ЦIех-рех
КъваригIун бугищ рахьдал мацIалда ЕГЭ?

Мах1ачхъалаялда 58-леб школалда -рахьдал мац1азул фестиваль

Рахьдал мац1азул фестиваль

Къоло щуабилеб апрелалда, Мах1ачхъалаялда бугеб 58-леб школалда т1обит1ана "К1оч1олгун анищазул куркьбазда" абураб фестиваль. Гьенире къабул гьаруна киналниги шагьаралъул школаздаса рахьдал мац1алъул муг1алимзаби. Дунги 40-леб школалъул маг1арул мац1алъул муг1алим щвана гьение гьоболлъухъ.

Кутакалда к1удияб х1адурлъи гьабун бугоан гьеб школалда. Азбаралде жанире лъугьингун гьекъезе кьолеб бук1ана т1охол гьабураб г1андарка.  Гьелъул гьуинаб т1аг1амалъ рек1ее ц1акъ лъик1аб асар гьабуна нижее. Цинги азбаралда ругоан  зурма-къали, палугьаби, кьурдухъаби.

Школалде жанире лъугьиндал ругоан гьарзаго къач1арал столал: лъараг1азул, тумазул, маг1арулазул… Гьениб камураб кванил ниг1мат бук1инч1о: т1охол, г1ат1ал, ролъул ханждал... Гьанал квен, г1урччинлъиялъул квен, бакъвараб гьан-бакьалде г1унт1унги, щиб бокьаниги бук1ана гьениб. Маргьабазулъ бук1унеб остолалде нахъе ккаралин кколеб бук1ана гьениб.

Гьединго гьениб музеялда г1адин бугоан умумуз х1алт1изарулел рук1арал богорукъалъул т1аг1ел-г1уч1, рет1ел-хьит. Бихьизабуна ясазул гваяз т1анса-халича бессулеб куц, квас самулеб къаг1ида, ц1оросаролъ ч1унулеб къаг1ида. Берцинго ах1улеб коч1ол гьаракьги къот1ич1о цо лах1заталъги. Цоцалъ ц1акъ х1еренаб гьуинаб  жура-гъурай бук1ана киналго миллатазул.

Нижер рахъалъан к1удияб баркала буго гьеб тадбир т1обит1араб Мах1ачхъалаялъул лъайкьеялъул управлениялъе, 58 школалъул муг1алимзабазе, директоралъе, заучазе гьединаб гьайбатаб тадбир г1уц1аралъухъ! Хасго гьений х1алт1улей маг1арул мац1алъул муг1алим Муслиматие к1удияб баркала гьабураб гьоболлъиялъухъ.Х1алч1ахъаги гьелъул! Ниж киналго маг1арулал рази хут1ана Муслиматидаса.

Гьенир к1алъазе рахъана ва гьадинаб даражаялда лъималазулги гьезул улбузулги рахьдал мац1азде рокьи бижизабуледухъ тадбир нухда бачаралъухъ баркала кьуна Мах1ачхъалаялъул лъайкьеялъул управлениялъул нухмалъулев  Тагир Мухтаровичас ва цойгидалги х1акимзабаз. Бокьилаан гьединаб тадбир санайилго т1обит1ани бат1и-бат1иял школазда.

Гьениб бихьулеб бук1ана дагъистаналъул миллатазул нилъерго мац1азде бугеб рокьиги цоцазде бугеб гьуинлъиги. Гьедин гьуинго таги нилъ кидаго. Таги цоцаздаса рохун ва цоцалъ гъункун. Сахлъи ва рохел киназего!

Г1абидат Пирбудагъова,

40-леб школалъул авар мац1алъул муг1алим 

Пикру загьир гьабизе
Личный кабинет
только у нас скачать купить шаблоны dle по низким ценам
Машгьурал макъалаби