ЦIех-рех
КъваригIун бугищ рахьдал мацIалда ЕГЭ?

1 класс. Дарсал - Хь х1арп ва гьаракь. Нурмух1амадова Шамеседо Ах1мадовна

       

                    Хь х1арп ва гьаракь.

Хьа хьи хьу хьо хье

Хьаг – кастрюля;

Хьул – желание;

Хьон – семена для посева, урбеч;

Хьоп – прутик;

Хьухь – облака;

Хьибил – бок;

Хьими – улыбка;

Рахь – молоко;

Рохь – лес;

Бихьи – видеть.

              

Хьит ретIунаго, Расул

Хьолбоде рехун ана.

ХьонбакIидаса вортун,

ХьвагIун чIарбиде ккана.

Хьит гIантаб жо бугилан,

Хьибилги ккун, гIодана.

Хьуризабизе кколин,

ХьвагIун къотIнобе ана.

Хьухьарал щватабазулъ

Хьанделев Расул вуго,

ХьуцIилъ къараб къверкъ гIадин,

Хьитги хIарщулъ къан буго.

                                       Рохь.

   Дун цIалулев вуго тIоцебесеб классалда. Дида цIар буго  Пазил.  Сон  мугIалималъ ниж рачун рукIана  рохьоре. Гьелъ нижеда рохьор кин хьвадизе кколелали бицана.

    Рохь нижер росдал хьибилалда буго.

    Рохьил рацIцIалъуде щваралго, ниж чIана. Гьеб букIана хьухь лъураб къо.

Рохьоб цIакъ берцинго бугоан. Гьенир ниж гIемер хьвадана, расандана, батIи-батIиял хурдул, тIугьдул ракIарана.

   -Лъимал, нужеда лъалищ рохьалъул нилъее бугеб пайда?- ян гьикъана мугIалималъ.

    - Дида лъала, дида лъала, -ян ахIдезе журана лъимал.

     -Бищунго лъикI бицарасе щуйил къимат лъезе буго,-ян абуна мугIалималъ.

<!--[if !vml]--><!--[endif]--><!--[if !vml]--><!--[endif]-->  Лъимал, нужеда лъалищ гьеб суалалъе жаваб?

   Рохьалъул нилъее кинаб пайда бугеб?

<!--[if !vml]--><!--[endif]-->   Нужерго росдада аскIоб бугеб тIабигIаталъул бице.

 

МагIарул районал:  Хьаргаби

           

Скачать файл: 1-kl-h-h1arp-va-garak.docx [16,1 Kb] (cкачиваний: 56)
Посмотреть онлайн файл: 1-kl-h-h1arp-va-garak.docx
Пикру загьир гьабизе
Личный кабинет
только у нас скачать купить шаблоны dle по низким ценам
Машгьурал макъалаби