ЦIех-рех
КъваригIун бугищ рахьдал мацIалда ЕГЭ?

8.Тема: « Раг1ул ахир ва аслу». Г1уц1ана Нурх1ажиева Лейла Мух1амаднуцаловналъ, «ДКК -1», Мах1ачхъала

Скачать файл: rag1ul-ahir-va-aslu-nurgadzhieva-l.docx [14,54 Kb] (cкачиваний: 108)
Посмотреть онлайн файл: rag1ul-ahir-va-aslu-nurgadzhieva-l.docx


8.Тема: « Раг1ул ахир ва аслу».

Ц1ияб дарс: 

Раг1ул ахир (окончание) ккола, предложениялъулъ маг1наялъул рахъалъ раг1аби цоцалъ рекъезе, раг1ул аслуялда т1аде жубалеб хисарулеб бут1а.

Ахиралъ раг1ул бат1и-бат1иял формаби лъугьинарула.

Аслу (основа) ккола, ахир нахъе рехун, хут1араб бут1а.

Масала: Муса-ца, Муса-л, Муса-е; Муса- аслу; «ца», «л», «е»  - ахирал.

Аслияб падежалъул суалазе (щив? щий? щиб? щал?) жавабаллъун рач1унел раг1абазул аслу гурони ахир бук1унаро.

Масала: щив? – ц1алдохъан, щий? – яс, щиб? – квердаххел.

Аслияб гуреб падежалъул суалазе жаваблъун рач1унел раг1абазул аслуги ахирги бук1уна.
Масала: лъие? – Ах1мад-ие, сунда? – ци-да.

Темаялдасан суалал: 

1.Сунда абулеб раг1ул ахир?

2.Аслу сунда абулеб?

Тетрадазда хъвай.

                        Х1алт1и

Ц1але, Ват1ан абураб раг1и маг1наялъул рахъалъ рекъон кколедухъ хисизабун, хъвай. Аслуялда гъоркь бит1араб мухъ ц1ай.

Дие дирго (Ват1ан)… бокьула.

Дир (Ват1ан)… г1урхъи г1ат1идаб буго.

Дун х1адурав вуго (Ват1ан)… г1оло рух1 кьезе.

(Ват1ан)… дие г1акълу-лъайги кьуна.

Ват1ан гьеч1ев чи – чед гьеч1еб таргьа.(кици)

Г1уц1ана Нурх1ажиева Лейла Мух1амаднуцаловналъ, «ДКК -1», Мах1ачхъала.

Пикру загьир гьабизе
Личный кабинет
только у нас скачать купить шаблоны dle по низким ценам
Машгьурал макъалаби