ЦIех-рех
КъваригIун бугищ рахьдал мацIалда ЕГЭ?

Сарат МухIумаева «ЦIиял къагIидабаз байбихьул классазда авар мацIалъул дарсал кьей»

«ЦIиял къагIидабаз  байбихьул классазда авар мацIалъул дарсал кьей»

Автор:  МухIумаева Сарат МухIамадовна.

«Яс йихьулеб матIу-раса»-йилан аби букIана цебе магIарулазул.Яс йихьулеб матIу раса букIараб батани ,гьанже абизе бегьула мугIалимасул рухIияб рахъ бихьулеб матIуги,гьесул пикруялъул бечелъиги, гьунаралъул ва  бажариялъул камиллъи  борцунеб роценги дарс бугилан. Кинабха букIине кколеб байбихьул класазда жакъасеб къоялда жаниб авар мацIалъул ва каламалъул дарс?

Гьанжесеб гIелалъул цIалдохъаби  руго технологиял церетIураб гIасруялъул лъимал. ГьабсагIат школазда бугеб лъайкьеялъул система гIуцIулеб мехалъ рукIараздаса   гIемер батIиял руго гьел.Гьезул тIалабалги руго батIиял.Гьединлъидал гьеб гIелалъе лъай кьеялъул тIалабалги хисун руго. Гьелда хурхун лъайкьеялъул методикияб рахъги цIакъго мухIкан гьабизе хIажалъулеб буго.Гьелда тIадеги гIасруялдаго ккараб компьютералъул унтиги буго ккун нилъер  лъималаздаги. Гьединлъидал  магIарул мацIалъул мугIалим (хасго гIисинал лъималгун хIалтIулев)щибаб дарсиде хIадурлъизе ккола кутакалда ургъун, мухIканго, кинабго борца-къот1ун. Лъимал гьитIинал рукIин хIисабалдеги босун,гIуцIизе ккола тIолабго хIалтIи.МугIалимасухъа бажаризе ккола кьучIаб лъай кьеялда цадахъго мацIалъул,хъвавул ва кIалзул каламалъул ва рухIияб тарбия кьеялъул рахъал церетIезаризе. Сон-церекъадги  лъималаз тIалаб гьабулел рукIарал берзул алаталги,гьезда дарс бичIчIизабизе хIалтIизарулел рукIарал методикабиги жакъасеб гIелалъе  данде кколел гьечIо. Жакъа авар мацIалъул мугIалимасда тIалъулеб буго лъимал   жалго жидедаго чIун хIалтIизе куцалел, къваригIараб информация балагьизе гьел жалго тIамулел  къагIидаби хIалтIизаризе. ПалхIасил, гьел тIалабалги хIисабалде росун, ,гьанжесеб гIелалъул цIалдохъан-гьев гьитIинав магIарулав нилъеца  куцазе ккола жиндирго ВатIанги,рахьдал мацIги бокьулев,гьеб лъазабизе гъираги бугев,жиндирго пикруги загьир гьабизе бажари бугев,эркенав ,чияр пикрабазулги бербалаялъулги лагълъун гурев жиндирго пикрабазул ханлъун вугев,узденав,сахаватав магIарулавлъун. Жидерго пикру бичIчIизе,жидецаго гьабураб хIалтIуе   къимат кьезе, цебеккунго лъураб масъала тIубазе ва мурадазде щвезеялъе  гьабураб хIалтIул хIасил дандекквезе ругьун гьаризе ккола цIалдохъаби гьитIинго. «ГьитIинго малъараб гIелму-ганчIида бикIараб накъищ »-абун  гьечIищха умумузул абиги.

     Щибаба дарсил букIине ккола лъабго мурад:лъай кьеялъулаб,лъай цебетIеялъулаб,тарбия кьеялъулаб.Дарсил мурадазде щвезе ккани,лъикIаб хIасилги дарсица кьезе ккани,лъай кьеялъул ишги лъикIаб даражаялде бахине ккани,жакъасел  дарсазде киназдего гIамм гьарун  руго гьал дица хадур рехсарал гIадинал  тIалабал.

Цин дарсил аслияб тема бищила .Дидактикаял ва тарбиялъулал мурадал ва гьел мурадазул кIвар  бихьизабила гьеб темаялда рекъон кьолел дарсазул системаялъулъго.Дарсил тайпа тIаса бищила,лъикIго ургъизеги ургъун, дарс гьеб къагIидаялъ щай гIуцIарабали далилги бачун. Гьединго хIадурила лъималазул лъаялда ва бажариялда рекъон гьарулел тIадкъаялги хIалтIабиги.ХIадурулеб дарс цебесеб ва хадусел  дарсалгун бухьен бугеб хIалалъ хIадуризе ккола.Дарсил мурадалда рекъон,цIияб дарс малъулел къагIидаби тIаса рищила ва цоцалъ рекъезарила.Щибаб  дарсил бутIаялъе бихьизабила ккураб заман.Гьоркьоб къотIичIого дарсазда гIуцIила  цIалдохъабазда лъараб ва бичIчIараб жоялъул къадаралъул хал гьабиялъе тIоритIулел  батIи-батIиял къагIидаби.Гьединго мугIалимасул ва цIалдохъабазул цадахъ рекъон гьабулеб хIаракатчилъиялъул тайпаби тIаса рищила щибаб дарсие. Такрар гьабиялъул ва щула гьабиялъул система ургъила ва хIалтIизабила.Дарсил хIасил гьабулеб къагIидаги ургъила.Рокъобе хIалтIиялъги ккола дарсил хасаб бутIа. Гьеб кьолеб заманги, бакIги, гьелъул къагIидаги (гIадатияб ялъуни творческияб)рекъезабила дарсил.

Дарс хIадуриялде ва гIуцIулеб  куцалдеги руго хасал тIалабал:

  • Сахлъи цIуниялъул тадбирал тIоритIила.
  • Заманалда хIадурила щибаб дарсиде къваригIунеб берзул алат ва дидактикаяб материал;
  • Гьеб дарсил тема лъазабизе рихьизарурал дарсазул тайпаби батIи-батIиял хIадуризе хIаракат бахъила;
  • Дарсида мугIалимас лъималазе рес кьела цIияб дарсил цо бутIа жалго жидедаго чIун лъазабизе,цIалдохъабазул пикру цебетIеялъе ва чIалгIинчIого,гъираялда гьел дарсида хIалтIизе мурадалда.

    Дарсида жаниб бугеб жоялде,магIнаялде ва дарсил низамалде  ругел тIалабал:дарсида мугIалимас тарбия кьеялъул иш тIадегIанаб даражаялда лъезе кола; дидактикаял принципал дарсида тIуразаризе ккола;тIабигIаталде рокьи куцазе ккола лъималазулъ; рацIцIалъиялде ,сабруялде,цебе лъураб масъала тIубазабиялде ва коллективалда гъорлъ рукIа-рахъине лъаялде куцазе ккола .

Дарс бачиналъул къагIидаялде ругел тIалабал:

  • Дарс бачине ккола, лъималазул цIалуде ,цIияб жо лъаялде гъира букIунедухъ, лъималазда чIалгIинаредухъ ва гъира тIагIинаредухъ.Гьебго заманалда щибаб дарсил бутIа тIубазабун,
  • бичIчIизабун,мухIкан гьабун  гурони ,хадусеб хIокIиде рахине бегьуларо;
  • МугIалимасдаги лъималаздаги гьоркьоб гьудуллъиялъулаб,
  • адабалъулаб,хIаракатаб,жигараб творческияб   ахIвал-хIал чIезабила дарс лъугIизегIан;
  • Цого къагIидаялда бачинчIого дарс,санагIалъиялъухъ балагьун,дарсида цIалдохъабазул тIадкъаялги хIалтIабиги ,хIаракатчилъиялъул  тайпаби-куцалги батIи-батIиял хIалтIизарила.
  • Лъай кьеялъул батIи-батIиял методаздаса  хIалкIун, цадахъ рекъезарун  пайда босила;

Гьединаб  нух тIаса бищиялъул хIасилалда,жакъасеб школалъ нилъедасан тIалаб гьабулеб буго дарсазда цIиял лъайкьеялъулал технологиял хIалтIизаризе.Гьанжесеб заманалъул тIалабазда рекъон мугIалимас дарсида лъай кьеялъул хIалтIи гIуцIизе ккола лъималазул рахьдал мацIалде  рокьи куцаялда,предметалде интерес цебетIезабиялда,гьезул психологиялъулал хаслъабиги хIисабалде росун.Интерес бугони,лъималазалда предмет лъикI лъала,лъалареб лъазабизе гьез жигарги бахъула.Интерес букIине ккани,мугIалимас малъулеб жоялъулъ цIилъи букIине ккола,дарсида творческияб рахъ цебетIезабиялъе хIалтIи гьабизе тIамизе ккола цIалдохъаби;гьезул жигаралъе ва хIаракаталъе лъикIаб къимат кьезе ккола дарсида. Пикру хIалтIизабиялъул рахъ цебетIеялъе бищунго хIасил кьолеллъун руго интерактивияб лъай малъиялъул къагIидаби.Гьел руго дарсида ролазулал хIаял тIоритIи гIадинал,дарсида тIасан коллективияб гара-чIвари гIуцIи гIадинал,къокъабиккун гьабулеб хIалтIиялъул кьочIода гIуцIарал къагIидаби: мугIалимас дарс бицин,фронталияб цIех-рех гьаби,суалазда рекъон  гара-чIвари гIуцIи,дарс-КВН,дарс-сапар,дарс-конкурс ва цогидалги…

Гьанже заманалъул церетIурал компьютериял  технологиязги  нилъер гIумруялъулъ кIвар бугеб бакI ккуна.Гьез  рахьдал  мацIалъул мугIалимзабазе гIатIидал ресал кьун руго.Интерактивияб доскаялъулги ,проекторный экраналъулги кумекалдалъун лъимал маргьаялда гIадин бокьараб бакIалде рачине бегьула дарсазда.Дир хIисабалда,компьютер  кIудияб кумекчи буго авар мацIалъул мугIалимасул. МугIалимасул хIалтIи бигьалъиялъе,хасго шагьарулъул лъималазул авар мацIалъул дарсазде интерес бачIиналъе,дарсие къваригIунел гIемер берзул алатал хIалтIизариялъе квербакъулеб буго гьелъ.Презентациял хIадуризе ккани,къваригIарал таблицаби  гьаризе, интернеталдасан пайда босизе   рес буго. Гьединго къваригIунеб бутIа гьоркьоса къотIун,цебеккунго хIадурун,  видео-фильмал, мультфильмал рихьизаризе санагIатаб буго гьенисан.     Россиялъул лъайкьеялъул цIиял тIалабазда(модернизациялда) рекъон творческияб рахъ цебетIурав инсан куцай буго бищунго аслиял масъалабаздасан цояб.Гьеб тIалаб гIумруялде бахъинабизе ккани лъимералъул бажариги ,ресалги,лъай босизе бугеб гъираги цебетIеялъе  шартIал рекъезаризе  кIудияб кумек гьабуна дие цIиял технологияз.    Гьединаб къагIидаялъ дарсал  кьеялдалъун дида кIвана  байбихьул классазул цIалдохъабазулазул магIарул мацIалъул дарсазде рокьи цIикIкIинабизе;гьезул цIалуде гъира базабизе,дарсида лъикIаб  хIаракаталда хIалтIизе тIамизе.МагIарул мацIалъул дарсазул аслиял мурадазде щвеялъе ва масъалаби тIураялъе гьабураб хIалтIул  лъикIаб хIасил ккана: магIарул мацIалъул дарсазул даража борхана;лъималазул жидерго ВатIаналде,миллаталде ва рахьдал  мацIалде рокьи цIикIкIана;авар мацIалъул дарсазде лъималазул интерес бачIана;лъималазул творческияб рахъ цебетIуна; лъимал жидерго гьабураб хIалтIуе къимат кьезе ругьунлъана.

       Дир хIисабалда, гьанжесел технологиял хIалтIизариги,цIиял къагIидабаз дарсал кьейги буго жидерго хIалтIиги  бокьулел,цIиял ресаздаса пайда босизеги бокьарал,  хIалтIизе  бажариги бугел мугIалимзабазул нух.

Пикру загьир гьабизе
Личный кабинет
только у нас скачать купить шаблоны dle по низким ценам
Машгьурал макъалаби