила гьелда тIасан бахIс гьабизе. Гьеб тIобитIила кружокалъул хаду­себ данделъиялда.

БахIс тIобитIизе бегьила хадусеб планалда рекъон:

  1. КIодолав. Гьесул гIумруялъул мурад ва магIна.
  2. Загьи. ГIумруялдехун, рос-рукъалдехун гьелъул бугеб бербалагьи.
  3. Нагьи, Загьидат, Асадула, ГIали. КIодолав къватIив чIвазавиялъулъ гьел сипатазул роль.

Гьел суалазда мугъчIвайги гьабун, бахIс тIобитIиялъ кумек гьабила цIалдохъабазе пьеса бичIчIизе, гьоркьор лъолел суалал программияб материалгун рухьинаризе. ЦIадаса ХIамзатил хъвадарухъанлъиялъул хIакъалъулъ лъималазул пикру щула гьабизе.

Скачать файл: dramaturgiq_lazabiyale_tiobitiuleb_klass_tun_kqvat1iseb_h1alt1i.doc [60 Kb] (cкачиваний: 73)
Посмотреть онлайн файл: dramaturgiq_lazabiyale_tiobitiuleb_klass_tun_kqvat1iseb_h1alt1i.doc

Пикру загьир гьабизе
Личный кабинет
только у нас скачать купить шаблоны dle по низким ценам
Машгьурал макъалаби