ЦIех-рех
КъваригIун бугищ рахьдал мацIалда ЕГЭ?

Авар мацIалъул учительзабазул слет Гъуниб

2017 соналъул июлалъул 15-16 къояз Гъуниб т1обит1ана Дагъистан республикаялъул маг1арул учительзабазул т1оцебесеб слет. Слеталда г1ахьаллъи гьабизе ах1ун рук1ана маг1арул мац1алъул учительзаби гурелги, мац1алъул ва миллаталъул бук1иниселъ рах1ат хвезабулев, нилъер умумузул ях1ги мах1ги бач1унеб г1елалъухъеги щвезабизе бокьарав, ай, миллаталъул бук1иниселъ рак1унтарав бокьарав маг1арулав. Гьединал маг1арулазул цебесеб кьерда живго вук1ин бихьизаби гуребги, маг1арул мац1алъул учительзабазул рек1елъе мац1алъул ва миллаталъул лъик1аб бук1иниселде божилъиялъул хинал ч1оралги риччана Дагъистан республикаялъул Лъай кьеялъул министр Шахг1абас Къурамух1амадович Шаховас Гъунибе бухьараб сапаралъ.
Слеталда г1ахьаллъи гьабизе Гъунире рак1арун рук1ана маг1арул мац1алъул учительзабазул 14 командаги республикаялъул муниципалитетазул 24 цевехъанги.
Абизе бегьула, республикаялъул авар мац1алъул учительзабазул Ассоциациялъул к1иго сонилаб х1алт1ул х1асил гьабилъун кканин фестиваль.
Ассоциациялъул нухмалъулей ва фестиваль т1обит1иялъе ва г1уц1иялъе кьуч1 лъурай Баху Мух1идиновалъ бихьизабухъе, слет т1обит1изе пикру ккана риидалил каникулазул заманалда, ай, дарсаздаса ва экзаменаздаса учительзаби эркенабги ц1ияб ц1алул соналде х1адуризеги рес бугеб заманалда. Бахул пикруялъул рахъ ккуна Лъай кьеялъул министерствоялдаги ва Гъуниб районалъул администрациялъги. Слет т1обит1иялъул рахъ ккуна аваразул миллиябгун маданияб автономиялъ, Г1алибег Тахо-Годил ц1аралда бугеб г1елмиябгун ц1ех-рехалъулаб институталъ, республикаялъул "Миллат" газеталъул редакциялъ. Слет т1обит1изе т1аса бищана Т1асияб Гъунибалъул сверун ризаб рохьалъ къараб байданлъи. Радалго щвана слеталалъул г1ахьалчаг1аги Гъунире. Жиб-жиб командаялъ жидерго къайи-ц1а ва палаткаби цойиде ккезарун хадуб, киналго г1ахьалчаг1иги данделъун, слет рагьараблъун рик1к1ана. Слеталъул г1ахьалчаг1азда цере баркиялъул раг1абигун, хинаб каламгун цере рахъана слеталъул х1урматиял гьалбал: Лъай кьеялъул ва г1елмуялъул министр Шахг1абас Къурамух1амадович Шахов, Гъуниб раойналъул администрациялъул бет1ер Ах1мад Мух1амадов, жиндирго х1алт1ухъабигун цадахъ ДНЦ РАН ИЯЛИялъул директор Мух1амад Ибрагьимович Мух1амадов, республикаялъул ва муниципалитетазул газетазул х1алт1ухъаби ва жамг1иял х1арактчаг1и. Лъай кьеялъул министр Шахг1абас Шаховас баркана киналго слеталъул г1ахьалчаг1азда ва баркала загьир гьабуна Ассоциациялъул нухмалъулей Баху Шамиловна Мух1идиновалъе к1вах1 тун гьабураб зах1матаб х1алт1ухъ. Жиндирго цееяхъиналда Баху Шамиловналъ бицана к1иго соналда жаниб Ассоциациялъ гьабураб х1алт1ул: "Нижер ассоциациялъул буго учителасе х1ажатаб ва пайдаяб материалдалъун бечедаб ва къойилго т1ад х1алт1улеб сайт "Аваручитель", къват1ире риччазе къач1алел руго авар адабияталъул 6-7 классазул мисалиял дарсазул мажмуг1ал, бак1арулеб буго учителасе х1ажатал темабаздасан куч1дузул материал. Ассоциациялъул авторазул къокъаби, г1елмиябгун ц1ех-рехалъул институталъул г1алмзабазда цадахъ х1алт1улел руго авар мац1алъул ва адабияталъул УМКялда т1ад. Амма нижее кумек х1ажат буго. Кумек х1ажат буго киназулго рахъалдасан: умумузул, школазул нухмалъулезул, бак1азулал лъай кьеялъул управлениязул, Лъай кьеялъул ва г1елмуялъул министерствоялъул, республикаялъул нухмалъулезул...Руго жеги г1емерал рича-чвазе кколел суалал. Гьабсаг1аталда республикаялъул нухмалъулезги, Лъай кьеялъул министерствоялъги, г1елмиябгун ц1ех-рехалъулаб институталъги х1аракат бахъулеб буго т1ахьал риччаялъул суалал т1уразариялъе. Гьединго хьул буго маг1арул мац1алъул муг1алимзабазе х1ажатабщиналъ хьезарурал, гьелда гьоркьоб, интерактивиял доскабигун кабинетал щвеялдеги. "
Жиндирго цевевахъиналда Гъуниб районалъул администрациялъул бет1ер Ах1мад Мух1амадовас гьалбал къабул гьариялъул к1алъаялда цадахъго хадубккунги Ассоциациялъ гьарулел тадбиразе квербакъи гьабизе ва жигараб г1ахьалъи гьабизе бугилан раг1и кьуна.
Тадбир лъик1аб даражаялда г1уц1и ва т1обит1и маг1арулазда баркана аваразул миллиябгун маданияб автономиялъул нухмалъулев Шаг1бан Х1апизовас (Маркъо). Ассоциациялъе квербакъулеб х1алт1уда хадубккунги гьанжеялдаса дагьабги ц1ик1к1араб т1адч1ей гьабизе бугилан бицана Шаг1баница. Ахиралда Гъуниб сверухълъи кодоб босана киназго цадахъ ах1улеб маг1арул гимналъул бакъаналъ. Маг1арул руччабаз киназго цо г1адин ч1варал хъах1ал гурмендабаз ва бихьиназ рет1араб миллияб рет1елалъ бат1ияб къуват ва гугьар кьолеб бук1ана гимналъул раг1абазе. Х1ухьбахъи гуребги, слеталъул программаялде х1исабалде росун рук1ана г1емерал бат1и-бат1иял спортивиял къецалги, ц1иял технологиязул ва рик1к1ен тун г1емерал социалиял гьиназ ккурал г1олилазда лъаларел миллиял х1аялги, миллияб квен-т1ехги, г1адаталги. Къасийн абуни, слеталъул г1ахьалчаг1и, бакараб к1удияб ц1адуда сверун г1одорги ч1ун, маг1арул кеч1- бакъаналъулъ г1енеккун г1орц1улел рук1инч1о.
Слеталъул к1иабилеб къоялъ командабазда гьоркьор унел рук1ана жалго рихьизариялъул, кьурдиялъул ва сценка бихьизабиялъул къецал. Къецазул х1асилалда жюриялъ бергьенлъи кьуна Болъихъа командаялъул учительзабазе. Конкурсалъул правилабазда рекъон, т1асияб соналъ слет т1обит1ула бергьенлъи босараб командаялъул районалда. Слеталъул г1ахьалчаг1аз цоцазулгун къо лъик1 гьабулеб бук1ана к1ийиде бикьараб пикругун: слеталде щвеялдаса разилъигун рохалиде рат1алъизе ккеялъул пашманаб асар рещт1унеб бук1ана. Амма киназулго бук1ана рак1ч1араб цо пикру: т1асияб соналде слеталде х1адури гьанжего байбихьизе.

  1. Кинги гьаб г1урус раг1иялдаса рат1алъизе к1олеб гьеч1оха нужеда.

  2. Баху Шамиловна гIадал кIвахIтун хIалтIулел церехъаби гIемерлъайги нилъер миллаталъе. Бахуе гьарула чорхое сахлъиги хIалтIулъ бергьенлъабиги. Гьаб руссеналъ гьабураб асар тIубараб лъагIелалъ ракIалдаса инаро. Авар мацIги бокьулел гьеб цIунизе гIоло кIвахIтун хIалтIиги гьабулел Бахуги гьейго гIадал магIарулалги ругебгIан мехалъ нилъер магIарулазул мацIги гIадаталги хвезе гьечIо. "МЕТЕР МАГIАРУЛ МАЦI ХВЕЗЕ БАТАНИ, ХВАЙГИ ДУН ЖАКЪАГО ЖАНИБ РАКI КЬВАГЬУН..." Я Аллагь гьадин рохун тайги нуж дир маг1арулал!!!!!!!!

Пикру загьир гьабизе
Личный кабинет
только у нас скачать купить шаблоны dle по низким ценам
Машгьурал макъалаби