ЦIех-рех
КъваригIун бугищ рахьдал мацIалда ЕГЭ?

ГIуркIачIи росдал школалда авар мацIалъул къо кIодо гьабуна

 20 февралалда Хунзахъ мухъалъул Г1урк1ач1иб аслияб школалда т1обит1ана Т1олго дунялалъул рахьдал мац1алъул къоялда хурхун к1удияб тадбир. Гьениб т1обит1ана 5-9классазда гьоркьоб куч1дул рик1к1иналъул къецал.
9 классалъул ц1алдохъабаз бихьизабуна Ц1.Х1амзатил "Жалакьурисев вухарав куц" абураб сценка,
6-8классазда гьоркьоб т1обит1ана викторина ва кицабазул,  бицанк1абазул къецал.
Къецазда бергьаразе  кьуна шапакъатал. Тадбир г1уц1ана ва нухда бачана школалъул авар мац1алъул муг1алим Мух1амадова Пат1имат Х1амзатовнаялъ.

Пикру загьир гьабизе
Личный кабинет
только у нас скачать купить шаблоны dle по низким ценам
Машгьурал макъалаби