ЦIех-рех
КъваригIун бугищ рахьдал мацIалда ЕГЭ?

10 апр 11:13---

« Раг1и хиси. Раг1и лъугьин». Г1уц1ана Нурх1ажиева Лейла Мух1амаднуцаловналъ, «ДКК -1», Мах1ачхъала

Скачать файл: rag1i-lugin.-rag1i-hisi.docx [16,42 Kb] (cкачиваний: 50)
Посмотреть онлайн файл: rag1i-lugin.-rag1i-hisi.docx


  • Тема: « Раг1и хиси. Раг1и лъугьин».

Ц1ияб дарс: 

Цого раг1ул бат1и-бат1иял формаби лъугьиналда раг1и хиси абула.

Масала: чан, чанил, чание.

Ах, ахил, ахие – цого раг1ул бат1и-бат1иял формаби руго.

 

Цого кьибилалъул бат1и-бат1иял раг1аби лъугьиналда раг1и лъугьин абула.

Масала: чан, чанахъан, чанахъанлъи, чанаве.

Ах, ахихъан, ахихъанлъи, ахикье – цого кьибилалъул бат1и-бат1иял раг1аби ккола.

Темаялдасан суалал: 

  • Сунда абулеб раг1и лъугьин?
  • Сунда абулеб раг1и хиси?
  • Раг1и лъугьиналдаги раг1и хисиялдаги гьоркьоб бат1алъи щиб?

Тетрадазда хъвай.

                        Х1алт1и 1

Гьал хадур рехсарал раг1аби ц1але ва гьезулъ кинаб хиси ккун бугебали балагье.

1.Квег1аб кьералда ругел раг1аби цох1о раг1ул формаялъулищ, яги цох1о кьибилалъул бат1и-бат1иял раг1абийищ? Щиб гьез бихьизабулеб?

2.Кваранаб кьерда ругел раг1аби цох1о маг1наялъулищ, яги цох1о кьибилалъул бат1и-бат1иял раг1абийищ?


Т1егь –т1огьол,                                   

Ц1ер – ц1орол,

Ах – ахил,

Кеч1 – коч1ол,

Т1ут1 – т1от1ол, 

Т1инч1 – т1анч1ил,
Х1алт1и 2

Гьал раг1абазул бат1и-бат1иял формаби лъугьинаре:  оц, пер, эбел; хур, гьоко, кьурди.

Т1егь – т1егьана,

Ц1ер – ц1орона,

Ах – ахихъан,

Кеч1 – коч1охъан,

Т1ут1 – т1ут1аб,

Т1инч1 – т1инч1аб.

 


Г1уц1ана Нурх1ажиева Лейла Мух1амаднуцаловналъ, «ДКК -1», Мах1ачхъала

Пикру загьир гьабизе
Личный кабинет
только у нас скачать купить шаблоны dle по низким ценам
Машгьурал макъалаби