Тема: «Раг1ул кьибил, суффикс». Г1уц1ана Нурх1ажиева Лейла Мух1амаднуцаловналъ, «ДКК -1», Мах1ачхъала.
9. Тема: «Раг1ул кьибил». «Суффикс»
Ц1ияб дарс:
Кьибил раг1ул бищунго к1вар ц1ик1к1араб (главная, значимая) бут1а ккола.
Маг1на г1агарал раг1абазда кьибил цоял (однокоренные) раг1абиян абула.
Масала: хур, хурул, хурухъан, хурухъанлъи.
Цого кьибилалъул (однокоренные) раг1аби бат1и-бат1иял суалазе жаваблъун рач1ине бегьула.
Масала: Гьуин – кин? Гьуинаб – кинаб? Гьуинлъи – щиб? Гьуинлъана – щиб лъугьараб?
Темаялдасан суалал:
- Кьибил сунда абулеб?
- Кинал раг1абазда кьибил цоял (однокоренные) раг1абиян абулеб?
Тетрадазда хъвай.
Х1алт1и 1
Гьал прилагательноязда данде кколел кьибил цоял предметиял ц1арал рате.
Багьаяб –багьа, т1инч1аб – …, Ват1анияб - …,
зах1матаб – …, г1алаяб -…, къиматаб - ….
Х1алт1и 2
Щибаб раг1уда данде щиб гьабизе? абураб суалалъе жаваблъун бач1унеб кьибил цояб раг1и бате.
Сасин – сасине, вахъин - …, бач1ин -…,
к1ич1и – к1ич1изе, реги -…, вохи - …
Г1уц1ана Нурх1ажиева Лейла Мух1амаднуцаловналъ, «ДКК -1», Мах1ачхъала.
«Суффикс»
Суффикс ккола кьибилалда т1адеги жубан, ц1иял раг1аби лъугьинабулеб яги раг1ул форма хисизабулеб бут1а.
Ц1иял раг1аби лъугьунел суффиксал:
-лъи. Лъик1-лъик1лъи, квеш-квешлъи.
-хъан. Цеве-цевехъан, х1алт1и-х1алт1ухъан.
-ро. К1анц1и-к1анц1еро, хъухъай-хъухъадиро.
-ч. К1одо – к1одоч, михъ-михъич.
Раг1ул форма хисизабулел суффиксал ккола –би; -ал.
Масала: ца+би, бер+ал.
Темаялдасан суалал:
- Суффикс сунда абулеб?
- Суффикс –лъи т1аде жубалаго, цо-цо раг1абазул кинал гьаркьал гьоркьоса т1аг1унел?
Тетрадазда хъвай.
Х1алт1и1
Гьал хадур рехсарал раг1абазул кьибилалда т1аде –лъи суффикс жубан, раг1аби лъугьинаре.
Бечед – бечелъи, г1ат1ид, къварид, рик1к1ад, зах1мат, парахат, гъварид.
-Лъи т1аде жубалаго д, т –ялъе щиб лъугьараб? (гьоркьоса т1аг1уна).
Х1алт1и 2
Раг1аби бут1абазде риххе.
Кьурдухъан, г1аданлъи, гьит1ич, хъандиро, к1ут1би, вацг1ал.
Раг1ул г1уц1иялъул разбор гьабиялъе схема
Раг1и (слово) | Кьибил (корень) | Суффикс (суффикс) | Ахир (окончание) |
Берцинлъиялъ | берцин | лъи | ялъ |
Г1уц1ана Нурх1ажиева Лейла Мух1амаднуцаловналъ, «ДКК -1», Мах1ачхъала