ЦIех-рех
КъваригIун бугищ рахьдал мацIалда ЕГЭ?

ХIурматиял авар мацIалъул учительзаби ва тIолалго магIарулал!

ХIурматиял авар мацIалъул учительзаби ва тIолалго магIарулал!РакI-ракIалъ баркула нилъеда гьаб Авар мацIалъул учительзабазул цолъиялъул сайт рагьи.

ГIемераб хIалтIи гьабизе ккана нилъеца, нилъерго бугебщинаб хIалбихьи, цере рук1араз нилъее тараб ирс, адабият, маданият, гIелму, гIакълу, цIиял методал, словарал, гIемерал тадбирал, берци-берцинал суратал, рагьарал дарсал, лъималазе, умумузе, учительзабазе ва авар мацI бокьулелщиназе кумекалъе материал жаниб лъураб, жавгьар-якъуталъул цIураб гъамас гIадаб гьаб сайт рагьизе.  

Жеги нилъер гIемераб хIалтIи цебе буго. Миллаталъе ва мацIалъе гIоло кIвахI лъаларел гьацIул наял нилъги руго. ЖамагIаталъул газа кьурдаги рекIунилан абула магIарулаз.

Сахлъиги, жанги, жигарги кьеги нилъее тIаде босараб хIалтIи рагIалде бахъинабизе ва нилъерго борч тIубазе.

ХIурматгун Авар мацIалъул учительзабазул цолъиялъул председатель  Баху МухIидинова.

Пикру загьир гьабизе
Личный кабинет
только у нас скачать купить шаблоны dle по низким ценам
Машгьурал макъалаби