ЦIех-рех
КъваригIун бугищ рахьдал мацIалда ЕГЭ?

РЦДОДИ школалда рагьараб дарсида гьоболлъухъ

    14 февралалъ, Рахьдал мацlазул къо кlодо гьабун, Махlачхъалаялъул 8 лицеялъул лъимал ахlун рукlана РЦДОДИ школалде. Гьезул буго цlакъ лъикlаб учительзабазул коллектив. Директор Усманилаев Хlажимурадил жавабчилъиялда гъоркь гьез тlоритlула гlемерал тадбирал.

    Авар мацlалъул учитель Хирамухlамадова Гlайшат Саидовналъ бихьизабуна класстун къватlисеб рагьараб дарс «Малъе, эбел, рахьдал мацl». Дарсиде лъикlаб хlадурлъи гьабун бугоан. Лъималаздаги жиндагоги ретlун букlана магlарулазул миллияб ретlел. Умумузул берцинаб къачlараб рокъоре ккараб гlадаб асар гьабулеб букlана тlаде рачlаразеги. Гlайшатица бицана рахьдал мацlазул бугеб кlваралъул, гьел цlунизе ккеялъул. Гьелъул лъималаз Гъазиева Патlиматица, Алхасов Гъазимухlамадица, Жандарова Патlиматица, Хlасанов Гъазица ва Къурамух1амадова Рукъиятица рикlкlана мацlалда хурхарал кучlдул, бихьизабуна берцинаб кьурди. Кучlдул рикlкlине рагlи кьуна тlаде рачlарал 8 школалъул лъималазеги. Киналго тlаде рачlаразул рекlелъ лъикlаб асар хутlана гьеб дарсидаса хадуб.

    Гlайшат йиго гlаданлъиги бугей, гlамалги берцинай, аваданай, лъималги хирияй унго-унгояй магlарул мацlалъул учитель. Гьелъ гьабулебщинаб жоялда батlияб нур букlуна. Цадахъ хlалтlулезги гьелъие кlудияб къимат кьола, абула гьей кlвахl-свак гьечlей, ракl бацlцlадго жиндирго хlалтlи гьабулей яс йигилан. Гlайшатица магlарулазе хъвала батlи-батlиял темабазда кучlдулги. Дида гlемер данд чlвана гьайбатал ясал – учительзаби. Гьезда гьоркьой Гlайшатилгун лъай-хъвай ккеялдасаги дун цlакъ йохарай йиго. Гlумру кьеги гьелъие магlарул мацl цlунун гьединал тадбирал рачине.

Пикру загьир гьабизе
Личный кабинет
только у нас скачать купить шаблоны dle по низким ценам
Машгьурал макъалаби