ЦIех-рех
КъваригIун бугищ рахьдал мацIалда ЕГЭ?

Гъизилюрталда - авар мацIалъул ва адабияталъул семинар

Семинаралъул программаялде росун рук1ана "Авар мац1алъул дарсазда ц1иял технологиял х1алт1изари" абураб темаялда Гъизилюрт шагьаралъул №7 школалъул Дагъистан Республикаялъул мустах1икъай учитель Мух1умаева Сарат Мух1умаевналъул мастер-класс ва "ФГОС гъварид гьабиялъул шарт1азда авар мац1алъул дарсал кьей камил гьаби" абураб темаялда гургинаб стол.
Семинар т1обит1улеб бук1ана Министерствоялъул планалда рекъон.
Саг1ат 12 т1убалалде бат1и-бат1иял районаздаса, шагьараздаса  к1икъоялде анц1гог1ан чи вак1арана Гъизилюрт шагьаралъул №7 школалде. Гьенир рук1ана г1адатиял муг1алимзабиги г1елмиял х1алт1ухъабиги,  шаг1ирзабиги, иргадулаб нухалъги мац1алъулги миллаталъулги рах1атхварал суалал рича- чвазе данделъарал.
Данделъиялъул даражаялъул бицунеб бук1ана  гьенире рач1ал гьалбаз: Республикаялъул Лъай кьеялъул Министерствоялъул г1аммаб лъай кьеялъул управлениялъул консультант Х1ажиева Барият Мух1удадаевна, ДНЦ РАНАлъе г1емерал соназ нухмалъи гьабурав, филологиял г1елмабазул доктор, профессор  Мух1амадов Мух1амад Ибрагьимович, Тахо-Годил ц1аралда бугеб г1елмиябгун ц1ех-рехалъулаб институталъул миллиял мац1азул секторалъул заведующий Вакилов Х1айбула Сулейманович, ДПГУялъул доцент Н1урмух1амадов Мух1амад Сайгидович,  Тахо-Годил ц1аралда бугеб г1елмиябгун ц1ех-рехалъулаб институталъул г1елмияй х1алт1ухъан, авар мац1алъул учительзабазул Ассоциациялъул председатель Мух1идинова Баху Шамиловна, Аваразул миллиябгун маданияб автономиялъул председатель Шаг1бан Х1апизов, ДГУялъул дагъистаналъул халкъазул литератураялъул кафедраялъул преподаватель, доцент Мух1амадова Разият Мусашайиховна, ДИРОялъул филологияб лъай кьеялъул кафедраялъул преподаватель Юсупова Райх1анат Мух1амадовна, Ассоциациялъул координаторазул нухмалъулей, "Г1ахьвахъ район" муниципалияб г1уц1иялъул администрациялъул ишал т1уралей Г1абдулбасирова Раисат Мух1амадрасуловна, маг1арулазе хирияй шаг1ир, "Дир гьайбататаб алипба" т1ехьалъул автор Зургьалова Тубх1ат Муртазг1алиевна, авар мац1алъул учительзабазул Ассоциациялъул сайталъе нухмалъулей Саг1идова Сиянат Тимуровна, Казбек районалъул авар мац1алъул методист Г1абдулах1итова Джамиля Х1абирах1мановна, ТУОялъул авар мац1алъул  методист Мирзабекова Нуцалай Сайгидах1мадовна,  Гъизилюрт шагьаралъул лъай кьеялъул управлениялъул нухмалъулев Мух1амадов Г1абдукъадир Рамазанович, гьесулго заместитель Г1абдулат1ипов Г1абдулат1ип Г1умаханович, Гъизилюрт шагьаралъул авар мац1алъул методист Къурбанг1алиева Пат1имат Мух1амадовна, гьединго  жидер махщелги бажариги т1ок1ал авар мац1алъул ва адабияталъул г1емерал муг1алимзаби - Мух1амадова Гулишат Г1абдусаламовна, Ленинкент поселакалъул №35 гимназиялъул авар мац1алъул муг1алим, Москваялда рахьдал мац1азул къецазда 2011 соналъ I бак1 ккурай ва гьединго цогидал машгьурал муг1алимзабиги. 
    Данделъи байбихьана ц1алдохъабаз берцинал к1оч1ол раг1абаздалъун т1аде рач1арал гьалбазе кьураб ц1ар-ц1арккураб саламалдалъун. Гьелдаса хадуб данделъаразе рек1ее асар гьабуна Ибрагьимов Султаница махщалида пандрида рачарал маг1арул бакъназ.

  "Авар мац1алъул дарсазда ц1иял технологиял х1алт1изари" абураб темаялда 4 классалъул ц1алдохъабазе х1исаб гьабураб мастер-класс бихьизабуна  Мух1умаева Сарат Мух1умаевналъ. Ц1алдохъабазул бак1алда рук1ана жалго муг1алимзаби. Дарсил тема бук1ана "Г1адатал падежал такрар гьари". Дарс г1уц1ун бук1ана лъималазе гуребги, ч1ах1иязеги г1ахьалъи гьабизе гъира баледухъ. Маргьаялъул къаг1идаялда г1уц1араб дарс ц1акъ бокьана киназего. К1удияб бак1 ккун бук1ана дарсида компьютер х1алт1изабиялъ: бихьизе, раг1изе, рак1алда ч1езе, ургъизе, х1асилалде рачине-кинабго х1исабалде босун бук1ана дарсиде х1адурараб материалалъ. Лъабго къокъаялде рикьарал дарсида г1ахьаллъулезе х1адурун рук1ана бат1и-бат1иял т1адкъаял, карточкабаздасан х1алт1аби. Дарсие бечедаб материал х1адурун бугоан жалго ц1алдохъабазул г1ахьаллъиялдалъун: х1алт1изарун ругоан ц1алдохъабазул гьаркьазул записал, сценкабазул видеороликал. Г1ат1идго пайда босун бугоан анимациял х1алт1изариялъги. Гьеб киналъго дарс ц1убараблъун, пайда ц1ик1к1араблъун, рак1алда ч1олеблъун ва мац1алде рокьи ц1ик1к1инабулеблъун лъугьана. Саратица к1вар буссинабулеб бук1ана г1адатал падежал лъазарулаго, ц1алдохъабаз гъалат1ал гьарулел, гьезие зах1малъулел суалазде, ва кин гьел т1аг1инарилелали бицунеб, бихьизабулеб бук1ана.

  Гьединал ч1агоял, гъира базабулел, ц1алдохъабазе рокьулел г1адатиял гурел дарсал г1уц1и Саратие г1адатаб жо бугилан бицана Гъизилюрт шагьаралъул авар мац1алъул методист Пат1имат Мух1амадовналъ. 2000 соналдаса нахъе х1алт1улей йиго Сарат Мух1умаева Гъизилюрт шагьаралъул №7 школалда, 2005 соналдаса нахъе Саратица кьолел руго авар мац1алъул ва адабияталъул дарсал. Жиндирго х1алт1ул х1албихьиялъул кьуч1алда Саратица данде гьабуна г1емераб материал. Гьелъул х1алт1ул х1албихьиялъул бицана нилъер республикаялъул газет - журналаз гуребги, "Мордовия Республикаялъул халкъияб лъай" журналалъ,  СОРИПКРО РСО - Алания  сайталъ. Саратица жигараб г1ахьаллъи гьабула республикаялда т1орит1урел конференциязда, семинаразда, ДИРОялда т1орит1улел муг1алимзабазул махщел камил гьабиялъул курсазда гьелъ ц1алула докладал, рихьизарула мастер-классал. Саратил лъай цебет1езабиялъул тема ккола: "Байбихьул классазул авар мац1алъул дарсазда ц1иял технологиял х1алт1изари". Муг1алим гурейги, Сарат ккола пагьму бугей шаг1ирги. Гьелъул ва гьелъул ц1алдохъабазул асарал рахъана "Х1акъикъат" газеталда, "Лачен" журналалда. 

       2012 соналда Сарат Мух1амадовна мустах1икълъана Гъизилюрт шагьаралда т1обит1араб "Бищун лъик1ав авар мац1алъул учитель-2012" къецалъулъ 1 бак1алъе.  2014 соналда Сарат мустах1икълъана республикаялъул VII "Бищун лъик1ав авар мац1алъул учитель-2014" къецалъулъ I бак1алъе.  

   Гьей ккола 2012 соналда Северияб Осетиялъул тахшагьаралда - Аланиялда т1обит1улеб бук1араб Шималияб Кавказалъул регионазда гьоркьосеб г1олохъанал муг1алимзабазул творческияб фестиваль-къецазул лауреат.   Нальчикалда т1обит1араб гьебго къецалъулъ бергьенлъи босана  2014 соналда.   2014 соналда  Саратица  Москваялда т1обит1араб Т1олгороссиялъулго миллиял мац1азул ва г1урус мац1алъул  учительзабазул мастер-класс бихьизабиялъулъги   «За оригинальность и новизну методических решений» номинациялда бергьенлъи босана.  2015 соналда республикаялъул «Второе дыхание родным языкам» къецазулъги  «Методическая копилка учителя родного языка» абураб номинациялда бергьенлъи босана.

  Сарат ккола "Дагъистан Республикаялъул лъай кьеялъул Отличник", "Дагъистан Республикаялъул мустах1икъай учитель".

  ГIемерал руго Саратие кьурал грамотабиги, дипломалги, баркалаялъул кагъталги, бат1и- бат1ияб буго гьезул даражаги: школалъул администрациялдаса байбихьун Россиялъул  лъай кьеялъул министерствоялде г1унт1ун. Бищунго т1адег1анаб шапакъатлъун Саратица рик1к1уна ц1алдохъабазул мац1алде рокьиги гьезие щвараб лъайги.
   Дарсие лъик1аб къиматги  кьолаго, байбихьана данделъараз "ФГОС гъварид гьабиялъул шарт1азда авар мац1алъул дарсал кьей камил гьаби" абураб темаялда гургинаб стол. К1алъазе яхъана Баху Мух1идиновна, авар мац1алъул учительзабазул Ассоциациялъул председатель. Рахьдал мац1азул жакъасеб къоялда бугеб ах1вал - х1алалъулги бицунаго, Бахуца бихьизабуна ч1ванкъот1арал суалал ва гьезие жавабал къвариг1ун рук1ин. Миллион чи вугеб маг1арул халкъ, гьелъул мац1, тарих т1аг1ине рес гьеч1олъи бич1чизабизе кколила умумуздаян бицана гьелъ данделъаразда. "Билараб г1елалъул" наслуялъе тарбия кьеялде к1вар буссинабизе кколин, ва улбузеги тарбия кьун бажариялде хьул загьир гьабуна. Бицана т1ахьал нахъе рак1ариялда  хурхун бат1и - бат1иял районазда бугеб х1алалъул.  Т1ок1ал хисизе рес гьеч1ел т1ахьал хисеян ч1ей бит1араб гьеч1о. Цо-цояз гьебсаг1атго т1убазе х1аракат бахъулеб буго щибго маг1на гьеч1еб амру. Г1айиб гьеч1ел лъималазе ва учительзабазе буго тамих1 гьабулеб. Щай х1укуматалъ рит1ухълъи гьездасан т1алаб гьабулеб? Гьеб суал жидеего кьолел директорзабазги лъай кьеялъул нухмалъулезги гьеч1о т1ахьал рак1ари т1алаб гьабулеб. Гьезие баркала.

  Баркала загьир гьабизе ва мисал босизе мустах1икъав вуго данделъиялда г1ахьаллъарав  Гъизилюрт шагьаралъул лъай кьеялъул нухмалъулев Мух1амадов Г1абдукъадир Рамазановичги. Хадубккунги жиндир кумек ва квербакъи бук1инилан раг1и кьуна Г1абдукъадир Рамазановичас Саратил ва цогидал Гъизилюрт шагьаралъул муг1имзабазул х1алт1уе лъик1аб къиматги кьолаго.

  Гьединго к1алъазе яхъана Лъай кьеялъул Министерствоялъул вакил Барият Мух1удадаевна. Министерствоялъ к1удияб к1вар кьолила рахьдал мац1аздеян бицана гьелъ.Г1емерисел маг1арул школал жалго лъик1ал лъугьун, т1оцебесеб ц1алул планалдаса инкарги гьабун, к1иабилеб ц1алул планалдасан х1алт1улел руго. Гъизилюрт шагьаралъ республикаялъул лъай кьеялъул рахъалъ мустах1икъаб бак1 кколилан бицана Барият Мух1удадаевналъ, школазда г1уц1ун руго лъик1ал шарт1ал, руго г1емерал гьунар- бажари бугел муг1алимзаби. Лъик1ав муг1алимлъун вук1ине ккани, дуцаго кьолеб дарсги  гьеб кьолелги рокьизе кколилан абун бугила Иосиф Ключевскиясилан лъуг1изабуна гьелъ жиндирго к1алъай. 

 9 классалда бук1араб авар мац1алъул ва адабияталъул экзамен ц1игьабизе бегьуларищилан Саг1идова Сиянатица кьураб суалалъе гьеб нужерго нухмалъулезда, ай директорзабазда,  бараб бугилан баян гьабуна Барият Мух1удадаевналъ.  

  К1алъазе яхъана Райх1анат Мух1амадовнаги-ДИРОялъул филологияб лъай кьеялъул кафедраялъул преподаватель. Саратица махщел камил гьабиялъул курсазда гьабулеб кумекалъулги, гьелъул х1алт1улги бицун хадуб, Райх1анат Мух1амадовналъ  Саратие ва Нурмух1амадова Шамеседо Ах1мадовналъе- Гъизилюрт шагьаралъул №8 школалъул авар мац1алъул муг1алималъе,  кьуна ДИРОялъул рахъалъан баркалаялъул кагътал.

  Мац1 цебет1еялъе ва ц1униялъе ругел квалквалазул ва масъалабазул бицана Тахо-Годил ц1аралда бугеб г1елмиябгун ц1ех-рехалъулаб институталъул миллиял мац1азул секторалъул заведующий Вакилов Х1айбула Сулеймановичас. Авар мац1алъул т1ахьал Ассоциациялъул сайталда лъезе ккеялъулги бицана гьес.

  Гьебго пикру загьир гьабуна ДПГУялъул доцент Н1урмух1амадов Мух1амад Сайгидовичасги. Жиндирго к1алъаялъулъ  "Мац1ал лъазариялъул центр" г1уц1изе лъик1аблъунги бихьизабуна.

    Г1ат1иракьалда маг1арул мац1алъул учителасе бугеб зах1малъиялъул бицана филологиял г1елмабазул доктор, профессор Мух1амад Ибрагьимовичас. Цебет1еялъе гьеч1ел шарт1азул бицана. Баркала загьир гьабуна авар мац1алъул учительзабазул  Ассоциациялъе. Миллат гъункиялъе, цолъиялъе, цебет1еялъе гьабулеб х1алт1улъ кидаго г1ахьалъи гьабизе бугилан лъуг1изабуна к1алъай.

  Разият Мусашайховналъ к1вар буссинабуна шагьаралъул цо-цо школазда  авар мац1алъул дарсал кьеялде бугеб тасамах1аб бербалагьиялде. Гьелъ умумузулги лъималазулги гьелдаса рокьи бичиялде рачуна.

 Ахиралда киназулго рак1ал риинарулеб к1алъай гьабизе яхъайилан гьарана данделъараз маг1арулазул шаг1ир Тубх1ат Зургьаловалда.

 Жий ц1акъ ццидахун йик1анила мац1алда сверухъ гьединги бугеб рах1атхвей т1адеги т1ахьал нахъе рак1ариялъ багъарараб хъуялъан бицана Тубх1атица. Маг1арулаз абулила г1ин къот1изе кьелин, бер бахъизе кьелин, къот1ун бет1ер аниги, теларин. Щайдила нужги гьедин ч1еч1ел т1ахьал рак1аризе вакилзаби рач1араб мехалъ. Берги бахъилароанила, г1инги бугелъубго телаанила, бет1ерги лъицаниги къот1илароанилан елъулей  Тубх1атил к1алъаялъ бигьалъизабуна суал. Бит1ун буго, нилъее къвариг1ун буго ч1ванкъот1и.

   Жеги г1емерал рук1ана пикрабиги, к1алъаялги. Бат1и -бат1иял к1алъаязул бук1ана цо пикру: мац1 ва миллат  ц1уни.

 Гъизилюрт шагьаралъул авар мац1алъул методист Пат1имат Мух1амадовналъ баркала кьуна данделъиялде рач1аразе, ва маг1арулазул г1адат ц1унун, бечедго г1уц1араб тепсиялде нахъе ах1ана данделъарал.

  Данделъиялъе ахир лъуна киназго цадахъ ах1улеб гимналъ.

  Цолъиялъулъ буго къуват. Цолъе, маг1арулал: прокуроралги, директорзабиги, лъай кьеялъул нухмалъулелги, умумулги, г1адатал маг1арулалги. 

 

Пикру загьир гьабизе
Личный кабинет
только у нас скачать купить шаблоны dle по низким ценам
Машгьурал макъалаби