ЦIех-рех
КъваригIун бугищ рахьдал мацIалда ЕГЭ?

МагIарулазде хитIаб

Дагъистаналъул лъай кьеялъул ва гIелмабазул Министерствоялъул хIалтIухъабазде.

Районазул лъай кьеялъул нухмалъиялъул бутIрузде ва хIалтIухъабазде.

Школазул директорзабазде ва мугIалимзабазде, хIалтIухъабазде, цIалдохъабазул умумузде, умумузул комитетазде, киналго магIарулазде.

 

ХИТIАБ

 

МагIарул аза-азар соназ умумуз цIунун нилъехъе щвараб рухIияб, гIамалияб, адабияб, маданияб, миллияб хазинаялъе, магIарул мацIалъе, тIагIиналъул хIинкъи букIиналда бан, гьел нилъер лъималазги , хассго лъималазул лъималазги бицунеб гьечIолъиялда бан, магIарул тIахьал, казиятал, журналал цIалулел, магIарул радиоялъухъ гIенеккулел дагьлъиялда бан, магIарул мацI хIажатал факультетазде лъугьунел дагьлъиялда бан, магIарул гIадатги, гIамалги, хIатта динги чучлъизе ва лъугIизе хIалтIи гьабулел балъгоял къуватал рукIинги хIисабалде босун, цIакъ кIудияб гьари буго, щуабилеб классазде щвезегIан киналго предметал магIарул мацIазда кьолел программабазде тIад руссин тIалаб гьабеян.

 

Щивас жив вугеб бакIалда, дида бараб жоги щиб букIинебан чIечIого, кIван щинаб гьабе магIарул мацI лъималазда лъаялъе квербакъи гьабизе. МагIарул районазул школал, байбихьул классазда магIарул мацIазда цохIо дарс гурони кьоларел программабазде рачIин ккола кIудияб балагь. Гьелдаса рорчIизе кумек ва квербакъи гьабе щивас. МагIарул яхIги, махIги, бугев щинав магIарулав, жакъа хIажалъи ккараб мехалъ рахьдал мацIалъе кумекалъе ватулев гьечIони, мун ккола умумузул, хассго магIарул шагIиразул, гIалимзабазул, ай магIарул умумузул рухIал инжит гьарулев чи.

 

 "Ургъел гьечIолъи дуца чIвазе бегьула дунял" -абун ракI унтун хъвана Расул ХIамзатовас.

 

Нилъеца жакъа ургъел гьечIолъиялъ нилъерго мацI чIвалеб буго, хадуб дунял чIвазеги нахъе къаларо нилъ. Дир ахIи кинго кколаро гIурус мацIалдеги миллаталдеги данде чIараб ахIилъун. Гьелъул гIаксалда, магIарул мацI цин лъикI лъани, гIурус мацI лъазабизеги кумек букIуна. МагIарул мацIалъул гIалимзаби, хъвадарухъаби, шагIирал, мухбирал , журналистал, хъулухъчагIи, рачIа цадахъ цолъун къеркьезе! Гьаб гуро дир ахIи, гьаб буго киналго магIарул мацIги, цIарги, магIарулазул цебетIейги, нилъер хирияб ВатIан, Дагъистанги бокьулел щиназул ахIи! Бегьулеблъун батани, Аллагьасе гIоло ва нилъерго умумузул рухIазе гIоло жаваб гьабе, кIварас кIвараб гьабун рагIудалъун ишалдалъун, цадахъ рахъиналдалъун.

 

"Надиршагь" нилъеде тIаде жакъа вачIун вуго!

 

Бихьизабе нилъерго яхIги, бахIарчилъиги. Кумек гьабе кьижарал, сундулго агъаз гьечIел умумул рорчIизаризе! Аллагьас нилъер ритIухъаб къеркьеялъе кумек гьабеги! Амин!

 

Гьабизе бегьулел, кIвар бугел тадбирал:

 

1.ЦIалдохъабазул умумузда гьоркьоб бичIчIи кьеялъул хIалтIи гьаби
2.Щивасда магIарул мацI тIагIиналъул хIинкъи букIин бичIизаби
3. Умумуз жидерго данделъиги ахIун магIарул мацIалда дарсал кьей тIалаб гьабураб хIукму гьаби.

4.Киналго байбихьул классазул учителзабаз директорасдаса ва райуноялъул нухмалъулездаса тIалаб гьабун , жалго гьезухъе ун ва кагътал хъван, программа хиси тIалаб гьаби.

5.РуцIцIун чIей жакъа мацIалъе ва ватIаналъе хилиплъи кколилан абураб ахIи тIибитIизаби.

Пикру загьир гьабизе
Личный кабинет
только у нас скачать купить шаблоны dle по низким ценам
Машгьурал макъалаби