ЦIех-рех
КъваригIун бугищ рахьдал мацIалда ЕГЭ?

"Глагол. Рухьарал ва тlадчlарал глаголал". Исрапилова Загьрабика Раджабдибировна, ЦIумада район Къеди гьоркьохъеб школа

Тема: 

" Глагол. Рухьарал ва тlадчlарал глаголал".

 

Мурад:

Лъай кьеялъул. Глаголгун лъай - хъвай гьаби. Глаголалъул предложениялда жаниб бугеб кlвар бичlчlизаби ва гьеб каламалда хlалтlизабизе лъай.

Лъай цебетlеялъул. Гъалатl биччачlого  авар мацlалда жаваб кьезе ругьун гьари. Кlалзул калам цебетlезаби.

Тарбия кьеялъул. Литературияб каламалъул кумекалдалъун цlалдохъаби авар мацl цlунизе ва гьеб бокьизе ругьун гьари.  Тlабигlаталде,  Ватlаналде рокьи бижизаби.

 

Дарсил ин

Лъимал  дарсиде хlадури.

- Рорчlами, лъимал, жакъа нужее дарс кьезе буго дица. Цlарги дида буго Загьрабика Раджабовна.

Цlумур кьабуна! Хал гьабе, лъимал,

Хlадур ругищ нуж дарс байбихьизе?

Ручка, къалам, тетрадь ва цогидабги

Цадахъ  босун бугищ, цебе лъун бугищ?

- Жакъасеб рахьдал мацlалъул дарс  байбихьизе бокьун буго нилъер халкъияй  поэтесса Фазу Гlалиевалъул рагlабаздалъун.

 

Слайд 1

Эпиграф: 

Аза - азар соназ дир магlарулаз
Гьаб  мацlалъ гlуцlана магlарул тарих.
Гlанбар, якъут гlадал кlалзул биценал
Берцинал жидерго жугьабаз кьуна.

Гьаб мацl дие кьуна мугlрул чlужуялъ,
Жиндирго хирияб хазина гlадин,
Эбелалъ жиндийги кьун букlанила,
Кьейила дуцаги дурго лъимаде.

 

Гьал рагlаби дарсил эпиграфлъун  роси гlиллаги буго,  жакъа нилъ - магlарулал, нилъ щал, нилъ киса, нилъер мацl кинаб лъалел,  магlарулал щаклъи гьечlого нилъ   рукlин,   нилъеда лъай

- Жакъа буго, лъимал, нилъер гlадатияб гуреб дарс. Нилъеца гьанже класс бикьизе буго кlиго командаялде ва рищизе руго капитаналги.

 - Жакъа  нилъехъе гьоболлъухъ рачlун руго   гlалхул  хlанчlи,  ва гьел хlадурун руго нужеда данде хlазе.  Гьез нужее  гlуцlун руго батlи - батlиял тlадкъаял.

Нуж хlалтlизе ккола хехго. Жаваб кьола тlоцебе байрахъ борхараб командаялъ. Битlун жаваб кьуразе щвела гьадинал цlваби. Бергьуна цlикlкlун цlваби щвараб команда. Дарсил хlасил гьабулаго бергьараб командаялъе щвела сайгъатал.

- Нуж гьелда рази ругищ, лъимал. Хlадурун  ругищха?

 

2.  Такрар гьаби

Цебехун малъарал темаби такрар гьабизе байбихьила  «Цояб гьабулаго, цогиябги кlочон тоге» абиялдалъун.  

- Щиб жо кколеб морфология?

- Чан каламалъул бутlа бугеб магlарул мацlалда?

- Жалго жидедаго чlарал кинал? Кумекалъул кинал?

 

3. Цlияб тема

- Гьанже нилъ ине руго цlияб темаялде. Темаялда цlар лъазе ккани, нилъ хlалтlизе ккола.

- Цlодораб гъотlоркlоялъ нужее хlадурун буго гьадинаб рагlикъотl.

 

Слайд 6

Рагlикъотl

<!--[if !supportMisalignedColumns]--><!--[endif]-->

 

1

а

р

цl

 

2.Кl

у

л

а

л

 

 

3. З

а

м

а

н

 

4.г

а

м

а

 

5.С

о

н

 

6.Гь

о

б

о

л

 
               

 

            Цlир - цlидулеб, кlанцlолеб

            Кlичlарал бохдул ругеб

           «Риидал жиб кьурдулеб

            Кьиндал гьардухъ хьвадулеб.»

 

Ахlдоларел хlанчlуларел - жаниве чи виччалареб.

Араб – тlад буссунареб.

Кидаго лъелъ букlунеб, лъим гьекъанагlан жиб холеб.

Ниж руго омонимал, ратизе цlакъ бигьаял

«Лъагlелалъул» - синоним, «метералъул» - антоним.

 

           Дун лъадалги букlуна, дун гьоролги букlуна,

          Гьанже дун гlемерисеб токалъ хlалтlизабула.

          Хlарп тlаде жубанани, тlубан магlна хисула.

          Магlарулазул бищун, хирияв чи лъугьуна.

 

-  Гьанже цlале, лъимал, тlаса гlодобе кинаб рагlи лъугьараб?

 (глагол)

- Битlун буго, жакъасеб темаялда цlар ккола « Глагол»

- Щиб лъалеб нужеда глаголалъул хlакъалъулъ? (гьеб ккола каламалъул бутlа)

- Битlун буго, гьеб ккола каламалъул бутlа.

 

Слайд 7

Вачlана, цlилъана, кьуна.

- Балагье, лъимал, гьал рагlабазухъ. Щиб бихьизабулеб бугеб гьал рагlабаз?

(Иш бихьизабулеб буго)

 

 Слайд 8

Предметалъул иш яги хlал бичlчlизабулел рагlаби ккола  «глаголал»

Глаголал предметалъе щиб лъугьунеб ?  предметалъ щиб гьабураб? предмет щиб хlалалда бугеб? абурал суалазе жаваблъун рачlуна.

Масала:

Бакъалъ хинлъи кьола.

Харил кьалбал цlилъана.

Гьитlинав Тlагьир кьижун вуго

- Балагье, лъимал, хадусеб слайдалде.

 

Слайд 9

Гьал суалазе жавабал хъвай, глаголалъ щиб бихьизабулебали  баян гьабе.

Сон дуца щиб гьабураб?

Тlабигlаталда кинал хиса – басиял ккарал?

Батlи – батlиял хlайваназ гьарулел гьаркьазда цlарал хъвай.

(лъималазухъе  кьела тlанчал, тlад суалалгун)

- Хlалчlахъаги нужер.

(жавабал хъваразе кьела цlваби)

- Глаголалъул рукlуна лексикиялги, морфологиялги, синтаксисиялги гlаламатал.

Слайд 10

Лексикиял гlаламатал.

Глаголалъ предметалъ гьабулебниги жибго лъугьунебниги  иш бихьизабула.

Масала:

Лъар чвахулеб буго. (щиб гьабулеб бугеб?)

Глаголалъ предмет щиб хlалалда бугебали  бичlчlизабула.

Масала:

Рагьда гьой бегун буго. (щиб хlалалда бугеб?)

Глаголалъул руго жидее гlаммаб  гlаламатлъун предметалъул иш бугел  батlи - батlиял формаби.

Глаголияб цlар - бихьи, цlали, хъвай. (щиб?)

Причастие – бихьараб, цlалараб, хъвараб. (кинаб?)

Деепричастие -  бихьун, цlалун, хъван. (кин?)

Мурадияб форма (инфинитив) -  бихьизе, цlализе, хъвазе. (щиб гьабизе)

 

Слайд 11

Морфологиял гlаламатал

Буголъиялъул гьечlолъиялъул форма букlин

Букlана – букlинчlо

Заманабазде хиси

Араб заман - ана

бачlунеб заман - ина

гьанже заман – унев вуго

гlахьалаб заман - уна

Наклонение букlин

 Ана, а, ани, анищ?

Такрарлъиялъул форма букlин

Кlутlана - кlетlана

Жинсиял гlаламатал рукlин

Вачlана,  ячlана, бачlана.

Цолъул гlемерлъул форма букlин

Батана - ратана

 

 Хlай 

Слайд  12

Гьал предметиял цlаразул хlарпал хис-хисизарун лъун араб заманалъул глаголал лъугьинаре.

Нухъа - хъуна

Нуцlа - цlуна

Накъира - къирана

Напакъа – къапана

Накку - ккуна

 

Слайд 13

Синтаксисиял гlаламатал

Предложениялда жаниб глагол сказуемоелъун букlуна

Масала:

Лъар чвахулеб буго чабхил кlкlалахъан. (чвахулеб буго- сказуемое)

- Кинаб кочlолъ дандчlвалел нилъеда гьал рагlаби? ( Авар мацl. Р.Хl.)

- Хlалчlахъаги, лъимал.

4.  Гlенекке, лъимал. Цlумалъ нилъее хlадурун буго гьадинаб тlадкъай - хlай «Бахчараб магlна». Хlай буго шифралдалъун хъвараб  жо (бахчараб магlна) цlали.

 

Кицаби 

Бахчараб магlна балагьизе лъималазухъе кьела кагътал,  тlад тарихалги  хъван,  щибаб тарихалда  гъокь рукlина хlарпал. Хlарпалги данде ран цlализе руго кицаби.

А

б

в

г

гъ

гь

гl

д

е

ж

1

2

3

4

5

6

7

8

9

l0

З

и

й

к

къ

кь

кl

л

лъ

м

11

12

13

14

15

16

17

18

19

20

Н

о

п

р

С

т

тl

у

ф

х

21

22

23

24

25

26

27

28

29

30

Х

хъ

хь

хl

Ц

цl

ч

чl

ш

щ

31

32

33

34

35

36

37

38

39

40

Э

ю

я

             

4l

42

43

             



1 команда

Магlарул киниялъ гlадин магlарул чиясул черх лъадаруларо.

20, 1, 7, 1, 24, 28, 18, 14, 12, 21, 12, 43, 19, 7, 1, 8, 12, 21, 20, 1, 7, 1, 24, 28, 18, 37, 12, 43, 25, 28, 18, 37, 9, 24, 31, 19, 1, 8, 1, 24,28,  18, 1, 24, 22.

 

2 команда

Ватlан цlунун хварав чи хабалъги чlаго вукlуна.

3, 1, 27, 1, 21, 36, 28, 21, 18, 21, 31, 3, 1, 24, 1, 3, 37, 12, 31, 1, 2, 1, 19, 4, 12, 38, 1, 4, 22, 3, 28, 17, 28, 21, 1.

- Хlалчlахъад! Лъикl буго. Гьанже нилъее миккиялъ хlадурун буго тlадкъай

 

Слайд 13

Абизе - баизе

Багьизе - ……..

Кьеризе - ………

Жиризе - ……….

Хlарапал  хис - хисизарун цогидал глаголал лъугьинаре.

(Хехго лъугlараб командаялъе кьела цlва)

- Рачlа, лъимал нилъеца гьанже хlазе буго гьадинаб хlай «Лъица щиб гьабулеб?  Гьеб буго нилъер гlадалнахалъе зарядка.

(Лъималазда рихьизарила суратал)

Богогьан - …..             Мугlалим - …..     Пири - …..        Цlа - …..               Бакъ - ……                  Хер - …..  

 - Хlасил гьабе, лъимал. Киналго нужеца абурал рагlабаз щиб бихьизабулеб бугеб?

- Хlалчlахъаги, лъимал!

- Нилъеца,  лъимал,  жакъа тlадчlей  гьабизе буго «Рухьарал (переходный) ва тlадчlарал (непереходный) глаголазда тlад.

 

Слайд 14

Бухьараб - иш цо предметалда  тlаде кколеб букlин бичlчlизабулел  глаголал.

Масала:

Набица тlехь цlалана. (щиб гьабураб?)

Цlа бакана. (щиб гьабураб?)

Бухьараб глаголалъ предложениялъулъ битlараб дополнение тlалаб гьабула.

Масала:

Дие Ватlан бокьула.

Иш лъица бугониги гьабун бугони глагол бухьараб ккола.

 

Слайд 15

Тlадчlараб  глагол – иш цоги предметалде тlаде кколеб гьечlони.

Масала:

Бакъ баккана.

Цlа рекlана.

Тlадчlараб глаголалъ иш жибго лъугьун букlин  бичlчlизабула.

 

Слайд 16

Цо - цо глагол бухьараблъунги  тlадчlараблъунги  букlуна.

Масала:

Дун къанщана. ( иш лъугьун буго жибго)

Дица берал къанщана. ( иш гьабун буго)

- Гьединаб куцалъ, глаголал лъабиде рикьизе бегьула.

 

Слайд 17

Бухьараб - хъвана, цlалана

Тlадчlарал - гlорцlана, вакъана.

Бухьараблъунги  тlадчlараблъунги хlалтlизарулел - речlчlана, бахъана.

- Гьанже, лъимал, гьал тlанчазда тlад хъвай тlадехун кьурал  глаголалги гъорлъе  ккезарун предложениял.

(лъимал предложениял ургъизе риччала)

 

Дарс щула гьаби.

- Хlалчlахъаги, дир хириял!

- Гьанже нилъеца  хlасил гьабизе буго нилъеда лъараб жоялъул.

- Сунда абулеб глаголилан?

- Кинал гlаламатал рукlунел глаголалъул?

- Чан заман букlунеб глаголалъул?

- Жинца гьабулеб ишалде балагьун глаголал кинал рукlунел?

- Вахl, нилъеда кlочон тун руго нилъехъе рачlарал гьалбал - хlанчlи.

- Гьезул буго нилъее цойги ахирияб тlадкъай.

(карточкаби  хlадурила тlад глаголалги хъван, доскаялда магниталъ рекlинабила рухьарал ва тlадчlарал глаголал тlад хъвараб  кагъат)

- Щибаб  командаялдаса рахъина гьал карточкабазда тlад хъварал глаголал доскаялда магниталъ рекlинабизе. Рухьарал ва тlадчlарал глаголалазда   гъоркь магниталъ рекlинабила данде кколеб карточка.

-Хlалчlахъаги нужер, лъимал!

- Рикlкlеха гьанже.  Кинаб командаялъе цlваби цlикlкlун щварал?

( цlваби рикlкlина, хlасил гьабила. Бергьараб командаялъе  сайгъатал кьела)

 

        Рокъобе хlалтlи.

- Рокъобе, лъимал, нужее буго гьадинаб хlалтlи.  Гьал  доскаялда чlварал рагlабиги гъорлъе ккезарун,  предложениял ургъизе.

Баркала киназего!

Скачать файл: glagol-zagrabika-c1umada.docx [39,06 Kb] (cкачиваний: 114)
Посмотреть онлайн файл: glagol-zagrabika-c1umada.docx
Пикру загьир гьабизе
Личный кабинет
только у нас скачать купить шаблоны dle по низким ценам
Машгьурал макъалаби