ЦIех-рех
КъваригIун бугищ рахьдал мацIалда ЕГЭ?

Сарат Мухумаева "БАРКАЛА, АВАР КАЛАМ" Алипбаялъулгун къо-мех лъикI гьаби

1  класс «Баркала, Авар калам».

Тадбиралъул  мурадал ва масъалаби:

  • ТIоцебесеб классалда  авар алфавит малъиялъул ва Авар каламалъул тIехь  цIалун бахъиялъул  гIаммаб хIасил гьаби, лъималазул бажари ва гьунарал церетIей, рахьдал мацIалде рокьи,    рац1ц1алъи, тIехьалдехун адабияб бербалагьи  ва цогидалги лъикIал хасиятал лъималазулъ куцай.

 

Масъалаби:

Авар мацIалъул малъараб материал такрар гьаби ва щула гьаби.

МагIарул мацI лъазабиялде лъималазул кIвар буссинаби;

МагIарул мацIалде цIалдохъабазул рокьи цIикIкIинаби;

Жидерго мацI лъазабизе дагьабги жигар бахъи.

Лъималазул цоцалъ гьудуллъи щула гьаби;

ЦIалдохъабазул  калам ва творчество цебетIей;гьеб дарсидалъун лъималазул рекIелъ  лъикIаб асар лъугьин.

Дарсие къваригIунел  алатал: кIудияб Авар калам,авар азбукаялъул слайдал,шарал,лъималазул бутIрузда холел хIарпал,микрофонал,проектор,доска,Хъарталъулги ЧIилбикIилги форма,лъимлазе гьуинлъаби,I-еб класс лъугIиялъул дипломал.

Дарсил ин:

МугIалим.

Ассаламу гIалайкум, гIисинал цIалдохъаби!

Ассаламу гIалайкум, хириял нижер гьалбал!

Изну кье дий  рагьизе авар  хIарпазул байрам!

ЦIалдохъан.

Ассаламу гIалайкум!-абула мугIалималъ

Авар мацIалъул дарсде ниж рачIаралщинахъе.

Нижеца жаваб кьола: ВагIалайкум ассалам!

Салам кьун хадуса ниж берцинго гIодор чIола.

КечI цIалила  Расул ХIамзатовасул «Ассаламу гIалайкум!».

ЦIалдохъаби.

I)Ассаламу гIалайкум

 Аваразул миллат –мацI!

 Адаб кьочIое лъураб,

 Ахир рокьуе гьечIеб!

 2)Ассаламу гIалайкум,

Аваданаб авар халкъ!

 Африкаялъул хIанчIаз

Август тIамулел тIохал.

 3) Армяназул пашманлъи

     Арарат мегIер  буго,

     Аваразул пашманлъи-

     Авар мацI лъачIел лъимал!

МугIалим.Нилъ аваразул пашманлъилъун лъугьинарин ракI чIола,лъимал,дир,щайгурелъул нужеца тIубараб соналъ лъикIаб хIаракат бахъана рахьдал  мацI лъазабизе. Гьелъие нугIлъи гьабила жакъа нужеца рицине ругел  кучIдузги.

Цоцада хадур цере рекерун рачIина ЧIилбикIги Хъартги.

ЧIилбикI.Нахъе кье!Нахъе кье!

Хъарталъ цо жо бахчулеб букIина ЧIилбикIидаса.

МугIалим.Щиб ккараб нужер гьанжеги?Щиб кьоларого бугеб,ЧIилбикI, Хъарталъ дур?

ЧIилбикI.Щибха букIинеб,магIарул мацIалъул хасал хIарпал лъазаризе захIмалъун букIун,гьаркьилаб азбука хъван букIана флешкаялда интернеталда батун. Гьай нагIана батадихъе щун руго. Гьанже нахъе кьолел гьечIо дир гьел.

Хъартай.Кьелароха!КIолеб батани рахъизе вачIа.Учу-чу,учу-чу!Дида батIаго лъазе кколарищ эб хъвазеги цIализеги?

ЧIилбикI гIодила.Гьанже дида магIарул мацIалда цIализеги хъвазеги киданиги лъаларо.

МугIалим.ГIодуге,ЧIилбикI,нилъеца кьезарила Хъарталда дур хIарпал.МагIарул мацIалда цIалдезе ругьунлъизе бокьун батани,дир  лъималазда цадахъ сентябралъго школалде щай мун вачIинчIев?НекIого цIализеги хъвазеги лъалаан дудаги.

ЧIилбикI.Дун нечон вукIана гьитIинал лъималазда цадахъ цо классалда цIализе.Гьел релъанхъилаангури дида тIад.

МугIалим.ГIадада хIинкъун вугоха,месед мун.Нижер школалда гьединал адаб гьечIел лъимал гьечIо цIалулел. Гьез дуе кумекцин гьабизе букIана.

ЧIилбикI.БукIун батила вала.Гьеб уяб жойищ,лъимал?Дие бокьилаан гьезул лъаялъухъ ва бажариялъухъ валагьизе.

МугIалим.Хъартайги парахат те, мунги берцинго лъималазухъ гIенеккизе гIодов чIа.

Хъартай.Дун божуларо гьадинал гIисинал лъималазда хъвазеги цIализеги лъалин абураб жоялда.Шагьаралда гIурал гьазда захIматал хIарпал киданиги лъазе гьечIо битIун цIализе ва хъвазе.

МугIалим.ХIурматияй ,Хъартай,рачIа гьоркьоб жо базе.Лъималазда киналго магIарул хIарпал лъалел ратании дуца ЧIилбикIил хIарпал нахъе кьезе разияй йигищ мун?

Хъартай.Амма лъималазда хIарпал лъалел ратичIони дуца дие репетиторлъи гьабизе кколаха бесплатно.

МугIалим.Бесплатнойилая?(елъулаго)Эб репетиторлъи щибилан абулеб жогIаги?Дуе магIарул мацIалда хъвазе цIализе лъазе бокьун батани,ячIа дурго, дица малъила дуда эб чIобого.

Хъартай.Рази йиго!

МугIалим.Гьаб бакIалда нилъеца кIиязго гьабураб къотIиялъе гьалгощинал лъимал ругоха  нугIзаллъун.

Лъимал,бихьизабилищ цо Хъарталда нилъедаго магIарул

 хIарпал лъалел куц?

Лъимал.Гьабила.

Хъарталъ флешка компьютералда лъела ва гьаркьилаб азбука бачIина экраналде.Лъималаз экраналде бачIа-бачIараб хIарп киназго цадахъ ахIун абила.

Хъартай.Вабабай,хвана гьанже хIалтIиго!Лъаларо дида киданиги магIарул мацIалда цIализе. Дида лъала гьабулеб жо.Лъидаго бихьуларедухъ лъималазул авар каламалъул тIехь бикъила дица.Бихьиларедухъ портфелалъуе яккила ва гьениса тIехь босила.Портфелалъул бетIергьаналда(I-еб классалъул цIалдохъаналда) бихьила гьеб ,гьей гIодилаго мугIалималда аскIое ячIина.

МугIалим.ДуегIаги щиб ккараб ,Асият,мунгигIаги щай гIодулей йигей?

Асият.Хъарталъ дир портфелалъуса авар мацалъул тIехь бикъана.ГIодила.

МугIалим.Гьеб щиб цо кIудияй саламатияй гIаданалда  рекъечIеб пиша? Хехго ясалъул тIехьги кье нахъе.ТIасияб сентябралда ЧIилбикIида цадахъ тIоцебесеб классалде ячIине хIадуре.Дица цIияб тIехьги кьела дуе.

Хъартай.Дун нужер директорас йиччаларо школалде.

МугIалим.Щай йиччаларей?

Хъартай.Херай йикIунха.

МугIалим.ГIелму лъазе киданиги кватIун букIунаро.Дица гьарила гьесда,гьелъул ургъел ккоге дуде.Амма тIасияб соналдаса президентасул бихьизабиялда рекъон киназулго релъараб форма букIине кколаха.

Хъартай.Релълъараб я?Гьаб дир формаялда бугеб багьана щиб?Жинсал гурищ гьанже ясазул модаялда ругел?

МугIалим.ХIурматияй Хъартай,школа модаби рихьизаризе рачIунеб бакI гуро.Джинсалги цогидабги ретIе  рокъобги,къватIибги,дуего бокьанщиналъуб.Амма школалде ретIизе ккола релълъараб, бихьизабураб форма.

Хъартай.Эб кисаха гьанже дица бахъилеб нужее?Хасавюрт базаралдейищ ине кколей гьанже дун эб балагьизе?

Хъартай.Киениги  ине кколарейха,Хъартай,мун.Школалде жалго рачIуна фабрикаялъул гьоркьохъаби.Гьез роценги гьабула.Цинги дур размералъул ретIел букъизе тIаде босула.ТIаса бище дуего бокьилеб гIадинаб костюм.

Слайдал риччала школалде ретIулеб формаялъул.Хъарталъ тIаса бищила жиндиего данде ккараб форма.ЯчIун цо хIалтIухъаналъ роцаби рахъила Хъарталъул.

Хъартай.Вабабай,киндай йикIина.

МугIалим.КигIанги берцин йикIинарищха.ЧIилбикIиеги гьабила нилъеца,Аллагьас хъван батани, васазул костюм.Васазеги рукъула гьенир цIакъ берцинал квасул шалалъул костюмал.

Гьанже гIенеккилин нилъ лъималазухъ.Рихьулел ругищ нужеда берцинлъи дир лъималазул, кьералъ чIарал?

Хъартай.Машааллагь.(ту,ту,ту)Лъималаз хIарпазул кцучIдул рикIкIина.

Асиятги АхIмадги

АлхIам цIалулел руго,

Аллагьги Аварагги

Азда кIочон толаро.

Аминатги Аминги

«Амин» абулел руго.

 Амма школалде ине

 Ал жеги гьитIин руго.

 Бабаца печь бакана.

 Богорукъ чIаголъана.

Багаргьалил чурпадул

Берцинаб махI бахъана.

 Бакьуч гIадин кьижарав

Багъужацин  ворчIана,

 Баба,цIурабакьилан

Бакъвараб гьан цIехана.

Вабабай,ккараб жо щиб?

Вакъун ватана Вали.

Витаминал щвечIого

Вортулев вуго Вали.

Вацасда гIажаиблъун

Виххун хутIана ГIали,-

ВачIун живго кваналев

Вихьун вукIинчIо Вали.

Горо балеб бихьидал

Гордухъ кIусана Гирай

ГодекIанир ганчIазда

Гирула цIорол гарал

ГарцIал гIадин кIанцIола,

Гуллби гIадин речIчIула

Горо-цIад гучлъанагIан,

Гизмаялде сверана.

 Давудие дадаца

 ДагIнил сурат бахъана

 Диеги дад бахъанин

 Дайгьанатги йоххана.

 Дадацагун лъималаз

 Дадил сурат къотIана

 ДагIние чури тIезе

 Добцоялда седана.

Е-буго ясазул хIарп,

Ега,ПатIи ,кьижизе,

Ессаризе иналде

Еэдила бабаца.

Елъулей ясикIоги

Егизайила аскIой

Ецци бокьулей гьитIич

Егье,дада,бабахъе.

Ё-янлъиде ахIулеб?

Ё-ги ясазул кола.

ЁрчIарайго ГIаишат,

Ёртун как базе уна.

Ёржарухъан –яс йиго,

ЁрчIухъанги-яс йиго.

Ёрхатай ёхьарухъан

Ёртун хIалтIулей йиго.

 Жигар гьабе,Жавгьарат,

Жага барщун рагIула.

Жаватханил кверги ккун,

Жакъаго ахикье а.

Жагадул кIилкIалги ран,

Жавгьарат кIичIардидал,

Жираф гIадин йигилан,

Жирана гьитIинав вац.

Зайнабица Зугьрада

ЗинкIана махсароде

Зама-заманалдаса

Зигардулаха Зугьра.

Зодоеги ялагьун,

Зайнабги барщарана

Заз гIадин лъугьинчIого

ЗинкIеха дидагийин.

Имам Шамил щивали

Ибрагьимида лъала

Инсуца АхIул гохIде

Исана ав вачана.

ИчIго сон бугев игит

ИяхI бугевги вуго,

Иццухъа кIодое лъим

Инкар гьечIого цIола.

КатитIанчIил мимиди

Кавудахъан рагIарай

Кавсарат екерана,

Каву хехго рагьана.

«Киб букIараб гьитIич»-ин

Кодобе гьеб бачана,

Квачан холеб ицико,

Каранде къан ,лъухьана.

«Ле!»-йилан ахIарасе

Лебалго жаваб кьолев

ЛахIчегерал беразул

Лачен вуго нижер вас.

Лабалаб хурул ссанде

ЛахIзаталъ харула гьав,

Ламадур кваналелъул

Лага-черх бугевги- ав.

МухIамадги эменги

Мажгиталде аралго

Марьямица богорукъ

МатIу  гIадин гьабуна.

МагIарухъе сон арай

Метер эбелги щвела

Мисалияй дир ясин

Марьям каранде къала.

Нодо хъахIаб гIакдаца

Нах кьола,нису кьола,

Нижер бищун гьитIинай

Написатий рахь кьола.

Нилъалзукь шишаги цун,

Недегьго гьей гьимидал,

НодохъахI,баркала лъан,

Накабаздацин чIола.

Огь,машааллагь,Шамил,

Охцералъул берцинлъи,

Ордекалъ кIутIилалде

Огъохъат кквея цебе.

Огьо-гьой,хъал бахъидал,

Охцералъул беричлъи.

Оцое аб кьеларо,

Огоб тела элъие.

ПатIиматида жакъа

Панкъал гьаризе лъана

Пер буссизеги кIола

Пахрудинил ясалда.

Полпилъ тIерхьине гьабун.

Парталги алъ чурула.

Пари-кодода цадахъ

ПастIанги алъ чIарала.

Радал яхъун Разият

Разиго екерула,

Росдалго боцIи гъолеб

Рохьдолъе гIака гъезе.

Ризванги гIедегIула

Рехъен бугеб рахъалде

Расул-дацигун цадахъ

Росдал гIияде ине.

Сон сапаралде арав

СагIид сезе вуссуна,

Сайпуллагь,дадахъ урхъун,

СагIтал рикIкIунев вуго.

Салам кьезе,дов цIехон,

Свердана,кивго гьечIо.

«Сордо лъикI!»-ан къвал базе

Сверухълъуда ватичIо.

Тажудинил тагьиги

Таймасханил таращги,

Тухум цо гьечIониги,

Тиризе цадахъ уна.

ТоргIо хIалеб гьоцIире

Тохлъукье гьал раккула,

Тукадул нуцIидаги

Тамашаго тенкола.

Таргьа букIарабани,

Тагьидуй гIеч щвелаан,

Тукенчияс тарщие

Татуяб бакь кьелаан.

Ункъо моцI барав вацгун

Узлипат ясандула,

«Унго,дур кIарчанлъи»-ян

Урхъун ,убач гьабула.

Узлипат кьурдулелъул

Уллубий цIакъ воххула,

Угьдиги тун,ургида

Угъдул кIутIун,велъула.

«Уней йиго дун»,-илан

Узлипат рикIкIалъани,

«Унге!» лъаларев гьитIич

«Унга»-йилан гIодула.

ФатIиматил кIудада

Фабрикалда хIалтIула,

Фабрикалда хьитал гьес,

Фартукги бан,рукъула.

ФатIиматил кIудица

Фокусалги гьарула,

Фонарги ботIрода лъун

Физкультура гьабула.

Хадижатги Хизриги

Хайгин гьабулел руго,

Халисатил гьитIичаз

Ханал режулел руго.

Херав кIудица квине

ХинкIал хинлъизаруна,

Хадубго гьес кваназе

Хурмаги цебе лъуна.

Цо къоялъ къадекванде

Ци рокъобе унаго

ЦинтIаго,данде бачIун,

Цер гьалда гьикъарана.

Цоцазе кумекалъе

Цо-цо раккизе кколин,

Цидукий мина базе

Цадахъ кIиялго ана.

Чамасдакие бищун

Чамасдакха бокьулеб,

Чванта цIун гьебги бихьун

Чакар гьалъ ялъаргъана

Чехьквеш йигин мунилан

Чакар къварилъахъдана,

Чинидул суркIа цIураб

Чакарги босун щвана.

Шагьаралдаса жакъа

ШапигI-даци вачIана.

Шокъроре рахинегIан

Шоколадал кванана.

Шайихзаби рикIкIиндал,

ШугIайнатий шал кьуна.

ШаргI щибали бициндал,

Шамилий шапка кьуна.

ай мун щакърахунеб,

Щурункъверкъ,бице.

Щиб дуе лъугьараб,

Щиб дур билараб?

-ЩуцIул хIал бихьана

Щобде бахине,

Щурун баччулаго

ЩвечIо тIогьибе.

Эхевехун унелъул

Эгъе унтулеб бугин,

Эбелалъул квенчIел ккун,

Эхетун чIана ГIали.

Эб гогьдари бугилан

Эмен гьасде семана,

Эльмирадеги вусун,

Эй еццизе лъугьана.

Юсупица ясалъе

Юбка сайгъат гьабуна.

Юнусие дадаца

Юргъачу маян кьуна.

Юбка кIалбиччанкъоялъ

Юнусица къотIидал,

Юссине кIвечIей яцалъ

Юргъачуги бекана.

ЯсикIоги кодой ккун,

Яккун ячIана ПатIи,

ЯхIя-даци вихьидал,

Яхчана нечарай яс.

«Ятана дацида!»-йин

ЯхIяца кодой ккуна,

Яцалъул яс йоххизе

ЯсикIоги еццана.

 Хъартай.Машааллагь,гьабгощинаб жо кидагIаги гьаз лъазабураб?БицанкIаби малъанищ,лъимал,нужеда мугIалималъ?Изну кьеларищ,хIурматияй мугIалим, дие гьадинал цIодорал лъималазе бицанкIаби кьезе?

МугIалим.Кье дурго.Дир  лъималаз бокьараб бицанкIо чIвала дур.

Хъарталъ бицанкIаби кьела авар каламалъул тIехьалдасан.

Хъартай.

КIиго эбел,анцIго тIинчI? (кверал)

Лъим кунеб,квен гьекъолеб жо?(гIанкIу)

Гьаракь кIудияб кIихIатIилаб сагIат?(хIелеко)

Къваридаб бокьоб кьарияб оц(мацI)

Гьаб бицанкIоялъени жаваб хIакъаб жо буго нужеда лъангутIи.

Жаниб гьава бугIиялъ,

Бихъиледухъ понцIораб,

Бухизелъун гьабураб

Гьаб басанкIо щиб кколеб?(торгIо)

Балагье цо,кинабго жо лъалеб буго дур гьал лъималазда.

МугIалим.Дица абунагури дуда азда кинабго жо лъалин.ТоргIоялъул хIакъалъулъ кечIги лъала дир азда.РачIа,лъимал,киназго цадахъ кечI цIализе.

ФИЗМИНУТКА.

КIанцIе,кIанцIе,дир кIанцIур,

Дунги цадахъ кIанцIела.

Тире,тире,дир торгIо,

Дунги цадахъ тирила!

ЧIилбикI.ХIурматияй мугIалим,нужер лъималаз хасал хIарпазул кучIдул рикIкIинчIогури.

МугIалим.ГIадада гуро ,ЧIилбикI,гьезда хасал хIарпалин абулеб.Гьел цогидазда релълъинчIел,гIажаибал,хасал рукIиналъ лъун буго гьезда гьеб цIарги. Гьезие гьаб байрамалда бакIги буго хасаб.Авар каламалъул тIехьги хасал хIарпалги рачIун руго нилъехъе гьоболлъухъ.

Авар каламги хасал цIарал ботIрода лъурал лъималги рахъина сценаялде.

    Авар калам              

                                           Гьале лъана алфавит

                                          КIикъоялда кIиго хIарп

                                          Гьезда гьоркьор чIухIадго

                                          МагIарул хасал хIарпал!

                                          Хасаб берцинлъи бугел

                                          Хасаб бечелъи бугел!

                                          АнцIила лъабго гьаб хIарп

                                          Жакъа ссиялда  руго!

 

ЦIалдохъаби.

Къуркъбузул концерт буго

 Къасумилазул къотIноб

«Къурр-къурр»-абураб кочIол

 Къого куплет ахIана.

 Къойил балеб цIад буго

 КъулгIаги аскIоб буго,

 Къасумилал къасиги

 Къуркъбуз сверун ккун руго. Вай-вай-вай!

Кьурдулел руго лъимал

Кьабе ,мугIрул,гьазий хъат!

Кьурулел руго хIатIал,

Кье кьураби гьазий жан!

Кьунсрул кваркьаби гIадал

Кьурда бисал гIадинал

Кьурдухъанасул щивас

Кьибил чIухIизабуна

ЦIунцIрагIан кIвахI гьечIей

ЦIарберцин йиго Шагьри

ЦIадаб цIул лъолейги ай

ЦIетIа хьаг лъолейги ай

ЦIоросаролъил гIатIги

ЦIалкIуги хIадурана

ЦIамги бухIараб лъимги

ЦIодорай гьалъ бачIана

ЦIикIкIарай ияцалъ хинкIал

ЦIетIаса рахъиналде

ЦIулакьодул гъотIода

ЦIцIеги бухьун щвана ай

Хъандулалъул хурибе

Хъабан къасиги щвана

Хъабахъги мугъзада чIван

Хъарталъ гIадин ракь тана

Хъабаналъ гьоболлъухъе

ХъахIаб хъазги ахIана

Хъанхъра бахъун,бакIарун

Хъала гIадин рукъ ккана

Хъухъанчадалги росун

Хъазги тIадего щвана

Хъазмида сверун ракIгъун

ХъизангIадин кванана.

КIалкIучI кквезе лъугьарай

КIилъилай гIодой ккана

КIветI лъукъун.би баккана

КIаркьенги хъахIиллъана

КIалбиччанкъоялъ гьалъий

КIодоца кьун рукIарал

КIаланчIадил гордеги

КIазги хIарщуца цIуна

Хьит ретIулаго Расул

Хьолбоде рехун ана

ХьонбакIидаса вортун

ХьвагIун чIарбиде ккана

Хьит гIантаб жо бугилан

Хьибилги ккун гIодана

Хьуризабизе кколин

ХьвагIун ана къотIнобе

Хьухьарал щватабазулъ

Хьандолев Расул вуго

ХьуцIилъ къараб къверкъ гIадин

Хьитги хIарщулъ къан буго

 

ХIориниб лъедолеб

ХIанкъва бихьидал

ХIайранлъун хутIана

ХIанчIазул парччахI

ХIисаб тун берцинаб

ХIинчIалъ асирлъун

ХIохьода рещтIана

ХIалчIахъаяб цIум

ХIарпал лъалелани

ХIулихъахIиде

ХIеренал шигIраби

ХIулилаан гьалъ.

ГIанкIитIинчI къварид буго

ГIодулеб чIолеб гьечIо

ГIужрукъгун багъизе ккун

ГIуж лъечIеб бакI тун гьечIо

ГIодизе гIанкIитIанчIий

ГIилла цойгиги ккана

ГIамал кIудияб алда

ГIанкIал тIад релъанхъана

ЧIирчIидулеб рагIула

ЧIороло хурул ссанда

ЧIурканаб гьелъул кечIалъ

ЧIаголъула сверухълъи

ЧIухIараб горде бугей

ЧIегIерал гъалал ругей

ЧIаго таяй ПатIица

ЧIанкIго-чIанкIан хъат чIвана

ЧIороло твархиялда

ЧIахIилъа боржун индал

ЧIваркьизарун бералгун

ЧIун хутIун йиго ПатIи

Гьинги бикьизе гьабун

Гьимулаго бакъ щвана

Гьуинго Гьумайсатил

Гьурмада гьеб къочана

ГьитIинай меседохъе

Гьайбатаб къо рещтIана

Гьаркьица гъалалги ххан

Гьай бабаца къачIана.

Гъадаро жакъагиха

Гъазидаса бортараб

Гъурараб цIер бакIарун

Гъуни гьесго гьабураб

Гъуд-гIучI бугеб бакIалда

Гъазил джанеде кколаро

Гъуниялдеги къулун

Гъванща хъасулев вуго

ТIоцебесеб сентябралъ

ТIоцебесеб классалде

ТIугьдузул квацIиги ккун

ТIагьирги унев вуго

ТIогьилкьераб тIагъурги

ТIулакьераб тIажуги

ТIокIавги къамартIав вас

ТIалъиялда вугодай

ТIавус гIадин цIализе

ТIалабги гьабила гьас

ТIирун чIолеб гIамалги

ТIад малги бан толеб гьас

Авар калам.Дица гьаб лъагIалида жаниб гIемераб жо малъана лъималазда .Дие цIакъ бокьилаан лъималазда дица малъараб жо ракIалда бугищали бихьизе.   

МугIалим.ЛъикI буго,хIурматияб ,дуе гIумру кьеяб Авар калам.Рахъа,лъимал, цере нилъеца лъагIалида жанир лъазарурал кучIдузул цо-цо кучIдул рикIкIинин Авар каламалъе.

Лъимал  рахъина ва цо-цоккун рикIкIина

Росу берцин

ЯсикIо

Асият

Берал берцин

ГъотIоркIо

ЦIакъай яс

КумекчIужу

Къолохъан

Дир чу

Аргъанчи

Хъартай.Нижер маргьабазул дунялалда гъоб цил тIинчI гIадал цIалдохъаби ругилан ккола дида нуж.

МугIалим.Эб кинаб цилтIинчIгIадинаб?

Хъартай.Вабабай,дудагийищ,Сарат МухIамадовна,гьеб маргьа лъалареб?

МугIалим.КIочон буго дида,бокьилаан дуца ракIалде щвезабизе.

Хъарталъ байбихьила маргьа бицине.Лъималаз сценка бихьизабила.

МугIалим.Маргьани дида цIакъ лъикI ракIалда букIана,амма дуца цоги нухалъ лъималазе гьеб бицине бокьун букIана дие.

Авар калам .Цо бищунго дие бокьулеб бицанкIоги кьела дица нужее лъалищали.

КIал гьечIеб,мацIги гьечIеб,

Малъизе гьунар бугеб

Бер гьечIеб,кверги гьечIеб,

Кинабго жо бицунеб?

Гьаб щиб жо кколеб,лъимал?(тIехь)

Авар калам.БитIун буго.

Хъартай бищунго цIакъ кинаб тIехьха нужее бокьулеб?

Лъимал.Авар калам!

Авар калам.Дун цIакъ бохараб буго нужее гьедин бокьиялдаса ,нужеде кутакалда ругьунлъунги буго гьаб цIалул соналда жаниб.Амма дие нахъе ине заман щвана гьанже.Дун унилан нужер ракI хоге,лъимал.Дун хисун цIияб тIехь бачIина нужехъе.

2-еб классалъул тIехь.Ассаламу гIалайкум!

Лъимал.ВагIалайкум ассалам!

Авар калам.Дуе лъугьараб жогIаги щиб?Мун рагъдейищ ун букIараб,гьудул?

2-еб классалъул Авар калам.Гьикъизего гьикъуге.Дун ккун букIана цо цIакъ цIализеги кIвахIалав,тIахьазул къиматги гьечIев васасухъе.Вабабай,дида гьес чIезабураб басрияб къо!

Авар калам.Дуе битI ккун гьечIоха,гьудул,дирни гьал лъималаз цIакъ хIурмат гьабуна,тIад жо бигъана.Кверал чуричIого кодобе босичIо.Гьединлъидал дунги гьадин цIиго хутIун буго.

МугIалим.Лъимал,гьадинаб хIалалда нилъеца тIехь тезе бегьиларо.Гьелъие кумек гьабизе ккела.Гьеб берцинго къачIазе ккела.

Авар калам.Гьабилищ ,лъимал,нужеца дир гьудуласе кумек?

Лъимал.Гьабила!

2-еб классалъул Авар калам.Нужеде бугоха дир хьул.РакIалда чIезабе,лъимал:

Нужеца тIу-тIун тIехь рехани,

ТIад обложка бигъичIони,

Тела нужги кинацаго

Квешал лъимал ругин абун.

Авар калам

Амма тIадчIун тIехь цIалани,

ТIад обложка бигъанани,

 Нужер рахъалъ хъвала гьаниб

 ЛъикIал лъимал ругин абун.

Гьанже дица нужергун къо-лъикI гьабулеб буго.Баркала нужее,лъимал,дир гьабураб хIурматалъухъ.Дидаса босараб лъаялъухъ.

2-еб классалъул Авар калам .

Дунги Бичас биччани,тIасияб соналъ бачIина нужехъе.Воре нужедаго мугIалималъ малъараб жо кIочене тоге.Тавпикъ кьеги Аллагьас нужерго рахьдал мацI хъвазеги, цIализеги, бицинеги лъазе.

Хъартай.Нижги рилълъина нужеда цадахъ.ТIасияб соналъ школалде рачIине ккани хIадурлъизе ккеларищ нижги.Рилълъа,ЧIилбикI нилъерго маргьаялде.

МугIалим.Нужее киназего кIудияб баркала гьанире рачIаралъухъ.Иншааллагь,тIасияб соналъ рихьила.Нух битIаги!

«ТIахьалги» Хъартайги ЧIилбикIги уна.

МугIалим.Гьанже заман щвана I-еб классалъул Авар калам лъугIизабиялъул дипломалги сайгъаталги  кьезе нужее.РагIи кьолеб буго байбихьул классазул завуч ПатIимат Абуковнаялъе ва ПатIимат Къурбановнаялъе.

Дипломал ва умумуз лъималазе росарал магIарул мацIалъул тIахьал кьела .

МугIалим.Гьанже нуж ругоха унго-унгоял магIарул халкъалъул лъимал.Нужго магIарулазда релълъине ккани,нужеда магIарулал кинал гIадамал ругелали лъазе Расул ХIамзатовасул «МагIарулал» кечIги биччала дица нужее.

Гьалдалъун нилъер магIарул хIарпазул байрам лъугIана.Баркала киназего.Къо-мех лъик!ЛъикIаб бихьаги,я Аллагь!ЛъикIаб рагIаги!Амин.

Пикру загьир гьабизе
Личный кабинет
только у нас скачать купить шаблоны dle по низким ценам
Машгьурал макъалаби