ЦIех-рех
КъваригIун бугищ рахьдал мацIалда ЕГЭ?

Барки. МухIидинова Баху Шамиловна, Авар мацIалъул Цолъиялъул нухмалъулей

                                                                 Рохел т1аса унгеги!

        Хириял авар мац1алъул муг1алимзаби, ц1алдохъаби, улбул, т1олго маг1арулал! 

Рак1-рак1алъ баркула нужеда халкъазда гьоркьосеб рахьдал мац1алъул КъоЩибаб къоялъ ч1ваги нужер г1ундузда берцинаб х1еренаб х1алимаб маг1арул калам.

   Мац1алда бараб буго миллаталъул къисмат. Мац1 гьеч1ищ – гьеч1о миллатги. Щалха нилъ мац1 гьеч1они? Мац1алда цадахъ тарихги, адабиятги, маданиятги билараб ц1ар гьеч1еб къавм. Цебе ч1езабизецин х1инкъилеб г1адаб х1акъикъат буго гьеб. 

      Рокъор жидерго лъималазда чидар мац1алда к1алъалаго, щибав маг1аруласда лъазе ккола кинаб къисматалъул нухде жинца гали лъолеб бугебали. Гьеле гьеб щибав маг1арулас лъураб жиб-жиб галиялъ рачуна нилъ гьеб кьурул раг1алде. Амма, щибав чиясда жиндирго лъималазул жавабчилъи бугеб батани, авар мац1алъул муг1алимасда киналниги жиндирго ц1алдохъабазул жавабчилъи буго, школалъул директорасда киналниги школалда ц1алулезул жавабчилъи буго, районалъул республикаялъул бут1рузда гьенир г1умру гьабун ругелщиназул къисматалъул жавабчилъи буго. Гьеб бич1ч1улел дагьал руго. Жидеда т1ад бугеб жавабчилъи бич1ч1улеб бук1арабани, нухмалъи гьабизе чи щоларого рук1инаан нилъ. 

    Гьабсаг1аталъ х1укуматалъ рахьдал мац1ал ц1униялъулги лъазабиялъулги ихтиярал лъайкьеялъул идарабазул нухмалъулезухъеги, эбел-инсухъеги кьун руго. Гьезул бич1ч1иялдаги  рух1ияб рахъалъул бечелъиялдаги бараб буго нилъер бук1инесеб. Пикру гьабеха.

    Г1адамас малъун чияс жо босуларила, Аллагь малъарарал рижагийилан йик1унаан дир к1одоэбел. 

     Я Аллагь, Аллагь малъарарав вижаги щибав бусурманчи. Г1акълу бугел, лъай бугел, жидерго миллаталдаса ч1ух1улел, цойгидазул адаб гьабулел, рит1ухълъиялда къвал барал, т1екълъиялда мал барал лъугьаги нилъер наслаби.  

                 Баркула халкъазда гьоркьосеб рахьдал мац1алъул къо! Рохел т1аса унгеги!

Авар мац1алъул муг1алимзабазул 

Цолъиялъул нухмалъулей

Баху Мух1идинова

Пикру загьир гьабизе
Личный кабинет
только у нас скачать купить шаблоны dle по низким ценам
Машгьурал макъалаби