ЦIех-рех
КъваригIун бугищ рахьдал мацIалда ЕГЭ?

Рахьдал мацIалъул байрам ХIариколо росдал школалда

Жакъа Хунзахъ мухъалъул Х1ариколо росдал гьоркьохъеб школалда т1обит1ана рахьдал мац1алъул къоялда хурхун к1удияб тадбир. Гьеб г1уц1ун бук1ана авар мац1алъул муг1алим Зияудинова Барият Мух1амадовналъ.
Лъималазулги учительзабазулги цадахъ г1уц1арал къокъабазда гьоркьоб т1обит1ана маг1арулазул тарих ва г1адатал лъаялъул къецал. Нек1сияб кьурди бихьизаби, т1ех буци ,кун дургъи, умумуца х1алел рук1арал х1аял рихьизаригун цадахъ рук1ана тарих ва адабият лъаялъул къецалги.                      К1иябго къокъа бук1ана ц1акъ лъик1 х1адурун, амма цодагьал цере ккана "Х1АРИСЕЛ" къокъа. Ч1ел босаразул цевехъанасул горбода бана ч1ух1араб бергьенлъиялъул горги. "МАГ1АРУЛАЗЕГИ" кьуна гьединабго гор-дагьаб гьит1инаб.Ралагьараз ц1акъ гъираялда къабул гьабуна гьезул церерахъин. Тадбир ана ц1акъ т1адег1анаб, пайдаяб даражаялда.

Пикру загьир гьабизе
Личный кабинет
только у нас скачать купить шаблоны dle по низким ценам
Машгьурал макъалаби