ЦIех-рех
КъваригIун бугищ рахьдал мацIалда ЕГЭ?

29 ноя 22:59Блогал

Халкъазда гьоркьосеб семинар "Россиялъул мац1ал ва маданият: ц1уни ва цебет1ей"

  ООНалъ исанасеб сон лъазабун буго  Халкъазда гьоркьосеб  мац1азул сонлъун. Гьелда бан, киса-кирего т1орит1улел руго мац1ал ц1униялъул ва церет1еялъул суалазда т1асан бат1и-бат1иял тадбирал. Гьедин 2019 соналъул ноябралъул 28-29  къоязда Дагъистаналъул лъай цебет1езабиялъул институталда т1обит1ана Халкъазда гьоркьосеб семинар "Россиялъул мац1ал ва маданият: ц1уни ва цебет1ей". Семинаралда г1ахьаллъана Чачан, Адыгея, Краснодар мухъазул вакилзаби.
   Семинаралда г1ахьаллъана Пачалихъияб Думаялъул лъай кьеялъул комитеталда цебе бугеб  экспертазул советалъул член, г1урус ва Россиялъул халкъазул мац1азул программабазул координатор, лъай кьеялъул технологиязул профессионалазул союзалдаса Лукичев Александр Николаевич, 

Дагъистан Республикаялъул министерствоялъул г1аммаб лъай ва г1елму цебет1езабиялъул управлениялъул начальник Шабанова Людмила Юрьевна,

профессор, социологиял г1елмабазул доктор, ГБУ ДПО РД Дагъистаналъул лъай цебет1езабиялъул институталъул ректорасул хъулухъ т1убалев Джамалудинов Х1амзат Мух1амадгъазиевич.

Россиялъул халкъазул мац1ал ц1униялъул ва церет1еялъул суалазда т1асан к1алъана гьединго:

  Далгатов Халил Гереевич,  ГБУ ДПО РД Дагъистаналъул лъай цебет1езабиялъул институталъул ц1алулгун-г1уц1арухъанлъиялъул проректор, профессор,  географиялъул г1елмабазул доктор,

Муслимова Миясат Шейховна, ГБУ ДПО РД Дагъистаналъул лъай цебет1езабиялъул институталъул   методикиябгун г1елмияб х1алт1ул проректор, педагогикиял г1елмабазул кандидат,  Россиялъул хъвадарухъабазул Союзалъул Дагъистаналъул отделениялъул председатель. 

  Киназего рек1ее г1ураб, ч1ванкъот1араб к1алъай гьабуна Дагъистаналъул Г1. Тахо-Годил ц1аралда бугеб г1елмиябгин ц1ех-рехалъул педагогияб  институталъул г1елмияв х1алт1ухъан Вакилов  Х1айбула Сулеймановичасги.

К1иабилеб къоялъ т1орит1ана гьединго мастер-классалги. 

"Рахьдал мац1азул дарсазда проектнияб х1алт1и г1уц1и" абураб темаялда дарс кьуна Меджидова Гюзел Г1алиевналъ, Сулейман -Ст1ал районалъул Куркент росдал лезги мац1алъул муг1алималъ,
"Лъималазалъул лъай цебет1езабиялъе расандиялъул къаг1идаби х1алт1изари" абураб темагун цее яхъана Мах1ачхъала шагьаралъул 35 гимназиялъул авар мац1алъул муг1алим Мух1амадова Гулишат Г1абдусаламовна,

 "Даргиязул мац1алда хабарияб наклонение" абураб темаялъулгун лъай-хъвай гьабуна Х1ажиева Насийбат Зайпуллаевналъ, Сергохъалаялъул Краснопартизанская школалъул дарги мац1алъул муг1алималъ;

Джанхуватова Зарема Абакаровналъ, Мах1ачхъала шагьаралъул 35 гимназиялъул лъараг1 мац1алъул муг1алималъ, рагьана "Мац1 малъиялъе интегрированнияб къаг1идаялъул бугеб мунпаг1ат" абураб тема.

 Лукичевас бицана Москваялда ругел дагъистанияз т1алаб гьабулила, жидедаго лъач1ониги, жидер лъималазда школалда рахьдал мац1 малъеян, т1алаб гьавулила рахьдал мац1алъул учитель....
 Х1исаб гьабеха, Дагъистаналдаги рук1ун, рахьдал мац1азул дарсаздаса эркен гьари т1алаб гьабун хьвадулел умумулги рахьдал мац1алъул дарс кьезе учитель валагьулев цогидал умумулги... 
Мац1азул бук1инисеб бараб буго нилъедаго.


                                                                                                                                       Саг1идова С.Т.

 

 

Пикру загьир гьабизе
Личный кабинет
только у нас скачать купить шаблоны dle по низким ценам
Машгьурал макъалаби